Авторизация

Ваба–баба-ваба баба-бабабай-вабабай…

Расги гIайиб гьечIеб тIехь бачун жаниб тIамуна…

Нилъер гьереси-цIогьги гьечIеб, рищваталги кьолареб-росулареб, ритIухълъиялъул цIураб,  Алжан гIадаб пачалихъалда кутакалда рекъечIеб иш ккун буго.  Пачалихъалъул сияхIалде гъорлъе росичIел рахьдал мацIалъул тIахьал ратун руго ошколазда хIалтIизарулел… Гьанже гьабилеб дарман щиб?

Гьеб букIунеб ва букIине бегьулеб жойищ бугеб?  Хвана гури кина-щиябго. Пачалихъасул кIудияв кIалъан рагIула прокурорасухъе, прокурор министрасухъе, министр, бакIалъул хIакимзабазухъе, дол директорзабазухъе, директорзаби завучазухъе, завучал рекерун рачIун руго рахьдал мацIалъул учительзабазухъе, хехго нахъе росе, ракIаре, рухIе, бокьараб гьабе, гьел рахьдал мацIазул тIахьал бихьулеб рагIулеб ракьалдаса лъугIизареян. Гьеб буюрухъ тIубачIев чи, вачIун живго прокурорас, вачун жанив тIамизе рагIула. БитIараб гьабулеб буго. Гьаб пачалихъалда хIехьезе бегьулеб такъсирищ гьеб бугеб?

ВахI, кинаб тIехьги хIалтIизабунха дица дарс кьелебилан гьикъизеги рекъон букIинищха, кинабго жо битIун гьабулел, тIад кIалъазе бакIго гьечIел, киданиги тIекъаб-мекъаб жого гьабичIел тIадчагIаздаги. Гьел суалалги ратула, жидерго хъулухъалъул гьитIинлъиялъги гIодобегIанлъиялъги гIакълу гIечIого, учительзабазул раккун рачIунел жал.

ГьечIониги кIваричIо цIиял тIахьалги. Гьебги лъилниги гIайиб гуро. ГIайиб батаниги, цохIо учительзабазул ва цIалдохъабазул гIайиб батула гьеб. ТIокIав чиясда гIайиб киданиги ккечIо нилъер пачалихъалда. Гьанже риччан теха тIахьал гьечIого кьезе дарсал, ал рахьдал мацIал гьечIого гIоларого гурищ ал учительзаби рукIарал.

Дунги эбго даражаялъул чIужулъидал, цо санагIалъи гьечIеб суалалъ кIвекIулей йиго таманабго заманаялъ. Лъиданиги рагIиларедухъ кьун телин, воре къватIиб бицунге.  Гьадал такъсирал тIахьаздасан такъсираб авар мацIги, такъсираб авар адабиятги малъун къватIире арал наслабаз, жидеда бегьизего бегьуларел тIахьаздасан бегьизего бегьулареб жоги малъун жидер гIумру щай хвезабурабилан гьикъани, щиб жавабдай нилъеца кьелеб?  АставпируЛагь, Аллагьас цIунаги!


Автор: Баху МухIидинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook