Авторизация

Паджерол Черокги гьанжесев Хочбарги…


Ункъо къоги, къадаралде щвараб харжги, байрамалде премиягIаги кьелилан рукIарал, хIорлъарал анищалги, лъугIиго гьечIеб ва пашманго дихъ балагьун бугеб рокъоб ремонтги…. 

РоцIцIараб зобги, цIияб гьаваги, гвангъун щвараб бакъги, гIурччинаб сверухълъиги, хIанчIаз ахIулел кучIдулги, керчал рохьалги, тIогьолъ байдабиги, байдабахъ чуялги… Кидадай ниж рачIинаян ялагьун чIарай гьудул ГьитIиноваги…

Нужеца кинаб тIаса бищилеб букIараб..?

Нижецагиха. Амма бащад гьаризе ккана къоял, барщичIого рукIине. 

КIиго къоялъул болжалги цIан, гьалмагъ ГIалимирзаевагун ва гьелъул потобергун, рахъана сапаралде.

Доб роцIцIараб зобги, цIияб гьаваги, гвангъун щвараб бакъги, гIурччинаб сверухълъиги, хIанчIаз ахIулел кучIдулги, тIогьолъ росарал байдабигияли бокьараб мугIрул районалда ратиялда щаклъи нижер гьезего гьечIо. Амма гьаб гьидерил мухъалде щвейгун рекIее цо гIажаибаб асар гьабула.

Басриял росаби, некIсиял сиял, мажгитал, нус-нус сонал рарал мигIмараби, бащдал риххарал махщалида гамачI сокIкIарал кIкIамураби, къадал, цIцIвакизегIан умумул тIад кIусарал, гIемерал харбал, лъугьа-бахъинал, балъголъаби жидеда рагIарал годекIанир ганчIал… Замана нусго соналъ нахъеххун кьурараб гIадаб, гIажаибаб асаралъ кверде росула гьенир.

Гьидерил чабаги къан, чалухаб гордеда гъоркьан гIатIласалъул тIажуги баккизабун гурони, къватIире рахъине бегьулиланцин кколаро гьениб. Гьединалго, чIухIараб чахтIида рукъарал гIарцул кIилкIалги паркъезарулаго, тIаде рехун гьинкатан гIадаб тIадгьаб чабагун, гъежда бан гьоцIдерил гIеретIгун Лъахъ росдал иццухъе унел ясал рихьигун, гьабсагIат гьадаб цололъан, хадуб цIан чугун, кьурун михъалгун Хочбар ваккилин ялагьун йикIаго, кинавалиго Паджерол Черокилан тIад хъвараб чIухIараб машинаялда паркъула гьев цевеса.. Дол чуялгиха эркенго байдабазда рекерахъдилел…

Гьеб мехалъ бихьулаха аскIобго бан бугеб бищунго чIухIаралдаса чIухIараб мажгитги, къачIаралдаса къачIарал школалги, кIудиялдаса кIудиял рукъзалги, гъоркь рекIун ругел машинабиги, антенабигун тарелкабиги, телефоналгун интернетги ва гьелда релълъараб цойгидабги.

КIиго батIияб заман. КIиго батIияб дунял.

Гьалги долги долцоялги асараз кIвекIулел кидаллъагIанха нижги рукIинел, чIагоял чагIилъидал, екерун дица доб дирго гъотIода къвал бана, Зайнабица сурат бахъана, ПатIиматица гьуинаб хабар бицана, Муъминатица хинкIал цере лъуна, киназго гьезда багIаризабуна ва цIидасан цIияб гьава цIазеян къватIире рахъана.

Гьале, алхIам цIалилалде вачIун, довго Хочбарица добго Паджерол Черокидаги рекIинарун ГьентIаса ГIалил ГIайшатил азбаралда рештIинаруна. Вабаааабай, зодоса хIурулгIинзаби рештIун рукIаралани гьей гьедигIан цIакъ йохизе йикIарайищали лъаларо… Гьедин рукIанаха таманаб заманаялъ.

Жиндиего кигIан бокьаниги, гьадаб цадахъ бугеб потобералъ хIалхьиялда толарей Зайнабги, элдаго хадур нижги, гьентIадерил берцинлъабазда дагьалги берцинго нижго рахъизе, рахъана къватIире. Берцинлъиялъ ниж асир гьарун, нижеца берцинлъи асир гьабун, анцIго минут иналде щвана цIидасан ГIайшатихъе…

Щибизе ниж додигIан хехго нахъ руссаралали нужеда щибха лъалеб, дораги рукIинчIел, доб махIги чIвачIел чагIазда… Ммм… ГьоцIо гIадал нисулги мичIчIилги цIурачадазул мааахI!  (Эл кин гьарулелали (анцIго минуталде кин гьарулелалиха… къоги хвезабун гьарулел куц дидаги лъала) ГIайшатидаги цIехон цойги нухалъ хъвала).

Нужеда ккун батилаха, тIокIаб иш гьечIогойин ниж рукIаралилан. РукIинчIо. РагIа-ракьанде щун лъазабуна Шамил районалда лъай кьеялъул иш кин бугебали (дица цIакъго тIадчIей гьабулеб букIана авар мацIалъул ахIвал-хIалалда), гIадамазул рукъа-рахъиналъул цIехана, магIишаталъул мониторинг гьабуна, ах-хур, боцIи-панз сияхIалде босана, тIадчагIазул рахъ-рахъалде кинаб бербалагьи бугебали гIинтIамуна… нагагь къваригIаниги жоги…

Ва… ахIана такси. ГIадатияб таксиги таксичигийилан рукIана тунел бугеб бакIалде щвезегIан. Таксичи ватана гIадатияв гурев, кечI хъвалев ва ахIулев таксичи. Амма, кутакалда кIудияб балъголъи букIун бугоха эб. Эдинлъидал лъиданиги бицинаро.

Киназего нухал ритIаги ва рукъалде лъикI рачаги!


Автор: Баху Мух1идинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий
Гьидалъе, сапарал г1емерлъун рихьула,ц1акъ т1аг1амал панкъал кьолел ратила гьидерица)


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook