Авторизация

БукIанила, букIинчIила цо ишляпаби рукъулеб пабрика…

 

Нармални пабрикадул рукIанила саламатав директорги (саламатаб харжги тIаде жоги щолев, гъоркь рекIун иномаркаги бугев, чвантиниб депутатасул мандатги бугев), чанго саламатав замги. Саламаталго гьечIел, ракъугарцIцIал гIадал хIалтIухъабиги рукIанила, директорасул харжил анцIго бутIаги гьабун цо бутIагицин щоларел, щварабги директорас  жиб-жиб къойил бадиб чIвалел.

Нуж лъикI хIалтIулел гьечIила, ишляпабазул палан тIубазабулеб гьечIила… материал гьечIолъи жиндир гIайиб гурила, хIукумат адинаб бугила, бокьаралъуса бахъун буртинагун, чIчIезарейила гIураб къадаралда ишляпабийилан тIаде тударулаанила. Цо чаналиго хIакимасул гьадинги тIехIаб бетIер цIорон бугила нилъер ишлапабиги щвечIогойилан бадирчIваял гьарулаанила. АхIдон цIалдон хIалтIизарулаанила. РакъугарцIцIал.

Гьадинги бекараб мугъзада михир бачине, цо къоялъ директорас киналгоги ахIун лъазабунила, метерила нилъехъе вачIинев вугила Маскуялдаса Россиялъулго ишляпабазул министерствоялъул зам, ишляпабазул иш рагIа-ракьанде щун лъалев цIодор, пачалъихъалъул бетIерасул Указалда данде кколедухъ, хIукуматалъул стандартазда рекъон лълъутIулелги, рукъулелги ругищ ишляпабияли цIех-рех.. гуро - параверка гьабулев чийила. Сверун кколеб чалуги щулияб бугищали хал гьабизе рагIулила, ворегийила, метер радалалде чалуги щула гьабейила, ишляпабиги стандартазде гъоркье рачейила ва нилъер хIалтIи бихьизабейила гьев бетIерчIахъадида, гIумру кьун вохадида, талихIалъул кIичIикьа ворчIугедидайила.

Гьебгощинаб жо бицунаго, ракъугарцIцIазе гьев кварида вадил гьечIеб ургъел бихьун, директорасулги замасулги хIал хисулеб букIанила, берал ххенелел рукIанила, черхго сородилеб букIанила, дов кIудияб дармидаса вохадида берцин рихьичIони, жидедаго кодоса хъуштIун инеб бугеб магIишатги цебе чIчIун. НацIцIал гурони тIаса хъуштIизе жого гьечIел хIалтIухъабазе, ав керен борлълъадида берцин рихьаниги, сурукъ рихьаниги щибго ургъелго букIинчIила.

Жидеда релълъун, ракI унтун лъугьунарогоян бетIер бихъараб питна гьабунила гьанже тIадчагIаз гъоркьчIагIазе. Нужее ургъелго гьечIила, кинила нечоларел гьедин агъаз гьечIого рукIине, яхIалъул къатIарагойищила нужер чорхолъ гьечIеб, чаялде данде чакарги босун нахъецин хутIулеб харжги щолаго, щайила дов керентурадида берцинрихьуледухъ къула-рорхуларел? Аслияб нилъеда цебе чIчIараб масъала бугила досда берцинрихьи! Дос гьел нужер ишляпаби къваригIун гьечIин хIукуматалъейилан абуни, жални гIадада хвеларила, таманаб нахърателги роцукь лъун, нужеца кинила гIумру гьабилеб, чакарги гьечIеб чайги гьекъон. Жидее къваригIараб жойищила гьаб пабрика бугеб, гьабгощинаб гIарацги чвантиниб лъун, элъул ургъелги гьабун, нужее чакарниги щвезейилан хIехьон бугила.

Уяб жойилан кканила ал пакъирзабаздаги, директорасда гIадаб цIа рекIинчIониги, чайгIаги чакаргун гьекъолеб бугелъулилан, рагъа-рачаранила.

Бахъанила къватIибе жидерго хIалтIи, НухIил заманаялъго риччалел рукIарал ишляпабазул пасоназдаса байбихьун, жакъа къоялде щвезегIан. Ицицца кварал угьанила, гIонкIкIоца кварал шушанила, хIур кIутIанила, тIад кверал рахъанила… ПалхIасил: тIиритIанила киса-кирего.

Цояб рахъалда кьеррралъ лъунила бихьиназул пасонал: чIегIерал, хъахIал, гIонкIкIокьерал, хIамикьерал, хIурукьерал, биччараб аспалт ва понцIораб щикалат кьерал, цIакъ щулияб чалиги сверун ккурал ишляпаби. Цойгидаб рахъалъ кьеррралъ лъунила, долго куцазда чIван гьаруниги, цодагьал тIаса руцIун гьитIин гьарурал, резеналъ данде цIцIарал, амма чIухIараб чали ккурал, тIугьдул тIад рекьарал, дахIал седарал, маржанал рукъарал, камитазул хъалазул рахсал рарал, катилищ гIанкIилищали рачIчIал рекIинарун къачIарал руччабазул ишляпаби.

Берцинал магIалги чIван ранила къадазда, дализарунила мокърукьа гIодоре, цо-цо куц-мохъ бугел ишляпа рекъолел гIадал хIалтIухъаби гортIа кIусизарунила, къетIа  эхетизарунила… БитIун дов чехьчурад жаниве вачIунеб нуцIида тIад, хъазил хIулиги рекIинабураб, чIухIараб ишлапа банила, жанахIалъуб, рокъоса кьуркьурарал бохдулги ругеб остолги босун, гIарцул типсиялда жаниб гуржибаги тIамун, тIад, бищунго директорасда берцин бихьараб ишляпа лъунила, досие сайгъаталъе кьезе.  

Килищ тункизе бакI течIого цIезабунила пабрикадул жанахIги директорасул кабинетги, лъебералда кIиго соналъ цебе модаялда рукIараздаса байбихьун жакъа къоялде щвезегIан, аб нилъер пабрикаялъ къватIире риччарал, риччазе ракIалда рукIарал, риччачIел, риччазе ракIалдецин ккечIел ишляпабаз. Цо-цо къватIисел хIукуматазде араб мехалъ жидецаго росаралги рачIанила директорасул замаз рокъоса росун, пабрикаялъул хIалтIул кутак гучлъизабизе.

Гьедин Маскуялдаса замасе дандчIвай гьабулаго, къира-къварунгIаги хIалтIилеб букIараб пабрикаги чIчIанила, рукъги кIочон танила, лъималги ракъун хутIанила, чай гьекъезецин ракIалде щвечIого, чакарги гIадада хванила, дуниялго, гьакIкIан кIалгун, ав молода вачIадихъ балагьун бугеб хасият букIанила…

ВачIинчIила.


Автор: Баху Мух1идинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook