Авторизация

МагIарул мацI

 Къоло анкьго соналъ магIарул мацIалда гаргадилев вугониги, дида лъицаниги гьикъичIо кинаб бербалагьийин дур нилъер мацIалдехун бугебилан. Кинаб бугебали дица бицунги букIинчIо. Амма, дир гIадаб батIияб бербалагьи нилъер магIарул мацIалдехун бугев чи дида дандги чIвачIо. Гьединлъидал…

ТалихIкъосиялъги, къисматалъги дун вехъерхъун вачана хъвадарулел гIадамазде гьоркьове. Хъвадарулел гIадамазда гьоркьов дун рикIкIуна бищунго мацI лъаларевлъун. Буго хъвадарухъабазда гьоркьоб цо гьадинаб кIиго рагIи: «загIипаб мацI». Кинасда кинан гьеб рагIи бичIчIулеб батаниги, гьеб рагIи зама–заманалдасан дида абула. Дида мацI лъаларилан лъица бугониги абизе ккани, гьелъие къваригIуна кIиго гIилла:

I. Дида хIакъикъаталдаги мацI лъаларо, дир гьеб «загIипабги» буго.

2. Дида мацI лъала, мацI лъаларо басмаялда магIарул мацIалъ тIахьал, газетал, журналал рахъулел ва дида дур мацI «загIипаб» бугилан абуравщинав чиясда.

ТIоцебеселда дун киданиги разилъиларо. КIиабилелда батIиялги разилъуларо, гIодов ккун дун хваниги. ХIакъикъаталдаги, бетIер сверарав чияс гурони абизе рес гьечIо киналго мекъал ругин, цо дун битIун вугилан. Гьаб макъала лъугIизегIан дида цадахъ вилълъунев чиясда дица бичIчIизе гьабила дун битIун вукIин, вилълъунарев чиясда дида гьабизе кIолеб жо букIунаро.

ГьабсагIат нилъер республикаялда магIарул мацIалда къватIибе бачIунеб «БагIараб байрахъ» газеталъги, «Литературияб Дагъистан» журналалъги магIарул мацI хIалтIизабуларо. Цойгиги буго нилъер кIиго журнал: «Лачен» ва «МагIарулай» – гьеб кIиябгоги журналалъул мацI магIарул буго, амма хIинкъуца холаго хъвараб. Нилъер издательствоялъ къватIире риччалел тIахьазулъги къанагIатги батуларо магIарул мацIалъ хъвараб, нагагьлъун магIарул мацIалъ хъван гьенибе тIехь бачIани, редакторас биччазеги биччаларо. Нилъеца, щай биччаларебали дагьаб нахъа бицина, гьабсагIат дица абурабщинаб тасдикъ гьабизе мисалал рачина.

Бисмилла лъелин, бищунго мацI лъикIаб букIине кколеб, «БагIараб байрахъ» газетаялдаса мисалги бачун. Гьале жидерго мухбирас (Дибиров Д.–ХI.; 06.09.90сон) газеталда пикру хъвараб къагIида: «Хер къаялда ва баччиялда хIалтIулеб буго лъабго машина ва щуго тракторалъул гьоко». Лъидаха бичIчIизе кколеб «хер къаялда хIалтулеб буго», – ян абураб рагIи щиб жояли? ТIадехун бугеб пикру магIарул мацIалде буссинабуни ккола: «Хер баччулеб буго щуго тракторалъги, лъабго машинаялъги». ГIемерал мисалал рачине бегьула гьеб газетаялдаса, заман чIвай гурого гьелъ кьезе жо гьечIо – бичIчIун батила кинаб мацIалъул бицунев дун вугевали, щибилан абизе дие бокьун бугебали. Дунялалда рижанщинал мацIал, цохIо рагIаби батIиял рукIиналъ гурелъул батIи–батIиял гьарун ругел – щибаб мацIалъул букIуна хасаб гIуцIи, абулеб къагIида. Щибаб мацIалда букIуна жидерго халкъалъул, добасан умумуздасанго бачIараб цо хасаб махI. Нилъеца кIалалъги, бетIералъги гуро мацI бицунеб – гьеб нилъер бидулъ букIуна. КIолеб батани гIурусазул ялъуни французазул мацIалде буссинабе гьаб пикру: «Дица ракьандаса рачIчI ккун букIана КПССалъул». Лъиданиги кIоларо. Гьединго кIоларо гIурус мацIалда бачIараб пикру магIарул мацIалда хъвазеги. «БагIараб байрахъалъ» цоясухъа босараб интервьюялда хъвалеб бугоан: «ГIададисеб къасд гьабулеб буго дир рагIабазулъ балъгояб магIна балагьизе» – ян. Гьеб буго гIурус мацI, гьединан магIарулас абуларо. МагIарулас абула: «Дица абу–абуралда хадувги лъугьун наккдалъа мугьал рищизе лъугьунге» – ян.

Гьединал мисалал гали чIара–чIаралъур ратула. ТIахьазулъги, журналазулъги магIарул мацI хIалтIизабулеб мехалда аслияблъун пикру кколеб гьечIо.

Щай?

Гьелъие буго чанго гIилла – гьабсагIат дица гьел цо–цо ккун  рикIкIина.

ТIоцебесеб: Нилъер газет–журналазде бокьа–бокьарав чи хIалтIизе восуларо – гьенив къваригIуна лъай бугев чи. Нилъер республикаялда лъай киназего гIурус мацIалда щвана. ГIурус мацIалда лъай босулеб бугони, гьев чи гIурус мацIалда ургъизеги ккола. Инкъилаб бергьинегIан нилъее лъай щолеб букIана гIараб мацIалда, лъай бугев щинав чи ургъана гIараб мацIалда, инкъилабалдаса хадуб киналго ургъизе лъугьана гIурус мацIалда. МацIалда тIад хIалтIулеб сахабщинаб бетIер доб заманаялъ хIалтIулаан гIараб мацIалда тIад, гьанже лъикIавщинав филолог хIалтIулев вуго гIурус мацIалда тIад. Нилъерго мацIалъул пикру гьабун, лъиениги щолеб хайир букIинчIо – нилъер бутIрул къватIире ана. Нилъецаги мацI гьабизе ккана гIурусазулалда релълъун. Гьединлъидал нилъ ургъулелги, хъвадарулелги руго гIурус мацIалда, рагIаби магIарул ругониги. МагIарул рагIаби ругеб, гIурус къагIидаялъги хъвараб мацI ккола гьабсагIат нилъер бугеб, ургъун бахъараб, мацI.

КIиабилеб: Дунялалда загIипаб пикруялъул бетIергьаби цIакъ гIемерал руго. ЗагIипав чиясе бищунго цIакъ бокьула жиндирго пикру кутакаб бугилан ккезе. Гьев пакъирасда жиндагоги лъала пикру загIипаб букIин, амма, цоцалъа бахъизе лъалареб къагIидаялда, жуба–гъубараб мацIалда гьеб пикру хъванани, гьеб гIакъилаб ва гъваридаб бугилан ккола. Мисал: «ЦIакъ рекIее захIмалъула лъугIиго гьечIел бугьтанал партиялда лъолел ва гьелъул цIаралда мустахIикъал гурел рагIаби абулел рагIараб мехалъ». («БагIараб байрахъ»). Гьединан халатбахъун, хIажат гьечIебщинаб рагIиги хIалтIизабун хъвани, чIобогояб пикруги гъваридаб бугилан ккезехъин буго… гIантав–тохав чиясда. Гьеб магIарул мацIалде буссинабуни ккола: «Бокьиларо, вац, дие партия какизе» – ян абулеб жо.  Амма, гьединан хъвани мацI «загIипаб» бугилан абула. Гьединлъидал, лъица щиб хъвалеб бугониги, бигъинабулеб буго, хIабургъинабун, жиндирго пикру гъваридаб гьечIеблъи бихьизе толеб гьечIо…

Лъабабилеб: Нилъер мацI хвезабун буго «берцинлъиялъги», гьелъул «цIекIал дахIал» гьаризе лъугьиналъги. Нилъер мацI берцинаб гьечIо. ГанчIалъги, кьурабалъги, кIкIалабахъги берцинаб мацI бижуларо. «Къверкъ» – илан абураб рагIи берцинаб мацIалъулъ букIунаро. Нилъер буго хъачIаб, бихьинмахIаб, къвакIараб ва гъваридаб, цо рагIи анцIго кьералъ паркъезабизе кIолеб, мацI. Амма, хал гьабе, магIарул мацIалъулъего лъугьинчIого, гьеб берцинлъизабизе къеркьолаго, гIадамазда бихьулеб бугеб къоялъухъ. ГIабдула Дагъановас жиндирго «ГIадамазе роххел бикьулев» – илан абулеб тIехьалда хъвалеб буго: «КечIги, бакъанги битIарал, гьеб гьабизеги, ахIизеги жидер гьунар бугел, мугIрул рорхаталъур гIурал чIарадисез, хасалил мучIдуздаса, гIи–боцIиги, гьезие хъулухъ гьабулел гIадамалги, тIад руссараб роол берцинаб моцIалда тIобитIула кечIалъулгун захIматалъул байрам». Гьаб къоги бихьун къачIараб предложение кIиго нухалъ цIалани бичIчIула гьениб хъвараб жоялъул магIна гьадинаб букIин: «Щибаб риидал цадахъ къватIире рахъуна чIарадисел квана–гьекъезеги, кучIдул ахIизеги».

Гьале цойгиги «дахI».

«Щулаго абизе ккола, жиндирго творчествоялъул нухлул байбихьудаго гьадинал асарал хъварав чияс, литературияб нухлул хадусеб манзилалдаги жеги камилал ва цIалдолел гIемераб жоялде кантIизарулел, гъваридал лъалкIал телилан». ДагIба гьечIо – гIурус мацIалъ хъвараб жо гуризего гуро, амма, дахIалги, чIандаги нахъе реххани, магIна буго гIицIго гьадинаб: «РакIалде ккола байбихьудаго гьадинал асарал хъварав чияс хаду–хадуб дагьалги лъикIал хъвалилан» – абураб. ТIокIаб щибниги гьечIо эниб, щай чIалгIаде свер–сведизабун? Лъил бер бухьине? Кинабго жо гьединан «дахIалги» хIалтIизарун хъвалеб бугони, бокьараб пикру рагIабазда нахъа бахчизе бегьула, лъиданиги батулареб къагIидаялъ, гьедин бахчулебги буго.

Ункъабилеб: Нилъер мацIалде рештIараб ункъабилеб балагь ккола нилъер газет–журнал–тIахьазул редакторзаби.

Щибав хъвадарухъанасул, щибав журналистасул букIуна жинди–жиндир мацI. ГодекIаниб цо профессорас бицунеб хабарги, векьарухъанас бицунеб хабарги батIи–батIиял рагIабаздасан гIуцIараб, батIи–батIиял пикрабаздалъун херхараб букIуна. Векьарухъанасда киданиги кIоларо профессорасда гIадин цIацIазабун бакI–бакIалъеги ваккун чIамучI гьабун хабар бицине, профессорасдаги кIоларо векьарухъанасда гIадин чIван–къотIун хьвагIун квергун жиндиего къваригIараб жо гIадамазда бичIчIизабизе. Гьезул буго жидеего хасаб, жидерго гIакълу–лъаялда рекъараб, гIамал–хасияталда данде кколеб мацI. Гьунар бугел хъвадарухъабазулги букIуна, гьединго жидерго хасияталде данде кколеб, жиндицаго гурони батIияв чияс хIалтIизабулареб, жиндирго темаялда дурусаб хасаб мацI. Гьеб жо хIисабалде босулев цониги редактор гьечIо нилъер. Наполеоница абун буго: «ГьитIинав чиясда кIудияб иш тIад къани, кIудияб ишалъул гьитIинаб иш лъугьунилан». Гьединан ккечIого букIине, гIицIго нилъер редакторазда тIад къан тезе бегьуларо магIарул мацI.

Кинавниги редакторасда, къадал газеталъул редактор вугониги, ракIалде кколеб буго, хъвараб жоги босун вачIунев автор жидедаса гьунар гьечIевги, жиндилъе бахараб гIакълу–лъай гьечIевги вугилан. Гьединлъидал, редакторас жиндиего ихтияр кьолеб буго бачIараб асар тIад квералги рахъун къачIазе. Кверал рахъулаго, бищун цIакъ кьаби щола мацIалда. Мисалалъе, вачIуна пуланав хъвадарухъан цо кутакаб кьалул кечIги босун. ЯчIуна цо гIолохъанай шагIирги цо кутакаб рокьул кечIги хъван. Гьел кIиялго рачIуна, коммунизмалъул хIакъалъулъ гурони хабар хъвачIев, херав редакторасухъе. Гьев редакторас кIиябго кечI «къачIала» жиндирго гьунаралда рекъон. ХIасил–калам, кIиябго кочIол лъугьуна, коммунизмалде унаго ккараб рокьиялъул хIасилалда, нилъ рачIараб  кьалул хIакъалъулъ хъвараб, цIалидал цIалун бахъунареб, чIамучIаб, я хабар гуреб, я кечI гуреб жо.

ДагIба бухъизе бегьила, редактор бетIер сверарав чи вукIунарин, гьесдаги лъалин кинаб мацIалда авторас кинаб пикру къватIибе кьолеб бугебали, тIирун чIезе бегьила редакторас щибав авторасул хаслъи цIунулин абун. ЦIунулеб батани, хIал бихье, ракI гъоларого вугеб мехалъ хал гьабе, редакторал батIи–батIиял рукIиналъ «БагIараб байрахъ» газеталъулги, «МагIарулай» журналалъулги бугеб батIи–батIияб мацI бихьизе. Яги «Литературияб Дагъистаналъулги», «Лаченалъулги» мацI данде ккве.  Амма, «МагIарулай» журналалъулги, «Лачен» журналалъулги мацI релъараб буго. Гьелъие гIиллаги буго – кIиябго журналалъул мацI къачIалел редакторал Хунзахъа рукIин. ГIемер свер–сведизабун щиб гьабилеб – редакторасги жиндирго мацIалде данде кколареб жоялда, мацI загIипаб бугиланги абун, тIад квасул цIураб хъат лъола.

Щуабилеб: Гьаб щуабилеб пикру цодагьаб батIияб буго. Гьеб пикруялъулгун лъай–хъвай гьабурав, макъала цIалулев чиясул ракI чIела дир тIубан бетIер сверун букIиналда. Гьесул ракI чIечIого букIине, гьоркьобе цо тарихалъул жоги реххун, тIубанго батIа тIезабун, мухIканго бицина «щуабилеб» пикруялъул хIакъалъулъ.

2.

МагIарулазул аби буго: «Вилълъиндал рекъав лъала, кIалъайдал тIекъав лъала» – ян. ХIакъикъаталдаги, кIалъаравго вихьула чи, кIиго мухъ цIаларавго лъала хъвадарухъан. Бихьула бицунеб жо рекIелъанищ бачIунеб бугеб, яги хъалалъанищ биччалеб бугебали.. ЦIакъго ракI унтун хабар бицунев чиясул тIубанго черхго букIуна кIалалда цадахъ хIалтIилеб: хьвагIулел квералги, къапезарулел бералги, тулеб хIацIуги… Хъвадарухъанасул асаралъулъа гIадамаз тIаса бищула хъвараб къагIида – гьес хьвагIулеб квер, къаполел берал, тулеб хIацIу… Мунго кагътида нахъа вахчунги вукIун, рекIелъ бугеб асар, гьеб хIалуцин, гьеб «кверал хьвагIи» къватIибе, цIалулесухъе кьезе  кIвеялда абула гьунариланги. Гьунар – берцин хъвай гуро, гьунар – халат бахъун хъвай гуро, гьунар – цого жо батIи–батIиял рагIабаз аби гуро, гьунар – мацI бечедав чи вугилан ккезаби гуро. Гьунар буго рекIелъ бугеб асар къватIибе кьей. Хъвадарухъанасда, пикруялъул кумекалдалъун гурони, лъиданиги щибниги унтизабизе, асар къватIибе кьезе кIоларо. Пикру ккола мацI. Пикруги загьир гьабула мацIалъ, асарги загьир гьабула мацIалъ. Хъвадарухъанас цохIо мацIалдалъун кIиябго цадахъ загьир гьабизе ккола. ЦохIо пикру кьун толеб бугони хъвадарухъабаз, харбалги кучIдулги лъугьуна ургъун рахъарал, гьезул «гIакъилал формулаби» лъугьуна, ГIабасил МухIамадил гIадал, ритIа–ришарал, щибаб мухъалъул рачIчIалги данде ккезарун хъварал, къачIа–кIатIарал кучIдул лъугьуна. Данде ккве кIиго рагIи «нуцIа» ва «хунчIул». КIиабилеб рагIиялъ нилъее цо хасаб «бецIхъахIилаб» асар гьабула. Гьеб буго нилъер мацIалда (киналго мацIаздаги) рагIулъго бугеб асар. Гьединал, жиделъ гIицIго магIна гуребги, асарги бугел рагIаби кучIдулъги, харбалъги гIемерлъанагIан, кечIги, хабарги рекIелъе унебги букIуна. Дагьалищ нилъеца хIалтIизарулел «гIищкъу», «ццин», «угьи», «магIу» ва гь.ц. рагIаби. Гьелги жиделъ цо хасаб асар бугел рагIаби ккола. Дие бокьун буго гьаб цIалулев чияс цойги кIиго рагIи данде кквезе: «лъаларо» ва «гьамаро». Дицаго кидаго «лъаларо» – ян абураб рагIи хIалтIизабиялъ батила, дие кIиабилеб «гьамаро» – ян абураб рагIулъ цо кIарчанлъи буго. «КIарчанлъиги» цо хасаб асар ккола. Щай нилъеца художественниял асаразулъа нахъе бахъараб «гьамаро» – ян абулебги цойгиги гьединалги рагIаби. Гьанже нилъ щвана литературияб мацIилан абулеб бакIалде, ай «болмацIалде».

Щибаб миллаталъул буго литературияб мацI. Щибаб миллаталъе гьелъ хайирги кьола… магIарул мацIалъе хутIизегIан.

ГIурусазги, немцазги, хутIа–хутIаразги литературияб мацI гIуцIун буго киназего бигьаяб букIине гIоло, мацI бечелъизе гIоло, нилъер кколеб буго гIаксалда. Щай? Щайгурого нилъер мацIазулъ ругелщинал диалектал, дозул диалектазде данде кквезе бегьуларо. МагIарулазул ругелщинал мацIалги, гIурусазул «оканиялги» киданиги данде гьаризе бегьуларо.  Литературияб мацI ургъиялъ гIурусазе рес щвана мацIалда жаниб цо хасаб гIадлу–низам гьабизе, гIадамаз щибаб къоялъ къотIноб бицунеб мацIги, тIахьазда бугеб мацIги гIагар гьабизе. Гьабизеги гьабуна. ГьабсагIат гIурусаз бицунеб мацIалдаги, Чеховасул харбазулъ бугеб мацIалдаги гьоркьоб гIемераб батIалъи гьечIо. Нилъеца гIуцIараб литературияб мацIалъ, «болмацIалъ», гьелъул гIаксалда, жибго литературияб мацI хвезабуна. ГIадамаз литературияб мацI босичIо. Гъунисез жидерго, кIкIуядерица жидерго, бакълъадерица жидерго, хундерица жидерго – киназго жиде–жидер мацI бицунеб буго.

Лъие къваригIараб жоха литературияб мацI?

Гьеб суал цебе лъураб мехалъ хъвадарухъабиги, журналисталги, гIалимзабиги, литературияб мацIалда хурхун чIун вугевщинав чи цин гIантаб суалалда тIад гIадин релъула, хадуб, ццин бахъараб ххвелги гьабун – «бетIер сверун бугин дур» – илан ахIдезе лъугьуна. ГIодоре риччараб мехалъ кьолеб жаваб киназулго цохIо буго: «Литературияб мацI гьечIони литературиял асарал киналго магIарулазда ричIчIуларо» – ян.

РачIаха ричIчIулищали бихьизе…

Байбихьизин ЦIадаса ХIамзатидасан. Гьесул буго «ТIанус годекIанир» абураб пьеса. Гьениб ХIамзатица хIалтIизабун буго тIанусдерил мацI. Дица гьениса цо гьитIинабго бутIа гьаниб рехсолебги буго.

«ГIУСМАН. Гъо базаралъул хабар бицунаго хутIанун. Цо чи вугоан эсда цIехолдули, БакьайчIисацин гуродай гьадавали, дунял багъари кинан букIуна жойилан. Гьачи, бицун танаха, талихIкъадица, къанщун кIиябгу бергун, бицун танаха, валлагь, базарги эсул кIалди балавун, гьакIкIан хутIана эб къоялъ. Оцол лълъаратIа чIараб жо дунял букIин, битIун бицани, дидагоги лъачIо гьеб къоялълъагIан.

ЧАЛАНДАР. Жамалудиндаха вугу гьев чи, гьалъа ИштIивриса Идрисда вугу? Базаралде къачIали вугилан хабар букIанун гьесулги НахъбакIалда.

ХАЛИЯ. Идрисги эдина чидай вугу?

ЧАЛАНДАР. Ва! Эвали, ккура бакъ–моцIцин биччазе гьавлилан авли бергьара гIакъилчи вугу, гъарин.

ХАЛИЯ. Гьа–гьа, рукъо магIулъуд! ВукIунаха къватIи цIакъа–цIакъа чи.  

ЧАЛАНДАР. Ав дийрлъун вунеб соналъ моцI ккун бугу Гьарадирихъ, битIун бащалъуда. Гьачи, кIанцIу ругу жамагIат асухъи, аман гьарун. Гьачи, вахун цо борхата тIохтIегун, буги гьаракьалъ гьабунилаха хIалчIахъадица цо салахI. Гьедулаха, Айнтаза, эсул гьаракь рагIара гIаданал кьижун рукIараги рахъу ратилила гьеб сордоялъ. Гьачи, бичIун цей цо кIудия тIехьги лъун, гIисикку цIалдезе авги лъугьанила, дагь–дагьккун биччазе моцIги лъугьанила. ЩижогIаги гъо талихIкъадица цIаларали, сагIат иналде моцI рукIитIе кканила…»

Гьеле лъидаха гьаб мацI бичIчIичIеб?

Гьанже рилълъа Гьидалъе. Дица Адаллода гьарана дурго доб «Биччан те, МухIамад…» гьидерил мацIалде буссинабеян. Адаллоца жиндицаго буссинабуна. Дица гьениса кIиго куплет рехсолеб буго.

Бешенте, МухIама, со шобил бакъан

Шобалгиму гIорал гIенехьилаан.

ГIодле гьубе пандур, дир рукIел гьудул,

Гьелъ гурого чуччIаб дир черхалъул хIал.

 

Чанги банкетазда гIахьаллъуро дун,

ГIемерал операл рагIарал дида.

Амма, гьудулзаби, гьаб нилъер сверел

Сундухго ракьаа кьунаро дилъа.

Гьале гьебго кечI БацIадаса ТубхIат Зургьаловалъ жидерго мацIалде буссинабураб:

Бичча тум, МухIама, цо щубил макъам,

Щобалгимо гIорал гIенеккунадух,

ГIанзе гьабуе, тIамур, дир рукIел гьудул,

Элъ гураб чуччIабха дир чорхол хIал.

 

Чамги банкетазда гIахьалгьурав? дун,

ГIемерал операл регIарал дида,

Амма, гьудулзаби, аб нилъер сурел

Сундухго рукьда ад кьунараб дилъе.

Гьаниб абизе бегьула мацI бичIчIулеб бугин кечI лъалеб букIиналъ. Ургъунго, бичIчIулебищали бихьизе кьолеб буго ТубхIатица хъвараб цо гьитIинабго текстги. ЦIалулеб мехалъ цадахъ ургъе щибдай гьалъ бицунеб бугеян ва гIинтIаме нилъер мугIрузда бижараб гIажаибаб мацIалъул берцинлъиялъухъги.

«КигIанжо гъведах вугав чи кIалгьалъиги, дилъа исух гьведухгIинжо гIен тIамунаро. Эв вугIар дида лъихени гьанарого чай  къезе йилъабо або, – гIабдаласул регIиги гIантаб бугIлаляха. Ахирги дилъа исул хабар кIалдибго бакъазе гьабур. Э, валлагь».

Гьаб мацI щай нилъеца литературияб мацI гуриланги абун «гьведухгIинжо гIен тIамунарого» – тезе кколеб? Нилъерго пикру мухIканлъизе дагьалги рачунел руго мисалал. Сугъулдерил мацI:

Биччайля, МахIама, цо щобил бакъан,

Шобалги, гIоралги гIенеккдиледух,

ГIантде буйля пандур, дир рекIел гьудул,

Гьелъ гураб чуччIумо дир черхалъул хIал.

Бакълъадерил мацIалда:

Бицанте, МухIама, чо собил бакъан,

Собалги, гIоралги гIенехьиледухъ.

ГIодябе пандур дир рекIел гьудул,

Гьелъ гуро чучичIо дир черхалъул хIал.

Гьанже гIемер рачун мисалаз гьабизе жо гьечIо – бичIчIун батила, щибав чи жинди–жиндир мацIалда кIалъазе тани, нилъеде баллагь бачIунареблъи. Цойги хIисабалде босизе ккола, нилъер диалектазда гIадамал гаргадулеб мехалдаса, гьебго диалектазда хъвараб жо цIалулеб мехалъ, бичIчIизе бигьалъулеб букIин – ударение цIалулев чияс жиндиего бокьаралъуб лъолеб бугелъул. 

Цебе нилъер годикIабахъ ругел умумузда, тIаде вачIарав чиясе салам буссинабулаго, лъалаан киса гьевали – мацIалъухъ балагьун: Гьидалъайищ, Хунзахъайищ, Гъунисайищ… Гьанже анцIго нухалъ цIале, тIарадаса бахъараб ахаде щвезегIан «БагIараб байрахъ», яги «Литературияб Дагъистан», ялъуни «Сабаб» – цониги автор хъвараб бакI батичIони, кисаялицин лъаларо. Инкубаторалъ гIанкIудал ханидасан рахъарал тIанчIи гIадин, цоцада релълъинаризе бегьуларо авторал, «болмацI» бугиланги абун.

Бугелда бугилан абизе ккола, нилъер руго «диалекталилан» цIарги чIван тIубан батIиял мацIалги – нилъеца гьезул хIакъалъулъ ургъунго цIар бахъичIого тела – гьезда жидедаго лъала кинан хъвадарани жидеего хайираб бугебали, кинаб мацIалъ хъванани жидер асарал гIемерав чиясухъе щолелали.

Щибав чи жинди–жиндир мацIалда хъвадарани кколеб жо нилъее цебе чIезабизе захIмалъиларо: бакI–бакIалъан раккун рачина батIи–батIиял мацIазда хъварал киназдаго ричIчIулел макъалабиги, харбалги, кучIдулги. Раккун рачIунилан нилъее ккезе заралги гьечIо.

Щиб гьелъ кьезе бугеб?

Гьелъ кьезе буго хъвадарулев чиясе эркенлъи. Кинаб художественнияб асар чияс хъвалеб жиндирго гуреб мацIалда? Дир гъастIа батIияб мацI бицунеб бугони, щай дица ургъун бахъараб мацIалда хъвазе кколеб? Хъвадарулев чиясда лъикI лъала кинабго мацIалда бараб жо букIунеблъи. Кьалул бицунеб бугони, мацI къваригIуна хасаб гьеб темаялде данде кколеб, рокьул бицунеб бугони, тIубан батIияб мацI хIалтIизабула, махсаро–хочI гьабулеб бугони, дагьабги батIияб мацI букIуна. БукIинеги ккола: гьеб буго художественниял асаразулъ аслияб жо – тема мацIалде данде ккей. Хъвадарухъанас кинан ккезабилеб темаялде данде мацI, жиндирго мацI хIалтIизабулеб гьечIони? Ургъун бахъун гIамаб мацI гьабураб мехалъ, киназго хъвараб жо цоцазда релъунеб буго, релълъинчIого ресги гьечIо. Дица хъвараб жо цойгидасулалда релълъунеб бугони, я дун гуро гьунар бугев чи, я дов гуро. Дунялалда цониги цогидасда релълъарав чи вукIунар, цоцада релълъараб кIиго гьунарги букIунаро. Божа, Гьидалъа чи дунялалда нилъер гурони гьечIо, бакълъухъевги гьечIо, бацIадисевги гьечIо – магIарул «литературияб», лъилниги гуреб мацIалда хъвадарулел бокьанагIан руго. МацIго лъаларел чагIицин руго.

МацIго лъаларел чагIицин руго… редакторлъи гьабулел. Эбелалъул кереналда цадахъ бачIараб, гъастIа бицунеб мацIалъ хъвараб жо гурони кагътида щулалъизе ресги гьечIо, щулалъаниги цо кепкил мунпагIалъи букIинеги гьечIо. Хасго пикру загIиплъизе буго хъвадарухъанасул живго нечолеб хIалалда. Пикру – мацI бугилан нилъеца тIадехунги абун букIана. Нилъ гьарилалдего Марксицаги, Камюцаги, Цицероницаги, Аристотелицаги, Конфуцийицаги ва нус–нус цойгидазги абун букIана. Цойгиги нухалъ такрар гьабулеб буго: дунялалда рижарал мацIазул батIалъи цохIо рагIаби батIи–батIиял рукIин кколаро – гIуцIи буго аслияб жо. ЧIалгIаде гуро дица «гьамаро» – ян абураб рагIи хIалтIизабун букIараб. Гьеб рагIулъ бугеб асар нилъехъе тIад буссун бачIине буго мацIалда гъорлъ бугебщинаб рес хъвадарухъабаз хIалтIизабуни. Цо сордоялъ, къаси, кьижилалде хIисаб гьабе, чан батIияб хабар бижун батилеб нилъер ганчIалъ, жидерго мацIалда гурони кеп кьолареб. Чан батIияб, гIажаибаб, гъваридаб рагIиги, чан батIияб художественнияб асарги щвелеб нилъехъе. Кинабалиго «литературияб мацI» гьабулел ругиланги абун, нилъерго бугеб бечелъи мерхьунел гIадамал рукIунелищ? Жиде–жидер мацIалъ гIадамал хъвадариялъ кьезе заралгIаги букIарабани бегьилаан… БатIиял мацIазул хIал дида лъаларо, гIурус мацIалда гIадин литературияб мацIалъ гьезие кьолеб хайир бугебищали, амма магIарул мацIалъе зарал тун батIияб жо гьечIо.

Инкъилаб бергьаралдаса нахъе гIуцIараб жо гуро гьаб «литературияб» мацIилан абураб жо. Аб нилъер умумуцаго гьабулеб букIана. Амма, чан хъвадарухъан жидер вахъаниги, чан гIалимчи жидер ракьалда вижаниги, щиб мацI бицун гIакълаби кьолел гьел рукIаниги, щибаб тIалъиялъги, хьиндаллъиялъги жидерго мацI хвезе тезе гьечIо. КигIан къачIа–кIатIан мацI гьабулел нилъ ругониги, гIандисес жиндирабго бицуна, бицинеги буго. МацI къачIалезеги лъикIаб буго гIандисесухъе жиндирго мацI бицине тей – «БагIараб байрахъалдаги», «Литературияб Дагъистаналдаги» «Сабабалдаги». Радиоялъ тун буго. Дида чанги чи дандчIвана, интервью босулеб мехалъ, жиндиргояб гурони бицунарев. Цебе ккун микрофонгун дун чIараб мехалъ, цо сугъралъелъ гьикъана сугъулдерил мацIалъ бицине бегьилебищилан. Гьеб суал чиясухъ бижизабизе бегьилищ? Жиндирго мацIалда кIалъазе бегьилищилан инсанас гьикъизе ккани, гьелъул магIнаго щиб букIунеб? ХIасил–калам, нилъеца гIемераб гьунарги чIинтIулеб буго, бидулъ гьечIеб мацIалда ургъизе тIамиялъ, лъалаго нилъерго мацIги мискин гьабулеб буго, жиндирабго тун «болмацI» гьабизе лъугьиналъ.


I99I


Автор: ГъазимухIамад ГъалбацIов

Баяналъул кьучI: Журнал "Сабаб"

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +3
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook