Авторизация

АнцIабилеб класс, ахирисеб дарс…


РитIухълъиги  маслихIатги


АнцIабилеб класс, ахирисеб дарс…


Имадибир Махиевасул анцIила анкьабилеб их


2012 соналъул 25 апрелалда Республикаялъул централияб клиникаялъулаб больницаялда (РЦКБ) къадаралде щвана 16 апрелалда полициялъулас лъукъарав КIаратIа школалъул цIалдохъан Имадибир Махиев.


АнцIила лъабго  вакил


ЖамгIияб хIинкъигьечIолъи цIуниялъул рахъалъ ГIахьвахъ районалъул нухмалъулесул заместитель МуртазагIали МухIамадрасуловас гьадинаб баян кьуна гьеб пашманаб лъугьа-бахъиналда тIасан: «Гьединаб рагъ-кьал ва чIвай-хъвей хадубккун ккечIого букIиналъе бажарараб хIаракат бахъулеб буго районалъул жамагIаталъги нухмалъиялъги. Росабазда гьоркьоб бижараб рокьукълъи сасинабиялъе, свинабиялъе районалъул хасаб комиссия гIуцIана. БатIи-батIиял росабазул школазул директорзаби, имамзаби, къадруял гIадамал руго гьеб комиссиялда, - 13 росдал 13 вакил. Чанго данделъи тIобитIана гьеб цIигIуцIараб идараялъ. Гьелъул хIалтIул хIасил ккелилан кIудияб хьулги буго нижер. Районалъул нухмалъулев ИсмагIил МухIамадшариповасги жигар бахъулеб буго гьаб тунка-гIуси ракълида ва сабруялда лъугIиялъе».


ДРялъул ЦIех-рехазул комитеталъул Болъихъ бугеб районазда гьоркьосеб управление, гьединго республикаялъул прокуратура Имадибир Махиев чIваялъул делоялда тIад хIалтIулел ругилан бицана ГIахьвахъ районалъул администрациялда. Сурав бисизе чагIи ахIулел ва цIех-рехалъул цоги тадбирал тIоритIулел ругила.


«Бегавуласул гIайиб гуро»


Низам цIунулес цIалдохъан чIваялда хурхун, МуртазагIали МухIамадрасуловасулгун къокъаб гара-чIвари гьабуна нижеца.


- Цо-цо информациялъул алатазда хъвалеб буго, 16 апрелалда ГIахьвахъ районалъул кIиго росдал гIадамазда гьоркьоб ккараб кьал кутаклъиялъе КIаратIа росдал бегавул  Малла Шахруев гIайибияв вугилан. Мехтарал гIолилал рагъунилан, кIудиябросулъел рухизе кватIараб сардилъ кIаратIисел гьес рахъинаризе кколароанилан, питна гьелегьинабиялъе квербакъарав чи гьев вугилан…


- Гьелъул гIаксалда, рагъулел ратарал гIолохъаби ратIа гьарулев вукIана Малла Шахруев. Гьениб кьабураб жо щун, чанагъ бекун буго гьесул. КватIараб сардилъ гIолохъаби рахъинарун руго, жидераздаго кьабидал, КIаратIаса гIолилаз. Райцентралъул администрациялъул бетIерас рагъизе гIадамал къватIире рахъинаруларо, букIунеб жо гуро гьеб.


ГахI


-Цереккунги районалда гьединал лъугьа-бахъинал кканилан абурал лъазабиялги руго. Масала, мехтарав РОВДялъул начальникI Мусабег Мусакаевас КIаратIа росулъ районцоясде таманча кьвагьун букIанилан, амма гьев тамихIалде цIачIилан, гьединаб гахI гъоркь букIиналъ рачанин законалъул вакилзабаз лъимер чIваялдеян абурал баяналги тIиритIун руго.


Официалияб нухмалъиялъул чи ккола дун. Дица абулеб буго: - Официалияб куцалда дело гьабураб жо букIинчIо. Харбал руго харбал.


-КIиябго рахъалъул чагIиги дандчIвазарун, маслихIаталъул хIалтIи гьабунищ нужеца?


-ГьабсагIат гьелде регIараб хIал гьечIо. Зигараялда, тагIзияталда руго. Рекъел-маслихIат гьабизе жеги заман букIина. Кверкьей лъугIун хадуб байбихьизе буго халкъияб дипломатиялде. Имадибир Махиев риччалъе ккун, гIакълу-лъаялдаса ун вукIана (в коме). Вертолеталъ гьев МахIачхъалаялде вачунел, гьесул ургъалида рукIана. Къадар щванилан рагIидал, вукъа-вухьиги букIинарищха. Цо-цо гIолохъабазул ццин бахъун букIаниги, жамагIатазул сабруги гIакълуги бергьуна.


МВДялъул вертолет ва митинг


- Дагъистаналъул нухмалъулез  щибго квербакъи гьабичIищ, гьеб лъугьа-бахъин ккедал? Вертолет лъица битIараб?


- Республикаялъул жанисел ишазул министерствоялъ битIун буго вертолет. Жидер хIалтIухъанас гьагъадинаб жо гьабураб мехалъ, гьоркьове лъугьинчIого тIубалищха министр.


- Махиевасде кьвагьарав полициялъулав Заур Жалиловасе букIине кколеб тамихI гьабеян абун КIаратIа митинг тIобитIанилан хъван буго цо-цо информациялъул алатазда…


-Официалияб куцалда митинг гьабизе изну кьеян абун бачIараб цониги гIарза гьечIо. Амма дандечIеялъул тадбирал тIоритIизе ругилан харбал ругоха. Гьединаб кьал ккараб бакIалда, кIиябго рахъалъул чагIи кIалъазе риччани, жал гурони ритIарал гьечIилан кIиялго чIолеб гIадат буго. Гьединлъидал хIалтIи гьабизе ккола махщалилаз, масъала лъалел ва гьеб тIубазе кIолел чагIаз.


ТIадеги - кIикъого полициялъулав


-Гьеб пашманаб иш ккун хадуб ахIвал-хIал жеги хIалуцинчIого букIине, низам цIунулезул ва аскариязул цIиял къокъаби ритIун рачIанищ районалде?


- Болъихъ районалъул полициялъул хIалтIухъаби рачIун руго, «тIаде кьурал къуватал»-илан абула гьезда. Дихъе щварал баяназда рекъон,  кIикъого чи вуго.


- Имадибир Махиевасул хIакъалъулъ щиб абилеб?


-Эбелги гьечIого, инсуца хьихьун вукIана гьев. Холеб къоялъ, 25 апрелалда, бана гьев бесдалас 17 сон.


-Ракьалда тIасанги букIана  нужер районалда къватIибе рагIараб дагIба-рагIи. Гьеб суал тIубачIолъиялъул хIасил букIинадай гьаб моцIалда ккараб гъалмагъир?


- Гьеб ракьул масъалаялдехун бухьенго гьечIо гьаб лъугьа-бахъиналъул. ТIубан батIи-батIиял суалал ккола гьел. Доб дандечIеялъул кьучIалда бижараб рагъ-кьал гуро гьаб.


22 апрелалда ГIахьвахъ районалде щвана ДРялъул ХIукуматалъул председателасул заместитель Ризван ГъазимухIамадов, Конституциялъул судалъул нухмалъулев  МухIамад Халитов ва республикаялъул нухмалъиялъул цоги вакилзаби. Халкъияб Собраниялъул детутат МухIамадзагьид Муслимовги вачIун вукIана районалде. 


 Хьул буго магIарулазда гьоркьор ккарал тунка-гIусиязул  кьогIал дарсазниги хадурккун гьел такрар гьаричIого тезе кантIизарилин нилъилан. «ГIакълу –цебе, ццин –нахъе», -гьединаб буго нилъер умумузул аби. РитIухълъиги, сабруги, иманги, ияхIги бергьине хъван  батаги.


2012 сон

ГIизудинил ХIамзат


Автор: ГIизудинил ХIамзат

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +69
  • Нравится
Оставить комментарий
Ц1алун бук1ана доб заманалъго гьеб вах1щияб лъугьа-бахъиналъул,х1асил щиб ккараб Х1амзат,ракълида рачанищ к1иябго росдал жамаг1ат?
ШартIияб болжал кьун, тамихI гьабун букIана гьев полициялъуласе…


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook