Авторизация

Дагъистаааан, мун кибееее?...

Дагъистаааан, мун кибееее?... Дунялалда къуватаздаса къуватаб пачалихъ-Румазул къираллъи биххиялъе цо цlайи бугеб гlилла ккун буго гьелда жаниб рухlиял бечелъаби тlубанго учузлъи- бидулаб рагъ-мучалъ, вахlшиял гладиаторазул къецаз, руччабазул ва бихьиназул батlалъи гьечlеб зинаялъ, чехьквешлъун кванаялъ жанисанго хьордораб жамгlияталда, къватlисан тушманлъиялда рагlи абизе кlвеялдаса ин. Доб некlсияб жамхlурияталда данде кквезе бачlана дида гьал гlагарал къоязда гlаданлъи-чилъиялъул, яхl-намусалъул, иман-бахьиялъул тlогьлъун Расул Хlамзатовас «Дир Дагъистан» тlехьалда бихьизабураб исламиябин жинда абулеб республика. Дир, цохlо цlар хутlараб мугlрузул улка… Кидаялиго къадруяб, гьанже накалде ккараб. Кидаялиго гlумру гьабизе бацlцlадаб, бигьаяб, гьанже-бичlчlизе захlматаб. Дунялалъулаб нусиречалда «Дагъистаналда цlияб-лъикlабин» гьикъани, бищун дагьалдасан анцlго хабар бачlуна чlвай-хъвеялъул, бикъа-хъамиялъул ва сурараб хьвада-чlвадиялъул.


Батуларо гьимизарулеб хlужжа, я лъимал гlемераб хъизамалъе тlадеги лъабго цадахъ гьаруразул хъвараб, я умумузул колодеги ун магlишат бахъинабизе лъугьарал таваккалчагlазул хlаракаталъул бицараб. Битlахъего абуни, сири бана черхалда мадугьалихъ бугеб районалда гъаримзаби-пенсионеразул гъин кваназе бегьилин ракlалдеги ккун, рос-лъади вахlшиго чlваялъ. Сундуе гlоло? Цо къоялъниги бусурбанаб жамагlаталда гьоркьов вижарав-гlурав чияс гьабулеб хlалтlийищ жидедаго тlадал хlалтlул ишал тlуралел ругел пуланзабазул (бикъун, чияхъа бахъун бечелъарал гурел?!) бер къапичlого, чlван рехи? Ялъуни имаматалъул, лебалал наибзабазул заманалда рагlун абизецин бегьулеб жойищ букlараб, ахlанже централияб каналадасан цееги яхъун, жиндир гlагарав инсулгун бусада иш-макь букlанин цо дагъистаниялъул кlалъай?!

Жиндего цогидах гъегъ байдал яхъуней йиго инсуца батlияй чlужу ячиналъ досие квешезе бицараб, ургъичlеб хабар кканилан.


Уха, инсуе бецlизеян дагъистанго суризаби!Шамилилги Хlажимурадилги хвалчаби камун ругоан цо-цо гlакълу гьечlел гвангварабазе жакъа! 3 миллион багьаяб хирургасул скальпель хьвагlиялдалъун Раина лъугьарав Гlадам аварагасул цlар лъурав Чонтаулалдаса гlолохъанчиясухъ балагье жиндего чачаназулги дагъистаниязулги цадахъаб нагlанаялъул цlад базабурав! Хlакълъунго, ахlмакъ, цо гlолилалъ хъвалеб бугоан дос(лъ)ул бахlаралъул гордида гъорлъ бахъараб сураталда гъоркь «Росабазе ине бихьинал гlоларого Дагъистаналъул саламатал ясалги тун, цlулъарав дуда абизе рагlи жинда батуларилан». Дагъистаналде тlаде Бетlергьан Аллагьас зодоса балеб бугебщинаб гlазу-цlад, доб Къуръаналдацин бицен гьабураб Содомалде бараб, ракьул гьумералдаса шагьар бацlцlараб, цlадул балагьалде свериялда хlинкъула дун гьадинал иман биларал рижисурал рихьидал.

Ракlалде бачlана сундулго ургъел-агъаз гьечlеб гlанчlаб лъимерлъи: автостанциялда бищун бихьулеб бакlалда къайи-цlа танигицин бикъизеяли киб, гьелда квер хъвалев чи вахъунареб парахалъи, къаси сагlат l-2 ялда (лъим хинлъараб мех) ралъдахъе чвердезе унел руччабазул руккелалда нужниги щалилан цlехоларел бихьиназул ракlлъикlлъи, кагътил мохъазда гьоркьоб бихьулеб-бихьулареб загьир гьабулеб рокьул бацlцlалъи, сундулго чlара-хьараб ахlвал-хlалгун метерисеб къоялда божилъи, гьанже гlадин бихьизе как-кlал гьабичlониги, «дуе бокьулареб цойгидасеги гьабугеян» рекlелъ гьитlинаб къоялдаса нахъе бекlкlараб къанун-иманалъул цо хасият…


Кавказалъул мугlруздаса гъоркье гирун ине бугин ккола гьанже гьеб кинабго, цlадирабазда бащадго лъун руго цояб рахъалда-иманги, ракlбацlцlалъиги, бахилал ишалги, цойгияб рахъалда- мунагьал гьаризе бегьиги къабихlаб хьвада-чlвадиги. Гlицlго нилъеда, нилъеца лъималазе кьураб тарбиялда, рахчичlого къвпатlир чlвазарурал цоцазул гlунгутlабазда бараб буго кибехун цlайи минут-пара цlикlкlинебали.      

Дагъистааааан, мун кибееее?...


Автор: ФатIимат МухIамадова

Баяналъул кьучI: Казият "Росдал захIматчи". Хунзахъ мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook