Авторизация

Гаргадулеб тIехь кибха гьабулеб?

- Нужер гьанибищ, лъимал, гаргадулеб тIехь гьабулеб? - илан гьикъана мугIалимас нуцIихъан жанивеги ваккун.

Лъимал гIажаиблъи гьабун цоцахъ ралагьана. 

- Кинаб гаргадулеб тIехь?  - Гаргадулебгийищ тIехь букIунеб? – илан гьикъана гьитIинав Салманица аскIой йикIарай Жавгьаратида. 

- ВахI! Нужеда гаргадулеб тIехьгойищха бихьичIеб? - илан, сихIираб гьимиги гьабун валагьана ТIагьир Дибирович цIалдохъабазухъ. Дагьабги гIажаиблъи гьабун ва кIвар кьун ралагьана лъимал мугIалимасухъ. 

Бищунго цебе байбихьул классалда лъималазда малъизе ккола цIализе.  БитIараб бицани чIамучIлъунги букIуна. Цояв цIалулев, цойгидал дос цIалулеб бакIалда тIасан килищ бачунел. ЦIияб жо ургъизе кантIулел мугIалимзабиги гIемер рукIунаро.

- Нужее бищун бокьулеб маргьу кинабха лъимал? ЧIилбикIил маргьу лъалищ нужеда? Гьале дихъ буго ЧIилбикIил маргьудал диск. РачIаха гIенеккизе.

Лъела мугIалимас дискги ва киналго гIенеккула. ГIемераб мехалъ гуроха. Цо I0-I5 минуталъ. ЧIилбикIил маргьуги дица мисалалъе босараб буго. Лъималазул саназда программаялда ва хIадурараб дискалда бараб букIинарищха лъил ва щиб асаралдасан гаргадулеб тIехь гьабилебали.

- РачIаха, лъимал, гьанже нилъецаго хъвазе гьадинаб диск, нилъерго гьаркьаздалъун. Дица микрофонги босила ва щивас цIалила кIиго-лъабго мухъ. Ва лъугьина нилъер нилъерго гьаркьаздалъун хъвараб унго-унгояб  гаргадулеб тIехь.  ГьитIинал вацал-яцал нужер ратании, гьезиеги цIакъго бокьила гьелъухъ гIенеккизе. 

Микрофоналда жанибе цIализе ккани, цин нилъеда лъикI цIализе лъазе ккеларищ? РачIаха цин чвахун цIализе лъазабизе.

ГьитIинал цIалдохъаби рукIинарила компьютеразда нахъа, рала гIиндалъелал ва щивасда цебе лъела маргьу хъвараб тIамач. ГIенеккила ва дикторасда хадув гъеледухъ щивав цIалдохъанас такрар гьабила. БичIчIичIеб бакI кканани, чIезеги гьабун, тIад руссина. ЦIалун бахъарас жиндаго аскIов гIодов чIарасе цIалила ва гьес къимат кьела. Хадур бакIал хисила.

- Киналго хIадур ругищ?  Гьале дица микрофонги босана. ЦIале щивас жиндирго мухъал.  Классалда вугев къого цIалдохъанас маргьу цIалидал нилъер лъугьуна унго-унгояб гаргадулеб тIехь. Гьеб нилъеца эбел-инсуеги вац-яцалъеги гIенеккизелъидал гьабулеб бугеб. 

Киназго цIакъ хIаракат бахъула. Лъиданиги рагIулареб тIеренаб гьаракьалъул цIалдохъабицин лъугьуна жидерго рагIаби асар букIунедухъ рахъизе, кьварун ва рагIун предложениял цIализе. Гьеб дискалъухъ эбелгилъидал гIенеккизе йигей.

Унтун ругониги рокъор чIезаризе кIоларого рукIуна лъимал, жидер гьаракьалги гьечIого гьеб диск бахъилин хIинкъун Гьединал лъугьа-бахъиналги школалда тун, лъидаха кIвелеб рокъор регун чIезе.

- Гьа, кибха гьаниб гаргадулеб тIехь гьабулеб?

 

Баху МухIидинова,

педагогикиял гIелмабазул кандидат


Автор: Баху МухIидинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook