Авторизация

Хунзахъ министразул анкь

Гьенив к1алъазе вахъарав министрас хундерида абуна: «Дун гьаниве вач1ун вуго республикаялъул бет1ер Рамазан Г1абдулат1иповасул т1адкъаялда рекъон. Щвана Т1анусивеги ва бихьана гьениб бугеб ах1вал-х1ал. Х1адурун руго т1абиг1ияб газ бачиналъе киналго подрядчикал, разилъи кьун буго республикаялъул т1алъиялъги, кинабго бараб буго «Газпромалъ» изну кьеялда. Нижер х1исабалда, к1удиял г1арцулал сурсаталго х1ажалъуларо х1алт1и раг1алде бахъинабизе, хас гьабун гьелъие г1арац биччалеб гьеч1они, инвесторал нижецаго ралагьунги районалъул бюджеталдасан харж гьабунги яги цогидаб нух батунги, исана хасел т1аде щвелалде хунз мурадалде щвезаризе бажарараб х1алт1и гьабизе буго»,-ян.

Данделъи къалаго гьабураб жиндирго к1алъаялда районалъул бет1ер Саг1ид Юсуповас Сайгидпаша Дарбишевичасеги гьесда цадахъ районалъул мурад ц1унун гьанире рач1аразеги рак1-рак1алъул баркала загьир гьабуна ва лъаг1ел лъуг1илалде Хунзахъги райцентралда сверухъ ругел росабалъги «хъах1илаб ц1атариялдаса» пайда босизе рес щвезехъин бук1иналдасан вохарав вугилан абуна.

Щуабилеб июлалъги вач1ана районалде цоги министр, гьанжесала республикаялъул т1абиг1иял сурсатазул ва экологиялъул. Республикаялъул бет1ерасул Муг1рузулаб территориалияб округалда вугев Дагъистаналъул Бет1ераскул вакил М. Камиловасул бет1ерлъиялда т1обит1араб гьеб данделъиялда г1ахьаллъана рехсараб мухъалде гьоркьоре унел 11 районазул нухмалъулелги.

Республикаялда т1абиг1ат ц1униялда сверухъ гьабулеб бугеб х1алт1ул бицараб г1ат1идаб доклад гьабуна министрас жиндирго к1алъаялда. Набиюла Карачаевас т1адч1ей гьабуна халкъалъул агъаз ва г1адатаб бич1ч1и гьеч1олъиялъ Дагъистаналда лъаралгун г1орал, х1орал чорок гьарулел рук1иналда, бицана республикаялда цо чанго кьишни-къул балеб полигон, гьелъие переработка гьабулеб завод рагьизе бук1иналъулги. Министрасул к1алъаялдасан жидерго пикраби загьир гьаруна цо-цо районазул нухмалъулез. Масала, С. Юсуповас рак1алде щвезаруна Гьоц1алъ ГЭСалъул х1ор кьишни-къулалдаса бац1ц1ад гьабизе т1орит1арал субботникал, баркала кьуна Гъуниб, Шамил районазул жамаг1аталги рахъинарун гьабураб кумекалъухъ. Данделъи лъуг1ун хадуб гьалбал щвана райцентралда бугеб Г1урдада майданалде, къимат кьуна гьениб аск1обго гьабулеб бугеб х1оралъеги 13 гектаралда гьабизесеб паркалъул зонаялъеги. Бихьаралдаса рек1елъ лъик1аб асаргун риххана гьалбал жиде-жидер бак1азде. 


Баяналъул кьучI: Казият "Росдал захIматчи". Хунзахъ мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий
Х1асил кканищ?


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook