Авторизация

Дунял цlорон батани, цlа бакун, хинлъизабе!

БитIараб бицанани, захIмат буго божизе, магIарулазул росулъ лъугьараб жо гьаб букIиналда. Гьерсал рицунарев чи живго автор, эс жинцаго абухъе - женул баракат нилъее щваяв – КIкIуядаса Дибир МухIамад вукIиналъ, цо хIарп хисизабичIого, лъолеб буго цIализе.

Гьеб лъугьа-бахъиналдасаги гIемераб заман ун гьечIелъул, унго умумуз нилъее ирсалъе тараб яхI-намус цIуниги, гьобол-гьудул вокьиги, къварилъуде ккарасе кумекалъе ратиги тIаса реххарал наслабидай гIолел ругоян рахIатхвейги лъугьана рекIелъе. 

Мискинаб заманалъгицин нилъер умумузул кидаго букIана, бугелъул бищунго тIагIамаб квенги, бищунго къачIараб рукъги гьоболасе. ХIатта тушманасдасагицин рукъалъул хважаинас гьобол цIунизеги кколаан. 

Гьаб росдал гьайбатаца цIорораб хасало хвалде ритIун руго гIолохъаби, чIанда хабарги бицун. Бищунго бокьилаан гьез гьаб назму цIализе ва жидерго гьумер бихьизе. 

Редактор

 

Районалъул залалда
Данделъи лъугlарабго,
Дунги кlиго гьалмагъги
«Волгаялде» рахана.

 

Кьерхараб хасалил къо,
Къасде цlикlкlунеб гьури,
Росулъе нух бахъизе
Захlматаб къо букlана.

 

Беразул нур босулеб
Гlазул хlубал рукlана,
Машина гирулеб нух
Бихьулеб хlал букlинчlо.

 

Цояб гирун, цояб цун,
Цересан нухал реххун,
Богоде нижер «Волга»
Цо росдал кьоде щвана.

Тlокlаб цебе гиричlо,
Машина гlазулъ къана,
Цадахъ рукlарал васал
Цlорон хвезе рахъана.

 

Гьобол-гьудул хирияб
Магlарулазул росулъ
Сордо базе бакl щвелин,
Цо нуцlида кlутlана.

 

Жаваб кьезе кватlана,
Гара-чlвари къотlана,
Ахир нуцlаги рагьун
Нижги жанир лъугьана.

 

Дица изнуги гьарун,
Магlарул къагlидаялъ,
Къваридаб нижерго хlал
Гьоболасда бицана.

 

Гьобол цlакъ къварилъана,
Къокъаб жаваб гьабуна,
Гьариги нижер хlалги
Рагlизецин биччачlо.

 

- Дунял цlорон батани,
Цlа бакун хинлъизабе!
Нужго квачан ратани,
Хъизаназул къвалакь чlа!

 

Микъсал халатаб хъоркlос,
Хъабарча квешаб манташ,
Дир минаялда дуе
Кlусизе бокlон гьечlеб!

 

- Магlарулав, гьедигlан
Гьаваялда кlалъаге,
Гьобол хlажалъуларел
Чагlиги рукlунарин.

 

Гьарун рачlун ругилан
Инжитгоги рихьуге,
Мугlрул яхlги намусги
Бичулел чагIи гурин.

 

Гьоболас вас витlана
Росдал совет ахlизе...
Бицинебгlан мех инчlо,
Цо гlоркьилав вачlана.

 

- Нуж щал, гьардухъабийищ?
Ишпионал, цlогьалищ?
Цlуял жалазда хадур
Тирулел бахlрабийищ?

 

Дица бичIчlулеб куцалъ
«Хlакимасда» бицана,
Пуланаб  ушкулалъул
Учитель дунги вугин…

 

Цадахъ ругел васалги,
Шагьаралда цlалулел
Студентал- практикантал,
Дида тlадкъай гьабурал.

  

«Хlакимас», кьваризабун,
Кьогlаб жаваб гьабуна,
Гьоболас бараб мина
Гьечlила жидер росулъ.

 

- Чlужу къинлъулев вуго,
Хъизан кlудияв вуго,
Ххенараб жо гьечlого
Къварилъудаги руго.

 

Гостиницаги гьечlо,
Петерги жеги бачlо,
Бокьараб тlаса бище
Ункъабго рахъ ножоца.

 

- Ле, дир гьудул, хъулухъчи,
Районалда лъалищ мун?
Лъицагlаги вищарав
Гьеб кlудияб посталде?

 

Гlаданлъиги бихьула
Гlорхъи гьечlеб, камилаб,
Кинав вакьаддай вугев
Дуе жиндир яс кьурав?

 

Мугlрузда гlуравищ мун,
Гlадат бицея гьезул?
Магlарулазул кочlол
Байбихьи кинаб бугеб?

 

Лъикlав «совет» вихьула,
Сабаб хъвазе чи витlе.
Батlияв ккезе гурин,
Вухьун лъикl устулалда.

 

Дуца кlиго студентги
Хвалде ругин ритlулел,
Умумузл гlадат тун,
Гlадалал жалги рицун.

 

Дур росулъ цlорон хварав
Кlиго сахав чиясул,
Хадусел наслабаца
Гьикъилародай дуда?

 

Умумузул гlадаталъ
Нужер росулъ хварав чи,
Росдал ракь бахъизегlан
Восун ине кколарищ?

 

Гьеб захlматдай дуй бугеб,
Бетlер чlахъаяв «хlаким»,
Нижехъа мухьги босун
Цо бакlалде ниж ритlи?

 

Гьоболлъидухъ баркала!
Квешав гьечlо бегавул.
Дуе хlалалаб гьечlо
Дагъистаналъул гьаб ракь.

 

Хlаким тlокlав кlалъачlо,
Вахун къватlиве ана.
Нижер «хважаинасги»
Гlащтlи кодоб босана.

 

Гьеб рахlат гьечlеб рокъоб
Цо-кlиго сагlатги бан,
Нижги долго нухазда
Рахъана сапаралде.

 

Дица гьаб назму хъвалеб
Кочlохъанилан гуро,
Квешал пишабазул чи
Рихиналъ хъвалеб буго.

 

Кlочlолъ какулеб бугеб
Пуланаб росу гуро,
Росу суризабулев
Цо-цо хlалихьат вуго.

Гьаб ккаралдаса нахъе
Гlезегlан сонал ана,
Гьоболасда рещтlунеб
Гlадат дицаги тана.

 

Автор: МухIамад ДибирмухIамадов

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +5
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook