Авторизация

Гьабищ доб Ахир-заман?


 


Гьабищ доб Ахир-заман?


Гьабищ доб ахир заман

Зулмуялъ дунял цIураб,

ГIорцIиялъул балагьалъ

ГIалам гьалаг гьабураб.

НигIмат гIемерлъанагIан

ГIадамал гIассилъараб,

ГIелму цебе тIунагIан

ГIаданлъи нахъе ккараб.

Рукъзал кIодолъанагIан

Лъимал жанир дагьлъараб,

Рикъзи цIикIкIун щванагIан

Щукруго гьабулареб.

Гьабищ доб ахир заман

Гьудул-тушман лъалареб,

Тамашалъи гьабизе

Щибго нахъе хутIичIеб.

ГIарац хиралъанагIан

Хиялал учузлъараб,

Нухал гIатIилъанагIан

РекIелъ бакI къварилъараб.

Гьабищ доб ахир заман

Аманат тIобитIизе,

Умматалда гIадамал

ГIажаибго тIагIараб.

Щивав чи бечелъизе

Учузго гIедегIараб,

Дару гьечIел унтаби

Дунялалда раккараб.

Гьабищ доб ахир заман

Хвезе рукIин кIочараб,

Хириял ишазулъцин

Хиянат загьирлъараб.

Эбел-инсуде кверал

Лъималаца рорхараб.

Лъади, рокъов росги тун,

Сапаралде хьвадулеб.

Гьабищ доб ахир заман

Аллагьасе гIолойин,

ГIадамазда бихьизе

ГIамал чияс гьабулеб.

РетIел берцинлъанагIан

ТIабигIат сурукълъараб,

Манзилал къокълъанагIан

Къимат чиясул хвараб.

Шварабищ ахир заман,

Щивас напсин ахIулеб,

ХIайваназул хасият

Инсанасулъ тIатараб.

РитIухълъи къваригIарал

Къанабазукь тIупараб,

ТIекълъиялъе хIелулел

ХIакимлъуде рахараб.

Бокьанщинаб гьабулеб

Гьурмадул нич биххараб,

Гьабищ доб ахир заман

Ахирги тIаде щвараб?


Автор: МухIамад ХIамзаев

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook