Авторизация

ТалихI гIодобе бортун батулареб…

Нужеда Вакилов лъалищ? Гьадинаб суал кьуна дица авар мацIалъул учительзабазе. Киназдаго лъалев ватана гIалимчи вукIин, авар мацIалъул цIалул тIахьазулги, методикаялда хурхарал гIелмиял хIалтIабазулги автор вукIин ва… тIокIаб жо лъалеб батичIо. 

Щивха гьев киназдаго лъалев – лъаларев, БежтIаса Сулейманил вас ХIайбула?

Рилълъаха гьанже эсухъе… 

- ЧIалгIана яц, Баху, кидаго цого рахьдал мацIалда хурхарал захIматал суалазул бицун, гIадамаздаги чIалгIун батула, - ян мекъдаризе лъугьана ХIайбула, цо интервью кьеян дун лъугьингун.

- Тана, вац, тана… Нилъеда хисизабизе кIолареб жо, ургъел гьабичIого тейилан гурищ гIакъилал чагIазги абун бугеб.

Гьел захIматал суалазул бицинги жибго тун, гьел ритIизабиялда тIад хIалтIизе нигат бугелъул нилъер, нилъеца бицина живго ХIайбулагьил хIакъалъулъ. 

Щивха ХIайбула Сулейманович Вакилов? Гьесул цIар рагIичIев чи нагагьги ватиларо магIарул мацIалда тIад хIалтIулезда, гьеб малъулезда ва лъазабулезда гьоркьов - байбихьул классазда лъималазда малъулел «Авар мацI» ва «Авар калам» тIахьазул, авар мацIалъул программабазул автор, авар мацIалъул учителасе кумекалъе гIемерал методикиял гIелмиял хIалтIаби хъварав гIалимчи. 

Цойги дица гIажаиблъи гьабулеб жо. Школа лъугIун хадуб, хIатта университет лъугIун хадубгицин, эркенго магIарул мацIалда кIалъан бажаруларев вукIарав чияс кин школазе авар мацIалъул цIалул тIахьал рахъулел ва кин учительзабазда гьелгун хIалтIилебали малъулеб? Гьелеха жиндаго тIадчIей гьабун хIалтIиялъул хIасил. Тамашалъи гьечIищха? Бокьарав чиясухъа гуро бажарулеб жиндирго мурадалъе гIоло гьедин жиндаго тIад хIалтIизе. 

 

- Гьадинав гIалимчи, «Авар мацI» цIалул тIехьалъул автор вукIин гурони, дур хIакъалъулъ лъалеб жого батичIо магIарулазда. Бице, ХIайбула, дурго лъимерлъиялъул, эбел-инсул, вац-яцазул…

-  ГIакълу бижигун дида бичIчIана, дун БежтIа росулъ гIадатияб  хъизамалда гьавун вукIин. Лъимерлъиги ана гьенибго, бацIцIадаб гьаваги цIан, цIорораб лъимги гьекъон, тIогьол байдабаздаги васандун, рохьил пихъги кванан. Дир руго кIиго вацги кIиго яцги. Нижер хъизамалда дун вуго лъабабилеб лъимер. Эбел-эменги рукIана дир гIадатиял колхозчагIи.                                                            

- Лъимерлъиялъул анищ кинабха букIараб?

- Колхозалъул председательлъун вахъине. Дир инсул вацгIал вукIана БежтIа колхозалъул председатель. Гьесухъе рачIунел гIадамалги, гьабулеб къиматги бихьун, дирги анищ букIана гьединавго къиматав председательлъун вахъине. 

Цо къоялъ, цIакъго ургъел чIварав чияс, дица эбелалда цIехана, гьададинав председательлъун вахъине ккани, дица щиб гьабизе кколебилан. Гьелъ дида абуна, досул гIадинаб жаниб цIураб черхги къваригIунин ва школалдаги лъикI цIалун, МахIачхъалаялде цIализеги ине кколин. Председательлъун дун вахъинчIо, амма черх бугоха досдаса къечIеб))).

- КIудияв гIунагIан…?

КIудияв гIунаан, председатель гьечIониги, цо кинав вукIаниги хIакимлъун вахъине букIараб анищалъ, дица кидаго яхI бахъана лъикI цIализе. Школалдаго комсомолалъул организациялъул секретарлъунги тун, гьеб хIакимлъиялъул махIги чIван букIана дида. 

Доб заманалъ, хIакимлъун рахъине бокьарал чагIи, юридикияб яги историкияб факультеталде лъугьунаан. Кьуна дицаги документал ДГУялъул историкияб факультеталде. ВорчIичIо. 

План тIубан бугилан армиялдеги вачинчIони, щиб гьабулевха дун вукIинев, ана Гъуниб районалъул Бухтадерил колхозалъул вехьлъун хIалтIизе. МагIарда гIиядаги биччачIо дица кодоса тIехь. ЛъагIалидасан кьуна Ленинградалъул пачалихъияб университеталъул философияб факультеталде документал. Экзаменал кьуна, конкурсалда цо балл гIечIо. Нахъеги ана добго колхозалъул гIияде. Цоги лъагIалидасан, нахъеги кьуна документал Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул историкияб факультеталде. ВорчIана. Историкияб факультеталде гуроха… филологияб факультеталъул РДО отделениялде. 

- Кин мун эниве ккарав?

- Гьанже гьеб жо Аллагьасда лъала. Дун гьелда хадув жеги гъечIо.

- ЦIализе ворчIун гIурус-дагъистаналъул отделениялдеги, лъалареб авар литературияб мацIги… Дуда ургъел чIвачIищ?

- Киданиги пикруцин гьабичIеб факультеталдеги ворчIун, ворчIиялдаса вохиялъ батилаха, цо кIудияб ургъелго чIвачIо. Амма бичIчIана кутакалда тIадчIчIун цIалдезе кколевлъи.

Школалда лъикI цIалиялъ дие кIудияб кумек гьабуна. Дида авар мацIалъул грамматика цIакъ лъикI лъалаан. Сардилъ вахъинавуниги кIолаан батIи-батIиял грамматикиял разборал гьаризе. Школалда дир авар мацIалъул учитель вукIана, гьабсагIат «ХIакъикъат» газеталда хIалтIулей Кавсаратил эмен Сулейманов ХIасан МухIамадович. Дие цIакъ вокьулев учитель вукIана ва гьесул дарсиде дун гъираялда унаан. 

- Университеталда тIоцебесеб дарс ракIалда бугищ?

- Жакъа гIадин ракIалда буго. МухIамад МуртазгIалиевичас, саламги кьун, байбихьана киналго студентазулгун лъай-хъвай гьабизе. Дица кутакалда гIажаиблъи гьабуна, киса ва лъил вас яги ясали бицингун, МухIамадида гьезул гIагарлъи лъалеб батиялда. Дица кIиго рагIи абигун, бичIчIана гьесда дун мацIалъе лъикIав гьечIевлъи. Авар мацI лъаялъул кинаб даража лъил бугебали хIалбихьизе батилаха, гьес ниж тIамуна эркенаб темаялда тIасан сочинение хъвазе. Цо предложениеги хъван, кIиабилеб предложение киндай хъвалебилан дун ургъулев вугевгIан заманалъ, дида  аскIой гIодой чIун йикIарай Унсоколаса ГIайшатица тетрадалъул лъабабилеб гьумер цIезабуна. Гьеб мехалъ дида мугIалимас абуна, мун жакъа цо цIияб гьава цIазе а, хадуб дица малъилин дуда авар литературияб мацIилан. 

- ТIоцебесеб сессия кинха кьураб?

- ТIоцебесеб сессиялъул лъабго экзамен дица щуйилазда кьуна. ХутIана магIарул фольклор. Багьжат ХIамидовна Испагиевалъ нижее цIаларалщинал лекциял дица рекIехъе лъазарун рукIана. Амма дида лъачIо «урбеч» абураб рагIи щиб жояли ва магIарулалъ гьелда кин абулебали. Гьеб цIехезе дун экзаменалдаса къватIиве валагьизавуна.

- ВахI. Нужер БежтIа урбагойищ букIунареб? Кин дуда гьеб рагIун букIинчIеб?

- Гьеб гIумруялде щвезегIан дида гьединаб жо рагIун букIинчIо. Цогидазда цIехон, щиб гьебалиги лъазабун, дица жаваб кьуна. КечI гIадин, цо рагIи гьоркьоб биччачIого, лекциялъул текстал рициналъухъ батилаха, дие гьелъги лъуна тIадегIанаб къимат. 

- Кида байбихьараб магIарул мацI бицине?

-  Ункъабилеб-щуабилеб курсалда байбихьана магIарулалъ кIалъазе. Амма, кIалъаравго киналго релъулаан.

- Гьанже доб хIакимлъун вукIине букIараб анищалда щибха гьабураб? 

- Добги квер хьвагIун тун, БежтIа школалда авар мацIалъул учительлъун ине къасдалда вукIарав дида, Госэкзаменалда профессор ГIунайзат ГIазизовна Мейлановалъ абуна, аспирантураялде лъугьиналда тIад ургъеян. БагIараб диплом кодоб бугев чиясул кив хIалтIилевали тIаса бищизе рес букIана доб мехалъ. Цогидал ритIаралъуре ине кколаан. БежтIа школа дихъ балагьун бугеб гIадин, щвана лъове… Жидерго гIагарал-гIунтIаразе школалда хIалтIиги кьун, гьез дун витIана дунялалъул рагIалда бугеб цIунтIадерил цо школалде. Баркалайин нужее кIудиябилан, дун тIадги вуссун аспирантураялде цIализе лъугьана. ГIелмияб хIалтIиги хъвана дица  хъвай-хъвагIай гьечIеб гьинухъдерил мацIалда тIасан. 

- Кинха мун ГI.ГI. Тахо-Годил цIаралда бугеб гIелмияб институталде вачIарав?

I988 соналъул ахиралда аспирантураги лъугIун, дун витIана гьаб институталде. Я институталъул хаслъи, я щиб дица гьабизе кколебали дида лъалароан. Амма гьеб бичIчIарабго, дир тIубанго иш хвана. Лъабго нухалъ хъвана гIарза нахъе ине. ВиччачIо. Мунагьал чураяв АхIмад ХIамзатовичас абуна, нижги кинабго лъан гурин гьанире рачIарал, дудаго тIад хIалтIани, лъазабун бажарулареб жо букIунарилан. Гьеб мехалъ дица дидаго цебе лъуна масъала, лъим гIадин авар мацI лъазабичIого дун чIоларилан. Хъвана «БагIараб байрахъ» газета, росана авар адабияталъул асаразул тIахьал ва щибаб къоялъ кIиго сагIаталъ рагIун цIалулаан, хадуб диего бицунаан. РичIчIуларел рагIаби хъвалаан батIаго тетрадалда ва рекIехъе лъазарулаан. Гьедин хъван лъабго 48 тIамач бугел тетрадал цIуна. 

Гьединго, хабар-кIалалъе унаан АхIмад Гьиматовичасухъе. ЦIалана киналго авар мацIалъул методикиял хIалтIабиги. Дида ракIалде кколаан, гьадин гьабгощинаб жо магIарулалъ хъвазе дихъа киданиги бажариладайилан.

Дагь-дагьккун, кигIан нечаниги, дица байбихьана магIарулалъ учительзабазда цебе кIалъазе вахъине. ГIенеккарал релъулел рихьигун, дида бичIчIулаан гьеб рагIи дица мекъи абураблъи, ва гьелда тIад хIалтIулаан. 

- ХIайбула Сулейманович, тIоцебесеб рокьи ракIалда бугищ?

- Буго валагь (велъулаго). Дун лъабабилеб классалда цIалулев мехалъ, нижер школалде ячIана гIурус учительница Евгения Валентиновна. Йихьарайго гьелъухъ рокьи ккана дир. Жеги сурат бахъараб гIадин цебе буго гьелъул гьумер. Гьелъул кIвар дидехунго буссинабизе чанги жо ургъулаан дица. 5 октябралъ учительзабазул Къо тIобитIизе жиб-жиб соналъ тIубарабго школа унаан тIабигIаталде экскурсиялъ. Гьенире унаго нухда букIана цо гьитIинабго лъар, бокьарав чиясда гали тIамун бахине кIолеб. Дун тIир-тIирун чIана дида кIоларин гьеб бахинейилан. Квер ккун кигIан гьей учительницаялъ хIаракат бахъаниги, хIинкъулин чIана дун. Гьеб мехалъ Евгения Валентиновналъ къвалакьги ккун восана дун добцояб рахъалде. Дир чIухIи бихьизе бокьилаан нужеда. Бихьулищ долъие дун вокьулев куцилан пахруго хьвадана дун дирго классцоязда цеве. Цо-кIиго соналъ нижер школалдаги хIалтIун, дойги ана, рокьиги лъугIана.

АнцIабилеб классалдехун дие рекIее гIезе лъугьана, гьелде щвезегIан дие рекIеего гIоларей йикIарай классцояй. Дарсазда суалал кьун, долдаса дунго цIодоравги цIакъавги вукIин бихьизабизе хIаракат бахъулаан дица. Лъабабилеб курсалда цIалулаго дица гьей лъадилъун ячана ва гьале 36 соналъ талихIаб гIумруялда руго. Нижер руго 2 вас цо яс лъималги, лъималазул лъималги. 

- ГIумруялда захIмалъаби дандчIванищ?

- ГIумруялда жанир нилъеда гIемерал захIмалъаби дандчIвала. Гьединаб жо бугоха гIумру. Амма дие бищун захIматаб заман букIана, дирго рукъги гьечIого, квартирабаздаса квартирабазде рахъине кколеб заман. I5 соналда жаниб нижер гIолохъанаб хъизаналъ II квартира хисана. Нижер лъабалго лъималги гьел кваритирабазда гьаруна. Гьеле гьеб букIана дие бищун захIматаб заман.  

- Дун бежтIасев вуго, магIарулав гуройин абулел чагIи дандчIванищ дуда? 

- Дида гIумруялда жанив цо гьединав чи дандчIвана, гьевги цодагьав щвалде щвечIев гIадав чи вукIана. Щибго батIалъи гьечIо магIарулаздаги бежтIадеридаги цIунтIадеридаги гьоркьоб. 

Дун цIалулеб мехалъ цIакъ кIвар кьолаан авар мацIалде. Лъазеги гьабулаан. Гьанжеги нилъер литературияб мацI сундуениги хIалтIизабулебани, гьеб цебетIелаан. 50 сон барал бежтIасел магIарулалгун дандчIвайгун магIарулалъ кIалъала,  гIолохъаби -  гIурусалъ. 

- Сундаса мун вохун вугев?

- Дир бищун кIудияб рохел буго дир лъимал. Гьез дида киданиги сундулниги ургъел чIвазабичIо. Цо-цо мехалъ дида гьел дидасаги цIодорал ругин ккола ва кинабго дир ургъел дица гьезде бикьула. Кумекги щола.

КIиабилеб дир рохел  - дир эбел-эмен сах-саламат дида аскIор рукIин. Гьеб рахъалъги дун цIакъ талихIав чи вуго.

Лъабабилеб рохел – дие рес щвана цIакъ лъикIал гIадамалгун цадахъ хIалтIизе. АхIмад Гьиматович ХIамзатов, АхIмад МухIамадович МуртазгIалиев, МухIамад ГIалкъадирович МухIамадов, Разият ХIамзатовна Раджабова, мун… 

- Мун рази вугищ дурго къисматалдаса?

- Кутакалда рази вуго. Гьадаб тIадехун рехсанщинабги… бокьулеб хIалтIиги…   

- ХIалтIийилая? Щолеб жоги гьечIони…

- Ругьунлъунги вуго. Бокьулебги буго. Бажари бугев дицаги гьабичIони, лъица гьабилебиланги ккола ракIалде… ГIарац гьечIогоги хутIичIо. Студентлъун вугеб мехалъ эбел-инсуца гьабуна кумек, аспирантураялда цIалулаго чIужуялъ квер чIвана, гьанже лъималаз толаро сундулго ургъел чIвазе. Гьале босун машинаги кьуна. КъваригIараб мехалъ ратулел гьудулзабиги руго дир. 

- Цоги щибха дуе тIадеги бокьилеб букIараб?

- АлхIамдуллилагь.


Гара-чIвари гьабуна Баху МухIидиновалъ


Автор: Баху Мух1идинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий
Баркала Баху,ц1акъ дъик1аб гара-ч1вари гьабун буго дуца,г1умруги,г1акъубаги бихьарав чи вихьула Х1айбуллагь,сахлъи кьеги!


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook