Авторизация

Пулав

Нужеда дун кидаго адабияталъулги, маданияталъулги, лъалеб гьечIеб мацIалъулги, щолеб гьечIеб тарбиялъулги, къваригIунго гьечIел учительзабазулги, биххун инеб бугеб миллаталъулги ургъалида йикIуней чIужу йигин ккун батилаха... Цо-цо квенгиха дица гьабулеб.

Жакъа лъана перги буссун пулав гьабизе. ЖакъалъагIан дица гьабулеб жо "гьергун гьулав" букIун буго.

Дун ун йикIана дирго инсул вацгIал МухIамадзагьидитIе яккизе бекьечIдерил хъутаналде. Гьениб дида цебе лъуна гIажаибго тIагIамаб пулав. - Йо, ТIавусай, "гьулав" цIакъаб букIанаха, - йилан абуна дица. - Дидаги Аштарханалде араб бакIалда цо гьалбадерил чIужуялъха эб гьабулеб куц малъараб. Гьелдаса нахъе дир пулав цIакъ беццулаха киназго, амма адинаб гьабизе киназдаго гуроха лъалеб, - илан цIарагI бакIаризе жуяна ай. - Дидаги малъежиха, ТIавусааай, - илан цIидасан остолада нахъа кIусана дун. Бигьаго тIаса йичIулей гIадай жо гьечIилан ккун батила... бицана гьелъ дида балъголъи.

 Гьединал балъголъабазе цIакъайха дун йигей. Цо гIадамасда бицинчIо жеги.

Дун гьитIинаб мехалъ цо маргьу букIана, ханасда лълъар букIин лъарав далакица, хIехьезе кIвечIого, цо муцIцIи бижараб бакIалдеги ун, гьениб чучун бугила жиндирго ракI. Гьеб муцIцIидал лалу гьабун бугила вехьас ва гьеб пурабго кинабго балъголъи халкъалда рагIун бугилан....

Дида муцIцIи бижулеб бакIги лъаларо, казияталдагIаги хъвачIого хвезейищха дунги йикIиней. ГIенекке. Долъ малъухъе дицаго гьабураб куц бицинин.

Цин хъазминибе тIола нах ва бежула гье... гуро, пер. ЛъикIго гьеб бежигун гьелда гъорлъ бежула гьан. Гьан бежун бахъинегIан доб нилъер пер биун тIагIун ун гьоцIо гIадаб жоялде сверула. Гьелда гъорлъ бежулаха хадуб ламадурги (бищун цIакъаб кIахъиязул букIунеб рагIула).

ЦIам, цIакъал махIазул ххурдул, пилпил, тIаде-гъоркье гьарулел жал гьарун рахъарабго, бала пиринчIги ва тIаде тIола гьалараб лъим яги гьагIу. Гьебги гIемер букIине бегьуларо. Цо истакан пиринчIалъе, цо исаканги бащадаб лъим гIола. Чан минуталдасан эб белъунебали дида лъаларо. Дун, гIодобе биччараб цIадутIа бугеб хъазминибе яккана I0-I5 минуталдасан ва хIалбихьана. Жеги цо тIубанго белъун бугодай гьечIодайилан ккарабго, хантIан нахъеги босун, рас течIого пулав типсиялъубе чIвана ва цодагьаб гьочххизабуна...

Мммммм, гьулав... уъ, пулав гуроха - гьоцIо! Доб тIоцебего нилъеца гьабураб порол гьацIулъ жиб-жиб пиринчIул мугьги чвердон, чехь унтарай бикацаги кунеб гIадаб гIажаибго тIагIамаб пулав лъугьуна. ХIал бихьеха.

Лъица малъарабин гьикъани, дидаго лъанинги абе.


Ражиги букIине кколеб батула цо киб букIаниги гьалда гъорлъ. Гьеб нахъойги ТIавусай йихьигун цIехела.

Баркат лъеги!


Автор: Баху МухIидинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +4
  • Нравится
Оставить комментарий
Баркат лъеги!


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook