Авторизация

КIодосордо –хасел чIараб сордо

Гьидерил росабазда гьоркьоб гьитIинаб бугониги Лъахъ росдал  тарих лъугьа-бахъиназ бечедаб буго. Руго гьенир жакъа къоялда нахъе цIунун хутIарал ва заманаялъ хисизаруралги гIадатал. Жакъа бицен гьабизе бокьун буго цогидал росабалъго гIадин, цIунун хутIараб хасел чIеялъул сордо кIодо гьабиялъул.

Цебе росдал гIадамаз мажгиталда цере бакъалдаги чIун хIисаб гьабулаан бакъ тIерхьунеб бакIалъул. Гьедин хIисаб гьабулаан хIалтIуда кида байбихьилебали, рии-их кинаб бачIине бугебали. Бищунго гьитIинаб къоялъ, ай хасел чIараб сордоялъ бакъ унеб щобда чIван буго кIиго зани. Гьел занал жакъа къоялдаги гьенир руго. Гьел заназда гьоркьосан гIодобе бакъ щинкIараб сордоялде абула кIодо сордойилан. Цебе гьанже гIадин байрамал гьарза гьечIеб заманалда росуго хIадурулаан кIодосордоялда дандчIвай гьабизе.

                                              

Гвадали

КIодосордоялъул тIоцебесеб, гIисиназеги чIахIиязеги гIахьалаб ихтилатлъун букIана  гвадали (кIудияб цIа бай). Гьелде хIадурлъи гьабулаан росдал гIолохъабаз. КъотIулаан магъилъа цебеккунго балагьун хIадур гьабураб гъветI. Гьеб кьили-калгун цадахъ бехъерхъулаан росдал тIарада бугеб гохIде ва гьениб чIахIиял ганчIаз бахъун чIезабулаан. гIисинал лъимал унаан росдал руччабахъе цIатари балагьизе. Руччабаз цебеккунго хIадур гьабун букIунаан заз-хъарахъ гьоркьоб бугеб хер, цIоросаролъил гулал ва цойги бухIизе бегьулебщинаб. Щиб босунги босичIого нахъеги унароан. Гьеб цIатари рекъезабулаан гIолохъабаз гохIда щула гьабураб гъотIода. Киналго гьидерил росабазул гIадамал ралагьун чIун рукIунаан сордо рукIкIиналъухъ. Канлъи къотIарабго цIа гъолаан. Харабаз халгьабулаан кIкIуй кибехун унеб бугебали. Гьеб росдада тIасан кIкIалахъехун унеб бугони киналго рохулаан бачIунеб соналъ хIалухъин бечедаб щвезе бугиланги абун. Хадуб хIаракат бахъулаан гьеб гъветI бегизабизе. Дагьабго чIурхIун гуреб щибго лъугьинчIеб гъветI бехъерхъулаан мажгитул кIалтIе, ялъуни годекIанибе. Гьениб гьеб къотI-къотIун гIисин гьабулаан. Щивав цIадухъе вачIунес босизе кколаан цIа рекIинелъун гъоркь лъезе бакъвараб цIулал мачIо-хъвалхьен. Гъоркь бакъварабги лъун тIад биччараб гъотIол цIулги лъун, бакулаан кIудияб цIа. Квана-гьекъон росдал гIолохъаби къватIире рахъиналде гьелъул лъугьунаан рикIкIаде хинлъиги канлъиги кьолеб цIа. ЧIахIиял тIингъаз мугъалги хинлъун, цIадуда цересанги гIемерал хараби кIусулаго цIвакарал ганчIазда гIодолр чIолаан гIадамал.

                                      

Ци-бацIал

КIодосордо баркизе рукъзабахъе хIадурлъулаан цо гIолилазул къокъа. Гьезул къокъаялде гьоркьоре унаан херав чиги, хIамаги, ясги, гьей цIунулев чиги, цевехъанги. Гьел жидерго хъулухъалда рекъон ретIа-къанги рукIунаан. Херасда бегуниса ретIараб тIимугъ, халатаб мегеж, кIудияб гъалараб тIагъур. ХIамида кодор рукIунаан хулжал, яс цIунулев чи яргъид гIуцIун вукIунаан. Ясалъул роль хIазе щийго разилъулароан, гьединлъидал  гьелъул бакIалда берцинго къачIа-кIатIан, гьумерги бахчун жинс-куц рекъарав гIолилав толаан. Цевехъанлъунги жинс-куц хисизабурав, амма лъазе кIолев гIолохъанчи вукIунаан. Херав лъазейин, яс хъамизейилан гьелда зинкIизейилан аскIове вачIарасда гьесул щулалъи, къвакIи, яхI бихьун бадиб рахъул хъат ялъуни гьодилъ тIил щвезабулаан.  Ци-бацIал щолаан росдал щибаб рокъоре. Рукъалъул хъизаналда, рукIа-рахъиналда рекъараб махсаро-хочI гьабулаан гьениб. Рокъосан лъикIаб кванил махI чIвайдал хIама чехь унтун бугин чIолаан, хIамихъего ахIдон рокъоса гьан щвечIого къватIибе билълъунарого чIолаан. кIодо сордоялъ гьабулеб аслияб квен гьанги тIамун хинкIал рукIиндалха, бакь «гьороца босараб гIадин» рокъоса босулаан. гIемерисел гьехул къокъаялъухъ балагьун чIун ратулаан. хIадурун бутулаан гьезие кьезе бакъвараб пихъ, цIулакьо ва гь. ц.  цебе росдал годекIабахъ бугеб гурони хабар лъалареб, къанагIат гурони газет-журналал, телевизеорал гьечIеб доб заманалда гIадамал урхъун рукIунаан гьеб сордоялъухъ. Кирего щун гьел ци-бацIал тIад руссун щвелалде цIадул габур тIеренлъун батулаан ва сардил бецIлъиялдаса пайдаги босун, цIул балагьизе гIолилал ритIулаан. Хадубккун ци-бацIазе щварабщинаб киназдаго гьоркьоб бащад бикьулаан.

                                 

БекI тIами

Гьелдалъунги кIодосрдо лъугIулароан. Гьенир хIалаан батIи-батIиял хIаял. Гьезда гьоркьоб бищунго кепаб букIана бекI тами.   

Мискинаб яшав букIаниги цере гIадамал рукIана цоцалъ ракIжубай бугел, аваданал. Гьел цоцахъе тIаде-гъоркье щолаан, гваял гьарун кумек гьабулаан, унтаразухъе гIемер щолаан.

Гьанже гьел гьоркьорлъаби хисун руго. Гьеб бицинчIониги киназдаго бихьулебги буго. Хисун буго кIодосордо гьабиги, гьечIо кинабгIаги гьелда хурхун гьабулеб ихтилатги.

Ци-бацIалиланги абун рачIуна лахIуца гьурмал релъарал, сипат-сурат батIа бахъизе лъаларел лъимал. Гьединазул 3-4 батIияб къокъа бачIуна. РачIуна квешал гьаркьалги гьарун, хлопушкабиги кьвагьулаго. Цебе гьангун хинкIал кьолел рукIун ратани,  гьанжесел лъималазе гIарац гуреб батIияб жо бегьулеб гьечIо. Цебеялде дандеккун гIадамал ресалда руго, гьеб лъикI буго. Киназго цебеккун хIадурараб гIарац кьола рачIарал лъималазе. Квеш ккараб жо буго херал, унтарал гIадамазул рокъоре рачIингун гьаркьал гьариги, хлопушкаби кьвагиги. Цо-цоязухъ тункIалгицин рукIуна.

  Дир пикруялда рокъоб эбел-инсуцаги, школазда мугIалимзабазги бичIчIикьеялъул хIалтIаби цIикIкIун гьаризе ккела лъимал чIахIиязул адаб бугеллъун рукIинелъун. хIалтIи лъикI гьабуни хIасилги лъикIаб букIина. Гьелъие мисаллъун рикIкIине бегьула гвадали баялъул ккараб хис-бас. ГъутIби къотIиги хвезе тун, лъималаз байбихьун букIана покрышкаби рухIизе. Гьелъул сверухълъиялда ругезе кIудияб заралги букIана. Гьебги рехун тун нижер лъималаз кIодосордо гьабула цебесеб къагIидаялъ гъветIги къотIун. ЦIакъго лъикIаб букIинаан хлопушкаби кьвагьичIого толел ругони.                                   


Автор: АхIмад ХIусенов

Баяналъул кьучI: Казият "Гьидаль". Шамил мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook