Авторизация

ХIалтIухъан цIунцIра

 

Бицинищ нужеего, дидаги гьединго бицунеб рагIараб, кIудияб гIакълу жаниб бугеб, гьитIинаб хабар? ГIенеккеха…

 

БукIанила… букIанила… букIараблъи хIакъаб жо бугила, цо аваданаб ва кутакалда хIалтIизе бокьулеб ЦIунцIра.

Гьеб букIанила, кутакалда жиндиего бокьулеб хIалтIуда, цо фирмаялда. Фирмаялъул генералияв директорги букIанила Кьужна. ХъахIлъи балалде бахъун бачIунаанила ЦIунцIра хIалтIизе ва канлъи къотIичIого рокъобе унароанила. ТIубараб къоялъ хIалтIулаанила аб, ахIулаго кечIгун, гьабулаго махсаро-хочIгун ва киданиги алъул гьурмадаса гьими тIагIунароанила. Гьедин гъираялда гьабулеб хIалтIи цебетIечIого букIине ресго гьечIелъул,  азул фирмаги букIанила киназдасаго цебетIун тIегьалеб.

Цо къоялъ, аб нилъер генералияб хIаким, фирмаялъул нухмалъулеб - Кьужнаялда ракIалде кканила, гьадигIан тохго жиб букIине бегьиларилан. ГьададигIан гъираялда щиб хIалтIи гьабулеб аб ЦIунцIра бугебали бихьизе ва хадуб халкквезе босанила хIалтIуде ТоццооцхIутI. ТIаде балагьун цIодораб гIадаб жоги бугоанила аб тоццок…

Жиндаго тIад къараб жавабияб хIалтIи рагIа-ракъанде щвезе, ТоццооцхIутIалъ тIалаб гьабунила ЦIунцIраялдаса жиб-жиб къойил гьабулеб хIалтIул отчет. ХIалтIи битIун цебе билълъине ккани, жиб-жиб тIамулеб галулги, гьабулеб хIалтIулги паланги отчетги букIине кколиланги малъанила.

Гьанже ал отчетал, дов генералияв хIакимасухъе кьелалде  таптаралда хъвазе, списокал гьаризе ва системаялде ккезаризе ТоцIооцхIутIалъе къваригIанила секретарь. ЦIакъ системаялда нусиречулеб жоги бугилан, босана хIалтIуде Нусиреч. ЦIакъ гьаракь-мохъ роцIцIараб жоги батун, телефоналъе жаваб кьеянги тIад къанила алдаго.

Щиб гьабулел ал тIадчагIи рукIаниги, ЦIунцIра букIанила хIалтIилеб, хIалтIилеб, хIалтIилеб… 

Гьеб заманалда… Кьужнаялъ кутакалда рази гьечIолъи загьир гьабунила ТоццооцхIутIалъул отчетаздаса ва тIадеги цIиял отчетал кьеян кьварун лъазабунила. ЦIунцIрадул хIалтIул батIи-батIиял рахъал рихьизарурал отчетал кьейилан ахIданила… Кинабго рухI кьунищ гьеб хIалтIулеб бугеб, яги цодагьаб жиндиегойищ толеб бугебали баян кьеян абунила тIадеги хIалтIи тIад къан хIалбихьиял гьарун, гьелъулги отчетал хъвазарун, къадикванил заманаялги хIалтIизабуни, отчетазда кинаб хиса-баси кколеб бугебали бихьизабеян, остолалда зар кьабун, чIабар бухун, хIаладаса ун  лъугьанила  кьужна.

Гьанже ТоццооцхIутIалъе къваригIанила цойги кумекчи – зам. Замлъун бачанила, тохлъукьего чирахъ бакигун бекерулеб куцги бихьун, тири-гъирияб гIадаб жо бугилан, Таракан. Замас, жиб компьютерги, принтерги, сканерги, степлерги, календарги гьечIого хIалтIизе нужеда щибиланин ккарабиланги абун, гьеб кинабгоги босизе кканила фирмаялъул бюджеталда тIасан.

Къо бахъанагIан ЦIунцIраялъе захIмалъизе лъугьанила, хIалтIуе квал-квал гурони, кумек гьечIел отчеталги, собраниялги, совещаниялги, хIакимзабазул ахIи-хIурги. КечI-бакъанги къотIанила аб гъарималъул, гьурмадаса гьимиги гIодобехун даланила.

Гьанже, цо хис-бас гьабичIого жо кколареблъи бичIчIчIараб Къужнаялъ, ЦIунцIра хIалтIулеб бакI тIубараб департаменталде сверизабунила. НачалникI гьечIеб департамент букIунарелъул, бачун ГарцI тIамунила началникIлъун. ГарцIалъги жиндиего чIухIизабун кабинет къачIанила, Италиялдаса бачIинабун мебель лъунила, дунялалда ратанщинал техникаялъул алатал чIезарунила, жиндаго сундуе хIалтIизарулелали лъаларелгицин.

Доб цебе букIараб гIадаб дангъва гьанже ЦIунцIрадул гьурмада букIинчIила, хIалтIуде гъираги букIинчIила, бахъараб ццидаца цогидав чиясда кIалъазе кIолеб хIалги букIинчIила…

Цо роцIцIараб къоялъ, иргадулал отчетазде къулараб Кьужнаялда бичIчIанила, ЦIунцIра хIалтIулеб департаменталъул пайда дагьлъун букIин ва цебе гIадинаб рентабелностI гьечIолъи.

РогьинегIан кьижичIого, гIемееераб жоялъул пикруги гьабун, департаменталъе диагностика гьабизе Кьужнаялъ ахIанила консультант-гIакълучи Руз.

Сордо-къо гьоркьоб биччачIого лъабго моцIалъ азул отчеталги гелун, Рузалъ къотIанила хIукму, департаменталда цIакъ гIемерал  хIалтIухъаби ругилан ва Кьужнаялъ хъванила приказ депортаменталъул штатал къокъ гьаризе.

Бищун цебе гьел нахъе рехулезул списокалде кканила нилъер ЦIунцIра, бищунго хIалтIудаса рази гьечIеб ва гIарзагъунеб хIалтIухъан хIисабалда.

Гьеле, босун рахъа!

Пикру гьабуразда бичIчIила.



Автор: Баху МухIидинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook