Авторизация

Бугелдасаги учуз

ФЕЛЬЕТОН


Дунял гIаламалъул базар-хазина

Хунзахъе бачIуна бича-хисизе,

Херехь тун тIадехун дирни дармида

Баракат лъоларо, кин бичаниги…

МахIмуд.

 

Нужер ракI гурхIуларищ жидеего «заралгун», «бихьараб къоялде рачIинчIого», «бугелдасаги учуз» даран гьабулел ричарухъабазда?Гьебгиха, нилъер ургъалида, кодо-кодобе кьезе босунги рачIун, жидеего зиянги гьабун?! Дирни, гьезда ракI гурхIиялъул хIасилалда, рокъоре щун ратула хIажатго гьечIеб хIанчIил рахьалдегун борхьил лълъаралде гIунтIун, дунялалда къватIибе биччанщинаб гIала-гъважа.

Цо захIматкъоялъ, рогьалил зугь баккилалдего, редакциялъул кIалтIа чIун ватулев вуго ботаникмахIав цо ччехI: цIур-цIуризабун иту бахъараб кастум-тIажу, гIакъиллъялъул гIаламатлъун цо-цояз рикIкIунел цIороберал, бихьинчиясда рекъечIеб гIадаб калидур цIураб гьуинаб махI, тIогьода босараб габургъанкъ, дугъдан кодоб ккураб ишалъулаб портфель. Лъалеб бугоан дир хъулухъгун инсул цIарги.

- Владислав Холостой-илан хинабго квачI бегьун бачIунаго, ракIалде щвана светияб култураялъул дидаго лъалел цо-цо паравилаби (чIужугIаданалъ квер цебе кьечIого бихьинчияс квер бачине бегьунгутIи, мисалалъе). Хъизан гурев, рукъ гурев гьитIичие гьеб хIужжа тIаса лъугьун таниги, «чIегIерай къоролай» хIисабалда, кинго къабуллъичIо жив эркенав вугилан дида саразуго бадиб къазаби.

- Фатима, бабалги дадалги яс-илан къотIана «патенциалияв бахIарасде»данде.

- «Холостой»-гьеб дир фамилияха-ян щвана мухIканлъи. «Вай, дур рукъ бухIаяв Холостой, кинаб гьороца восундай мун гьаб къо бухIараб тIалъиялде щварав?»-илан ракIалдеги ккун, цеве къотIана кабинеталъуве. Кинго мурадги бицинчIого,баргъичал гIемерал къаламул килщал кIвекIун, бадиве женкIон дие гипноз гьабизе гьобол жувайдал, бусурбанчIужуялда тIанкIан ракIалде бачIана бихьинчиясда аскIой  нугIзал гьечIого чIужугIадан йикIине бегьулареблъи.Щиб лъалеб, халастоясул мамент замужний (вай, гуро, женатый)лъугьинавизе бегьула гури, илбисги квалквадун.Хъата-масан хIалтIухъабазул къокъа ахIана жанибе. Бихьинал жанире рачIин ялгъузие, щаяли, къабуллъичIо. БукIаниги виччана гаргадизе. Кагъат-хъарщи къватIибе баккилин ккараб портфелалъуса цо-цо ккун раккун рачIана «дайте пудру и духи, чтоб любили петухи» тайпаялъул кIунал. ЦIар рагIараб косметикаялъул маркаялда гьоркьоса цо хIарпги хъущтIизабун, «гьаб рузманалъе гьаб хутIба гIелилан»абухъего, росдал чагIазе бегьилилан, лъабабилеб тайпаялъул махI гьуинал лъимал, сурьмагун гьурмада чIвалеб гIатI руччабазда цузе жувана гьанже хIалбохад. Зама-заманалдасан берал расандизарун, берциналин, чалухалин, жив асир гьавуралин репликабиги рехун, жиндихъго гIажаиблъун ралагьизарулаан гьас, жиде-жидер къадар хъваралгун цо къандалъоялда херлъулел ругел редакциялъул «ясал». Халяваялъе къанцIаги гьуинабилан, кверазда, беразда прадукция жужазеги тана гьаз ялгъуз, вохун вукIинеян. Бащдаб сагIтица чакарул гьоцIо гIадаб хабарги нижер гIинзунибе тIун, кверазе массаж гьабизе виччайдал уяб жойилан ккун, завалалде вахана ахир-къадги Холостой: гьаб бугила, 9 азарго гъурущалъул багьаяб духи, нуж, гьайбатазе гIицIго азаргоялде толила, гьабцояб бугила Хюрремида нуж релълъинарулел берал рахъулеб къалам, гьебгийила нужее гIицIго 400 гъурщиде, гьабцоябила росасда бааниги кIутIбузул кьер ссунареб релъен, гьабги, гьабги, добцоябгийиля гIицIго нужее хIакъикъияб багьаялдасаги учуз. Цадахъ босулеб бугонийила тIубанго, багьаялъул 20 процент гурого кьезе кколарила…Журналистазул руккелалъухъе ккарав дармихъан гьадигIанго эркенго виччаларилан, «мунгун цадахъ босани кигIаналде чIолебилан» бахъа-баш гьабуна. Жив гьабщинаб тавар босани, чIового щолин вуго нич(жинс, пич-тохь,магIна….)гьечI вахъунев жавабалъе!

Жеги чанго хIунсулеб суал кьуниги, гьав рекIкIалъе мукIурлъичIелъул,чIванкъотIана нижее щуго моцIалъ харжги щвечIин,куц къачIазеги нижер бетараб рахьалдасаги тIорччол гIерекъалдасаги ярагьунеб жо гьечIилан. Кьер тIун, бадиб магIу ххулун, гIетI-ратI бан лъугьана саламатавин ккарав менеджер циндаго. Бегьулеб жо букIарабани, абуралщинал бахьинал рагIабиги нахъе росилаан Владикица, заз -хъарахъги нижеде хьвагIун. Жив бичIчIи бугезухъе инилан, нужеца босаниги-босичIониги тIинкъ ургъелги гьечIилан, 40азарго гъурущ чIезабураб харжги бугилан , сапаралдаса жив вачIинегIан балагьун чIарай 90на60на90 невестаги йигилан кIалалги гьикъун «гьардухъанасул хулжал»ракIа-рахарана «чIужу гьечIес». Вай талихI, рорчIанин машеникасдасаян рокъо-рокъоре щведал, цоязул лъабкъойилъа арай эбелалда(18 сон гурого тIаде балагьун кьоларин долъул  ракIги чIезабун), цойгидазул «хамиз бараб магI» цIехолей къогониги соналъ йигей яцалда(бихьинал, тIогьоде найи киниги, хадур чIолин божизаюн) Владиславица къазабун батана жиндирго тамашаяб портфелалъуса таманабго къайи-цIа. Гьезул ракIгIантлъиялдаги елъун, дирго эбелалъе махсараде кквезе чIечIелъухъ Маллал дурцилан рецц-капги гьабун йикIарай дун,«Мать, у тебя святой лик,тебе со скидкой в три раза дешевле отдаем»-илан цо киналали малдаванал-циганазухъа босун, бачIараб гьан ххунеб машина- «сайтгъаталъухъ» гIемер мехалъго балагьун чIезе ккечIо. Абухъего, 5 кило гьанал ххиндал, гьаб «учузаб ва г1асиго лъикIаб» тIагIел занкIан чIана. ЦIодорлъи гьабе, дармил жуликIал цо къоялъниги гъапуллъулел гьечIин!

ХУНЗАХЪА КАМИЛИЛАЙ.


Автор: ФатIима МухIамадова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий
Гьел ричарухъбаз цӏун буго Дагъистан,угго +Дагъистан-Базаристан"Бакьайчӏиса Дацил абухъего


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook