Авторизация

Таж гIодобе рехе! РещтIа тахидаса!




Щайдай гьал гIемерисел хIакимзаби гIадатиял гIадамазда берцинго кIалъаларел? Гьезул бутIруздаса таждай бортулебгIадамазул нухдасанги хьвадунилан, мугIалимзабазул адабги гьабунилан, гьезда берцингоги кIалъанилан? Яги гьезда мугIалим щив кколев жалго щал кколелали кIочондай бугеб? Гьездаяли щай гурин, жалго мугIалимзабаздагицин кIочонеб буго лъайкьеялъул ишалъулъ жалги цIалдохъабиги аслиял чагIи рукIин, хутIарал гьезул хIалтIуе ресал чIезаризе кумекалъе ругел чагIи рукIин. 


ХIакимлъи абураб, хъулухъ абураб жо щиб щваниги батIалъи гьечIо, хъулухъги хIакимлъиги балагьулезе. Гьезда жалго кутакал, кIудиял чагIийилангIаги кколеб батилаха. Гьезда ккеялда гIайиб щиб, жалго гIадамаздагицин кколеб бугеб мехалъ гьедин. Лъиего хIеличIел, бетIер къуличIел, лъидаго къуркьизаризе кIвечIел магIарулазул наслаби гьанже, кинаб рахъалдасан щив хъулухъчи вачIинев вихьаниги, гьесие наку кинисан чIванидай берцин рихьилаян, бетIер кинисан къуланидай лъикIаб букIинаян, кинисан хIелундай хайир цIикIкIун щвелаян руго.


ГIаданлъиги намусги умумузул къадруги - кибе гьеб араб? Инсан ворцунеб роцен гьеб гурищ букIараб нилъер умумузул? Доб ассги чIухIиги кибеха араб ал магIарулазул? ГIатIиракьалде рахъиндал, къануналги хасиятги хисун лъикIиландай ккараб? Валлагь босун букIун гьечIо нилъеца цадахъ магIарул яхIги, гIамалги, цогидаб ХIамзатил Расулица кочIолъ гьаранщинабги.


Хъулухъ абураб рагIул магIна щиб? Халкъалъе хъулухъалъе тарал хъулухъчагIазда жалго гьеб халкъалдаса тIадегIанал ругилан щайдайха кколеб? Бикъизе цIикIкIун ресал рукIиналъдай? ГIаламатаб жо буго гьеб. Сундалъундай гьез борцунеб тIадегIанлъи?

Дицани инсанасул даража гьесул гIамал хасияталдасан борцуна. Дие ургъелги букIунаро, кинаб хIалтIуда гьев вукIаниги. Гьесул рухIияб рахъалде балагьун кьола дица инсанасе къимат. Вугищ гьев исан жиндирго инсанасда рекъарал гIамалал цIунарав, иман бугеб, тарбия бугев, адабал лъалев инсан - гьесие тIадегIанаб къиматги кьола дица. ГьечIищ гьесул гьел хасиятал - кепкил багьа гьечIо дие гьединав чиясул. Лъаларо, дун нахъе ккунниги ятилаха гьаб гIумруялдаса. Дунги дун гIадиналги. Нижее тарбия гьединаб кьунаха рокъоб. Нижер умумузулъ хасиятги гьединаб батана. Батараб босана нижецаги. Аллагьас бищун тIадегIан гьавун вижарав нилъер хирияв МухIаммад авараг (с.гI.с.) щайдайха гьаб ракьалда чIухIун хьвадичIев, гьеб чIухIи цIакъаб жо букIараб батани? Гьесдаса чIухIун хьвадизе ккарав щивдай вукIана, гьаб кинабго махлукъатго жиндие гIолон бижарав?!


ГIаданлъиги намусги умумузул къадруги - кибе гьеб араб? Инсан ворцунеб роцен гьеб гурищ букIараб нилъер умумузул? Доб ассги чIухIиги кибеха араб ал магIарулазул? ГIатIиракьалде рахъиндал, къануналги хасиятги хисун лъикIиландай ккараб? Валлагь босун букIун гьечIо нилъеца цадахъ магIарул яхIги, гIамалги, цогидаб ХIамзатил Расулица кочIолъ гьаранщинабги.



Цо къоялъ авар мацIалъул мугIалимзабазе дарс кьезе Лъайкьей цебетIезабиялъул институталде (ДИРО) арай дир, ракIалдаго гьечIеб дандчIвай ккана. Институталъул жанахIалдасан унаго, данде вачIинев вихьана академик Шамил ГIалиев.

Гьесул хIалтIулеб бакIалде анигицин ватун вукIинчIев, жеги кIалъазе вихьун вукIинчIев ракьцояв, магIарулазул унго-унгояв чIухIи, нилъер пачалихъалъулго чIухIи,  унго-унгояв гIалимчи, гIадатияв магIарулав кIалъана нижеда кидаго лъалел рукIарал гIадамазда гIадин. Дун дирго бераздаги гIундуздаги божулей йикIинчIо. ГIакълудал ралъад, Аллагьас кIудияб ва камилаб лъайги гьунарги жиндие кьурав, тIолго дунялалъулго гIалимзабаз жиндир цIар цIияб рагьараб цIваялда лъурав, интернеталдасан жиндир кIалъаязухъ ялагьун ва гIенеккун гIорцIуларев гьев гIажаибав инсан, гьале, гIадатияб магIарул мацIалда, щибго чIухIа-къулиго гьечIого, лъазецин лъаларел нижеда кIалъана жиндир гIагарал чагIийилан абун.


Дун, бегьулеб букIарабани, нахъецин инароан гьеб бакIалдаса. КочIол бакъаналдаса гьесул гьаракь берцинаб бугин ккола гIенеккизе. Гьаракьги буго гьесул гIажаибаб, цо кинабалиго некIсияб мугIрузул тIабигIияб бакъан гIадаб. Гьев магIарулав чIухIани бегьилаан, чIухIи рекъараб жо бугебани магIаруласда. Гьесул ботIрониб бугеб гIакълуги лъайги борцун бажарулеб роценги батиларо.


Дие цIакъ рокьулел рагIаби руго ГIумар Хаямил гьадинаб магIнаялъул: «РакI гьитIинавгIан чиясул мегIер гьаваялде борхула», - йилан. Жиндир рухIияб напсияб рахъ щвечIеб даражаялде цIавуцIахъдуна гьев ва бетIер борхун, чIухIун гьаваялдасан хьвадула. ЧIухIизе гIадинаб лъайги гIакълуги бугелин абуни, гIадатго гIодоре риччан хьвадула ракьалдасан. ГIакълу бугев чиясда бичIчIулелъулха, гьаваялдасан хьвадулеб нух чIобогояб ва учузаб нух букIин. Гьединазда абизе бокьун букIуна: «Таж гIодобе рехе, хIурматиял! РещтIа тахидаса! Гьелъулъ гурин чIухIиги тIадегIанлъиги бугеб, гIаданлъиялъулъин!». Амма пайда щибха…

Хабар лъик1аб раг1аги. Зодисан роржинчIого, умумузул нухги, гIаданлъиги, гIадатлъиги цIунун, гIакъилал ва цIодорал гIадамаздасан мисалги босун, гIодосан хьвадизе Аллагьас магIарулазе камилаб гIакълу кьеги!



Автор: Сарат МухIумаева

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook