Авторизация

Унтарал - мусруги жемун, хабалалъе

ХIалтIуде кватIичIого йикIинеян заман лъазелъун биччараб телекъолохъан цо цIодораб бетIер бугоан гаргадилеб радалго. Россия гурого дунялалдаго сахлъи цIуни чIобого бугеб бакIги гьечIила, гьелъухъ баркала кьезе лъаларел «инсул ригь бичун» Германиялде инеги ккагийиля квешаб-лъикIаб бихьизе.


 Огь, дур керен турад, 3,2 трлн. гъурущ гьебги добги гьабизе гурого, щибизедай лъагIа-лъагIалие сахлъи цIуниялъе биччалеб бугеб? Удмуртиялъул цо больницаялъул бетIерав тохтурас гIадин, I6 заместитель восизейищ? ЛъагIалида жаниб ункъго нухалдаса цIикIкIун (хIинцалде сверараб!) «хехаб кумек» ахIани, мухь тIалаб гьабиги микьго нухалдаса терапевтасухъе сапар цIикIкIине течIолъиги бугила сахлъи цIуниялъе гьабулеб софинансирование. Уха, хIисабалъе кIийиллъидал дол унтаразул букIараб, дур пикруялда. 3,2 трлн. гъурщил 500 млрд. унеб буго тохтурзабазе харжие, 700 млрд-гьоркьохъеб ва техникияб персоналалъе. Теха дарабазеги цо бутIа. ХутIараб кибедай? Гьел сурсатал батIаял чунтбузухъе иналъ гуребдай 70 % россиялъулазул сахлъи цIуниялъул хIалтIухъабаздехун рекIелъ божилъи гьечIолъиялъул асар бижараб?


КъатIинабун гIемерго ва чIалгIаде «гаргадулеб бетIергун», къокъана хIалтIуде, доб хьамулаго нилъ ритIулеб Германиялъул медицинаялъул интернеталдасан хал гьабизе. Отто ван Бисмаркица I880 соналъго гIуцIараб къагIида хIалтIилеб батана немцазул сахлъи цIуниялда: щивас босизе кколеб буго кьун гIарацгун медицинаялъул полис, гьелде унеб буго моцIрол харжидаса I5%. Гьелъулги бащдаб бецIулеб буго хIалтIулеб бакIалъ. Рес гьечIезе страховка босун кьолеб буго хIукуматалъ. Бихьанищха, «квешаб» система? Гьединаб ракIбацIцIадаб, мухь кьолеб къагIидаго къабуллъилаан диеги, унтарасдехун лъикIаб бербалагьи букIинабизелъун, гIетI барал квералгун, бадиб цIа-кангун халгIатазул чунтбузухъе гIурччинаб-багIараб кагъат ялъуни хIалбихьи гьечIолъиялъ мугъзада нахъа ккун къвачIа борчIизабулей йикIинегIан. РухIдаллъизе бачIана испаниязул сахлъи цIуниялдаги-гьаниб врачас хъвараб рецепталдаса рекъон, дараби 40% -хIалтIулезе, 60%-хIалтIуларезе учуз ричулел руго, 65 сонил ригьалдаса тIадехун аразейин абуни, гьел тIубанго чIорого кьолел руго. Цере рачIана пенсиялъул маххул гъурщазухъ лъикIал дарабиги щоларого, аптекабазда цоялъе дарулъаниги, цойгиялъе загьрулъулел учузал препаратал росулел кIудаби… ЧIобогояб сахлъи цIунийиля… Доб цо абундачалда гIадабха:


Хирург:

-Унтарав, дур гьодилъ къараб магI бахъиялъул операция гьабизе хIажалъула   анцIазарго гъурущ.

- Уъ, дир полис буго гури.

-Полисалда рекъон, гIицIго жанибехун кIичIизабизе кIола, дуе квалквал гьабичIого букIине.

Гьале гьадинаб сахлъи цIуни.


Дица кидаго гьарула мискинчи унтугегиян. Дир росуцояй гIаданалъул иргадулаб, хIисабалъул кагъат роцIинабулеб диспансеризация тIобитIулаго, загьирлъун букIун буго рак унти, амма гьей пуланалда батараб гIузруялъул бицунаро кIиго(!)лъагIелалъ.  Долда гурхIун гуребха , ургъел гьабичIого, кIочон теялъ!  КIал гурев, хъулухъ гурев мискинчи сан гьавичIого теялъ унти сверун батула захIматаб стадиялде. Сахлъи цIуни лъикI бугилан абулел рахъунгеги азарханабаздаса нахъе. ГьечIо гьениб щибниги лъикI! Дун ккаралщинал сахлъи цIуниязул гIуцIабазда гьоркьоса гIицIго республикаялъул ЧIегIерал ганчIазда бугеб кардиологиялъул централда батана дида унтараздехун гурхIел-рахIмуялъулаб бербалагьиги рахъи кьолеб сахгьариги. Амма гьенир регизе  ирга щвезегIан зодоса цIва бахъизегиха бигьаяб! Дозги щибилеб, тIубараб республикаялъе хъулухъ гьабулеб централда I50 унтарасе гурого бакI гьечIеб мех! Кардиологиялъул отделениялъул заведующий Насрула ХIажиевасулгун ккараб гара-чIвариялда ракI унтун бицунеб букIана дос, чара холила сахгьаризе регизе ирга щванин телефоналъ ахIидал, гIоло-гIолохъанал къадаралде щун ратидал. ХIинкъула дун гьеб гIуцIи гIемерго беццизе, амма ракI бугезе балъголъи рагьула мадар лъугьине бокьани МахIачевасухъе айилан. Щай хIинкъулеяли лъалищ? ГIемерго кицаби лъаялъха. ХIамида аскIоб гIемер мех бани, бачилги…щиб доб лъугьунеб?  Лъугьунгеги бачил кьакьачги, лъугIугеги мисал босизе рекъарал цо-цогIаги тохтурзабиги. Амин. ЧIобогояб медицинайиля пударилеб доб «гаргадулеб бетIер» инчIо къоялъ цебеса. Черхалъул унтизе бегьулебщинаб лага белъанхъизе бачIана гьадинаб «бигьалъиялда».Нагагьлъун унтани, мусруги жемун хабалалъе хъурщизе рекъараб, цIакъаб,гурхIелалъулаб чIобогояб медицина.


Автор: Хунзахъа Камилилай

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook