Авторизация

«Живго бетIергьанаб ракь гьечIев фермер релълъуна чед бортараб таргьаялда»


ГIабдурахIман ГIабурикIовас «Миллаталъе» рагьулел руго росдал магIишаталъул гIузраби


Росдал магIишаталъул цIияв министр Абулмуслим Абулмуслимовасде кIудиял хьулал руго республикаялъул фермеразул. Хасго, цере рукIарал министразда дандеккун.

Москваялда Темирязевасул цIаралда бугеб росдал магIишаталъул академияги лъугIарав, батIи-батIиял хъулухъаздаги хIалтIарав, ишги лъалев, гIаданлъиги бугев чи вугин гьевин абуна «Миллаталъулгун» букIараб гара-чIвариялде байбихьулаго, фермеразул Ассоциациялъул нухмалъулев ГIабурикIов ГIабдурахIманицаги. Гьелда тIадеги цIех-рехалъул органазул жавабиял хъулухъаздаги хIалтIарав чи вугин, гьединлъидал кIиябго ишги роцIцIун лъалин гьесда.

Гьебги хIисабалде босун, ришватчилъиялдасаги, откаталдасаги росдал магIишаталъул структура бацIцIад гьабизе божилъигун тIадкъан бугила гьесда Васильевас гьеб хъулухъ.

 

Бищунго лъикIав инвестор ккола живго фермер


Амма цохIо министр тIамунилан росдал магIишаталъул иш цебетIоларилан абулеб буго ГIабурикIовас, гьелда жаниб бессун бугеб бецIаб система къваригIун бугила хисизабизе. ГIемерал суалал ругила тIуразе кколел. Гьезул тIоцебесеб рагIула ракьул суал.


«Жакъа живго бетIергьанаб ракь гьечIони, магIишат цебетIезабун бажаруларо фермерасухъа, - ян байбихьана ГIабурикIовас. - КигIан гIемераб гIи-боцIиги, речIчIулел гIачиги, тракторалги гьесул ругониги щиб, гьесул жиндирго ракь гьечIони. Гьединлъидал кинабго хIалги, жанги кьун фермер хIалтIизе гьечIо чияр ракьалда, щайгурелъул бокьараб мехалъ гьев гьениса нахъе къотIизе бегьулелъул. Гьев гьенив вуго квартирант. Жакъа гIемерал ракьал руго совет хIукуматги биххун хутIарал колхоз-совхозазухъ. Гьезул ракь ижараялъе босулеб буго фермерас. Ижараялъе кьечIого щай бегьулареб гьеб ракь тIубанго гьесухъе кьезе, тIубанго бегьулеб батичIони, кьеха ижараялъе, амма кIиго лъабго соналъул болжазда гуреб, 49 соналъе къотIиги гьабун, гьоркьохъанги гьеч1ого. Гьеб мехалъ хIалтIила гур гьев гъираялда. БетIергьан гьечIеб бакIалда гIадлу-низам букIунаро, вехь гьечIеб гIиял къавуда букIунареб гIадин».


ГIабурикIовасул рагIабазда рекъон, инвесторазеги бокьулеб гьечIо чияр ракьалда вугев фермерасул магIишаталде гIарац биччазе, щайгурелъул божилъи гьечIого. Бищунго лъикIав, потенциалияв инвестор вуго живго фермер.


«Гьеб жо бичIчIизабизе бокьун буго нижее министрасда, - ян бицана ГIабдурахIманица.  - Хьулги буго бичIчIилилан. ХIалтIуде лъугьараб тIоцебесеб къоялъго гьес коллективалда лъазабуна цебе букIараб хIалалъ щибниги букIине гьечIин. Откаталги, ришваталги, гьересиги, хиянатги нилъер умумузе хасиятаб жо букIинчIин. РекьичIого раккуриялде руссине хурзалги тун нилъер умумул рукIинчIин. ХIажат бугила гьезул нухдаса ун, бацIцIадаб нияталда хIалтIизе, росдал магIишатги цебетIезабизе».


Гьел гурелги руго жеги унтарал суалал. Жакъа фермерасда бихьулеб къоялъул лъицаниги хIисаб гьабулеб бугишали лъаларо. Россиялъул цогидал регионазда гIи-боцIи хьихьулел мучIдулги, харибакIалги руго гьезул росабазда цун. Нилъер анибин абуни, риидалги хасалоги анкьалги нухда ран, гочине ккола хъутаналдаса мугIруздеги нахъеги. 300-400 км манзилалда гIи-боцIи гочинабулеб къагIида Россиялдани кин гурин, дунялалдацин батиларо цох1о Дагъистаналда гурони.


«Жакъа фермер цIунун гьечIо хIукуматалъ. Мисалалъе, горо-цIер бан, гIоралъ ун, гьорчо речIчIун гьесул гIи-боцIуе зарал ккани гьесие гьеб бецIулеб гьечIо. Щайинха дуца гIи зодикь тараб, жанибе щай бачинчIеб, гьорчо щун батани, дару-сабаб щайин гьабичIебилан гIайиб-гъвел балеб буго гьез. ХIасил, кинаб унти гьес бицаниги, данде жаваб батулеб буго, кумек гьечIо», - ян абулеб буго ГIабдурахIман ГIабурикIовас.


Жакъа Дагъистаналъул фермеразул Ассоциациялде гъорлъе уна 700-саги цIикIкIун фермер. Амма гьезул къадар мухIкан гьабизе лъугьин рекIее гIечIо ГIабдурахIман ГIабурикIовасе.


«Гьезул рикIкIен гуреб, гьезул хIаракаталъул хIасил къваригIун буго. Гьесул чамалиго азарго гIи бугин, чIегIер боцIи бугин абун мухIкан гьаризе журала хъващтIан. Гьесул чахъу анцIгоги, къогоги нусгоги букIине бегьила гьеб гуро аслияб жо, аслияб буго гьес гьелдаса бахъараб хIан, къунцIараб квас, бечIчIараб рахь. Гьеб букIине ккани, фермерасе кумек гьабизе ккола хIукуматалъ», - илан абуна ГIабдурахIман ГIабурикIовас хадубги.

Гьеб гуребги гIемераб жо бицана ГIабдурахIман ГIабурикIовас. Росдал магIишаталъул актуалиял киналго суалалги данде ракIарун хасаб интервьюцин гьабизе бегьула гьесул. Жакъасеб гара-чIвари ккеялъе аслияб гIилла букIана.


Фермерасдасаги бергьунеб рахьдал завод


Хунзахъ мухъалъул Байикь росулъа Макъсудов МухIудадал тIубараб хъизамго буго фермеразул магIишаталда гъорлъ. 3200 гIиги речIчIулел гIачIиги руго гьез хьихьун. Амма бахъараб хIаракаталъул жал разияб хIасил гьечIин абуна гьес «Миллаталъе».

«МахIачхъалаялъул рахьдал заводалъ 15 гъурщиде литр гьабун уна нижехъа рахь босун. Амма гьеб багьа цIакъго дагьаб буго. Щайгурелъул нижехъа босараб рахьдал чанго батIияб нигIматги гьабун бичула гьез жидецаго. Нисо, нахалъул бицинчIониги, цохIо родол шиша бичулеб буго гьез къоло щуго гъурщиде. Гьанже хIисаб гьезие щолеб бугеб хайирги, нижеца ракь бичулеб бугеб учузгоги. Гьеб литр рахьал бечIчIизе кигIан къуват нижеца кьолебали лъица хIисаб гьабулеб?».


Гьединго МухIудада цIакъ рази гьечIоан хIукуматалдаса кинаб букIаниги кумек тIалаб гьабун ине ккани, ракIаризе кколелщинал кагътаздасаги.


«Нижерго Хунзахъ мухъалдаса байбихьун, Шамилхъалаялде щун, чанго батIияб идараялде ине ккола справкаби ва документазда хадув. Исанаго дагьаб мадар буго, араб соналда, битIахъе, ракIсваказе гьабун гьезда хадув векерахъдун», - илан бицана гьес.

Гьединго гIи-боцIи гочинабулеб заманалда нухда кколеб заралалъулги бицана гьес. ЧIахIиял КамАЗаз чIинтIун холила гIемераб гIи нухда. Ахирисеб нухалъ 25 ниги гIиялъажо чIван буго гьесул. Амма гьеб гьесие бецIун гьечIо.


Автор: Ашахан Юсупов

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook