Авторизация

ВатIаналъе гIоло гIумру кьурав хъвадарухъан

ГIажаибаб къисматалъул чи вукIана Ражаб ДинмухIамаев – жамгIияв хIаракатчи,хъвадарухъан, рагъухъан, патриот, бахIарчи. Революциялда хадусеб авар литератураялда гьес хъвана тIоцересел прозаялъул асарал, хIалбихьана драматургиялъул асарал гIуцIизе, гIахьаллъи гьабулаан литература цебетIезабиялда хурхарал киналго ишазулъ. Абизе ккола, Ражабил творчество ва гIумруялъул нух жеги рагIа-ракьанде щун лъазабун гьечIин. Гьелъие цо гIиллалъун рикIкIине бегьула нилъер Хъвадарухъабазул союзалъ гъесде кколеб кIвар кьечIолъи, кьезе мустахIикъаб бугониги. Исана март моцIалда хъвадарухъанас нусго сон тIубала, тIаде щолеб буго фашизмалда тIад Бергьенлъи босун 60 сон тIубаялъул байрамги.

Ражаб гьавуна 1905 соналъ Лаваша районалъул Урма росолъ мискинав векьарухъанасул хъизамалда. Гьесул лъимерлъи захIматаб букIана. Эмен, чиги чIван апараглъун вахъун, гьесда цадахъ ункъо сон барав васги гIурус ракьалде къокъине ккола. Гьел рукIуна Орловадда, Тулаялда, хадуб Петербургалда. 14 сон барав васгун унти ккарав ДинмухIама тIад вуссана анцIго соналдасан. КватIичIого гьев хола, гIемер мех иналде эбел унтула. Ражаб къисматалъ вачуна партизаназул отрядалде. Совет власталъе гIоло гьарулел рагъазул гIахьалчилъун лъугьуна. ГьитIинав гIолохъанчияс намус бацIцIадго тIуралаан партизаназул тIадкъаял.

Граждан рагъ лъугIун хадуб Ражаб цIалула Темир-Хан-Шураб букIараб школа-интернаталда. ЦIалудаса хадуб гьес цIикIкIараб хIалтIи гьабула Хунзахъ районалъул комсомол организациялъул секретарь хIисабалда гIун бачIунеб гIелалъе тарбия кьеялъулъ. ГIолохъанав гIуцIарухъанасул махщел ва жигар бихьун, гьев витIула Москваялде Бакъбаккул захIматчагIазул коммунистияб университеталде цIализе. Хадув гьев хIалтIула магIарул мацIалда бахъулеб республикаялъул «МагIарул большевик» газеталъул редакIорлъун. Гьес редакторлъи гьабуна 1931 соналдаса 1937 соналде щвезегIан магIарул мацIалда бахъулеб букIараб «Коммунист магIарип» абураб журналалъеги. Ражабица кумек гьабулаан гIун рачIунел журналистазе. Масала, чанго соналъ магIарул радиоялъул бетIерав редакIорлъун хIалтIарав МухIамаев Камилица гьев адаб-хIурматIун ракIадде щвезавулаан. Ражабил гьудуллъи ва лъикIаб гьоркьоблъи букIана А. Аджаматовасулгун, М. Хурщиловасулгун, З. ХIажиевасулгун, ЦI. ХIамзатилгун, Э. Капиевасулгун.

Ражаб ДинмухIамаевас хъвадаризе байбихьараблъун рикIкIуна 1926 сон. Гьесул тIоцересел асараллъун рукIана къокъал харбал, очеркал, макъалаби, фельетонал. Гьезда гьоркьоса рехсезе бегьула « Цеве аллагь, хадув рос», «Къанал чIваяв Къади», «Рабият» ва гь.ц. Рехсарал асарал художествоялъул рахъалъ жеги камиллъичIел, загIипал рукIана. Гьениб лъугьунеб ишалъул бицен гъаби гурони, героязул сипат-сурат, хиялал, пикраби рихьизарун рукIинчIо. Прозаялъул асарал гIуцIулел къагIидаби доб заманалда Дагъистаналъул киналго хъвадарухъабазда жеги камилго лъалароан, мацI букIана жеги хIадуричIеб, къачIачIеб. Гьедин, цо-цоял гIурусалъ хъвадаризеги лъугьунаан. Хадусел соназ Ражабицаги хIал бихьана асарал гIурусалъ хъвазе, гьелъул хIасил лъикIаб ккечIониги.

1929 соналъ къватIибе биччараб «Бидухъ би» абураб къисаялда какулеб буго бидухъ рецIел босиялъул некIсияб гIадат, бицунеб буго цIакъго пайда гьечIеб жо сабаблъун кIиго хъизамалда гьоркьоб бидулаб тушманлъи ккеялъул. Доб мехалъ гьеб къиса магIарулазда гьоркьоб машгьураб букIана, гьелдасалъикIаб букIинчIелъул. Амма гьелъул букIана пасихIаб гуреб мацI, камиллъичIел сипатал, тIубан рукIалиде ккечIеб композиция. Гьел гъалатIаздаса гIемерал мехалъ эркенлъизе кIвечIо хъвадарухъанасда.

30-абилел соназ Дагъистаналда цIияб гIумру ва адабият гIуцIиялъул хIалтIабаз лъикIал хIасилал кьола. Киналго хъвадарухъаби цолъула жидерго цо союзалде. 1934 соналъ гьелъул членлъун лъугьана Ражабги. Гьебго соналъ тIобитIула Дагъистаналъул хъвадарухъабазул тIоцебесеб съезд. Делегат хIисабалда гьес гIахьаллъи гьабула Москваялда тIобитIараб ТIолгосоюзалъул хъвадарухъабазул I съездалдаги. Гьелъул хIакъалъулъ халкъияв поэт ЦIадаса ХIамзатица хъвараб «Москваялда писателазул I съезд» абураб кечI байбихьула «Нилъер Дагъистаналъул писателазда гьоркьор гьалмагъ Ражабги дунги рахана поездалде», – абун.

Лъеберабилел соназ ДинмухIамаевас хъварал асаразда гьоркьоб лъикIаблъун рикIкIине бегьула «Галинал гьалбал» абураб хабар. Гьениб берцинго бихьизабун буго гIурус яс, учительница Галинал сипат-сурат, гIамал-хасият. ЦIалдохъабазе ва херал магIарулазе гьей цIакъ йокьула. Амма гьелъулгун гьелгьел рокьи гьабизе жигар бахъула финотделалъул хIалтIухъан МухIамадица. Изну гьечIого гьелъул рокъове кIанцIизе хIаракат бахъула. Авторас гьесул образ кьолеб буго сатирикияб къагIидаялъ, батIи-батIиял художествоялъул къагIидаби хIалтIизарун. Хабар хъван буго берцинаб, хIеренаб мацIалъ, сипатал хIалтIизарун. Гьеб байбихьула тIабигIаталъул сурат гьабиялдаса. Гьедин дагь-дагьккун Ражаб вачIунев вукIана цIияб реализмалъулаб литератураялъул нухде. Гьесул аслияб масъалалъун лъугьана цIияв инсанасул образ гIуцIи. Гьеб масъала тIубазе ккани, хъвадарухъанас сапар гьабизе кколаан таварихалде. Гьеб къагIидаялъ гIумруялде бербалагьи гьабиялъул хIасилалда Ражабица хъван лъугIизабуна «Хъабчилъ бахIарзал» абураб роман. 1932 соналъ басмаяддаги бахъана. Гьеб букIана тавакалаб иш. Нилъер литератураялда жеги букIинчIо роман гIуцIиялъул хIалбихьи. Гьедин букIаниги, Ражабица жигар бахъун буго романалъул цокIалаб сюжет гIуцIизе, гIемерал лъугьа-бахъинал данд разе, гIадамазул ишал рихьизаризе.

Рос-лъади ГIалилги Рукъиятилги цIакъ язихъаб яшав букIуна. Къарзалъе босараб сахI цIоросаролъухъ гьел рухI бичун Пайзулагьида цере хIалтIула. Гьале гьеб сурат бихьизабун бугеб куц: «Хасало къарзалъе босараб цIоросаролъул ханждахъ, ГIалиги Рукъиятги Пайзулагьил росдадаса, лъималаздаса рикIкIадаб ролъул хурир лъилъарулел рукIана. Хинаб риидалил къо, къалъанагIан коррукъ гIадин багIаризе лъугьана. Лъилъарилаго кутакалда свакарай чIужу Рукъият бакъалдаса яхчизе рагIад гьабизе лъугьана. Рукъиятица гьабураб рагIадги бихьун, кодоб букIараб нилъги гIодобе рехун, цебеса бихъ-бихъараб, гъизараб гордеялъ гургинаб надалдаса бухIараб гIетIги бацIцIунаго ГIали, гIодизе хIадур йигей, Рукъиятиде аскIове вилълъана».

ГIалица гIемер пикру гьабулаан щай гьаб гIумру цоязе гьадигIан захIматаб бугеб, цогиязейин абуни кепаб, аваданаб бугебилан. Мискиназ гьабун, бечедаз кунеб кинаб гIадат гьаб?! Гьесда жаваб батулеб букIинчIо, бечедаздехун рокьукълъи цIикIкIунеб букIана. Цо нухалъ хуриса рокъове вачIунев вукIаго, ГIали Пайзулагьица хIакъир гьавула. Жавабалъе ГIалица Пайзулагь вухула. Гьелдаса хадуб магIишат гьабизе ГIали батагъалде ккола. Гьениб Пайзулагьица рецIел босизе гъоркьан тIамурал чагIаз рекIкI гьабун цIогь тIад чIезабун туснахъалда тIамуна ГIали. Туснахъалда революционер Акайилгун лъай-хъвай ккола. Акайидасан ГIалида гIемераб жо лъала революциялъулаб хIаракатчилъиялъул хIакъальулъ.

Туснахъалдаса ворчIун хадуб ГIалие ралъдалъ гъанкъулей йикIарай яс хвасар гьаюралъухъ гIемераб гIарац щола. Гьеб гIарац башдаб Акайихъе ккезабула, хутIараб жиндирго магIишаталда хурхинабула.

Щвараб лъайги, гIумруялъул хIалбихьиги ГIалица хIалтIизабула росдал гIумру хисизабизе. Граждан рагъ байбихьараб мехалъ гьев партизаназда цадахъ вагы.зе уна. Гьеб бакIалда ГIалил гIумруялъул хIакъалъулъ бицен лт VгIула. Аслияв геройлъун лъугц а рагьтIател МухIама. Гьев вищу Iа росдал бегавуллъун. Росулъе бг дал рачIараб мехалъ мискинзаI,зул рагъуе бетIерлъи гьабула МухIамаца. Бандаз росу ккураб меха..да, гьев жиндирго отрядги бачун гьезде данде вагъизе уна. Ахирги бергьенлъи босула багIарал партизаназ. Гьединаб буго романалъул къокъаб хIасил. Романалда кьун руго гIемерал лъугьа-бахъинал. Амма абизе ккола гьел лъугьа-бахъинал, гIемерал гIадамазул гIумрудул нухал, къисматал цо рахънире ккезаризе тIубан кIун гьечIин. ТIоцебесеб хIалбихьи хIисабалда роман загIипаб букIана. Гьеб хъван буго дагьаб чIамучIго, халат бахъинабун. Ражабил тIехьалда рихьизарурал гIадамазул пикраби, хьулал жеги мукъсанал руго. ГIемерисел бакIазда гьел рихьизарун руго маргьабазул бахIарзал гIадин. Гьез цебе чIараб захIматаб масъала бигьаго тIубала.

Художествоялъул рахъалъ дагьаб загIипаб букIаниги, магIарулазул литератураялъул бицен гьабулаго, «Хъабчилъ бахIарзал» роман мустахIикъаб буго латин алфавиталдаса гьанжесеб алфавиталде босун басмаялда бахъизе.

Дол соназ Ражабил роман гIадамаз цIалулаан, гьоркьоблъун данд балаан. Масала, гьелъул хIакъалъулъ 1935 соналъ Аварпедучилищеялда цIалдолезул конференция ахIун букIана. Гьелдаса нахъе автор романалда тIад гIемер хIалтIана, гьеб къачIа-кIатIалаго, мисал босулеб букIана гIурус литератураяддасан.

Нилъее кIудияб кIвар буго ДинмухIамаевасул тIехьалъул хIакъалъулъ гIурусазул хъвадарухъан Лев Пасынковасул букIараб пикруялъул. 30-абилел соназда Пасынков Дагъистаналде вачIун вукIана. Гьев лъугьана Ражабил гьудуллъун.

Москваялдаса Пасынковас хъвалеб букIана:

С.26. – Дуца рагIи кьун букIана дихъе дурго «Хъабчилъ бахIарзал» роман гIурус мацIалде буссинабизе биг Iизе. Дица бицен гьабуна редакциязда, издательствабазда, кирго цуца роман бачIиналъухъ кIудияб гъираялда ралагьун руго. ЦохIо дур рахъ гурелъул хIасабадде босизе кколеб, кIвар буссинабизе ккараб жо буго гьанжелъизегIан кIудияб магIарул халкъалъул асарал гIурус мацIадде руссинаричIого тей. Дуда ракIалде кколеб батила формаялъул рахъалъ роман дагьаб рагIа-ракьанде щвечIеб бугин. Гьеб иш битIизабун рукIалиде ккезабизе бегьулеб жо буго. Дица дуе рагIи кьун букIахъе, гIурус мацIалде буссинабулаго къачIазе кумек гьабила. Гьединаб асаралъе кьолеб заманалдаяги захIматалдадун барахщуларо. Гьеб роман нижее кутакалда хIажатаб ва бергьун кIвар бугеб буго. МагIарулазул бечедаб таварих буго, амма гьелъул цIех-рех мукъсанго гурони гьабун гьечIо. ГьабсагIат тIолабго халкъ социализмалде лъугьунеб бугеб мехалъ, кинабго мухIканго лъазабизе ва бихьизабизе ккола. Гьелъие байбихьи «Хъабчилъ бахIарзаз» лъелин хьул буго».

Пасынковас гьарулеб буго тIехь битIеян, кинаб бокьаниги кумек гьабилин. Амма Ражаб гIедегIулев вукIинчIо гьесда лъалаан романалъул гIунгутIаби, гьел тIагIинаризе ккани, гIемер хIалтIизе кколевлъи. Кин бугониги, гьудуласул гьари тIубазабун, жиндицаго гIурус мацIалде буссинабун «Хъабчилъ бахIарзал» роман Ражабица Пасынковасухъе битIана.

Гьале гIемерал сонал ун хадуб 1955 соналъ «Знамя» журналалда бахъараб «Шолоховасул цIалдохъаби» абураб макъалаялда гьес хъвалеб бугеб жо:

«Ражаб ДинмухIамаевас дие сайигьат гьабуна жиндирго «Хъабчилъ бахIарзал» абураб роман. ТIехь магIарул мацIалда хъван букIиндал, гьелда цадахъ лъун букIана подстрочникIи. Романалда гIумруялъул хIакъикъат букIана.

Амма хIикмалъабазул бицунеб литератураялъул мугьруги букIана. «Ражаб, – ан абуна дица, – мун вижудасаго кIудияв хъвадарухъан вуго, амма дуца дурго квералъ чехь бихъун буго романалъул». Цо соналдасан ДинмухIамаевас дихъе кьуна цIияб романалъул тIоцересел бутIрул. Гьес абуна: – «Шолоховасул асарал тIатIа вуссун цIалана, нижерго мугIрузул гIумру лъазабуна. Гьедин лъугьана гьал мухъалги», – ян. Гьел тIоцересел тIамчал цIакъ лъикI хъван рукIана. Дица гьал щвезаруна «Дружба народов» журналалде. Анкьидасан редакциялъул хIалтIухъаналъ дида абуна:

 – Кибха бугеб хадусеб? Дур ДинмухIамаев битIахъего гIолохъанав Толстой вуго!

ДинмухIамаевас роман лъугIизабичIо, амма бахIарчиго лъугIизаруна гIумруялъул къоял. ВатIаналъе, халкъалъе эркенлъиялъе гIоло рагъда хвана». Гьеле гьеб чанго мухъ буго кIудияб гIурус журналалда Ражабил хIакъалъулъ хъвараб жо.

Романалъул цIияб вариант гьечIин абураб пикру букIана гьал ахирал соназде щвезегIан. Амма къачIараб тIехь гIурус мацIалда нахъе хутIун батана. Гьелъие кьун буго батIияб цIар, «ГIинтIидул тIегь» абун. Гьеб цIакъ гьайбатаб цIар буго. Унго-унгояб гIинтIидул тIегь зазил цIураб букIунеб гIадин, унго-унгояв бахIарчиги цо-цо хъабчилъин ватулев. Гьеб кIиябго пикру цого магIнаялъулин бугеб. Роман цIунун букIана Ражабил лъади, журналистка Зинаида Михальскаялъухъ. Гьелъул ахирисеб тIамчил гьумералда хъван букIана: «Жакъа рагъ лъазабуна, романалда тIад хIалтIи лъугIизе тана. ВатIан цIуниялъул ишалде байбихьана», – ян. КIудияб ВатIанияб рагъалъ Ражабил планал ва хьулал хисизаруна. Гьев лъугьана рагъухъанлъун, амма рагъде иналде гьес хъйана лъабго лъикIаб къиса: «Гьа», «ТIулакьераб борохь» ва архивалда нилъеда батараб «Хиянатчи». Гьел асаразда бицунеб буго рагъул заманадда магIарулазул тылалда букIараб гIумруялъул, бахIарчияб хIалтIул, фашистаз халкъалде бачараб балагь-къварилъиялъул. Аслияб бакI гьениб ккола нилъер халкъалъул ватIаналде бугеб рокьиялъ, тушманасде бугеб гьалагаб цциналъ. ТIулакьераб борохьлъун бихьула магIарулазда вахIшияб фашизм. КигIан кIудияб къварилъи тIаде бачIаниги, гьел къуркьуларо, бергьенлъиялде бугеб шавкъ гIодоцунаро.

ЦIакъго лъикI хъван буго «Хиянатчи» абураб къиса. Киналго рахъаздасан гьеб рикIкIине бегьула камилаблъун. Гьениб бихьула хъвадарухъанасул жиндирго хатI, сипатал кьезе ругел хаслъаби, магIарул тIабигIат, инсанасул хасият лъай. Къисаялда бицен гьабураб иш ккола магIарухъ рагъул соназда. Гьелъул аслияв герой ХIосен-дада унго-унгояв бахIарчи вукIуна, Совет власталъе гIоло вагьарав, мисалияб куцалъ колхозалда хIалтIулев. Гьесул цIикIкIарав вас багьадур гIадин ВатIан цIунун вагъула. Рагъде тIовитIула гьитIинав вас МухIамадги. «ГъалбацIлъун рагъда хвей лъикI, гIанкIлъун чIаго хутIиялдаса. БахIарчи рагъда хола. ВатIан цIуниялдаса хIурматаб иш бихьинчиясе щибго гьечIо» – гьедин абула инсуца вас тIовитIулаго росуцояздехун вуссун. Аммадагьаб заман иналде ХIосенида бугьтан лъола, МухIамад лъутун вугин лъазабула органаз. Амма бокьоб гьесул тIагъур батидал, инсул бадиса канлъи босула, туманкIгун рокъоса тIагIуна. МухIамад хиянатлъараб куц авторас психологияб кьучIалда бицун, цIалдолев божиледухъ бихьизабун буго. Режиссер М. Мусаевас, Ражабил къиса кючIое босун, лъикIаб спекIакль гIуцIана телевидениялдасан .бихьизабизе.

Ражаб вукIана кIудияв патриот, литератураялда гIуцIарал бахIарчиял героязул иш гьес жиндицаго гIумруялда такрар гьабула. (С.27) Тифлисалда офицерзабазул школаги лъугIизабун, гьев 1943 соналъ рагьде уна. МахIачIъалаялъул вокзалалда гьев тIовитIулел рукIана ХIамид Темирханов – машгьурав переводчик, Шигьабудин МикагIилов – кIудияв гIалимчи, МухIамад Хуршилов – хъвадарухъан, гIагарал-божаралги. Рагьдаса гьев тIадвуссинчIо, тIад вуссиналда божарав вукIаниги.

Украинаялъул фронталда гьев кколаан капитан, батальоналъул комиссар, полкалъул агитатор. Гьев гIашикъ вукIана рагъул хIакъалъулъ хIасратаб асар хъвазе. Рагъдаса рачIарал кагътал цIалулаго нилъеда цебе чIола гьайбатав инсанасул, рагъухъанасул, патриотасул сипат. 1943 соналъул 10 ноябралда гьес хъвалеб букIана: «Дица гIахьаллъи гьабичIого граждан рагъги лъугIичIо, ВатIанияб рагьги лъугIиларо. Немцазул гIащтIичагIаздаса ВатIан цIунизе гIоло дуца щиб гьабурабан букIинесеб гIелалъ гьи­къараб мехалъ, гьелъие жаваб кьезе кIвеялдаса дун вохарав ва чIухIарав вуго».

Ражаб кинав чи вукIарав ва кин гьев тушмангун вагъаравали нилъеда бихьула гьес гIагарал-божаразухъе рокъоре хъварал кагътаздасан. Гьале Тифлисалда рагъулабгун политикияб училишеялда цIалулеб мехалъ росулъе хъвараб кагътидаса мухъал: «Хирияй эбел, дун тIад чIун цIалулев вуго, ВатIаналде къо ккун къватIиве вахъун вугелъул. Дудаса рикIкIад вукIин гурони, щибго къварилъи гьечIо». Училищеги лъугIун рагъде араб мехалъ хъвалеб букIана: «Дир хирияй эбел ГIайшат, яц Салимат, босе дир урхъараб салам. Дир хIал гьикъани, чIаго вуго. Дун вуго рагъул цебесеб кьерда. Щибаб къоялъ ниж церехун унел руго. Сордо ва къо батIа гьабичIого вачахъулев вуго тушман нилъер ракьалдаса. ВатIаналде тIаде захIматаб къо бачIараб мехалъ рухIалда барахщичIого хIалтIизе ва рагъизе кколелъул. Нужер вас, кIудияв лейтенантДинмухIамаев. Полевая почIа 04080. 21 июль 1943 с».

Рокъобе хъвараб щибаб кагътида гьес росдал хIал-хIукму цIехолаан. Гьале Ражабил эбелалъухъе бачIараб ахирияб кагьтидаса мухъал: «ГьабсагIат ниж кутакалда рагъулел руго тушмангун ва гьесда кьаби щвезабулел руго. Нужеда рагIила нужерго васасул гьунар, гьеб букIина гIагарал къоязда. Хьулги буго гьаб кагътие нужер жавабга щвелилан». Ражабихъе жаваб щвечIо, амма рагIана гьесул гьунар росдада ва гIагарлъиялда: ВатIаналъе гIоло гIумруга кьун Ражаб бахIарчиго хвана 1944 соналъул апрель моцIадца Украинаялъул ракьалда. Гьев вукъун вуго Тернополь районалъул Зоболотниково росдада гIагарлъухъ.


Автор: МухIамадрасул Усахов

Баяналъул кьучI: Казият "ХIакъикъат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий
Г1ажаиблъи ,щибаб  соналъ к1удияб къаг1идаялъ юбилеял гьарула, ва  т1ахьал рахъула ,щибго адабитаялъул тарихалда , жидерго лъалк1 теч1ел,жал шаг1ирзаби ругилан керен бухулел г1адамазул,амма х1уригатат бахъун хадуб нилъер адабияталъул кьуч1алда вук1арав Ражаб Динмух1амаевасул х1акъалъулъ гьеч1о щибго бицен,рахъуларо гьесул т1ахьал,юбилеязул бицинего бицинарин,гьев ракьалда вук1инч1ин г1адаб асар кколеб буго unamused  unamused Унго инжилъи!


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook