Авторизация

Маг1арул рух1ияб адабият бакки ва гьелъул цебет1ей

Маг1арул рух1ияб адабият бакки ва гьелъул цебет1ей

     Маг1арухъе Бакъбаккул   адабият бач1ине байбихьана   диналда цадахъ.    Тарихчаг1аз Дагъистаналда дин щулалъиялъе ва   Ислам камиллъиялъе г1арабаз гьабураб х1алт1ул бищун к1вар бугеблъун бихьизабулеб буго, гьезул  даг1ват, ай исламалъул къанунал лъазари ва шариг1ат малъизе гьабураб   х1алт1и.

    Маг1арул  адабияталъул т1оцебе анализ гьабурав, ва гьеб лъазабиялда т1ад г1емераб х1алт1и гьабурав г1алимчи  Мух1амадов Бадавица хъвалеб буго исламалда цадахъ Дагъистаналде бач1араб г1араб адабияталъ маг1арул адабият нахъе къазабизе лъугьун бук1анила ва цо хасаб заманалда халкъияб адабиятги (фольклор)   рух1ияб адабиятги  бет1ерлъи гьабиялъе къеркьолелги рук1анилан. Гьесул бихьизабиялда рекъон, рух1ияб адабияталъ, маг1арул фольклоралъул элементалги къабул гьарун, бижун бач1ун буго жибго жиндаго ч1араб динияб адабият. Мух1амадовасул пикру цо рахъалъ бит1арабги буго, амма т1убанго гьединаб дандеч1ей адабияталда  бук1анин абизе к1веларо. Г1араб мац1 ва адабият маг1арухъ т1ибит1иялъе к1вар бугеб ишлъун ккана г1арабазул хъизанал муг1рузде гочун рач1инги.    

  …Дол гIадамаз   бачIана хъвай-хъвагIай, мацI, адабият, кинабго исламалда борцараб ва щула  гьабураб…  Гьелдаса хадубги анцIила анкьабилеб гIасруялде щвезегIанги батIи-батIиял къокъаби, хъизанал рачIунаан Дагъистаналде. Гьезда гьоркьор рукIана мугIалимзаби, дагIватчагIи, суфиял ва гIадатиял гIарабал. Гьебго заманалда маг1аруллъиялдасаги байбихьана  мутаг1илзаби г1араб ракьазде ун г1елму ц1ализе. Гьеб киналъулго х1асил бук1ана  Xlll-XVll  г1асрабазда  маг1арухъ г1араб, ай исламияб маданияталъ асар гьаби ва маг1арул г1адатазда гъорлъе шариг1аталъул асар бач1ун, г1алимзабаз кинабго  исламалъул кьуч1алде бачин. Маг1арул адабияталъе к1удияб асар ккана Бакъбаккул рахъалъул шаг1ирзабазул т1ахьал ц1алиялъ. Академик Х1.  Х1амзатовас хъвалеб буго, мутаг1алимазда гьоркьоб г1араб мац1алда бугеб жудожествияб адабият машгьураб бук1анилан. Т1алаб гьабурав чиясе щолаанила ц1ализе Бакъбаккул  шаг1ирзабазул диванал –Абу Нувасил, Абу Таммимил, Ал-Мутанабби, Ал-Маарил, Ибн ал-Фарабил. Гьединго машгьурал рук1анила – Пирдоусил, Хаямил, Низамил, Саг1адил, Х1апизил, Жамиясул, Навоил, Физулил ва цогиги бусурбабазул гьоркьохъел г1асрабазул  адабияталъул вакилзабазул шиг1раби ва куч1дул.

Г1алимзабаз жидер  ваг1за-насих1ат  г1адамаз  къабул гьабиялъул мурадалда,   г1араб къаг1идабазда т1аде фольклоралъул къаг1идабиги    х1алт1изаруна исламиял асарал хъваялъулъги. Гьедин т1оцебе бижун бач1ана маг1арул мац1алда рух1ияб абун ц1ар щвараб адабият. Гьеб адабияталда гьоркьоре уна: туркаби, ай шариг1аталъул асарал, марсиятал, мавлидал, мадаих1ал ва цогидалги назмияб къаг1идаялда хъварал асарал. Гьезул г1емерисел маг1арул адабияталда жанире рач1ана, шаг1ирзабаз, г1алимзабаз г1араб адабияталдаса мисал босун. Авалалда г1иц1го таржамаби рук1ун ратизеги рес буго. Дагъистаналда нахъе ц1унун хут1арал г1араб т1ахьазда гьоркьор ц1акъ г1емер ратула адабалъул ва шиг1рабазул   х1акъалъулъ т1ахьал. Хапизил «Диван», Х1аририясул «Макъамал», Гьиндазул «Калила ва Димна», Саг1адил «Гюлистан», Ас-Сападиясул «Силкул г1айн» ва жеги г1емерал т1олго исламияб халипаталда машгьурал т1ахьаз маг1арул рух1ияб тема баккиялъе хасаб асар гьабуна ва  жибго жиндаго ч1араб адабият баккиялъе квербакъана.  Хунзахъа  Дибир-къадица «Калила ва Димна» ва цогидалги асарал маг1арул мац1алде руссинаруна  ва гьеб машгьурлъана маг1арухъ. 

    Рух1ияб темаялда хъварал асаразул нилъехъе щвараб маг1арул т1оцебесеб тарихияб нуг1 ккола  Къудукьа Мусалас (1652-1717) хъвараб гьит1инабго назму.

МагIарда гIазу буго<!--[if !supportFootnotes]-->[1],

ГIоралда накIкI чIун буго<!--[if !supportFootnotes]-->[2]. 

Бодул кутак хун буго<!--[if !supportFootnotes]-->[3],

Ханги парччахIав вуго<!--[if !supportFootnotes]-->[4].

  

БухI-бухIараб къехь гIадаб,

 

КъвакI-къвакIараб дуниял.

 

Ябагъидул кварида

 

Багьан чIвараб байтулман.

 

    Гьаниб Мусалас дандекквеялдалъун жиндирго г1умру раг1алде щун бук1иналъул баян гьабулеб буго пашманаб асаралдалъун. Гьединал назмиял асарал жеги рук1ун ратизе рес буго доб заманалъ гьеб гурони нахъе хут1ич1ониги. Хадуб нилъее рагьун рач1уна Г1аймакиса Абубакарил (хв. 1790с.) ва Кудалиса Х1асанил (хв. 1795с.) туркаби. Гьев лъабавго г1алим  маг1арул рух1ияб адабияталъул кьуч1 т1амурал  шаг1ирзаби руго. Гьезда хадур киназдего г1унт1ун маг1арул г1алимзабаз насих1атиял асарал хъвана шиг1рияб къаг1идаялда, ай ругьунаб х1алалъ гьижабиги рекъезарун. Гьелдаго цадахъ цебет1олеб бук1ана г1араб мац1 ва г1елму.  Г1емерисел  г1алимзаби рук1ана рахьдал  мац1алда рух1ияб адабияталъе кьуч1 т1амурал шаг1ирзабиги. «Машгьурал исламалъул г1алимзабазул ц1аразул сиях1 гьабуни, XVII г1асруялдаса жакъа къоялде щвезег1ан гьезда гьоркьов ватиларо диналъул темаялда цо чанго шиг1рияб асар хъвач1ев г1алимчи. Гьез гьеб к1вар кьеялъе г1иллаги бук1ана г1адамазул иман щула гьабиялда т1ад х1алт1и, бищунго кири к1удияб ва бищунго бусурманчиясе берцинаб, рекъараб  иш бук1ин. Гьеб адабият бук1ана диналда бухьараб, ва асарал хъвалел г1адамал рук1ана къадру бугел, халкъалъ жидер церехъабилъун тарал. Гьелъулъ бук1ана х1асил ва гьоркьоса къот1ич1еб цебет1ей. Жамг1ияталда гьоркьор кколел хиса-басиязухъ балагьич1ого, заман  хисаниги,  гьеб адабият хисич1о. Ваг1заби рук1ана халкъ исламалде ах1иялъул аслияб къаг1идалъун». Гьезул дагьаб бугониги шиг1рияб ирс нахъе хут1ун буго ва нилъеца жакъаги пайда босула гьелдаса (Г1аймакиса Абубакар, Кудалиса Х1асан,  Инхоса Г1али-х1ажи, Г1ободаса Сиражудин, Миякьоса Г1умар-х1ажи, Багинуса Шуг1айб-апанди,  Г1урадаса Удурат, Г1ахьалч1иса Муртазаг1али-х1ажияв, Шуланиса Исмаг1ил ва цогидалги).

 

    Дагь-дагь ккун адабият щулалъана ва,  заманго инелде,  рух1ияб адабият абураб ц1аралда гъоркь нилъеца к1вар кьолеб  х1алалде бач1ана. Академик Х1. Х1амзатовас хъвалеб буго: «Жакъа «рух1ияб адабият» абун нилъеца рехсолеб адабият ккола, т1убанго эстетикияб ва художествияб хъулухъ гьабулеб ва диналъул тарихиябгун философияб буголъи загьир гьабулеб, диниял асарал (Мух1амад аварагасул г1умру, асх1абзабазул, мазгьабалъул ва диналъул церехъабазул, диналъул аслабазул  х1акъалъулъ биценал ва гь.ц.) шиг1риял кьуч1азда лъей».

 

 Г1аймакиса Абубакарица (1711-17910) ва Кудалиса Х1асаница (1718-1795) халкъалде ваг1заби х1исабалда хъварал назмаби жакъа къоялъги машгьурал руго. Гьезул берцинаб насих1атияб мац1ги, инсуца лъималазе г1адин ургъел батун, лъик1 рук1ине бокьун бицунеб раг1иги, киналго заманабазе рекъана ва маг1арул рух1ияб адабияталъул кьуч1да бегана.

 

Масала:

 

 … Эбел-эмен рази гьаре, вацал яцал г1ат1ид гьаре,

 

 Цогидазе лъик1лъи гьабе, ахир лъик1лъи бегьала дуй…

 

( Г1аймакиса Абубакар)

  

Яги:

 

 … Боц1и ц1ик1к1ун, мехтарав вигьинего к1оларо,

 

 Цо макъамалъ ч1ух1арав чияхъ валагьуларо.

 

 Заманаялъ квегъич1ев г1одове вуссунаро,

 

 Щибго пикруго гьеч1ев гьалмагълъуму гьавуге…

 

 (Кудалиса Х1асан)

 

Гьезул мисалалда х1алт1ана X1X –абилеб г1асруялъул авалалда рук1арал Хунзахъа Дибир-къади, Гьарак1униса Саг1ид ва цогидалги г1алимзаби.

 

       Маг1арул адабияталда хасаб бак1 ккола г1алимчи Хунзахъа Дибир-къадица (1742-1817). Филологиял гIелмабазул кандидат, ДНЦ РАНалъул ИЯЛИялъул кIудияй гIелмияй хIалтIухъан П. М. ГIалибеговалъ хъварал баяназда рекъон,  Дибир-къадица ц1акъ к1удияб х1алт1и гьабун буго маг1аруллъи цолъиялъе, ислам щулалъиялъе,   адабият цебет1езабиялъе ва г1ажам алип камиллъизе г1оло. ТIоцеве Дибир-къади цIалана  жиндирго инсуда цеве, хадув Кудалиса ХIасанида цеве цIалана гIемерал соназ, гьединго цIалана ЧIохъ МахIадида цеве ва цоги  жидерго мадрасаби ругел гIалимзабазда цеве. Дол гIасрабаз  рукIарал гIелмабазул гIемерисел кьучIдасанго лъазе гьарун камилаб лъай щваниги, Дибир-къади ана ГIарабустаналдеги  Персиялдеги. Шушаялда парс мацI лъазабуна Мирза Жамал Жаваншир (1773-1853) абулев шагIир, гIалим ва пачалихъияв хIаракатчиясухъ. Мирза вуго «Гъарабагъ-наме» машгьураб асар хъварав тарихчиги. Гьев вукIана Гъарабагъ-хан Ибрагьимил секретарь (мирза). Дибир-къадица Мирзада малъана гIараб мацI<!--[if !supportFootnotes]-->[5]. Гьелдаса хадубги парс мацI лъазабизе Дибир-къади цIалана машгьурав гIалим Макъсуд Челеби Панахабадиясухъ. Ахирги лъай камил гьабуна Турциялда ва Шамалда. Дибир-къадида камилго лъалаан гIараб, парс, турк, гуржи ва Дагъистаналъул миллатазул магIарул, лъарагI, дарги, ва тум мацIал. Гьесда лъалел гIелмаби рукIана пикъгьи, мантIикъ, тавхIид, нужум, нахIви, адаб ва цогидалги. Эмен хун хадув Дибир-къади хунздерил бодул къадилъун тана. Амма цохIого цо шаригIаталъун суалал тIураялда къокълъичIо гьесул хIалтIи. Гьес тIуралаан ГIумма-ханасул гIакълучиясулги вакиласулги ишал. ГIумма-хан цIакъ рази вукIунаан жиндирго вазир ГьоцIалъа ГIалисканди (ХIамзат имамасул эмен) ва Дибир-къади гIадал чагIи аскIор рукIиналдаса ва гьезул гIакълуги къабул гьабулаан.  Киса-кивего ГIума-ханас жиндирго сапараздаги цадахъ вачунаан Дибир-къади.  Гьеб, кин бугониги, гIалимчиясе захIматаб жо букIана ва Дибир-къадил хъвай-хъвагIаяздаса  бичIчIулеб буго гьес  гIелмуялда тIадч1езе х1аракатбахъулеб  вукIине бокьун букIараблъи, амма пачалихъиял суалаз гьеб иш рекIее бокьухъе цебе бачине рес кколеб букIинчIолъи.  Кин бугониги, Дибир-къадица гIемераб хIалтIи гьабуна гIелмуги, адабиятги, мацIги цебетIеялъе. Гьесда  лъикI лъалаан Бакъбаккул улкабазул шагIирзабазул: СагIадил, ХIапизил, Фирдоусил, Румиясул, Жамил, Низамил ва  цогидазулги асарал. Гьединго гьесда гIарабазул халкъиял асаралги лъикI лъалаан.  

 

 Маг1арул мацI камил гьабиялда ва цоги мацIал малъиялда тIад гьарурал Дибир-къадил хIалтIаби руго магIарул гIелмабазда гъорлъ бищунго нек1сиял. Гьес гьарун рукIана магIарул ва азербайжан, магIарул ва тум, магIарул ва гуржи  гьитIиналго къамусал (словарал). Гьел хIалтIаби нахъе хутIун гьечIо. КIиго ва лъабго мацIалъул лугъатал  гIуцIи   букIана цIакъ кIвар бугеб ва жамгIияталъе хIажатаб хIалтIи. Гьев магIарул г1алимчияс г1уц1ана гIараб, парс ва турк мацIазул лугъатал. Дол соназ цIакъ машгьураб букIана гьеб хIалтIи. Щай абуни гIараб мацI лъалел мутагIилзабазе рес кьолеб букIана бакъбаккул ислам гIелмуялдаса, адабияталдаса пайда босизе. Гьеб буго бергьун кIудияб махщалдида ва халкъалъе гьелъул бугеб ва хIажалъи бихьун гьабураб хIалтIи. Долдаса нахъе маг1арул  рухIияб ва дунявияб  адабияталъе   Бакъбаккул ракьазда бук1араб цебе тIураб адабияталъ к1удияб асар гьабуна.  Хасаб  кIвар кьолаан Дибир-къадица гIелму малъиялъул къагIидаби камил гьариялдеги. Гьесул руго лъималазе мацI малъизе хъварал хIалтIабиги: «Тибян ал-лисан ли тагIлим ас-сибян», («Лъималазе малъизе мацIалъул баян»). Гьединго: «МажмугI ал-лугъат» («МацIазул мажмугI») абураб   парс ва турк словарь  буго Жиндирго хIалтIабазулъ Дибир-къадица, пуланаб мисал ва рехсараб иш, далил х1ужа босараб бакI бихьизабун (накълу), камил гьабун буго. Гьелъги батила хIалтIи рагIа-ракьанде щвараб, мухIканаб, тIад калам гьечIеб бугеб.

 

  Цоги Дибир-къадил буго, «ТIалтIиясул насихIатал» абун гьанжесел гIалимзабаз цIар лъураб  асар. (ТIалтIияв абун хъван буго Дибир-къадица жиндирго хIалтIабазда гъоркь. Гьелъул магIна буго Хунзахъ ТIалтIа авалалдаса абураб. Гьеб авалги буго ханзабиги рукIараб, росдал (хIатта Аваристаналъулго) Бол-мажгитги букIараб машгьураб бакI). Гьеб асаралда гIумруги лъарав, дунялги бихьарав,  хIалбихьиги бугев авторас гьарулел руго насихIатал иман камил гьабиялда, Аллагьасул рахIму-цIобалде хьулалда,     ритIухълъиялда рукIине ккеялда хурхун.  Къуръаналдаса аятал, хIадисал рачун хъварал гьесул насихIатал, асараб бечедаб рух1ияьб хазиналъун лъугьана   магIарулазе.

 

  Дибир-къадил  художествиял асаразда гьоркьоб хасаб бак1 ккола ГIумма-хан (1761–1801с.с.) хвеялде гьабураб поэма-марсият.

 

Гьеб марсияталда ГIумма-хан  вихьизавулев вуго ритIухъав, лебалав, сахаватав чилъун. ХIатта, рагъул сапараздаги гьес  низам цIуни ва зулму биччангутIиги бихьизабулеб буго. ГIумма-ханил хвел   магIаруллъиялъе  к1удияб ками бук1анин абулеб пикру буго асаралда аслияблъун. Аваристан цолъизабун  гьеб гучаб пачалихълъун  гьабизе дос кьураб кIваралъеги бахъараб жигаралъеги кьун буго мустахIикъаб къимат. 

 

Маг1арул адабияталда жаниб  Г1умма-ханасе сайигъат гьабураб  Дибир-къадил  поэма-марсият ккола т1оцебесеб раг1а-ракьанде щвараб, камилаб асар. Гьеб байбихьулеб буго Т1адег1анав Аллагьасе рецц гьабиялдаса, хадуб бицунеб буго поэмаялъул багьадурасул  гьунарал, гьес умматалъе гьабураб пайдаялъул, сверухъ ругел ракьазул бут1руз  гьесул гьабулеб бук1араб адаб-х1урматалъул, жиндирго халкъалъе гьесул бук1араб бербалагьи-гурх1елалъул х1акъалъулъ

 

…..Бихьухъе тушманзаби жал гьесдаса х1инкъана,

 

 К1удиял гьесул къасдал гьесул к1варлъун рук1ана.

 

 Чан ч1ух1араб ракьалде гьес гьужумал гьарурал,

 

Гьел ракьазда щулиял хъулби киг1ан росарал?

 

Мулкал жидер г1ат1идал, къосарал тушманзаби

 

 Киг1ан г1емер мерхьарал гьесул аскарул чуяз?

 

 Дудалъун рак1 къварилъун, к1анц1изе бак1 т1аг1арал

 

 Т1ад кверлъун рекъон тезе киг1ан мун къач1адарав?

 

 

 

     Ахиралдаги Т1адег1анав Аллагьасда гьарулеб  буго авторас, мунагьал чури т1алаб гьабун ва хьулалги загьир гьарулел руго Г1умма-хан лъик1ав чи вук1иналдалъун досие алжан насиблъиялда:

 

….Я, дир Аллагь, мун вуго гьоболасе х1урматав,

 

Гьав нижер гьобол вуго, гурх1елалде хьул буго.

 

 Г1адамазул бищунго сахаватав вук1анин,

 

Сахаватал рук1унеб алжан кье дуца гьесий.

 

Бах1арчияв вук1ана, гьал халкъал нуг1зал руго,

 

 Рокьаралгун данделъун гьенивги гьев вук1ина.

 

 Х1елму бугев, сабурав, нечаравги вук1ана,

 

 Я, т1адег1анав Аллагь, мун гурх1агиха гьесда.

 

Т1алт1ияс гьаб марсият   халат гьабун бицана,

 

Цебе Дудасан гьесий г1ат1илъиги бук1ана……

 

Дибир-къадил адабияб ирслъул жанразул  хал гьабидал гьениб буго  марсиятги, поэмаги, назмуги, туркиги, шиг1руги. Художествиял асаразул г1емерисел г1араб мац1алда ругониги г1ажамалъ хъваралги гьезда гьоркьор ратулел руго. 

 

    Художествияб адабияталда цадахъ  Дибир-къадица цебетIезабуна доб заманалда цIакъ кIвар букIараб гIажам хъвай-хъвагIай. Гьес хъвана гIемерал тIахьал. БатIи-батIияб къагIидаялъ (насх, настIаликъ, шекаст) хъварал гьесул нусхаби нахъе руго жегиги.   Хвана Дибир-къади 1817-абилеб соналъ. Гьесул хоб бугеб бакI лъалеб гьечIо.

 

Дибир-къадил заманаялда маг1арухъ г1умру гьабун вук1ана машгьурав г1алимчи, лъабавго имамасул (Гъазимух1амад, Х1амзат, Шамил) муг1алим, Гьарак1униса Саг1ид (1863\4- 1834). Г1емерал асарал гьеч1о нилъехъе щварал, амма адабияталъул кьуч1 лъурал асарал руго гьесул. Гьарак1униса Саг1идица живго хвелалде хъван буго:

 

Метер ине къасд буго,

 

Къокъине хиял буго;

 

Доба гъелареб рек1ел,

 

Анибго ургъел буго.

 

Росу тезе ккун буго,

 

Сапар г1агарлъун буго,

 

Рокьарал гъудулзаби

 

Тезе зах1малъун буго...

 

Хабалъ вугев дун пакъир

 

Киг1андай къварилъила.

 

Рак1 гъолеб къо аниб тун

 

Керен киндай турила.

 

Саг1идица т1оцебе авар адабияталда хъвана элегия «Х1амихъ маг1у» -абураб.

 

Нижер х1ама хванилан,

 

Хабаб цояс бициндал,

 

Бак1ал гьирал г1адинал

 

Пашманлъаби рач1ана.

  

Гьаб г1ат1идаб дуниял,

 

Дие гьеб къварилъана.

 

Гьекъолел жал кьог1лъана,

 

Кьураб сабру бак1лъана.

  

Аслияб къаг1идаялда гьел шаг1ирзабазул асарал дидактикиял насих1атал рук1ана. Дунялалъул дагьлъи ва хехго т1аса ин бихьизабулеб буго ва гьелдалъун ахираталде къач1азе ккеялде гьесизарулел мурад бугел. Г1алимзабаз шиг1рабаздалъун насих1ат гьабулеб бук1ана х1алкъ шарг1ияб нухде ах1иялъе, гьезул к1вар буссун бугоан, г1адатал хисун исламалъул кьуч1алда г1умру гьабиялде.

 

 Шариг1аталда данде кколарел г1адатал халкъалда жанир жеги гучалда рук1ана ва, киг1ан г1алимзабаз ваг1заби гьаруниги, бук1ине кколеб х1асил кьеч1олъиялъ, гьел (г1адатал) т1аг1инариялде данде ва цоги к1вар бугел г1емерал г1иллабаздалъун, гъазават лъазабуна XIX г1асруялъул авалалда маг1арухъ диниял церехъабаз. Т1оцебе г1адатазда дандерахъин загьир гьабуна Гъазимух1амад имамасул нухмалъиялда гъоркь Генуб росдал жамаг1аталъ. Гьез цо къоялъ гьабураб х1укмуялда рекъон, росураг1алде росун г1адатал хъварал т1ахьал рух1ана.

 

Дагъистаналъул т1оцевесев имам, Гъазимух1амад   гьавуна Генуб росулъ 1794 (1795) соналда. Инсул рахъалдасан гьев кколев вуго Г1урадаса г1алим Ибрагьим-х1ажиясул наслуялъул чи.   Гъазимух1амадил умумузул чанго наслу бук1ана г1алимзабилъун. Гьесул эмен г1елму ц1аларав чи вук1аниги, гьелда рекъараб г1амал гьеч1ев вук1ун вуго. Кверда махщел бугев гьес тунк1азе хъундагъал гьарулаан. Гьит1инаб мехалдасаго Гъазимух1амад ц1алана к1удияв эмен Исмаг1илида цеве.  Гьелдаса хадув Гъазимух1амад ана Унсоколове Гъазимух1амад абулев г1алимасда цеве ц1ализе. (Гьениве гьесда хадув Шамилги вач1уна). Хадув к1иялго ц1алула Рихьуниса Х1ажимух1амадихъ, Х1ариколоса Лачиниласухъ, Г1орот1аса Х1ажиясухъ, ва Гьарак1униса Саг1идихъ ва гь.ц. .  Кинабниги анц1ила к1иго соналъ ц1алана гьев к1иявго ва гъваридаб лъай щун буго исламиял г1елмабазул. Гьев ц1алун вуго Генув, Хъаранив, Унсоколов, Ч1ик1ав, Индиралда, Таргъуялда, Гьарак1унив, ва цоги росабалъ.  

 

Гьит1инго г1елмуялда г1амал рекъарав, шарг1алъ малъухъе хьвадулев Гъазимух1амадие инсул пишаги рек1ее г1олароан. Инсуца жиндирго раг1и г1адахъ босич1еб мехалъ, Гъазимух1амад т1ок1ав эв вихьулеб бак1алде вач1инарилан,  гьедун, росулъа къват1иве уна, г1елму ц1ализе нияталда. Амма, кват1ич1ого эмен хванилан хабарги бач1ун нахъвуссуна ва  эменги вукъун анкьго къоялъ хабада Къуръанги ц1алун, ц1идасанго ц1ализе уна. Бицен буго гьесул эмен хвелалде цеве г1агарлъиги бак1арун тавбуги гьабун, рузман сордоялъ накълулъанилан.  Цо заманалъ г1елму ц1алиги жибго тун, Гъазимух1амад инсуца малъун бук1араб хъундагъал гьариялде вуссун, росулъго ч1ола. Гьеб мехалъ эбелалъ гьесде г1айиб гьабула, г1елму ц1али гьоркьоб къот1изе тунилан. Ц1идасан къват1иве вахъуна Гъазимух1амадг1елму т1алаб гьабун. Маг1аруллъиялда щив г1алим вугилан раг1ани гьесда цеве ун ц1алулааан Гъази Мух1амад. Бицен буго Ч1ик1ав ц1алун вахъиндал гьесда гьарулеб бук1анила  дарсал кьун гъоваго ч1аян. Гъазимух1амадил г1елму-лъаялъул х1акъалъулъ доб мехалда  маг1арухъго  ц1ар ун бук1ана. Г1умру лъебериде бахиналде Гъазимух1амадида жо малъулев г1алим хут1ун вук1инч1о маг1арухъ. Г1емерал биценал руго гьесул х1акъалъулъ Гьарак1униса Саг1идихъ ц1алулаго. Саг1ид вук1ана доб мехалъ бищунго цевет1урав г1алимчи. Гьесухъе т1олго Дагъистаналдасаго рач1унаан ц1ализе мутаг1илзаби. Рук1инисел имамзаби Гъазимух1амад, Х1амзат, Шамил, Ярагъиялдаса Мух1амад-апанди, Игьалиса Саг1ид, Къарахъа Мух1амад Т1агьир, Гьолокьа Дайитбег, Хваршиса Загъалав, Эндиреялдаса  Ташав-х1ажи, Хунзахъа Нурмух1амад-къади, Гъазанущиса Г1абдурах1аман ва жеги цогидалги г1емерал жидеца г1елму т1ибит1иялъеги  гъазаваталъеги  нахъа бергьараб кумек гьабизе бугел г1алимзаби. Гъазимух1амад ц1алулеб заманалда, гьесде ц1ик1к1ун к1вар кьолеб бук1ун буго Саг1идица. Гьелъ цо-цо мутаг1илзаби рази гьеч1огоги рук1унаанила, жидее дарс ц1ализе щолеб гьеч1илан. Гьеб мехалъ Саг1ид мук1урлъун вуго,  Гъазимух1амад  дарс ц1ализеян жиндихъеги вач1ун, жиндие эбги ц1алун анин абун. Киве аниги, Гъазимух1амадица жиндирго г1елму бахчун гурого ц1алараб жо загьир гьабун гьеч1о. Лъица гьикъаниги, абулеб бук1ун буго «Жами» абулеб грамматикаялъул т1ехь ц1алулев вугилан.

 

Ц1алун хадув  Гъазимух1амад    вахъуна    къвак1ун шариг1ат ккурав, амру-нагью гьабиялда т1адч1арав, бечедав мискинав, залимав-заг1ипав ват1а гьавич1ого киназдаго рекъараб насих1ат гьабулев г1алимлъун. Гьебго заманалда Дагъистаналда загьирлъула накъшубандияб т1арикъаталъул устар Ярагъиялдаса Мух1амад-апанди ва гьес ижаза кьурав Гъазигъумекиса Жамалудин. Гъазимух1амад цин Жамалудин устарасухъе уна, хадувго –Ярагъиясухъеги. Гьес Гъазимух1амад лъабго къоялъ жиндирго рокъовги тун, т1арикъатги малъун вит1ула нахъе. Гьелдаса хадув Гъазимух1амад г1езег1ан мехалъ халваталда ч1ола.  Гьев,  Шамилги цадахъ вачун, росдадаса рик1к1ада бугеб «Ракъдал к1к1ал» абулеб бак1алде ун,  х1ужрарукъзалги гьарун, жанив ч1ола халваталда, ц1ализе т1ахьалги цадахъ росун. Гьенир жанир гьел рук1аго, гьезухъе зияраталъ рач1уна Ярагъиявги Жамалудин-устарги. Гьелдаса хадув Гъазимух1амадица байбихьана, росабалъ шариг1ат лъун, г1адатал хвезариялде. Т1оцебе жингирго Генуб росулъ лъуна гьес шариг1ат. Кинниги ваг1за-хабаралдалъун иш билълъанхъулареблъи бич1ч1ун, гъазаваталъул хвалчен борхизе ккана шариг1ат лъеялъе г1оло. 1828 соналъул хасалихъе Ярагъиялда Мух1амад-апандияс мажлис г1уц1ана ва лъазе гьабуна гъазават. Ярагъияс киналго эркенал жамаг1атазда, росдал церехъабазда ва къадизабазда лъазе гьабуна гъазаваталъул байрахъ Гъазимух1амадица борхулеб бугеблъи ва гьебго мажлисалда гьев Имамлъунги лъазе гьавуна. Халкъалда гьоркьоб т1ибит1ана имам вахъиналъул х1акъалъулъ  хабар ва цо-цо  росабалъа вакилзаби рач1ун, гьениб шариг1ат лъезе Гъазимух1амадилгун  къот1и гьабуна. Кин бугониги дандеч1аралги камулел рук1инч1о. Гъазимух1амадица росабалъ шариг1ат лъелалде цебе, хъван, цадахъ босун бук1ана «Г1адатазул бет1ергьаби исламалдаса рахъун ккеялъе къуватаб х1ужа» - абураб  гьит1инабго мажмуг1.  Гьеб т1ехь хъвазе Гъазимух1амад уна Бузнаб абулеб бак1алде, цадахъ эбелалъул вацг1алги вачун, г1емерал т1ахьалги росун, жинцаго хъвалебщинаб жоялъе далилал рехсезе г1оло.  Гьеб т1ехьалъул авалалда лъуна гьаб назмуги (къокъ гьабун лъолеб буго):

 

Иблисалъе как балел г1усатазул цо къокъа

 

Г1адатазул къанунал  къвалакъе ккун ч1ун руго,

 

Къо бач1ина, Аллагьас, Мух1амадги иблисги

 

 Мах1шаралдеги  axlyн, эзул диван гьабулеб.

 

   Имам вук1ана назму-ваг1заялъе пасах1атав чи. Гьаб назмуялдаса бихьулеб буго киг1ан махщалида гьес шиг1рияб коцониб г1елмияб ваг1за   рекъезабун бугебалиги. Гьединаб баянги кьолаго, Гъазимух1амадица байбихьана халкъ шариг1аталде ах1изе. Амма бак1азда ругел т1адчаг1азе рек1ее г1олеб бук1инч1о ц1ияб низам ва байбихьана жеги лъебергог1ан соналъ халатбахъараб Пачаясулаб Россиялъулгун рагъ. Г1алимзабаз бихьизабулеб буго гъазаваталъул соназда Дагъистаналда г1елмуялде к1удияб к1вар кьолеб бук1анин ва киса-кибего мадрасаби х1алт1улел рук1анин. Гьеб бук1ана Аллагьасе г1оло байбихьараб ва дин т1ибит1иялъул нияталда гьабураб х1алт1ул х1асил. Кин бугониги диналда дандеч1ей лъуг1ич1о, жакъа къоялъги (киналго ихтиярал кьун ругин таниги) бихьулебги буго.

 

    Гъазимух1амад-имамас байбихьараб гъазаваталъ маг1арул  адабияталдаги ц1ияб гьумер рагьана - г1елмиял темаби, пикраби  шиг1рияб къаг1идаялда загьир гьабизе лъугьана. Кинаб бугониги шарг1ияб х1укмуги г1алимас назмуялдалъун баян гьабуна.  Гьединго Кавказалъул рагъул соназдаги  гьеб лъуг1ун хадубги маг1арухъ т1орит1ун рач1ана гъазваталъул х1акъалъулъ назмабиги. Аслияб куцалда  гьел рук1ана  зулмуялъул, имамасул ва муридзабазул бах1арчилъиялъул, къо х1ехьеялъул, бусурбабазул иманалъул къвак1иялъул х1акъалъулъ хъварал. Камулел рук1инч1о имам какулелги г1адамал. Яхсялдаса Юсупица хъван бук1ана Шамилил х1аракатчилъи  какулеб назму. Гьелда данде Къарахъиса Мух1амад-Т1агьирица хъвана  щибаб калимаялде данде шарг1ияб х1укмуги рехсараб   жаваб-назму. 

 

  ЮСУПХ1АЖИ:

 

Шамилил бах1арчилъи, мух1ур лъугьун, т1аг1ана,

 

Т1олгояз имамилан эсда ц1ар ч1вананиги.

 

МУХ1АМАДТ1АГЬИР:

 

Шамилил бах1арчилъи байрахълъун парпадана,

 

Гьединин имамилан эсда халкъалъ ц1ар ч1вараб.

  

     Къарахъа Мух1ммад-Т1агьир вук1ана ич1го соналъ имам Шамилие мирзалъун хъулухъ гьабурав г1алим. Кавказалъул рагъазул х1акъалъулъ  кодоре щварал асаразул бищун камилаб ва мух1канаб  буго Къарахъиясул «Барикъату суюф аль жабалийа фи баг1д аль гъазават аш-Шамилийа»-  абураб т1ехь. Гьеб гуребги чанги  шариг1аталъул баянал кьурал  т1ахьал хъвана Къарахъияс.

 

      Х1уригат бахъилелде  маг1арухъ г1араб мац1алда т1ирит1ун рук1ана киналго г1елмаби:  философия, адабият (поэзия), мант1икъ (логика)  ва цогидалги. Гьелъие нуг1лъи гьабула, маг1арул  адабияталъул халгьабулаго, гьениб  г1араб мац1алда хъвараб адабияталъ г1езег1ан бак1 кквеялъги. Г1араб мац1алда жидерго асарал нахъе тана Г1урадаса Муртазаг1алица (хв 1865с.), Къарахъа Мух1амад-Т1агьирица (1812-1882), Сугъралъа Х1ажи-Мух1амадица (1825-1870), Х1оцоса Нажмудиница (1860-1925), Аргъваниса  Пахрудиница (1867-1930), Ч1ик1аса  Х1амзат-х1ажица (хв.192?)  ва цогидазги. Гьединго маг1арул ва г1араб мац1алда асарал хъвана: Багинуса Шуг1айб-апандияс, Къах1иса Х1асан-апандияс Г1асаса Дибирасул Мух1амадица ва цогидазги. Маг1арул мац1алда асарал нахъе тана г1емерал г1алимзабаз. Диниял аслабазул мажмуг1алги назмияб къаг1идаялда хъвана г1алимзабаз.

 

     Т1оцересел асарал ц1алидал, гьел ратула киналго г1адин диналъул аслаби лъазариялде, г1адамасул хасият лъик1лъизабиялде, ай Къуръан - х1адисалдаса ва свалат салам лъеяв Аварагасул г1умруялдаса росарал темабаздасан хъварал. Гьезда гьоркьор руго: Ч1охъа Г1абдулагь-х1ажиясул  «Уммул баян», Г1ободаса Сиражудинил «Бустан Аваристан», Гьигьалъа Х1усайниясул «Манзумат» (назмаби),  К1удияб мавлид ва цогидалги.  Гьединаб адабият г1арабазда гьоркьобги машгьураб буго.

 

  Дагь-дагьккун г1ат1илъана «рух1ияб» абун ц1ар тараб адабияталъул тематика. XVlll г1асруялда раккана тарихиял темабазда хъварал асарал.  Хунзахъа Дибир-къадица (1742-1817) хъвана «Г1умма ханиде»- абураб поэма, Миякьоса Г1умар-х1ажияс (1849-1921) «Аварагзабазул къисаби», Инхоса Г1али-х1ажияс «Макка бахъи», «Дагъистаналъул бах1арзазде»  абурал поэмаби. Гьединго маг1арул эпикияб поэзия г1уц1иялъулъ к1вар бугеб бак1 ккола Хьаргабиса Мух1амад Бегица (Бегилас), (1840-1912) ва гьесул хъвадарухъанлъиялъ.

 

    Хъварал  асарал т1ирит1иялъе бищунго зах1матаб суал  бук1ана кагъат къанаг1аб заман бук1ин ва щибаб т1ехь квералъ хъвазе ккей. Гьедин бугониги г1алимзабаз назмияб рахъалде ц1акъ к1вар кьолеб бук1ана,  ва гьез исламалъул кьуч1алда г1уц1ана г1араб ва маг1арул  мац1азда адабият. Халкъалда гьоркьоб  адабият т1ибит1иялъе ва цебет1еялъе бищун к1вар бугеблъун бук1ана г1ажам алип г1уц1и.  Г1ажам хъвай-хъваг1аялъул кумекалдалъун, нахъе ц1унизе бигьалъана ва халкъалда гьоркьор машгьурлъана миллиял авторазул   асарал.                    Профессор С. Х1айбуллаевас хъвалеб буго, маг1арул адабияталъул халгьабуни, гьеб XVll г1асруялъул к1иабилеб бащалъиялдаса жакъа къоялде щвезег1ан цебет1олеб бугила гьоркьоса къот1ич1ого. Гьоркьохъел г1асрабазул машгьурал г1алимзаби  Г1ободаса Шаг1бан-къади, Г1аймакиса Абубакар, Кудалиса Х1асан, Хунзахъа Дибир-къади г1ажамалъе кьуч1 лъуна ва ва  хадусел г1арсабазда  г1ажам алип х1алт1изабулеб бук1ана. Г1ажам  баккиялъул х1акъалъулъ машгьурав г1алим - тарихчи М.С. Саг1идовас   хъвалеб буго: «Т1оцебе маг1арул раг1аби х1алт1изарун Г1андиса Г1али-Мирзаца  (гьавуна 1442\3) 1485 соналъ хъвараб  Г1андуник1 нуцалил васияталда анц1ила анлъго раг1и маг1арул мац1алда бугилан. Гьесдаса хадуб Х1арахьиса Т1айгибица (1563 -1668) дагьабги камил гьабунила г1ажам алипба.  Бищунго г1емер х1алт1и г1ажам камил гьабиялъе, гьес  бихьизабухъе, гьабун буго Хунзахъа Дибир-къадица (1742 -1817):  «…Гьес г1ажам алип камил гьабуна гьаркьилал х1арпазе х1аракаби лъун ц1алулеб х1алалда. Дибир-къадица камил гьабураб г1ажамалдаса маг1арулаз, к1удияб хис-басиго гьабич1ого, пайда босана х1уригатги бахъун замана хисизег1ан. Имаматалъул заманалъ абуни «лълъ» гьаракь бихьизабулеб х1арп т1аде жубана. Дибир-къадица гьеб х1арп цо къаг1идаялда хъван гьеч1оан. Гьеб хъвай-хъваг1аялда т1ад х1алт1изе хасаб комиссия бихьизабун бук1ана имамас. Гьел руго Шамилил муг1алим Х1ариколоса Лаченилав, К1улзебалдаса Г1али ва цогидалги…  XX абилеб г1асруялъул авалалда г1ажамалъ ц1акъ г1емерал т1ахьал рахъана  Темир–Хан Шура  М-М. Мавраевасул басмаханаялда. Г1емерисел гьел т1ахьал рук1ана диналъул темаялда хъварал.   1902 абилеб соналъ Истамбулалда  басмаялда бахъун бук1ана Мух1амад Аварагасул (с.г1.в.с.) г1умруялъул х1акъалъулъ бицунеб гьит1инабго т1ехь. Гьеб хъван бук1ана Миякьоса Г1адул вас Г1умарица.

 

   Гьединлъидал нилъеда ч1езабизе к1ола Дибир-къадица  бахъараб г1ажам алиф маг1арулазул миллияб хъвай-хъваг1ай бук1ин». Филологиял г1елмабазул доктор Чакар Юсуповалъ хъвалеб буго: «АнцI-анцI соназ Дагъистаналъул гIалимзабазул чанго кьер цIикIкIараб хIаракатчилъигун хIалтIана нилъерго миллияб хъвай-хъвагIай гIуцIиялда тIад. Гьеб гIуцIун хадуб Дагъистаналъул адабият, хасго байбихьуда щулаго бухьараблъун лъугьана рухIанияб, динияб гIумруялда. Гьезулъ загьирлъана хадуб гIараб мацIалда ва миллиял мацIазда гIуцIараб динияб поэзиялъулъ щулалъарал пикрабиги, масъалабиги. Гьеб поэзиялъул аслу-кьучIлъун, байбихьи-аваллъун лъугьана Къуръаналдасаги ва цогидал хириял тIахьаздасаги миллиял мацIазде руссинарун бигьаго бичIчIуледухъ кьурал асарал».  Г1ажам бахъи бук1ана маг1арухъ бищунго ц1акъ ислам   дин щула гьабиялъе ккараб кумек. Гьеб алипалда  хъвазе байбихьана т1ахьал, ваг1заби, гьездаго цадахъ т1ирит1ана шиг1раби, мавлидал, туркаби ва марсиятал. Г1алимзабаз гьеб рахъалде к1вар кьеялъе г1илла бук1ана пасах1атаб калам, бег1ераб ва г1ужилаб раг1и асар гьабулеблъун бук1ин.

 

     Диниял асарал абун г1емер соназ ц1ализе гьукъун рук1аниги, Инхоса Г1али-х1ажиясулги, Миякьоса Г1умар-х1ажилги ва цогидазулги  асарал машгьурал рук1ана халкъалда гьоркьор. Масала, Г1али-х1ажияс динияб адабияталда ц1ияб рух1 лъун, гьеб цебет1еялъе ц1иял нухал рагьана, ругел г1ат1ид гьаруна. Г1али-х1ажияс кьуч1 лъуна мавлидал хъваялъул хасаб къаг1идаялъе: “Жеги маг1арул адабияталда лъалеб бук1инч1еб анц1ила ункъо яги анц1ила анлъго гьижа бугел мухъаздалъун назму хъвай, гьелъ рес кьуна г1одоб биччан, т1адагьго, г1енеккулезда бицунеб хабар бич1ч1иялъе”. Маг1арул мац1алда ругьунал алпазал, дандекквеял, машгьурал фразеологизмал х1алт1изаруна Г1али-х1ажияс жиндирго  мавлидазулъ свалат салам лъеяв Мух1амад аварагасул сипат гьабулаго. Гьелъ рес кьуна халкъалда Расуласул сипат бич1ч1иялъе ва рак1алда ч1еялъе. Гьес хъвана къокъал, ах1изе бигьаял мавлидал. Маг1арул  адабияталъул классик   шаг1ир, г1алимчи,   исламалъул аслияб, бищун к1вар  бугеб т1алаб – даг1ват гьаби жиндир т1олго г1умрудул маг1налъун гьабурав Г1али-х1ажил асарал руго щибаб заманалда рекъарал, щибаб мехалъе данде ккарал, г1асраби аниги, басралъи гьеч1ел. Камилаб маг1арул мац1, г1акъилаб раг1и, г1ужилаб мисал, исламалъул кьуч1 – кинабго махщалида данде бачун буго Г1али-х1ажияс жиндирго асаразда. Гьелъин  гьев маг1арул шаг1ирзабазул хадусел наслабазе мисаллъун вугев. Гьес церет1езаруна адабияталъул бат1и-бат1иял  жанрал: назму, иллагьияб шиг1ру,   сатира, юмор,   элегия, алпазал ва гьел гурел цогидалги.  Г1али-х1ажиясул асараз кумак гьабула исламалъул  тарих   свалат салам лъеяв Аварагасул г1умру лъазе. Гьесул  «Макка бахъи» абураб поэма буго г1арабазул ракьалда ислам т1ибит1и, рагъуе х1адурлъи, свалат салам лъеяв   Аварагасул   х1алимлъи, сабру, нич – кинабго  баян гьабун хъвараб  пасих1аб асар. Гьединго Г1али-х1ажиясул поэзиялъулъ бищунго к1вар  бугеб бак1 ккола напсалдехун, гьабулеб ваг1за-хит1абаз, инсанасул рух1ияб рахъ цебет1еялде кант1изарулел назмабаз.

 

Дагъистаналъул  халкъияв шаг1ир Мух1амад Ах1мадовас хъвалеб буго: «Анц1ила ич1абилеб г1асруялъул к1иабилеб бащалъи Инхоса Г1али-х1ажиясул гьунаралъул бакъалъ къалъизабураб, «г1акълудул ралъадалъ» бечед гьабураб, рокьул шиг1рабаз пана гьабураб, сатираялъул куч1дуз кант1изабураб, насих1атиял назмабаз заман рагьараб, кицабиял алпазаз даимлъи кьураб буго маг1арул адабияталъе»,- абун.  Г1али-х1ажиясул заманалда рух1ияб адабият  цебет1езабурал шаг1ирзаби   ккола Геничукьа Х1айдарбег (1829-1873), Ч1охъа Г1абдуллагь-х1ажияв (хв.194?), Багинуса Шуг1айб-апанди (хв. 1909с.), Г1алахъа Х1ажи Х1усен (1843-1916) ва цогидалги. Г1али-х1ажиясдаса хадур рахъарал рух1ияб темаялда хъвадарарал шаг1ирзаби ц1акъ г1емер руго.  Гьесдаса хадуб ц1ияб х1ухьел ч1вараб г1адин ч1аголъун, цебет1ун бач1ана  маг1арул динияб  ва дунявияб адабият. Гьениб хасаб бак1 ккола  Миякьоса Г1умар-х1ажи Зияуддиница. Жиндир  г1емерисеб г1умру Г1усманияб пачалихъалда т1обит1арав   гьев г1алим ва шайих рахьдал мац1алда хъвадарана  ва Эдирнеялда, Истамбулалда,  Темир Хан Шураб Мавраевасул басмаханаялда,  т1ахьал риччан, маг1арулазухъе щвезаруна. Г1умар-х1ажил г1умруялъул ва динияб х1аракаталъул бицунаго, Муртазаг1алиевас хъвалеб буго, гьес нахъе танила  г1араб ва турк мац1азда хъварал камилал г1елмиял асаралги маг1арул мац1алда хъварал пасих1ал, маг1на гъваридал, исламияб диналде халкъалъул рак1 базабулел мавлидалги туркабиги.

 

Гьединго Г1умар-х1ажил буго «Къисас ан-набия» (Аварагзабазул къисаби) абураб т1оцебе маг1арул мац1алда хъвараб эпикияб асар.    Г1умар-х1ажиясул ирсалъул халгьабидал гьенир  г1иц1го диниял   асарал гурони ратулел гьеч1о. Гьелъулъ буго гьесул Инхоса Г1али-х1ажиясдаса бат1алъиги. Г1али-х1ажи адабияталъул классиклъун вуго, Миякьоса Г1умар-х1ажи  абуни динияб адабияталъул классиклъун рик1к1ине бегьила. 

 

 XX г1асруялъул авалалда маг1арул адабияталда загьирлъана ц1иял ц1арал, жидер рух1ияб ирс халкъалъе хазиналъун ругел.  Темир-Хан Шураб М.М. Мавраевасул басмаханаялда къват1ире риччарал т1ахьаз нилъее машгьур гьавуна Г1ободаса Сиражудин (1868-1914). Гьесул адабияб  ирс бат1и-бат1иял жанрал хасиятал руго.  Жанралъул рахъалъ «Х1осен ч1ваялъул турки» буго  эпикияб поэма, мух1канго, свалат салам лъеяв, Аварагасул ясалъул вас ч1ваялъул х1ужа рагьулеб.   Гьесул «Бустан Аваристан» (Аваристаналъул ах) абураб диналъул аслаби баян гьарулеб т1ехь г1емерисеб шиг1рияб къаг1идаялда хъвараб   буго. Гьединго т1арикъаталъул адабал баян гьарулеб Къах1иса Х1асан-апандиясул «Хуласатул адаб»  абураб т1ехьги буго жинда жаниб адабалъул малъа-хъваял ругеб, г1емерав чиясе пайда щвараб, т1убанго шиг1рияб къаг1идаялда хъвараб. Гьелго соназ Мавраевасул басмаханаялда х1алт1арав катиб, г1алим Шуланиса Исмаг1илилги  (1865-1930) буго бечедаб рух1ияб ирс нахъе ц1унун. Масала, «Аллагьасул парзалъе к1арчанлъун г1умру арав», «Адабул х1укму» ва цогидалги асарал насих1ат г1адин къабул гьарула ц1алдолез.

 

 Гьидалъа Удурат (1850-1921) г1алим, шаг1ир, ваг1из машгьурлъана жиндирго, ай  мухъазул ахиралда цого раг1и такрарлъулел   насих1атаздалъун:

 

Дуниял сапар буго, гlибадат базар буго,

 

Сагlадат тlокlлъи буго, тlалаб гьечlого буго.

 

Ватlан ахират буго, тlагlат хазина буго.

 

Г l амал ккурасе жаза, Жаннатул Пирдавс буго.

  

Г lадан, дунял, дирго черх, хадуб шайтlанги буго.

 

Дин гьабизе гьукъулеб, ункъо тушманги буго.

 

Гьабураб гlамал холеб гlужбугин рияъ буго,

 

Г lамалго гьабичlого, гъаплаталда черх буго.

 

Гьаб къаг1ида х1алт1изабиялъ туркиялъулъ пасих1лъиялъулги рек1ел х1алалъулги асар ц1ик1к1инабулеб буго. Удуратица нахъе тана рух1ияб темаялда хъварал г1емерал туркаби.

 

Гьигьалъа Гъазимух1амадил вас Мух1амад Х1усайнияс (1835-1935) бечед гьабуна маг1арул адабият, поэзиялъул ва прозаялъул жанразда  хъварал асараздалъун. Гьес хъвана жакъа къоялъги халкъалда гьоркьор машгьурал мавлидалги  назмабиги.  Аварагасул г1умру баян гьабураб «Къалаиду жавагьир…» абураб эпикияб асар нахъе тана Багинуса Шуг1айб апандияс (хв. 1909 с.). Аварагасул г1умру баян гьабулел асаразда гьоркьоб гьеб поэма рик1к1уна Расуласул г1умру лъазабиялъе бищунго камилаблъунги мух1канаблъунги.

 

       Рух1ияб адабият цебет1еялъе квербакъарал киналго г1алимзаби шаг1ирзабилъун ратулел руго– цо-цониги  назму, турки камулеб гьеч1о гьезул гьунаралъулъ. Гьанир нилъеца рехсана гьезул ц1ик1к1ун ирс нахъе таразул ц1арал. Бит1ун т1ахьал басмаялда рахъизеги асарал хъваялъе санаг1алъабиги  ккараб  XX  г1асруялъул авалалда Дагъистаналда ккана к1удияб хиса-баси, ай т1олго Россиялъул империялдаго ккараб 1917 соналъул Октябралъулаб инкъилаб. Гьелъ халкъалъул г1умру кьуч1дасанго хисана ва байбихьана рух1ияб (динияб) рахъалде мугъ рехараб, бат1ияб тарих.

 

Мух1амадрасул Г1умаров.

 

ДНЦ РАНалъул Ц1. Х1амзатил ц1аралда бугеб мац1алъул ва адабияталъул тарихалъул институталъул соискатель.

 
<!--[if !supportFootnotes]-->
 <!--[endif]--> 
 

<!--[if !supportFootnotes]-->[1] БетIер хъахIлъулеб буго

<!--[if !supportFootnotes]-->[2] Бецлъулев вуго

<!--[if !supportFootnotes]-->[3] Черх загIиплъулеб буго

<!--[if !supportFootnotes]-->[4] Гьава бергьунеб буго

<!--[if !supportFootnotes]-->[5] Мирза цо заманалда анлъго соналъ Хунзахъ вукIун вуго Ибрагьим-ханасул хъизан, ГIумма-ханасул яц Бахтикал кумекчилъун.


Автор: Мух1амадрасул Г1умаров

Баяналъул кьучI: Журнал "Гьудулъи". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +6
  • Нравится
Оставить комментарий


ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook