Авторизация

МахIмуд вокьулес гьесул мугIалимасул адаб толаро

«Миллат» газеталъ ХъахIабросулъа МахIмудил 140 сон тIубаялде, гьесул гIумруялъул, гьунаразул, кучIдул гьаризе букIараб махщелалъул хIакъалъулъ макъала («Миллат» № 44, 28.11.2014 с.) хъвачIебани, миллаталъул ургъалида бугеб газета хIисабалда, гьеб бичIчIилароан. Амма 26 соналъ цебего хъвараб гIалимчиясул макъала бахъиялъ кколеб буго, гьелдаса нахъе магIарулазул шигIрияб гьунаралъе, гьездаго гьоркьов МахIмудил пагьму-гьунаралъеги къимат кьолев гIалимчиги  Дагъистаналда вахъинчIин ва жакъаги гьечIилан. Дида лъала, гьеб макъала тIоцебе бахъараб мехалъги гьелда тIасан бахIсалги, разилъичIел гIадамалги рукIана. Гьелъ пикру бачIунеб буго, щайдай «Миллат» газеталъе «басрияб наккдалъа цIияб бугIа бахъунилан». Гьаб макъалаялда рекъоларел цо-цо гIадамалги рукIине бугьулилан хъвалеб бугелъул, пикру ккана къалам кодобе босизе.


ТIолабго макъалаялда рекъоларев чи Дагъистаналдаги магIарулазда гьоркьовги вати щакаб буго. ГIамм гьабун босани, МахIмудиеги МахIмудил гьунаралъеги кьураб къимат щвалде щвараб, тIад кIалъай гьабизе рес гьечIеблъун бихьула. Гьелъие нугIлъи гьабула жалго машгьурав шагIирасул кучIдуз. Лъидаха абизе кIолеб магIарул поэзиялъе МахIмудил кучIдуз асар гьабичIилан, гьез магIарул мацIги бечед гьабичIин, гьев жинда данде лъезе чи цоги гьечIев, жиндирго пассихIлъиги бугев гьунарги кIудияв поэт вукIинчIилан. ВукIана, вуго ва магIарулал ругебгIан заманаялъ, гIасрабаз тIагIинаро гьесул гучаб поэзиялъул асарги. Расулидасан байбихьун киналго Дагъистаналъул поэталги мукIурал руго МахIмудил поэзиялъ жидеего гьабураб асаралъе ва кумекалъе. Цойги, рокьиян цIар бугеб Аллагьас рекIелъ лъолеб хIикматаб асар инсанасдаса батIалъичIебгIан мехалъ, МахIмуд халкъалъ къадруялъул тахиде вахинавичIого теларо.


Абула нассраниял мекъи кканин жидерго ГIиса аварагасе (р.гI.) гIорхъулъа ун рецц гьабизе бокьиялъ, гьев Аллагьасул даражаялде вахинавиялъ. Цогидал гIодорегIан гьаричIого, данде кквечIого, чиясе цIакъго тIадегIанаб къимат кьей, лъикI батаниги квеш батаниги инсанасе хасиятаб жо буго, гьелда тIад кIалъачIониги бегьила. Гьеб чисул гIорхъулъа араб рокьиялда тIад бижулеб жо буго. Дида кколеб буго, макъалаялъул авторас, цIакъго МахIмудидехун рокьи цIикIкIиналъ батаниги, щибаб миллаталъул Дагъистаналда цо цIакъ цеве ккуравги, цоги гьесул рагIадалги рукIине кколин абураб сиясаталда рекъон букIаниги, лъалев Аллагь вуго, МахIмудил гьудул ва мугIаллим  БакьагьечIиса Тажудин (ЧIанкIа) цIахъ нахъе цулев вугилан. ЛъикI ургъун балагьани, авторасе бокьаралъул гIаксалда гьес Тажудиниде гуреб, жиндирго вокьулев поэтасде рагIад ккезабулеб буго. Масала: «ЧIанкIал гIадин, басра гьаюн, гуккизеги гуккун, хъвараб къадаран, реххун тарай героиня ятулищ нилъеда МахIмудил кучIдузулъ?»-ан хъвалеб буго гьес. Жинцаго чIван къотIараб жавабги кьолеб буго: «Ятуларо!» -абун. Гьелдасан хIассил гьабун, хадуб хъвалеб буго: «Гьединлъидалин МахIмудил кучIдуз, инсанияталъего гIаммаб, гIаданлъи тIокIаб, берцинаб асар бижизабулеб гIадамазулъ» - абун. Гьал мухъал цIаларас пикру гьабизе кколеб буго, Тажудин гIаданлъиялдаса рахъарал пикраби кочIолъ ахIулев, гьел гIадамазда гъорлъги тIиритIизарулев шагIир вукIанилан. Исламияв гIалимчилъун вукIарав киназго къадру гьабулев чи вукIаниги инсанияталде квешаб асар гьабулев, рухIияб рацIцIалъи гьечIев чиясул гьудуллъунги, мутагIиллъунги МахIмуд кин ккарав? Гьудуласда релъарав вукIунила гьудулиланги абула, учителасул асар ккечIогоги цIалдохъанасде букIунаро, гьединлъидал, тIадехун рехсарал мухъаз МахIмудил къадру борхулеб гьечIо.


Цойги босани, Тажудинилги МахIмудилги заманаялъ «гуккарай» ятаниги жамгIияталда гьоркьоб бугеб ахIвал-хIалалъ букIаниги рокьи тIубазе рес кьечIел героялги, героинялги, рагIи данде ккун рокьун рукIаниги, жидергоги, йокьулелъулги гIумруялда хIинкъун цереса тIагIине ккарал гIолилал рукIинчIогойищ? БукIараб хIакъикъат жиндирго кочIолъе бачин Тажудинил загIипаб рахълъун кин ккараб? Заманалъул гIунгутIаби рехсечIогоян МахIмудиде гIайиб дица гьабулеб гьечIо. Щивав шагIирасул букIуна жиндирго къисматги, асар гьабулеб къагIидаги. МахIмудиде аскIое жиндир пикру загьир гьабун кечI хъваян, Тажудиниде аскIое гIадин, гIагарлъиялъ вокьулев тIуризавурай яс ячIун ятиларо.  Дицани абиларо, гIумруялъ битI ккечIеб рокьуца кIвекIарав МахIмудида сверухъе бугеб ахIвал хIал бихьулеб букIинчIилан.


Тажудиница чара-хварай йокьулелъул кIалдир, бицараб рагIуе хилиплъун гукканин абурал рагIаби лъуниги, бичIчIизе бегьуларо, доб заманалъул гуккиги, жакъасеб гIелалъул гуккиги цого жо бугилан. Доб мехалъ гуккун, яс инжит гьаюрал гIолилал ясазул гIагарлъиялъ чIаго толароан. Авторасул «гуккун рехун тарай героиня» абураб рагIи жакъасев гIолиласда мекъи бичIчIани, нилъ тIубанго хъархъалъе ккезехъин руго. Гьеб гуребги щивав шагIирасул гIумруги, гIумруялъул хIалбихьиги батIи-батIияб букIунелъул, батIи-батIиял темаби кочIолъ рорхи беццизе ккараб жо буго.


Авторас цоги хъвалеб буго: «Гьелдасаги (ай чияр чIужуги йокьун кучIдул ахIаравин МахIмудида абиялдаса. Ш.М.) мекъаб ккола «ЧIанкIал» !? темабаздасан босараб бугин МахIмудица гьалагаб рокьул бицун, гьединго Муи ракIалде щвезаюн абураб пикруги» -ян. Гьеб тIубан битIараб бугин абизе дидаги кIоларо. ЧIанкIаде щвезегIанги рокьи лъачIого магIарулал рукIун ратиларо. МахIмудги жиндирго рокьуца тIамун ватила кучIдул хъвазе. Амма ЦIадаса ХIамзат иш лъачIого, ракIалде ккараб-ккараб бицунев чи вукIинчIо ва литература лъаларев чиги вукIинчIо, гьес хъвалеб бугоха Байбихьуда МахIмудил вачIин ЧIанкIал нухдасан кканилан. БакьагьечIиса Тажудинил (ЧIанкIал) темаги МахIмудил темаги цого лъугьиналъе гIилла, рокьул асар кIияздаго лъаялъ батила, амма хъвалеб стилияб чваххиги релъараб бугони, Тажудин МахIмудидаса 12 соналъ кIудиявги вугони, живго МахIмудицаги Тажудин жиндирго кIудияв вацлъун, гьудуллъун ва мугIаллимлъунги рикIкIунев вугони, гьедин абичIого кинха хутIилеб? 


Дунялалдаго машгьурав Расул ХIамзатовас гIемер абулаан жинде цересел Дагъистаналъул поэтазул, ЧIанкIал, МахIмудил, Батирайил ва цогидазулги асар кканилан, «Инсуца хъвалел руго гьабсагIатги дир кучIдул»-ан, гIурус поэтал, Пушкин, Лермонтов ва цогидалги жиндир учительзаби ругилан. Балагьаразда ратула релъенлъи бугел темабиги, гIаммал бакIалги. Нилъ киналго Адамил лъимал ругелъул. Гьеб Расул ХIамзатовасул къимат гIодобе кколеб хIужжайищ ккараб? Щай МахIмудица жиндирго учителасул тема цебе бачине бегьулареб?  МахIмуд кьалбал гьечIев гъветIлъунищ вихьизе кколев? ЛъикIал гIалимзабазги жидерго мугIаллимасул нух цебе бачуна гури! МугIаллимасул дарсал росунилан мутагIаллимищ гIодовегIанлъулев яги мугIаллимищ? Гьел Дагъистаналъул шигIриял тIогьал цоцада дандеги ккун цоцалъ къацандизе тIамиялъул магIна щиб? Дица кидаго суал лъечIо КьилимегIерищ борхатаб яги ГIакаройищилан. ГIумруялъ гордухъан бихьидал батила, КьилимегIер берцинаб батанигицин дие ГIакаро мегIер бокьула. Лъида кIолеб диде гIайиб гьабизе. Щивав поэтасулги, щибаб тIегьалъул, щибаб пихъалъул гIадин букIуна жиндирго тIагIамги махIги черхалъе пайдаги. Бокьарас бокьараб тIаса бищизе бегьула. Жиндир азбаралъуб бижараб лъикIаб бугин ккейги бегьулареб жо гуро, цоги жинда тIагIам босизе кIвечIеб пихъ квешаб, заралияб бугин тIирун чIейги мекъи буго. Гьелъулъ гIакълу бихьулеб гьечIо. Масала Хунзахъ районалъул ЛъагIилухъа чияс абуни мунагьал чураяв ГIабасил МахIамад гIадав поэт лъугьинчIилан. Гьесда гIадин магIарул мацIги лъалев, рифма рекъезабун кечI хъвазеги кIолев поэт Дагъистаналда гьечIин ва вукIинчIилан. Гьеб рахъалъ гьесул борхалъиялде хIатта Расул ХIамзатовцин вахинчIин абуни, батIаго щиб гьениб мекъи бугеб! Амма гьесде данде ккун, Дагъистаналъул поэтал цIакъ гIодобегIанаб даражаялда ругин абуни – мекъи ккана.


ГIалимчиясул макъалаялда тIасан бахIс бугелъул абила, гIелму, поэзиялъе чIванкъотIараб къимат кьолеб гуреб, поэтал даражабазул хIокIазда сокIкIунеблъун батани гьеб гIелму гуро. Пикру гьабе, киназдаго лъала БакьагьечIиса Тажудинилги МахIмудилги гIумру тIей гьечIого цоцада бухьараб букIана. Дун аскIов вукIинчIо, амма дун гьитIинаб мехалдаса нахъего бекьечIдерил кIудиял чагIаз бицунеб батана, хIежалде унелъул ЧIанкIаца жиндирго кучIдул МахIмудихъе кьуниланги. Гьел ралагьиялда тIад хIалтIаниги бегьилаан гIалимзаби. Поэтазул хIакъалъулъ хъвараб жо, хIатта кучIдулгицин нилъехъе щун руго биценаздасан.  Гьелъул кьучIчIалда жакъасеб нилъер бахIсги хIассил кьолареб, цоцада щивго божизавизе кIолареб жагьилзабазул дагIба лъугьунеб буго. Гьанже поэтазул кучIдул цоцахъе рахъи гьабиялъги лъикIал гIадамазул ракIал лъукъи гурони, пайда кьезе рес гьечIо. ХIакъикъат балагьулелан кколеб бугониги цого чиясул пикруялъулъ хIакъикъат батуларо. Миллаталда бахъараб макъалаялъул авторасги лъолел руго «МахIмудицайищ ЧIанкIацайищ эллегия цебе хъвараб, тематика лъил цIикIкIараб букIараб, гIадал суалал. КIиявго поэт, гIадамазул ракI гъезабизе, гIидалъул къояз чуял гIадин, рекеризе тIамулел гIадинаб жо кколеб буго, лъил чу чIчIалде цебе бачIараб, кIанцIи киналъул лъикIаб букIараб, абун. Рекеризе риччалел чуял цохIо заманаялъ цо гIорхъудасан риччала. Аллагьас ЧIанкIа МахIмуд гьавилалдего 12 соналъ цеве дунялалде вачIун вуго ва гIелму лъазабулев вукIун вуго. Гьел цоцазулъ къецалде тIамизе кколаро. Рехсарал суалазе жаваб щивас, жиндир гIумруялъул бичIчIиялда рекъон кьезе бегьула, цин гьезул  кIиязулго кучIдул цIализегIаги ккела. Гьел поэтал романтикалищ рукIарал яги реалисталищ абураб суалалъе жаваб гIелмияб къагIидаялда кьун буго филологиялъул гIелмабазул кандидат Бадави МухIамадовас «Очерки дореволюционной аварской литературы» абураб тIехьалда. Гьес хъвалеб буго, гьелго бахIсалъ рахъарал гIалимзабазде данде, жиндирго пикру. ХIакъикъат гьоркьоса гIебеде батизеги бегьула. Гьелда тIасанги жиндир заманалда бахIсал рукIана.  ГIелмияб пикру рахъ-рахъалде сверула  хIужаби дагьлъараб мехалъ. Нилъер хIужаби гьечIо цониги поэтасулъ мукъсанал рахъал ругин абизе, нилъее гьедин абун къваригIунги гьечIо. ГIолилазе мисал босизе лъикIаб рахъ хIажат буго. Дица цойги гIажаиблъи гьабуна I998 соналъ дир божарав гьудул ХIасанов МухIаммадица данде гьабураб, саламатаб МахIмудил тIехьалда цогIаги бакIалда, я цеберагIиялда яги хадубрагIиялда  БакьагьечIиса Тажудинил цIар бахъичIого кин бажарарабилан. Дагьабги гIажаиблъана МахIмудица I40 сон тIубаялда хурхун ГIурус театралда тIобитIараб данделъиялдаги, гIатIидаб программаялъул церерахъиналда, цогIаги нухалъ МахIмудил учитель Тажудин рехсечIолъиялъги.  Гьебни Тажудиние хIажатаб жо гуро, амма гьеб лъани живго МахIмуд рекIекълъилаан. Жиндир гIумруялъул бицунелъул цIар рехсезе нечолев гьудулги мугIаллимги гурелъул МахIмудил вукIарав.


Гьебго юбилеялде гьитIинаб букIаниги цIакъ лъикIаб даражаялда бахъараб «Цо панаяб хIухьел»  абураб МахIмудил тIехьалда (МахIачхъала 2013 с. 93 гь.) лъураб, машгьурав гIалимчи, филологиял гIелмабазул доктор Сиражудин ХIайбулаевас хъвалеб буго: «Судьба привела Махмуда к Тажудину, который стал не только наставником в его жизни, но и пробудил большую любовь к поэзии, учитель и ученик оказались достойными друг друга. Махмуд начал с подражания своему учителю, а потом Тажудин нашел в нем своего достойного (курсив мой Ш.М.) преемника». Бокьани божа, бокьани божуге. ЧIанкIа лъикIав вукIиналдалъун МахIмудиде кигIан дагьабниги рагIад реххуларо, гьелъул гIаксалда тIадегIанлъун гурони. Гьеб гуребги МахIмудил тематика гIатIилъиялъги, учителасдаса цIалдохъан цеве тIун, МахIмудил кучIдул цIикIкIунги лъикIалги рукIиналъ Тажудинил къадруги гIодобе кколаро. КIиялго рукIана исламиял вацалги, гIалимзабиги, магIарул мацIалъеги, магIарулазул цIаралъеги, магIарул халкъалъеги кIудияб пайда кьурал поэзиялъул классикалги. Дидани гьезул хIакъикъияб даража щиб лъалеб, гьеб борцунел цIадираби дир гьечIо, ТIадегIанав Аллагьас борцинарищха! Дица дирго пикру бицунеб буго. Аллагь кинабго лъалев вуго.


Шамил МухIидинов,

Россиялъул Журналистазул союзалъул член


Автор: Шамил МухIидинов

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий
Ц1акъ лъик1аб пикру загьир гьабун буго,Шамил-Х1ажияс,жидерго макъалаялъулъ,ахираб заманалда нилъеда гьоркьоб т1ибит1ун буго,цо квешаб унти щивав "бак1алъул тарихчияс"жигар бахъулеб жидерго росдал бук1а,мухъалъул бук1а,тарих бац1ц1ун жидее санаг1атаб бак1алда сверизабизе(Цогидалги къварид гьарун ,нахъа цун.Гьебго жо буго машгьурал чаг1азулгун,щивас жидергоял т1аде ц1ала,хут1арал гъоркье ц1ала,гьединаб жо бегьуларо,щивасул руго,жиндаса ч1ух1изе бегьулел,ва нечезе кколел г1адамал!


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook