Авторизация

Г1умарх1ажие






ГIумархIажие

 Бихъунищ кечI рехилеб?

– Гьеб цIализе чи гьечIо.

 Бекилищ дица шиша?

– Щивгун цадахъ гьекъелеб?

Гьури пулеб бугеб куц,

РикIкIад щобазда гIазу,

– Шахтаманов, щай дуца

 Гьаб МахIачхъала тараб?

Дида дандчIвалел руго

ЛъугьинчIел гIакъилзаби:

 Я гIемерал гьекъарал,

Я щибниги гьекъечIел.

 Гьезда цадахъ гьекъараб

 ГIаракъидал багьа – лъим,

 – ГIумархIажи, щай дуца

 Гьаб МахIачхъала тараб?

Рихьула щибаб цололъ

Цересел хIакимзаби,

Жал рукIараб мехалда

 БукIараб лъикIин абун.

 Гьал рукIараб замана

 Дида гIумруялъ лъачIо,

– ГIумархIажи, огь, щайтIан,

 Щай МахIачхъала тараб?

ДахIадаевасул къватI,

 Ермошкингун цолъулеб,

Цо цололъ кIияздаго

Лъалей гIадан дандчIвана.

 Гьелъ берзул симис къотIун

 Духъе битIеян кьуна...

Бице щай, Шахтаманов,

Дуца гьаб шагьар тараб?

Унго мун къечон гьечIищ,

КочIохъангун лълъарахъан,

Къаралазул иццазухъ,

Аваразул бакъназухъ?

Каспи хIикмалъун буго...

Щуабилеб дур тIала...

Шахтаманов, щай дуца

 Тараб гьеб МахIачхъала?

Поездал, самолетал

 РачIунилан пайда щиб,

 Гьезда данде чIваларо,

Гьел нуха регIуларо.

 Дица бокал бекана,

Дица шигIру бихъана...

Шахтаманов, щай дуца

 Гьаб МахIачхъала тараб?


Автор: Расул Х1амзатов

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook