Авторизация

«БацIги циги багъана, цараца би чIчIикIана…»

Ун йикIана собраниялде. ГIадатияб шагьаралда, гIадатияб ошколалда, гIадатияб эбел-инсулгун собрание.

Гьеб гIадатияб собраниялда гIадатияб гуреб ахIвал-хIал букIана дир, рагъул фронталдеги ккун. «БацIазулги циязулги» кор боркьараб рагъулъ, цонигиязе щиб бокьун бугебалиги бичIчIуларого, гIицIго жиндирго бетIер цIуниялъул мурадалда, цин «бацIазухъе» векерун, цин «циязухъе» кIанцIун вугев рагъухъанасда релъун йикIана.

 

Циязул рахъ

Цин, иргадал рачIун, учительзабаз лъималазде гьабуна гьужум. ЦIалдолел гьечIила, гIенеккулел гьечIила, сундениги гъира гьечIила цIалдохъабазулилан.

Эбел-инсул рахъ цIакъ сабруялда, абу-абурабги хIехьон, гIенеккун чIана. Азда тIасан яхъун кIалъазе рекъон букIинарилан юцIцIун чIаниги, дир ракI букIана ахIтIелеб «валлагь цIалдезеги цIалдолаан, гIенеккизеги гIенеккулаан, гъира ккелеб хIалалъ нужеца дарс кьолеб букIарабани», - ян.  Интерес гьечIеб жо, гIодор речIчIун нилъ хваниги, гьабуларо нилъер лъималаз. Нилъецаги гьабуларо. Бокьун гьабураби, бокьичIого гьабурабги хIалтIул хIасилалги батIи-батIиял рукIуна. Лъималазул интерес бижиледухъ, ай, гъира баледухъ дарс кьезе лъай буго аслияб къагIидаялда учителасда лъазе кколеб жо. Лъималазул цIализе гъира гьечIолъи лъималазул гIайиб гуро!          

Цойги нухалъ гьари буго учительзабазде, нуж чIахIиялги ругелъул, гIакъилалги ругелъул, те гьеб цонигиял рергьунареб рагъ цIалдохъабигун. Берцинлъиялдалъун, лъикIаб рагIудалъун бате гьезул рекIелъе нух. Нилъеда лъала кигIан бокьаниги хIужжаби, учител берцинвихьун, гьесул дарс берцинбихьун, жиндирго гIумрудул нух, гIумруялъ гьабизе махщел тIаса бищарал цIалдохъаби лъугьаралги.


БацIазул рахъ

Гьединан тIубанго цидуказул рахъалда, ай лъималазул рахъалда йикIарай дун, хиса-басун бацIазул рахъалда ятана, дагьайги гьазухъ гIенеккигун.

Гьаб школалъул цо анцIабилеб классалда рагIула 34!!! цIалдохъан!  45 минуталъ 34 цIалдохъанасе учителас кьезе кколеб буго лъайги, тарбияги: малъараб лъан бугищалиги, цебе аралъул такрарги, цIияб бичIчIизабиги, гьелъие кIалзул, берзул, кверзул алаталги, ай цIицIиял технологиялги хIалтIизарун, жив-жив цIалдохъанасул хаслъиги хIисабалде босун, гьезул гъира базабулеб, интерес кколеб хIалалъ, дарс! Гьеб бажарулеб жойищ? Гуро! Бажаруларо! Гьеб бажарулареб жо гьабизе тIамун руго хIукуматалъ учительзаби. Щай?

Щай, гьадинги дагьал гурони хутIун гьечIел анцIабилеб классалъул цIалдохъабазул, анцIила щугоялдаса тIаде чи гьечIев классал гьаризе бегьуларел? Лъеберго-кIикъого чиги жаниве гъун, аб хIукуматалъул ошколищ яги гIиял къайийищ? Нуж гурищ ругел ЕГЭйилан керен бухулел, щай гьелъие хIадуризе шартIал чIезе гьаруларел? Яги, лъай кьунги, босунги бажарулареб хIал ошколаздаги гьабун, репетиторазухъе лъимал хьвадизарийищ нужер мурад? Ошколалда букIине кколеб хIалалъ лъай щвезе рес букIарабани, кIалалъ абураб жоги кьун, лъимал репетиторазухъе ритIизе ккелароан эбел-инсуца.

ХIисаб гьабураб мехалъ «бацIалги циялги» рагъизеги тIамун, «ЦЕР» буго парахат би чIчIикIулеб.

Гьаб дир «ЩАЙ?» - илан абураб суалалъе жаваб бугев чи ватани, цIакъ бокьилаан гьеб рагIизе.


Амма гьаб рагъулъ, эбел-эмен кканаха речIчIулел гIачилъун.


Автор: Баху Мух1идинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +3
  • Нравится
Оставить комментарий
Гьанже щал бит1арал щал т1екъал ругилан ,гаргадизе лъугьани халатаб накъит ккелаан эб,амма аслияб жо буго дир х1исабалда ,лъималазги .муг1алимзабазги цо-цазул адаб гьаби,ва муг1алимасул жидерго кьолеб дарсидехун бугеб рокьи!


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook