Авторизация

Дуниял сапар буго


Пикру


Дуниял сапар буго


Кинабго бараб буго нигаталда, рекIеда. КигIан чIахIи-чIахиял ва чIухIа-чIухIарал рагIаби кIалалъ абуниги, ракI чIегIераб бугони, кида-къадги гьеб загьирлъула ва хъубал къасдалгун гьабураб ишалда баракат лъоларо.


Цо-цо «аналитиказул» хъвай-хъвагIаял цIалараб мехалъ, Америкаялъул маргьаби ракIалде щола. Гьез, Голливудалдаги рукIун, дунялали щиб гурин, тIолабго космос «цIунула ва хвасар гьабула». ГIадатияв чиясда аскIоре къазе чIухIарал, вехьасул хъорщихъ пахруго ралагьулел, кабинеталги, хъулухъалги, цIаралги хириял «аналитикал», ункъабго къадахъги интернеталъухъги ралагьун, палал тIамизе журала. 


ГIелмияб хIалтIи хъвазе ккани, цIех-рех гьабизе ккола. Масала, археологиялда гьечIого гIоларо гIелмияб сапар бухьи (экспедиция), ракь бухъи, артефактал рати, гьезие къимат кьей. Гьединго журналистикаялдаги чара гьечIого хIажалъула цIех-рехал ва сапарал. Антон Чехов Сахалиналде ун вукIинчIевани, гьеб чIинкIиллъиялъул балъголъаби рагьулеб гьесул камилаб очерк букIинароан. Анализ гьабизе ккани, хIужаби хIажалъула. Журналистикаялдайин абуни гьел ралагьизе бакIидаса гьункьизе ккола. ПалхIасил, сапаралдасан ва репортажалдасан байбихьула публицистика. Дунялалъул бищунго камилал журналистал ва хъвадарухъаби тIоцебесеб иргаялда репортерал рукIана – Эрнест Хемингуэй, Антуан де Сент-Экзюпери, Эрих Мария Ремарк ва гь.ц.


Репортер гьечIевани, инсаният беццаблъунги, гIинкъаблъунги, мацI лъалареблъунги букIинаан. Марафоналъул манзилалда тIоцеве векерарав ва, греказда гьел персаздаса бергьиналъулги бицун, гIодов речIчIун хварав рагъухъанги репортер вукIана. КIвар бугеб хабар бицунеб чи ккола репортер. Тушман гIагарлъаравго магIарулаз ракулел цIаялги рукIана репортерал, чапарзаби. Киналниги СМИязул аслу, кьучI ккола репортаж. Журналист сапаралде вахъинчIони, я видео, я фотосурат, я лъугьа-бахъин букIунаро. ГIадада гурелъул БакътIерхьул махщалилаз абураб, журналистас хъвачIеб иш лъугьараблъун рикIкIунарилан. ЖамгIияб гIумруялъе диагноз лъола къалмилаз. ЧIварал журналистазда гьоркьор бищун гIемер руго репортерал, гьезулги цIикIанисел рагъазда щвана къадаралде.


Корреспондентал жидеда тIаде раккуларел газетал халкъалъ къабул гьаруларо.


Газеталъулгун дица бухьен ккуралдаса 13-абилеб сон сверулеб буго. ГIемерал магIарул росабалъе щвана – цIадакьги, гIазукьги, бакъукьги. Бихьана гьимиги, бихьана магIуги. Рорхана гIадатиял гIадамазе рахIат толарел суалал. ГIезегIан хIалуцарал масъалабазда базе кколеб букIана квер. Гьеб сабаблъун тIадчагIазда рихана, хIинкъаби кьолелги камичIо. Амма ракI бухIизе ккарал сапарал ва макъалаби рукIинчIо. ГIадатиял гIадамазул баркалаялдаса къиматаб щиб букIинеб гьаб ракьалда.


 КъватIибе бахъараб материалалдаса дирго хасаб архивалда цIунараб информация, аудио, фотосуратал гIемер руго. Аллагьас хъван батани, щвела гьезиеги цо сагIат. Макъалабазда лъечIеб тIехьалде босизе ракIалда буго.


ГIамал кIудиял хъулухъчагIигун дандчIваялдаса гIадатиял гIадамазулгун накъит гьабизе бокьула. ТIадчагIазул гIадин ургъун рахъун гьерсал рицинеги «гьунар» гIоларо гьезул, жидер ритIухълъи тасдикъ гьабулел анцI-анцI документалги ратула кодор.


Мунагьал чураяв ГIабдула Дагановас чанго данделъиялда ракIалдещвезабуна ЦIоралдаса гьабураб макъалабазул цикл. Гьелъул брошюра биччазе бегьилиланги абун букIана гъос. МагIарулазул халкъияб эпосалъулъеги араб, дие цIакъ хирияб буго ЦIоралъул тема.

Аллагьас хъван батани, къватIибе биччазе буго «ХIамилгIин» абураб тIехь. Гьебги ккола гIемерал соназ данде гьарурал хIужабаздаса, баяназдаса, 1999 соналъул кьалда гIахьаллъаразул, доб соналда лъугьа-бахъунелъул нугIзаллъун рукIаразул ракIалдещвеяздаса гIуцIараб тIехь.


Ахирал соназда Дагъистаналда журналистика цебетIуна. Гьелдаго цадахъ къалмил агьлуялда гьоркьор дагьал ккечIо дагIба-рагIиялги. Гьебги ккола чIаголъиялъул гIаламат. Амма цо-цоязе захIмалъулеб буго, цоцазул адабги цIунун, бахIс гьабизе. Гьеб мехалда дандбалеб суал сверулеб буго «кореялъулазул парламенталде».


2012 сон


Автор: ГIизудинил ХIамзат

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +80
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook