Авторизация

БукIараб лъикI - ккараб…

БукIараб лъикI - ккараб…

Зодире кьвагьун лъугIана байрамалъулал салютал, цIалун рахъана кагътидасан баркиял, тIасан ккараб ва рихьдае гьабураб гIинтIамиялъ сваказарурал ветераназе нахъойги щвана хIалхьи. Цойги лъагIалица,20I9 соналъул  9 май щвезегIан  къан тана « КIудияб Бергьенлъиялъул»тIехь. Нилъехъа гьедин бажарунелъул-багьа тIадегIанаб кIваралъ учуз гьабун, къимат тIокIабщинаб багьараб цIалкIинисан биччан, щибаб къойил гьаризе кколел хIурматал лъагIалил цо къоялъ гьарун тун, ракI биццалъигун гIумру тIамизе. Цебе бачIана лъимерлъиялда Бергьенлъиялъул къо тIобитIулеб букIараб куц…Рогьалил зугь баккилалдего рахъунаан ниж, гIисинал байрамалде къачIадизе. Рахъинарелги кинха-шкафалъуб цIияб гIатIласалъул гордеги хIатидагIицIалги(босоножки)нижехъ балагьун рати  билълъун араб гIадатлъунлъидал букIараб! 


Хундерил ГIалагIарт майданалда бищунго чуял риччайги байрамалъулал тадбиралги рихьулеб борхалъи кквей букIана  мунагьал чураяв инсул кверщаликь,чIама-къамизе жо букIинаби-эбелалъул борч. Нижеда тIадаб букIана гIицIго байрамалда бищунго кIарчамаллъун ва къачIараллъун рукIин.Цин-цияз кьурал кагътил гъурщалги данде рехун, мадугьалзабази-гIелбащадалгун къец бан, къокъунаан спекулянтазухъе (гьел чагIи квешго оборал, хъантIарал чагIийин кколааан дида доб мехалъ,жакъасел даранчагIи лъазегIан)  бищунго тIагIамал:чIерги, гьуинаб квасквасги, маялъул багIлиги, «Бахмароги» босизеян. Цинги байбихьулааан гIемерго партияги-жоги беццун габургъанкъал рарал чагIи гаргадараб митинг.РукIунаан бадиб магIу ххулизабулел кIалъаялги. РакIалда буго, ветераназе кучIдул рикIине ниж хIадурулелъул, учительзабаз малъулаан кинавго чи гIодиледухъ рикIкIеян. Нижецаги хIаракат бахъулаан. Адабалъулаб сихIкъотIиялда цо-цоязул бахъунеб букIараб синкъиги,берал рахчулел хералги «бергьенлъилъун» букIана гIадалал нижее. Чанго батIияб майдан букIунаан гIуцIун сверухълъиялда: гьале цоялда- гугарухъаби, кIиабилелда-торгIочагIи, лъабабилелда-палугьаби! ДорегIан рихьула- гамачI рехулел, зурма-къолол сасалда кьурдулел дагьабго жо хIеккинабурал, гъежги ккун гьел рачун унел багIараб чIорто бухьарал къапIарал гIолилал. 


Палугьабазул «бацIазукьагиха» ниж хIинкъулел рукIарал гIасиго. Кодоса бахъун унаан гьез цIункIулел хIелказдаса байбихьун шагьи-параялде щвезегIан кинабго. Гьеб букIана гьунарчагIазе кьолеб «мухь». Автомобилал сайгъатазе кьечIониги, чуял риччайги букIунаан цIакъ рекIел хIал борхизабулеб, комментаторас абулебщинаб рикIкIада ругездацин рагIулеб хIисабалъул. Матацикалгун хIамулцин риччалан байрамалда.Цо нухалда Хунзахъе  вачIун вукIана  «зобалазул гъалмагъирчи» М. ТIолбоев, битIахъе ракI рекIеде бачIунарого рукIана киналго, рихьизарурал гьунараздаса хадуб халкъалъул руккалилъ парашютгун гьев рещтIиндал. Халкъ бакIарулаан Хунзахъе магIарул киналго районаздаса,гIурччинаб гIуру лахIчIегIерлъилеб хIисабалда! Цо гIажаибаб ас, къадру, кIодолъи букIана байрамалъул. Къо лъугIизецин бокьуларого рукIунаан гьелъул аваданлъиялъ.Ихдалил чваххунцIадалъ рачахъулааан гIицIго майданалдаса нахъе. Гьанжейин абуни, кIиго сагIтиде рикьа-риххулеб байрамалъулаб тадбиралдаса гIедегIула рокъоре, рекьи лъугIизабизеян. Къо бахъанагIан ссвине толеб буго ИчIабилеб маялъул къо магIарухъ. ГьечIо цебе гIадаб, хварал ракIалде щвезариги, чIагоязул адаб гьабиги, гIадаталги, цебетIейги, гьуинлъи-вацлъиги гъорлъ цокIалго жубан тIобитIулеб байрам. Буго гIицIго гурхIилеб гIадаб копия, релълъен-хъвай гьабун бахъараб сурат.

Хунзахъа Камилилай.


Автор: Фатима МухIамадова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий
какой части речи слово однажды https://www.frutilupik.ru введение заповедных лет кто ввел snotolkovatelnyi.ru http://www.frutilupik.ru почему россия участвовала в первой мировой войне frutilupik.ru https://toktiblog.ru перед как нужно ставить запятую mirtetriks.ru http://www.sensorfaq.ru как пишется слово пол москвы


ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook