Авторизация

Бекилалде къараб бетIерги гIарцухъ хисичIеб къадруги

Бекилалде къараб бетIерги гIарцухъ хисичIеб къадруги


Гьал къояз Дагъистаналда лъугьунеб-толелъ батIи-батIияб асар гьабичIев чи рикIкIадаб колодацин ватиларин абизе кIола дида. ХIукуматалъул БетIергун цадахъ тIолабго Дагъистаналъул тIалъи хIалтIудаса нахъе битIи, гьеб гIечIелъубе-гьезул цо-цоял туснахъ гьари лъугьана роцIараб зоб гъугъан гьарччал рараб гIадаб лъугьа-бахъинлъун.


Цоял-рохана, цойгидал-иргадулъе ккеладаян ургъалилъе ккана, лъабабилел, дун гIадин, рекIекълъана. Щайиланищ нуж? БукIине кколеб тамихIалде такъсирчагIи (гьеллъун рикIкIуна дица ватIаналъе хиянат гьабулел) цIаялдаса гуро, йохъ. РекIекълъана цебе бакъулаб Дагъистаналъул тIалъуда рукIарал къапIарал мугIрузул васалги ракIалде щун…  Лъеберго соналдасаги цIикIкIун заманалъ -батIи-батIияб нухмалъиялъул хъулухъазда, захIматал, рагъда хадусел соназ республикаялъул партиялъул обкомалъул тIоцевесев секретарлъун хIалтIизе ккарав, хIакъикъаталдаги «халкъияв хIакимилан»  цIар щварав ГIабдурахIман Даниялов…


Бицен буго, чачаналго гIадин, ватIан тун дагъистаниялги нахъе къотIизехъин рукIанин Сталиницаян. ЧIорогоял вагоналцин ритIун рачIун рукIун руго халкъ баччизелъун. Халкъалда жаниса хIаким ракьцоял цIунизелъун Иосиф Сталинихъе щведал, кIалтIа ватарав Берияца дагъистаниясе малъа-хъвай гьабурабила: «ГIабдурахIман, дур, узухъда, ихтияр буго вождасухъе ине, амма  къватIиве мун ворчIулищ хадували лъаларо» - ян.


Даниялов жанивеги ворчIула, цо-цо ккун «чIегIераб» сияхIалдаса Дагъистаналъул миллаталги рахъизарун, къватIивеги вачIуна. ТIасан хIуччал цIалаго карандаш бекидал, «Нужер халкъалъул къвакIиялъ дир къаламцин беканин» махсараги  гьабула кьварарав михъичица магIаруласе. Цо нухалъищ гьес мугIрузул улка хвасар гьабураб?! Азербайджаналда гьоркьобе Дагъистан бачине букIараб хIукмуги гIумруялде бахъине биччан гьечIо Данияловас. Закаталаялда ругел магIарулазул жакъасеб гIумру-яшавалъул лъалаго, иргадулаб нухалъги рухI Алжаналъуб батагиян рехсезе тIамулел руго нилъ гьев сахав инсанас. Кепаб лъугьа-бахъин ккун букIун буго Данияловасулгун дир кIудияв эмен Гьиматилги. Колхозалъул председательлъун хIалтIилев вугев ЗанатIаса багIарав партизанас сапар бухьуна ишалъулаб суалгун ГIабдурахIман Данияловасухъе. Узухъда, гъалгъалараб бухари лъурав, гIадатаб ретIа-къаялъул мугIрул чи бигьаго «ХъахIаб рокъове» виччалев вукIунаро. Циндаго хIебетги тIаса борхун бачIунеб автомашинаялда рекIун нахъе ине вихьула дир кIудадада республикаялъул тIоцевесев. Гьабизе жо тIагIарав чияс тIасаги бахъун бухари речIчIула гIужилго пассажирасда. Гъоркьеги вахъун Данияловас бахъ-баш гьабула чIанкIкIарав бихьинчиясулгун. КIудияб мегIералда килищги тенкезабун: «РикIкIадаб магIарухъа бахъараб чодаги рекIун духъе вачIарав дидаса, дунги къабул гьавичIого, нахъе унев дур тIокIлъи щиб?»-илан гьикъула Гьимат-дадаца. «Валлагь, жиндаса гIезегIан тIокIавги къадруявги инсан вугин мунилан» къваригIелги тIубан, хаду-хадув жиндихъего эркенго вачIине гъулбасараб кагътил рукъиги кьола Данияловас гьесухъе. Цо гьединаб дандчIваялда кIудадал бухариги нахъбуссинабула, «тIагъур бетIералда букIине кколеб жо бугин, гьудулчийиланги»-абун.


ГIадатлъи. ГIаданлъи. РакIбащалъи.Цойгидасдаса тIадегIан живго гьавунгутIи. Хун хадувги цIар хутIи. Хисилаандай дос гьелщинал хазинаби рорхатал хъулбузухъги, меседил ярагъалъухъги, паркъарал машинабазухъги? Киданиги хисилароан!


Дагъистаналъул сиясаталда цойги меседил цIар-Шагьрудин Шамхалов. ДАССРалъул министразул Советалъул тIоцевесев заместитель, Верховный Советалъул Президиумалъул председатель, гьелде щвезегIан-бищун гIодобегIанаб болъодулаб хIокIалдасан тIадехун вахарав «детдомалъ хьихьарав, интернаталъ цIализавурав» ТIанусиса гIолохъанчи. ВатIаналъул къадруял васазул сияхIалда гьоркьоса цояв, Социалистияб ЗахIматалъул БахIарчи МухIамад Махуловас жиндиргун букIараб гара-чIвариялда гьадин бицун букIана дие: «Шамхалов вукIана кутакалда гIадатав, гIадамазе рагьарав чи. Бачинин гьитIинабго мисал. Хъизан гIуцIун хадуса канцеляралда гIумру тIамун букIана Шагьрудинил гIолохъанаб хъизам чанго соналъ. Бицеха, чан хIаким нужеда вихьарав гьединаб гIадатлъиялъул? Йохъ, жакъа гьединал къад кан бакун ралагьаниги ратизе кIвеларо. РитIухълъи бокьулев, киназдехунго гьеб хIалтIизабулев чиги вукIана Шагьрудин. Цо гIиси-бикъинаб гъалмагъир васасухъа ккун букIиналъ хъулухъалъ гIодовегIанцин вачине рес букIана гьев. БукIине кколеб тамихI васасеги гьабун, иш роцIине гьабуна Шамхаловас». Цойги бицуна батIияб мурадалъе биччараб гIарац магIарухъе токил мухъ бачине хIалтIизабунилан кьварараб бадибчIвай щварав Шагьрудиница: «Выговорали бащдаб лъагIалиде бахъулин магIаруллъиялъе канлъигун хинлъи абадиялъ хутIизе бугин» кьураб таваккалаб жавабалъул. РитIухълъи. Жиндиего бокьулареб чидае гьабунгутIи. Халкъалъе пайдаявлъун вукIин. ГIадатаздаса гIадатавлъун вукIин. Ричилаандай Шамхаловас гьелщинал лъугIуларел (аль джария) садакъаби «ракьалда бугеб алжанлъун» гIарац кодосезда бихьулеб бечелъиялъухъ? Киданиги ричилароан. РакIги хъулухъги гIумруги бацIцIадаз киданиги дализабилароан тIадчагIазда цебе пакъираб куцгун бетIер-гьезул гьелъие я хъантIи, я хIалихьалъи букIинчIого. Ва амма жеги руго Дагъистаналда чанги инсанал, кверал нахъе кьуризарун, берал рухьун яргъид гIуцIараз рачун инел халкъалда цохIо лахIзаталъ рихьизегIан, нохъода, лъим ххун чед кванан хъарцинлъиялда гIумру гьабун рукIине тIаса бищулелги. 


Гьединал цIикIкIунцин руго Дагъистаналда, рецц Аллагьасе.Гьеле гьединаздайин доб абулеб мугIрул улкаялъул къадруял цIумалин. Буго цойги тайпа-чIегIергъудузул(хундерица гьезде рагIа-ракьанде щун гъосогъудулин абула). ХъантIун,гIорцIиго лъаларого речIчIула гьел  къо бихьичIого цо киб букIаниги рехун батараб балканалда тIад. Щокъроб кIудияб мочIу къан хвеялдацин хIинкъи букIуна цо-цо мех гьединазул. Бекилалде къараб лъикI буго щибаб бетIер. Вассалам, вакалам.


Гьал халкъалдаса тIун рукIинчIо -гьелъ бицалъги хутIана.


Автор: Фатима МухIамадова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook