Авторизация

МагIаруллъи – гьаниб, хьиндаллъи – гьаниб



МагIаруллъи – гьаниб, хьиндаллъи – гьаниб


Гьадин букIана


Цебе кIодолъиялъул цIар букIарал, гьанже, жаниса гIадамалги дагьлъун, чIвадназде сверун ругел росаби дагьал гьечIо МагIарухъ. Руго гьединал некIсияб тарихалъул гIунарал нугIзал Хунзахъ районалдаги. Гъорлъе раккун ралагьани, улкаялъулго кIваралъул масъалалъун лъугьун буго жакъа гьеб суал. Щибха ккараб, гIасрабаз умумуз гIуцIунги кьун, гьанже рахъун ирсилаз рижараб росу-ракь рехун теялъе гIилла щибдай? Гьеб суалалъе жаваб батизеян къватIиве вахъарав дун Сивухъе щун ватана.


ГIажаиблъизе бачIана, цебегоялдаса бульдозерцин бихьичIеб гьеб нухдасан лага шуричIогоян абухъе щун ратана росулъе. Макьасдаса гьенибе щвезегIан цIигьабун къачIан бугоан Сивухъе рачIунеб шагьра. (РикIкIада ругел росабалъе нухал гьариялъул Федералияб программаялде гъорлъе бачине кIванила, гьедин МахIачхъалаялдаса «Салам» фирма бугила Автодоралъул заказалда рекъон росулъе нух гьабулеб, лъикIаб хIалтIи лъугьун гьечIищха,-ян жиндирго разилъи загьир гьабуна хадубккун букIараб гара-чIвариялда бегавулас. Ред.)


ГIадат буго щивав махщалилав жиндирго пишацоясухъе цIалеб. Лъалареб цIехезеги, данд базеги, гьадинго бицине хабарги дагьабиш гьезул букIунеб. Гьедин батила, захIматалъулаб гIумру росдал магIишаталда хIалтIулаго аниги поэзиялъул карачалабалъ восарав, лъабгогIаги тIехьалъул автор ПатахIов КъурбангIалиде дирги ракI цIараб ва бачIинахъего гьев вихьизе гъираги лъураб.  Соназ кIудияв вукIаниги, кIудияб божи-рокьиялда гIел бащадав гьалмагъгIадин ракI биччан вукIунев КъурбангIалилги рохалие гIорхъи букIинчIо кавуги рагьун азбаралде дун лъугьунаго. ГIадамаздаса рикIкIад кIвер тIуралъур рукIиналъ, цIияб-тIокIаб хабар лъазе бокьун, росулъе цIияв чи вачIиналъухъ урхъун рукIунилан абуна КъурбангIалица дир саламги буссинабун накъиталде жувалаго.


Гьанже дир вас кинавго чи шагьаралде цIалев гьечIищха, бигьаяб, къо бихьичIого гьабулеб ва гIемераб гIарац щолеб хIалтIи къваригIун буго гIолохъанаб гIелалъе,-ян байбихьана ункъойилъа сонал арав гIумруялъул бечедаб хIалбихьи бугев кIудияс дир сапаралъул мурадги бичIчIун. -I300-I400 абилел соназго жиндие кьучI лъураб, тIалъиялдаго некIсиязул цояб ккола Сивухъ росу. I300 гектар буго нижер гьабсагIатги пайда босизе бегьулеб, 200 гектаралда руго рохьал, росдадаса гъоркьехун ЧIадатIа абулеб бакIалда руго ахалги. Бицен буго умумузул заманалда цIибилгицин барщулаанин гьанибилан. МегIар-гIалах, ах-хур гьарзаяб бакI букIиналъ сахъал лъикIаб ресалдаги рукIун руго. Сверухълъиялдасаго гIадамалги рачIунел рукIун руго гьанире даран-базаралъе бича-хисизе жоги босун.


ГьабсагIатги цIар буго сахъадерил батIи-батIиял кверзул махщелазул устарзабазул. Гьанже нахъзаманалдагицин рукIана гьединал лъикIаланго гIадамал. Дида лъалеб заманалъги хIалтIулаан буртаби гьарулеб артель. Хунзахъ тIалъиялда гуребги, сверухълъиялдаго цIар арал буртинадул хьиталги гьарулаан гьанир. Светиябги диниябги лъай бугел гIадамалги гIемерал рахъана Сивухъ. ЦIаларал чагIи гIемер рукIиналъ, гIалимзабазул ВатIаниланги абулеб букIун буго гьалде. БатIи-батIияб заманалда Сивухъ вахъун вуго 60-гIан динияв гIалимчи. Цого заманалда батIи-батIиял бакIазда дибирлъи гьабун буго 26 сивухъес.


ЧIахIиял магIишатазде данде ккун кIудияб букIинчIониги, гIи-боцIухъанлъиялъул ва хурухъанлъиялъул нигIматал гIезариялъул рахъалъ кидаго районалда цебесеб кьерда букIана нижер Сивухъ росдал гIаммаб магIишат-«ЦIияб гIумру» колхоз. Жиндир заманалда гьеб босун букIана республикаялъул ХIурматалъул хъорщоде. Дол соназ 200 гектаралда рекьарал хаслихъе культурабазул щибалдаса бакIарулаан 40-42 центнер тIорщалил, щибаб гIакдадаса бечIулаан 3000-3200 килограмм рахьдал. Гьединалго лъикIал хIасилал рукIана магIишаталъул гIияхъанлъиялдаги.


Росдал магIишат цебетIезабиялъе кIвахI-свак тун хIалтIулел гIадамазул букIана кIудияб къадру-къимат. Пачалихъалъ щивав захIматчи кIодо гьавулаан гьесул хIаракаталъухъ балагьун. Дол соназ колхозалъе нухмалъи гьабурав мунагьал чураяв МухIамадов Нурудиние щвана кIиго орден. Гьединго орденал щвана хурухъанлъиялъул бригадир МухIамадгъазиев ХIажие, механизаторал ХIусейнов МухIамадие ва ПатахIов КъурбангIалие, дояркаби ГIабдулхабирова Шумайсатие, гIиял фермаялъул заведующий Шагьрудинов МухIамадие. Къокъ гьабун абуни захIматалъулав чи кидаго къадруялда вукIана нилъер улкаялдаго. Гьанже гIадин вижараб росу-ракьги рехун тун цоги бакIалде гочунев чиги къанагIатги вукIинчIо, гьелде хIажалъиги букIинчIо.

 

Гьадин буго 


2010 соналдаса гьабулеб бугила жиндица сахъадерие бегавуллъи, - ян нижер накъиталъулъе жувана росдал администрациялъул бетIер СайгидахIмадов МухIамад. Бищунго унтараб суаллъун гьеб заманалда дида батана росулъ гIолохъанаб гIелалъе чIара-хьараб хIалтIи гьечIолъи.  Ахираб анкьго соналъ анкьго хъизан бахъана администрациялъул учеталдаса ва гIатIидракьалда, шагьаралда хIалтIи щолеб бугилан эхебе гочун ана, руго жеги росу тезе хIадурлъулелги. Школалда учительги, ФАПалда медсестраги, садикалда воспитательги – гьеле гIемерисел росабалъ хъулухъ чагIи. Школалъул ишги махIги лъикI гьечIо, «тIеренаб кунаде бан», хIалицаго цIунун хутIун буго росулъ лъай кьеялъул гъансито. Лъимал гьечIони лъие дарсал кьезеха гьеб рагьун букIинебги.


170 ялдаса цIикIкIун цIараки буго жакъа сахъадерил МахIачхъалаялда, 100-ялдасаги цIикIкIун хъизамаз магIишат гьабулеб буго хъутаналда, нус-нус гIаги ратила Буйнакскиялда, Каспийскиялдагун Кизилюрталда ва цогидал бакIаздаги, росулъин абуни 60 ялдаса гIемерго цIикIкIун гьечIо. (Бегавулас гьедин бихьизабуниги, тарих жеги гьитIинаб бугилан абулелги сахъал данд чIвана гьеб къоялъ. Ред.)


Ракь гIатIидаб, мегIер-гIалах кIудияб росу буго нижер. Бокьарав чиясе хур бекьизеги, гIи-боцIи хьихьизеги кигIанги ресалги руго. Амма гьелда тIад унел харжал данде росани, хайир мукъсанаб кколеб буго. ЧIидатIа ахал гIезариялъул суал чанцIулго борханиги гьу-гьаян гьениб хIалтIи гьабизе гъира бахъунев чиги кколев гьечIо. ЧIван-къотIун гьаб хIалтIи гьабизе нуж эхеде рахъаян абизеги кIолеб гьечIо, рачIун рахъиналде хайир кьолеб хIалтIи я росулъ яги райцентралда гьечIолъиялъ. Гьанибго абила, хасало бетIер бахъиялъе цIакъго захIматаб бакIалда буго нижер росу. Октябрь, ноябрь моцIазго бала гIазу, маялдехун гурого бигьунаро тIабигIат. Июналъул авалалдаги жеги картошка чIолел руго сахъал, цогидазул бухъизегицин заман щведал. Нижер магIардаса ицазул лъим уна 4-5 росдае хIажалъабазе, нижгойин абуни араб гIасруялъул лъабкъоабилел саназго «сороковка» трубаялъусан бачараб лъеде гIейги гьабун руго, щуго иццухъе бикьула гьебги, хасало цIорочIого букIиналъе санагIалъабиги гьарун. Токалъул мухъалги руго басралъун, хасало 140-160 вольт гурого букIинеги букIунаро токалъул. Росулъ гIадамал чIеялъул биценго кинаб букIинеб гьединал гурого гIумру гьабиялъе шартIал гьечIеб бакIалда.


Бищунго нижер хьул лъезе, мугъ чIвазе бегьулеб бакIлъун буго Макьасда базе байбихьи лъураб туристазул кластер. Гьениб хIадурлъиялъулал   хIалтIабазде байбихьулаго гIезегIанго росуцояз гIарзаби кьуна жидее минаби разе планал кьеян, руго бекьулеб ракь-хур щвезе бокьаралги. Гьаниб гIезабураб картошка, капуста, гIи-боцIул нигIматал турбазаялъе кьун  бетIербахъи гьабизе бокьаралги дагьал гьечIо. Амма турбаза баялъул суал жеги бицалъ хутIун буго, иншаАллагь,  букIина заман нижер анищ тIубарабги.  


Автор: Расул ХIамзатов, Хунзахъ райгазеталъул мухбир

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +5
  • Нравится
Оставить комментарий
Расулица хъвана :Арарат,армяназул пашманлъи,аваразул пашманлъи,аварц мац1 лъаларел лъимал абун,дица т1аде жубалаан,ч1унт1улел росабиги worried 


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook