Авторизация

Мун бергьана, дун къуна... Шамил Мух1идинов

 

Дир хабада чIван бугеб гIадатаб ганчIил зани,
ЧIухIаниги бегьила – мун бергьана, дун къуна.
Къокъабго гIумруялъулъ дир хIатIикь букIана мун,
Гьанже мун бахъун чIана, дун дур хIатIикье ккана.

 

Дир гIумрудул тIехьалъул ахиралда лъураб тIанкI,
ТIолго къисмат буссана борхатаб заниялде,
Хириябан цIакъабан дица гьабураб гIумру
ГIурдалъе ун, харбие, хабалалъ зани тана.

 

БоцIи данде гьабуна, гьундул кIудиял рана,
Гьезул къисмат лъаларо – хабалалъ зани тана.
Зигар-бакъгун, къацандун, къел ккун гIумру тIамуна,
ТIехь-квачIалде вуссана – хабалалъ заман тана.

 

Диего гьечIеб гIакълу гIадамазе бикьана,
Пайда ккараб – лъаларо – хабалалъ зани тана,
ЛъикIаб квешалъул гIорхъи батизе захIмалъана,
Лъималин чIучIадана – хабалалъ зани тана.

 

Эбел-инсул малъараб босизе дун кватIана,
КватIана тавбуялъе – хабалалъ зани тана.
Аллагь гурхIичIонани ворчIизе бакI дир гьечIо,
БетIергьан, хвасар гьаве – хабалалъ зани тана.

 

Дир тIолго гIумруялъул нахъе хутIараб хIужа,
ЦIорораб гамачIалде сверараб дир чIаголъи,
Дир хабада чIван бугеб гIадатаб ганчIил зани,
ЧIухIаниги бегьила – мун бергьана, дун къуна.

 


Автор: Шамил Мух1идинов

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий
Шамилил куч1дузулъ кидаго бук1уна гъваридаб философия,баркала!


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook