Авторизация

Цин божун… цин божичIого…

Заирбег ГIалихановасул пьесаялда рекъон, ХIайбула ГIабдугъапуровас Авартеатралда лъураб «МугIрузул ГIали» спектакль бихьичIев чиясда, щиб бицунейдай ай йигейиланги ккела… БукIаниги, бицинчIого чIезе кIолеб хIал гьечIо.

БичIчIичIев, бихьизе а.

Азарабго баркала буго нилъер Авартеатралъул нухмалъулезе, режисеразе, сценаристазе, гьенир хIалтIулел артистазе ва цойгидалги киналго, нилъее гIоло, нилъ рохизаризе, хинлъизаризе, нилъеца мекъаб-тIекъалда тIад пикру гьабизе, квеш-лъикIалъухъ ралагьизе, бащадабгицин цIечIеб залалда цереги рахъун нилъее театр бихьизабилилан лъугьарал.

ЧанцIул бицаниги щиб, долго, фонограммаги биччан, бихъилеб хIалалъ кIалги гьакIкIан (нилъеда умаб жойилан ккезе) цере рахъунел, «рожа кракадилия», - йиланги жоги ахIулел чагIазул концерталда гьебго зал букIуна жагацин гIодобе бортилареб хIалалъ цIун. Щайдай?

Гьел пикрабиги рачIун, гьадал нилъеда цереги рахъун, ункъго-щуго чиясе театр хIалел ругел артистазукьаги нечон, гьабилеб жоги тIагIун йикIана дун.

Унго-унгояб магIарул мацI! МацIалъул пасихIлъи… РагIабазул гъварилъи… Гьелъул гIажаибаб гугьар! Унго-унгояб магIарул ретIел-хьит! Унго-унгояб магIарул рукIа-рахъин… рукъ-бакI… къайи-свери… кечI-бакъан! БакIитIерахъин! Машааллагь, киналъго рекIее гьабулеб асар!!! ЛъицагIаги гьазухъе гьадинаб ихтияр кьурабали, махщел бугел артистаз бокьа-бокьараб гьабулеб букIана ралагьаразул рекIее… Релъизарун, рохизарун, чIухIизарун, пашманлъизарун, гIодизарун, ццидаххинарун… Гьедин гьабизеги ккола. Божизаризе ккола жедецаго бихьизабулелда.

Амма, цо-цо бакIалда дун божулей йикIинчIо.

Артист хIалев вуго, амма дун божулей гьечIо. ГIалица Зада йокьулилан абулеб буго… Божуларо! Кинха божилей, дида берда цеве вуго къого - къоло щуго сон баравгIадав гIолохъанчи ГIалиги, досдаса гIезегIан кIудияйгIадай Задаги - гьанжего гьанже анцIила микьго сон барай ясалъгIадал жал гьарулей. КигIан хIаракат бахъаниги, божизе кIвечIо дида. БожичIониги божараб ххвелги гьабун ялагьана… Цин божун, цин божичIого… щвана, ГIалихъе мацIихъабиги рачIун, ГIалил ццин гьалаглъараб бакIалде.

МугIрул рагъарана, зобал гъугъана, 

Гъаргъар щварав ГIалил кьер босун ана… - ян хъван буго халкъияб кечIалда.

КигIан гьалагаб ццинха букIине ккелеб ГIалил, бер къапичIого гьададигIан йокьулей лъади чIвазе ккани…

Хьондаса гирараб гьорчо гIадинан,

Гьорца хъамураб тIамах кинигин,

МугIрул регулаго, гIор бахунаго… кигIан векераниги, чи чIвалеб даражаялде кинго бахинчIо ГIалил ццин.

МагIардаса рокъове щвейгун цин эбелалалда гаргадана ГIали. «МугIрузул ГIали» кечIалда, лъадуда ханжар къазабун хадуб гурони гьев эбелалухъе вилълъунаро. Гьес гурищ эбелалда абулеб:

- Хъун тарабин, эбел, цо гьардараб цIе,

ЦIа гьалагаб баке, хьаг кIудияб лъе.

Хъвезехъинги бугин микьбагьаб дегIен,

ГIагарал-гIунтIарал рачIаян абе…, - йилан.

Хадув лъадуда гаргадана… ЧIучIадилев вукIин гурони, ццидал бихьулеб жоги букIинчIо. Хадубги цо хIобода къвалги бан гIодана… циндаго вахъун ханжарги къазабуна. БожичIо!!! Ва киданиги божиларо! Гьадаб ццидаца чи чIваларо! Гьединабго жо букIана жиндаго ханжар къазабиги.

КочIолъ буго:

Цилъун гъулгъудана, бацIлъун хичана,

Хехаб цциналъ ГIалил гIакълу босана, - илан. Гьаниб, щибго ццинги бахъинчIого къазабуна лъадуда ханжар. Махсаро батилилан ккана дида.

Кирха ругел дол ГIалил рагIаби:

- Асалам гIалайкум, ячурай лъади,

Дунищ кIочон тарав, тавбуйищ хвараб?

Хабалъеги цадахъ босзе гьабураб,

Гьудул лъикIав щунищ, къотIи биххараб?

 

… Дур каранда балеб гьулияб маргъал 

Лъил чвантинибали бице дидаги,

Рукьалда рекъараб микьгIарцул курхьен

Кинав багьадурас хонжрода ккураб?

Лъадул:

- Каранда букIараб гьулияб маргъал,

Мун росулъ гьечIого баларин абун,

Багьа тIадегIанаб хараялда гъорлъ,

Гъансил кIулал ричIун жаниб лъун буго.

Рукьалда кенчIолеб микьгIарцел курхьен,

Мун тун батIиясе кенчIечIо, ГIали,

Мун рокъов гьечIого баларин абун,

Къаданиб жо борхун гъоркь биччан буго…

Кидадай гьел рагIаби рагIилаян гьакIкIан кIалгун йикIарай дун… данде эбги бачун чIезе ккана. РагIулеб жоялъулги букIана цо санагIалъи гьечIолъи. Микрофоналде аскIоре ккарал рагIаби рагIун, ккечIел – рагIичIого.

ГIисси-бикъинал жалазул бицуней чIужуги дун гуро… Амма, гьел дандеккунгутIияз ва «бажаричIоха азухъа дун божизайизе», - йилан абураб пикруялъ дие рахIат букIинчIо. БожичIониги, дун гурони гьенив гIодулев чиги дида вихьичIо. Унго-унгоги рукIарал чагIилъидал дов ГIалиги лъадиги… долги ракIалде щун, цIакъ ракI бакъвана.(((

Цойги квеш ккараб жо буго нилъеда гьанже ругел артистазул цIарал лъангутIи. Цере лъалаан гури киналго. Дида цIарал лъалел рукIаралани, цIар-цIар ккун рехселаан гIолохъанал, махщел бугел артисталги… Баркала релъизаруралъухъ, рохизаруралъухъ, чIухIизаруралъухъ, пашманлъизаруралъухъ, гIодизаруралъухъ, ццидаххинаруралъухъ…

Дида лъалаха рокъоса бакIалги росун театралде унеб заманаги… Щибдай нилъее ккараб?

Амма, «чIухIарай Бахуда» кутакалда божана!)

24.II.I5.


Автор: Баху Мух1идинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook