Авторизация

Алжан баркун, пирказ кодобе кьеял...

ХIурмат тIадегIанал магIарулал! Гьанже кинаб даражаялъул гIалимчиги шагIирги ЧIанкIа вукIаравали бицине дун лъугьани, битIун букIинаро. ЧIанкIаги лъаларев, гьесул кучIдулги рагIичIев чи магIарулазда гьоркьов ватилилан абулеб жоялда дун божуларо.

Лъидаха гьаб кечI рагIичIеб:


Рогьалилъ баккараб бакъ

Бакъаниде тIерхьуна,

Унтун, цIилъун, лъилъула

Каранда ругел ругънал.

Харил кутак хванани,

ГIалхул чанги чучула,

Чорхол ияхI хун буго

Дой ясалъухъ рокьи ккун.

 

Кваркьи бекани, лачен 

Чвархъан гIодоб речIчIула,

Лага бакъварав дида 

Вахъун чIезе кIоларо.

КIал пасихIаб милъиршо

ГохI-щобалде ахIдола,

Дунги ина ахIдезе

Гьудул данделъизегIан…


Цойги ЧIанкIаца хъвана:


Забру варакъалъул хIежалъул къуран,

ХIал гьабулеб буго гьанже гьаваялъ.

ХIанил жисму бугеб зобалъул тIавус,

Зулму буго дие гьаб рокьиялъул.

 

Рукьбал меседилаб, ссан маргъалулаб,

Самаияб хIанчIил хIал буго дие.

Куркьбазда варакъул накъищ угьараб,

Гьаваялъул лочнохъ чара хун буго.

 

Беразул нур сунеб сипат бихьидал,

Сабруяб ракIалъул гIадлу хисана.

Халкъ гIажиз гьаюрай гIадан ятидал,

ГIаданул беразул низам бихана.

 

Унго инсандай мун, сипат гуродай,

Дир сабру лъугIараб гIажаибаб рухI.

ВахIай хIурулгIиндай, малаикциндай,

Дир хIалал рихьизе цее тIамурай – илан.


Унго цо пасихIлъиги рагIабазул берцинлъиги!

ЧIанкIал шигIрабазул хIакъалъулъги, гьесул гIумрудул хIакъалъулъги гIемер хъвана, бицана, бицинеги буго. Амма, цо гъорлъе ваккун гьесул гIумруялдаги, гIелмуялдаги, шигIрабаздаги тIад хIалтIулев, гьелъие гIумру кьолев гIалимчи жеги вахъинчIо. Хьул буго. Гьесие гIемераб, тIубараб гIумруялъе гIураб, хIалтIи бугоан гьабизе. I8 рокьул кечIги, 4 магIуги, 4 гIараб мацIалда хъвараб шигIруги гурони, ЧIанкIаца хъвараб жо нилъехъе щун гьечIо, къо бахъанагIан щвеялда щаклъиги буго.


Бадиб балагьани гьецIо биуна,

Гьимун мун кIалъани, лъим бакъван ккола,

Дуда къвал банани, къабру биххила,

Къадани чIанани, хварал рахъина.

КIалзул жавабазул жугьа рагIани,

Ургьиб бугеб лъимер данде кIалъала…


Унго цо пикруялъул роржен!

Цойги гьев гIалимчи тIад хIалтIизе кколеб суал... Рокъоса ун къадаралде щвезегIан, хIежалде унаго вуссунаго ва Турциялда, ЧIанкIаца бан буго кIиго сонгIан заман. Гьеб заманаялъ хъвачIищ ЧIанкIаца шигIраби? Хъварал ратани, кир ругел?...

ГIемерал суалал тана нилъее ЧIанкIаца. Нилъилан абуни, совет хIукуматалъул заказалда рекъон, доб заманалъул тIахьазда хъвараб жоги къахIан ккун, цого жо бицунел хутIун руго.

Гьанже, кин букIаниги, БакьайчIиса ЧIанкIа гьавуралдаса I50 сонги бан бугелъул, нилъее щвана кIудияб багьана гьев бергьарав гIалимчи ва шагIир кIодо гьавизе. Республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас жиндирго Указалдалъунги лъазабуна киназдаго БакьайчIиса ЧIанкIаца I50 тIубай чара гьечIого нилъеца гьабизе кколеб жо бугилан. ГIарщ гIанасеб планги хъван, тIаде босун, тадбирал тIоритIулеб хIурматияб оргкомитетги буго. Хъван спектаклялъе сценарийгун, нилъеда дагьавги лъикI ЧIанкIа вихьизавизеги вичIчIизавизеги хIадурун ХIайбула ГIабдугъапуровги вуго…

Метер, 23 июлалъ, бекьечIдерица киналго ахIулел руго ЧIанкIаца гIумру гьабураб рукъги бихьизе, гьев хьвадарал къваридал къватIалги рихьизе, ЧIанкIацаги МахIмудицаги как ахIараб мигIмароги бихьизе, гIемерал гIалимзаби шагIирзаби жанир рахъараб бекьечIдерил жамагIатги бихьизе, Шамилил заманалда аваристаналъул муфтийлъун вукIарав Шахща-къадил зияраталдеги щвезе, ургъелги бикьизе, ракIалда бугебги бицине, хваразулги чIагоязулги мунагьал чураянги гьаризе, мавлидалде. Гьеб тадбир байбихьизе буго сагIат анцIгоялда.

«Алжан баркун пирказ кодобе кьеял...», рачIа мавлидалде ЧIанкIал росулъе!  

                                                                                                                                                           22.07.2016

Автор: Баху Мух1идинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook