Авторизация

«ГIакълу гьечIев гьавали гьаваялда хьвадула»

 

ГIажалалда гъураб болъон гохIде бахунин абула магIарулаз. Нилъее щибха? Щиб лъугьун бугеб дагъистаниязе? Щай щибниги лъикIаб жого бихьулареб, квешаб гурони? Щай лъикIаб тIибитIизабулареб халкъалда гьоркьоб, квешаб гурони? Щиб мурадгун хIалтIулел чагIи гьал, лъикIалъейилан хъварабги квешалде буссинабун, таржамаги гьабун, зодобе рагIулеб хъуй бахъинабулел чагIи? 

Цо-кIиго анкьалъ цебе ПатIимат ГьитIиновалъ «Миллат» газеталда бахъана «ЛъикIалъул бицинин ццин чучиялъе» - илан абураб макъала. ГьанжелъагIан ялагьун чIана дун, цониги чияс таржамаги гьабун киназдаго рагIулеб ва бичIчIулеб хIалалъ хъван къватIибе бачIинародай гьеб макъалайилан. БачIинчIо! Бищун кIудияб шапакъаталъеги мустахIикъаб макъала букIана гьеб.

Гьеб макъалаялда хъван буго Шамил мухъалъул Гьандихъ росдал гIадамаз жидерго рукъзабазул къадалги риххун жанире цIцIан, нухал гIатIид гьарун ругилан!!!  Гьаб гурищ киназдаго рагIизе кколеб лъикIаб хабар? Щай гьадинал жал тIоритIизаруларел дол, цо гьитIинабги гъалатI хIехьоларел,таржамачагIаз, ва халкъалда гьоркьоб тIибитIизабулареб???

 Цойги гьебго макъалаялда ПатIиматица хъвалеб буго гьебго Гьандихъ - росдал бегавулас тIубараб лъагIалица босичIого жиндирго харж буссинабун бугила росулъ ралел жамгIиял бакIазде ва лъагIалида жаниб цо моцIрое бачIунеб пенсия ва харж росдае гIаммал хIалтIаби гьаризе кьолеб бугин тIубараб жамагIаталъгойилан!!!

Гьаб хабаралдаса мустахIикъалищ рукIарал лъицаялиго ццин бахъараб мехалъ хъварал рагIаби гIаламалъухъе щвезаризе? Цоцазде рокьукълъи бижизаби гурони цойги щиб мурадха бугеб гьел чагIазул? Щай гьезухъ гIенеккулел ва гьезда хадур унел?

«ТIекьадерил цо кIудияб хъизаналъул бетIерас тIаде босулеб буго чIахIиял, гIурал жиндирго ваяц-вацазул лъималазе дарсал лъезе. ЧIезабураб заманалда хъизаналъул кIудияс аскIосеб гIагарлъи ахIулеб буго жиндихъего. Гьениб лъолеб буго хасаб цо темаялдаса дарс. Дарсил экзамен босизе данделъулел руго иргадулазул рукъзабахъ. Дарсазул тема - исламалъул кьучI, чIахIиязда ва гIисиназда аскIоб цIунулеб адабгун тIалаб, рос-лъадуца цоцазул хIурмат цIуни, рокъоб гIицIго рахьдал мацIалда кIалъай. КIудияб кIваралъул, магIнаялъул иш буго гьеб нилъер заманаялъ. Цо бугони, иман-исламалъул бичIчIи щула гьаби, кIиабизе - умумузул лъикIал гIадатал малъи, лъабабизе -хъизан гъунки, рухIияб рахъалъ къуватаб лъунлъугьин» - илан хъвалеб буго гьеб макъалаялда. Киналго хъизамазда гьабуниги пайда гуреб жо букIинарин ккола гьадинал дарсазул. Щай щвезабулареб халкъалъухъе???

Гьале цойги нилъер заманалада чара гьечIого къваригIун бугеб гIадат. Гьабеха таржама,таржамачагIи!!!

«Гьидерил ХIотода росулъги бижун буго, гьал ахирал соназ, гIадамазда гьоркьоб гьуинлъи цIикIкIинабулеб гIадат. Гьениб щибаб рузман сордоялъ киназго инкар гьабула телефоназдаса, киналгIаги гаджетаздаса. Гьел илбисазде руссун, гIагарлъи цуцадаса рикIкIалъулеб букIинги хIисабалде босун, хIотодисез ургъун буго «гьи(мугь)» кваназе гIагарлъи данделъулеб сордо.

Кьолбол кIудияс бахъула хасаб сияхI, гьеб сияхIалда рекъон иргадал белъун хIадурула тIагIамаб мугь, гьеб кваназеян гIагарлъиги ахIула. Узухъда, аслияб ханлъиялда «гьи» бугониги, цогидал миллиял кванил нигIматалги камуларо остолалда. Телефонал тун руссараб тепсиялда нахъа хабарги рекIее хIалхьи кьолеб букIинарищха. Росу бахъун къватIирехун, шагьаразда ругел хIотодисездеги бахун буго гьеб «лъикIаб унти».

Я Аллагь цо чи гьоркьов течIого, нилъеде киназдего бахаги гьеб «унти»!

«Ахирал соназда жаниб, хасалил халатал сардаз, Къелдерил росабазул бегавулзаби ва гьезул вакилзаби щолел руго жидерго росабалъ ругел захIматалъул ветераназухъе, гIуцIулеб буго «цIадахъруссен». Харабаз бицунеб буго жидерго гIумруялъул, гIолилаз гьеб кинабго камераялдеги босун росдал архивалъе цIунулеб буго. Гьединго, ихдалил заманаялъ тIабигIаталда тIобитIулеб буго «харабазул къо». Жалго ветераназ тIаса бищулеб буго хIухьбахъи тIобитIизе бакIги» - йилан хъвалеб буго ГьитIиновалъ. 

Бицеха гьалъулищ пайда кIудияб, яги, нуж гьадинал ниж додиналилан жамгIиял гьиназда къацандилел, цоцазе хIинкъаби кьолел рукIунел чагIазулищали.

Я Аллагь, гIакълу гьечIел данде чIвагеги, гIажал щварал цадахъ ккогеги!

 



Автор: Баху МухIидинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий
Х1уматияй Баху,гьеб макъалда сверухъ бугеб ах1и-х1ур щиб ч1ере,щай нуж гьел лъараг1азда баянал кьолел ругел,хъвана,бук1ана ана,дица гьеб бак1алда х1амзатил рахъ ккола,к1иго квер борхун,кколаро Баху т1аса лъугьаян гьаризе,гьагъал кукаязда цере,ях1 бук1ине цин,нилъерго чи ц1унизеги ккола,гьел лъараг1аз жидерго информ-алатазда хъвалеб хал гьабецин ,гьединаб миллатчилъиялъ буцараб жо дида г1урус миллатчаг1азулцин бихьуларо,гьел лъараг1азда цере гьардезег1ан ,гьез хъвалеб эо гьездаги,цогидаздаги бихьизабе,лъараг1 мац1 лъалел киг1ан бокьаниги ругелъул.


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook