Авторизация

МугIрузда-щобазда, тIугьдул кинигин, щущан руго гьанир ганчIил росаби

МугIрузда-щобазда, тIугьдул кинигин, щущан руго гьанир ганчIил росаби

 

(Cапаралдаса хъвай-хъвагIаял)


Хунзахъ районалъул бакътIерхьул рахъалдехун бугеб росу ккола ГIахьалчIи.Тобот гIурул расалъиялда щущан рукIарал ЦIункIалутIа, ХваранзитIа, БеркитIа кулаби цолъиялдасан лъугьанин гьебилан буго бицен. Цолъунги гьел руго «Бакъхури кьуру» абураб бакIалда живго жиндаго чIун яшавалда вукIарав, гIангурав ГIахьалгьечI абурав чиясда сверун. Гьесул цIаралдасанила бачIараб росдал цIарги. 



Жакъа къоялда советалде гьоркьобе унеб щуго росулъ гIумру гьабун буго 1712 чияс, гьезие хъулухъалъе буго ункъго фельдшерлъиялъулгун акушерлъиялъул пункт, кIиго гьоркьохъеб ва цо байбихьул школа, ясли-ах, почалъул отделение, культураялъул рукъгун библиотека.

Росдал тарих байбихьулеб буго нилъер эраялде щвелалде кIиазарабилеб къарнуялдаго. Гьеб заманалъулаллъун рикIкIана гIалимзабаз росу бугеб бакIалда ратарал руччабазул курхьенал.


ТIасияб ГIахьалчIиса Макьасде щвезегIан букIун буго магIарде боцIи къотIулеб нух. Тумагъари, Хьимакъоро, КолотIа росаби раккун руго гIезегIан хадур. ЦIикIкIараб ригьалъул гIехьелдерица бицахъе, цо-цо кIи-кIи рукъ бугел гIемер кулаби рукIун руго сверухъе. Хурзал рекьизе, магIишат гьабизелъун лъикIал ракьал ругелъуре дагь-дагьккун гIехьел рахъиналъ лъугьун руго дол гIисинал росабиги. Бакъда, ХIиниколо, Шатиколо, РагIадухъ чангоязул рукIун руго цо рукъги боцIи хьихьизе бокьги гурого гьечIеб мина-карталдасан гIуцIарал кулаби. Цо-цоязул гьенибго чIей букIаниги, гIемерисел къад хIалтIизе колотIе ун, къаси-мех рокъоре росулъе руссунел рукIун руго.

ГIахьалчIи росдада нахъа буго 450 метра борхалъи бугеб бал. Гьеб бахун добехун букIанила Мочолъхур абураб гIехьелдерилго кулиги. Гьеле гьелдасан лъугьун буго тIубараб росу, дица цебеккун хъванги букIараб-МочIохъ. ГIахьалал мучIдузда хьихьулеб букIун буго гIехьелдерицаги мачIхъадерицаги боцIи 1929 соналде щвезегIан, гьеб соналъ Балал тIогьисан гIорхъи-заниги чIван, гьазул гIаммаб мегIер-гIалах бикьун буго. НекIсияб биценалда рекъон, гIехьелдерил ракьал тIалъиялда бугеб ГIакаро магIарде щвезегIанцин рукIанила, шималияб рахъалдехун ругел кавабахъан гурого росулъе жанибе нухги букIинчIила.


1940 соналъцин росу рагIалда букIун буго гуржи яги албан мацIалда тIад хъвай-хъвагIаялги гьарураб ункъбокIонаб гамачI. Токил мухъалъул хIубал чIвазеян 1965 соналъ 1,5 гъварилъуде ракь бухъидал, ратун руго некIсиял гIадамазул минабазул къадал, ганчIил гьабураб гъансито, меседил буртIин. Гьединго ратун руго ганчIил гIасруялъулго тIагIалаби.

Цо тарихияб тIохьода хъвавухъе, ТIануси росуги бахъун, Беркитауялдасан Бакълъухъ росу бахъизе гочунев вукIарав Тимурил рагъулав цевехъан къадаралдеги щванила гIехьелдерил ракьазда. Гьев вукъун вугила ГохIдохъ абураб бакIалда. Щивав рагъухъанас гьесул хабатIе хъат цIун ракь рехиялъ лъугьараб бугила 16 метр борхалъи бугеб гIехьелдерил гьаб гохIги.

Ислам тIибитIизегIан гьанир христианал рукIиналъе нугIлъи гьабула гьанжесеб масжид бугеб бакIалда «ГьатIан» илан цIар тараб килисаялъул нуцIил кIамури цIунун хутIиялъги «Мария есус» ан тIад хъвараб хъанч батиялъги. Гьелдасаги гIажаибаб цойги хъанч батун буго жиндирго рукъалъул къадалъ нилъергун заманцояв Къебедов МухIамадидаги. Гьелда тIад гIарабалъ «СахIибу гьазаль байт. Дадаш» илан хъван букIун буго (гьаб рукъалъул хважаин Дадаш, 1270 сон). Ригь базе бухъа-хъвай гьабулаго батараб хъанч тIад хъвай-хъвагIаялгун жиндирго рукъалъул къадалъ лъун букIараб кинха дов Дадашица! Бакъбаккул рахъалдехун рукIарал христианазул хабзалазда тIадги жакъа росдал гIумру тIегьан буго.

ГIун рачIана цIиял гIелал, рахъана Дагъистан тун къватIибеги цIар тIибитIарал исламалъул гIалимзаби, машгьурал тохтурзаби, артистал, рагъулал хъулухъчагIи. Жакъасел гIехьелдерил ва сверухъе ругел росабазул гIумру гIезегIан бигьаяб буго умумузулалдаса.

ГIезегIан чагIи хIалтIилел руго полициялда ва рагъулаб часталда. ХIукуматалъул хIалтIуда гьечIезин абуни, гIи-боцIи хьихьун, хурзал рекьун бетIербахъиги гьабулеб буго. Советалде гъорлъе унеб 5 росдал ва гъутаналъул гIадамазул буго 1410 бетIер чIегIер боцIул ва 5610 бетIер гIи-цIцIаназул.

Узухъда, гьеб дагьаб къадар бугилан баян гьабуна дие ТIаса ГIахьалчIиса « Миллаталъул» гьудул МухIамадов МухтарахIмадица. Цебе жиндица цохIо ТIаса ГIахьалчIи росдал рохьдолъ 150-200-ялдаса гъоркье хIайван рикIкIунароанила, гьанже гьеб 41-ялде ккун бугила.

Ахирал соназда жаниб гIолохъанаб 100 хъизамалъе рукъ базе участка кьеялъги бицуна  цойгидал - Сивухъ, ХIариколо росабалъа гIадин гьаниса гIатIиракьалде тIурулел гIемер гьечIолъиялъул. ГIолохъабазе руссине бакI букIинеян къачIан руго росулъ ва Ахтини гъутаналда спортзалал, магIарухъ рагьун буго футболалъул майдан, лъималазул лъабго площадка.

Амма цIакъ язихъго рихьана дида 1926 соналъго бараб школалъул минаги, НухIил гамидаса бахъараб ремонт щвечIел клубгун росдал администрацияги.



Бащдаб ставкаялде рачун, 3-4 азарго гъурщиде хIалтIилел ругин жалилан ургъел бикьана маданияталъул хIалтIухъабаз: «КъачIого рукIинеянгIаги тун ратила ниж гьаб инжитлъиялда. БукIунаро тадбирал тIоритIизеяли щай гурин, тIурччи-цIул босизецин капек гIарцул».

Инжит гьари хIехьеларингIаги батила, дугъдан рахан бугоан росдал библиотекаялъул нуцIа. Культураялъулазда данде «алжаналда ругеллъун» рихьана мухбиралда капиталияб ремонт гьабун къачIарал минабахъ ругел медпункталъулги ясли-ахалъулги хIалтIухъаби. Китаялдаса бачIунеб учузаб къаялъул посылкаби рикьун свакачIо дун ГIахьалчIи йигеб тIубараб къоялъ почалъул отделениялъул начальник Шейхова Загьра. РачIунел рукIана гIадамал ГАИялъул штрафал, токихъ гIарац, налогал кьезеги.

Цебе гIадин газет-журналал хъвалел гьечIиланги йикIана Россиялъулго бухьеналъул министерствалъул ХIурматалъул грамота щварай хIалтIул ветеран нижеда.

Щибха кколеб кIиазаргогIан чи вугеб бакIалъе гIицIго 9 «Миллат» газета?! Мукъсанаб тарих. Щаяли, жакъасел дармил почтовикал-тIадчагIаз цIикIкIун кIвар кьолеб буго, кинго подпискаялде гуреб, 2-3 нухалъ хирияб багьаги тIад лъун бичулеб порошок-сапуналдегун чай-кофеялде. Батила гьелъулъги балъголъи.

Гузбиги гъежда чIван руккелал гьарун магъилъе унел руччабазулгунги накъит гьабичIого чIезе кIвечIо дида гьеб къоялъ. Гьел ратана къвали бухъизе унел. Цо щиб букIаниги захIматаб хIалтIи гьаби магIарулаз бащад гьабула «къвали бухъиялда». ХIакъикъаталдаги, захIматаб хIалтIи бугоан, тIаде щибго загьираб гIаламатги гьечIого, гIисинаб гьеб нигIматалде тIаде ккезегIан цебесан хасалил цIороялдаса бигьинчIеб ракь бухъи. АнцIго квадраталдасаги цIикIкIун ракьул бухъидал, ченгел къвалул батун бугоан диргун хабар ккарай ПатIиматида. 300-400 гъурущ кьун базаралдаса босиго учуз бихьана дидани…


Цебе мугIрузул лъим бищун бацIцIадаблъун рикIкIунеб букIараб батани, унтабазул гIемерлъиялъ, гьелъулъ гIунгутIи бихьизе тIамулел руго тIадмагIарулал гьанже. Жидее цIакъ бокьилаанила лъел качествоялъухъ балагьизеян рукIана годекIанир гIодор чIарал. Дун гьение щвараб къоялъ щибаб рукъалда (сураталда гIадаб рехун таралдацин) къватIалъул цIар, рукъалъул номер чIвалел хIалтIаби инел рукIана ГIахьалчIи мухъалда. «Ахалчинская», «Тумагаринская», «Матласская» ян бигьаго лъурал рукIана къватIазда цIаралги.


Жидерго «гIадатаб чIаголъиялда» гIумру гьабун ругел тIадмагIарулазе гьел хъарщаздасаги цIакъ хIажат ругоан росулъе лъикIал нухалги, бацIцIадаб, гIураб къадаралъул лъимги, гьоркьохъелниги рукIа-рахъиналъе шартIалги.

Автор: Фатима МухIамадова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook