Авторизация

Щиб гIоларого нилъ ругел?

Радалго телефоналъул цIумур бахъани, ракI хIинкъула щибдай жакъаги рагIилаян. Телевизоралъухъ балагьани,  жеги пашманлъула - бихьуларо  нагагьги рохел кьолеб ахирияб хабар. ХIалтIуде щвейгун Интернет рагьула дунялалда лъугьа-бахъунеб лъазе - гьениб бицунелъ  пикраби хъулухъалъул пишаялдаса тIуранго жеги рикIкIаде рачуна. Нижер районалдаги бахъана ахир заманаялъ дунялалдаго дандерижи кьураб терроризмалъул кьвагьи.

ТIелекь, ТIидиб - гIасрабазул бечедаб тарихалъ район берцин гьабулел, лъикIаб рахъалъ гурони жидер цIар рагIичIел росаби, гъункарал жамагIатал, гIелму камилаб, гIамал-тIабигIат лъикIаб халкъ. Кин тараб гьениб тIирщизе балагьалде гIолохъаби рачунеб рикьи?  Щай чIахIиязул малъи гIадахъ босулареб гIолохъабаз? Кьолеб батила гьал суалал жидеего гьел росабазул жамагIатчагIаз. Щиб хIалтIи гьабураб, кинал нухал ратарал гьезда загьруяб «гIузруялъул» кьибил бакъвазабиялъе? Гьениб бахъараб кьвагьи, ккараб такъсир сон-жакъа лъугьараб ахIвал-хIалалъул хIасил гуро. Гьеб кьвагьи гъугъан батила,  ТIелекь ва ТIидиб росабазул кьурабалъ гуребги, росу-ракьалъе канлъи кьолеб гIумруялъул нух нахъе тун ахираталде аразул хабалъ жанибги, хъахIлъарал бутIрузул умумузул рекIелъги.  Лъукъулел, гъурулел руго магIарул бищунго бахIарчиял, ракI бегIерал, пахруял, гьайбатал васал. «Ликвидировали, уничтожили, взорвали, расстреляли»  ва гь. ц.  - гьеле  кьибил-тухум, росу-ракь чIухIарав  вахъагиян улбуца кинидахъ кечI ахIун гIезарурал васазул ахир.

ЧIегIер барал руччаби, бесдаллъарал лъимал. Щиб рохел бугеб гьезие букIинеселдаса? Дагъистаналъул тIолалго миллатал гъурун лъугIаниги ургъелго гьечIез нилъго нилъецаго чIваялъухъ кьолел долларазухъ эбелалъул рахьги, инсул амруги, умумузул аманатги бичиялде кин нилъер васал рачIарал? Бугебщинаб суал гьаб ругъназ ссудулеб Дагъистаналда дандерижилъун сверулеб буго. Киб бугеб жаваб? Жаваб буго нилъер кьалбазулъ, нилъее умумуз тарал дарсазухъ, гьезул гIумруялъул мисалалъухъ! Гьез нилъер ракьалде балагь бакIаричIо,  бачахъун гурони. Дунял квегъизе къватIиве вахъарав Надир-шагьасул аскаразда хвел батана аваразул гъугъдузулъ. «Гьидгиму къаралал, къелгиму тIекьал» - гьадин ахIи бана хъамалчилъиялдаса Дагъистан бацIцIад гьабизе магIарулазде ахIи балел кагътазда ГIурадаса Ибрагьим-хIажица. Чундузул нухал ккун, риидалги гIазу биунареб къелдерил Лъабил борхалъуде рахъана нилъер умумул Аллагьасе наку чIван доб рагъулъ бергьенлъи гьаризе. Гьелъулги бахIарчияб ахир нилъеда лъала.

Гьанже рохьазда, нохъабазда рахчун руго доб бахIарчияб халкъалъул васал. БахIарчилъи чорхолъ лъугIун ратиларо гьел рахча-хьвалел. Гьезул бахIарчилъигун рекIел пахрулъи бичун босиялъе гъваридаб политика буго хIалтIизабулеб. ГIемер гъварилъиго хIажалъулеб гьечIо гьанже ватIаналъе гуревги жиндирго иш-пишаялъе чи хилиплъизе –гъурщица сверизавулев вуго гьев.

Эбел-инсул рокъоб шулияб иман лъурав, жиндир умумузул, росдал тарих лъалев чиясда гьеб кинабго хъублъулеб гIамал гьабизе кIвелин абиларо. ЦIакъ тохлъулел руго эбел-эмен лъималазе тарбия кьеялъулъ. Дида Интернеталда батана цIакъ берцинаб гьаракь бакъаналъул, бербахилав гIолохъанчияс тIармида ахIулеб магIарул кечI, гьале гьениса цо мухъ: «Цере муридзабаца хвалчаби хьвагIулаан, гьанже муридзабаца чIумал хьвагIулел руго..»  Гьесда сверухъги ракIарун «гIив» ахIулел гIолохъабиги руго. Сундуе гьеб «гIив»?! Цере муридзабаз хвалчаби щай хьвагIарал ва щиб гьелъул ккарабали лъазабизе гIураб гIакълу гьечIез гурони гьеб кечI хъваларо яги ахIиларо. Щай гьанжеги муридзабаз хвалчаби хьвагIизе ккун ругел? Как базе толарогойищ бугеб, дин гьукъараб политикайищ бугеб?

Ратиларо дунялалда КавказалъулгIан бахIарчиял цоги халкъал, гьездаги гьоркьоб нилъер миллат. Амма гьеб  бахIарчилъи нилъедаго данде багъулеб хъачагълъиялде свериялдаса пашманаб хIужжа кинабха букIинеб?!

ГIадамил лъимералъе гIоло Аллагьас бижун буго гьаб берцинаб дунял. ТIадегIанас кьуралъул къимат гьабурасе ахираталъул рукъ жеги камилаб букIинги бицунеб буго Къуръаналъ. Дун цIакъ лъавукъай гIадан йиго цогидазе гIакълу кьезе, аммаха, гIолохъаби, дир цо мурад буго - нуж сах-саламатго, нужерго талихIаб хъизан-рукъалде руссун рихьи.

Аллагьас гьарзаго  эркенлъи,  нигIматал кьураб заман буго гьаб. Узухъда, гьедигIанасебго тIекълъиги буго ракьалда гIадамаз бекьун. Гьеб тIекълъи нилъер гIумруялъул киналго рахъазда дандги чIвалеб буго. Гьеб тIекълъи тIегьаялъулги гIайиб нилъеда киназдаго буго. Амма жанаварал гIадин рохьазда рахчун, рехъалъ речIчIараб хъумуралъ кинигин цIогьохъе чан гьабунищха ритIухълъи батулеб? РитIухълъи тIегьаялъе ракълилаб гIетI тIун хIалтIизе ккола. Щивав чияс жиндаго сверухълъи бацIцIани, тIолгоязе пайда, берцинлъи кьолеб рацIцIалъи лъугьуна. 

«ЧIван хвейги гIид буго бихьинчиясе» - ян жаваб кьолаан, гьедигIан бегIерго рагIи бицунге, рекIкIал, хIалихьатал гIадамал гIемер ругин нижеца абидал Сугъралъа гIолохъанчи ТIалхIатил ГIабдулмаликица. «ХIакъикъат» газеталъул жавабияв секретарьлъун вукIана гьев. Гьесул гIакъиллъиялда, гIелму-лъаялда, иманалъул шулалъиялда бахиллъун рукIунаан ниж киналго. ГьадигIан камилго кинабго лъикIабщинаб чорхолъ бессарав гьев вас гIелму-лъаялъул, хъулухъалъул кIудияб борхалъуде вахиналдаги шаклъи букIинчIо. Хъизан гьабун лъагIел данде щвелелде чIвана гьев. Сундухъ?! Цо-цоял лъугьана щакал харбал риччазе дов вагьабияв вукIун вугин ФСБялъ чIван вугин, цогидал - вагьабияз чIван вугин.  - Лъие зарал букIараб дир васасул,- ин ахIана керен бухIулей гьесул эбелалъ. ГIабдулмалик  чIвана РитIухълъиялъухъ, БахIарчилъиялъухъ, ГIакъилъиялъухъ тохаб нухде унел нахъруссинаризе гьесулъ бугеб бажариялъухъ, гьеб кинабго жиделъ камурал жанавараз.

Дица гIолохъанчиясул бицана метериселъе канлъи кьелин нижер божи букIарав  чан гIалим щапизавурав жакъаселъе роцIцIен кьолев.

 Рокъоб эбел-инсуда макьу кин щолеб гьаб заманаялъ лъималазул рекIелъе, ботIролъе биун иман тIечIого?! Кисан, кинан бачIаниги ургъелищ гьечIеб гIарцул? ХIакъикъаталдаги раковый опухолалдасаги сах гьабизе захIматаб цоги унти буго тIибитIун – чара гьечIого киназего хIажат буго цин-цадахъ гIемераб гIарац.

Европаялъул цо улкаялда дун дандчIвана гьениб гIумру гьабун ругел дагъистаниялгун. ГIемераб бахIс ккана нижер Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIалалъул бицун. Дагъистаналда цIцIалеб хIухьелги хъубаблъун бихьулеб бугоан гьезда. Дагъистан какулел гьезда дун рекъечIелъул, гьез абулаан мун ХIебдае тIадюссиндал лъалин дуда Европаялъул къиматилан. Гьениса тIадюссунаго как ахIулеб гIужалъ ХIебдае щварай дие хIурул цIурал къватIазда гIодор накабиги чIван убач гьабизе бокьун букIана. Гьаб ракь нилъер буго кинаб батаниги. Гьаб лъикIаблъун гьабиги нилъеда  кодоб буго. Жакъасебги метерисебги къо кIочон, къойил чIагоязги хваразги нагIана кьолеб гIумру щибизе хIажалъараб? Гьеб гIумруялъул къимат, магIна щиб? Дица кидаго абуна, жакъаги абулеб буго - рухIалда барахщичIого къеркьелаан дун «КАВКАЗ»  абураб чIухIараб цIар бугеб эркенаб улка гIуцIиялъе гIоло. Амма гьеб кидаго букIине гьечIолъи лъазе гIурал лъалкIал тун руго гIасрабаз. Лъебергоялдаса цIикIкIун соназ вагъана Шамил, гъурана аза-азар магIарулазул бищунго бахIарчиял васал. Гьеб къеркьеялъул ахир нилъеда лъала. Щив вачIарав Кавказалдаса, бусурбабазул улкабаздаса  гьесие хIалае?

Репрессиязул соназ араб бакI лъачIого тIагIинаруна гIелму-лъай, бажари бугелщинал. Гьанже лъица толарого ругел бацIцIадаб динги, гьединабго магIишат-яшавги гьабизе?

 Эркенлъи тIалаб гьабулелин лъугьун кIигъатаб лагълъукье кколел гьечIищ, гIолохъаби, нуж? Щиб нилъее камун бугеб?

 Унго, пайда щиб умумул тIаде рахъинарулеб къуват бугебани! 


Баяналъул кьучI: Казият "Цолъи". Шамил мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook