Авторизация

«Халилил» къулгIадухъ щукруялъул мажлис

  

  60 магIишат гурого жаниб гьечIеб росу ккола ЗанатIа. БукIаниги, гьеб машгьураб буго тарихиял гIелмабазул докторзабаздалъунги, дару сабабал тохтурзабаздалъунги, жидерго росдае ритIухъал, сахаватал патриотаздалъунги.ГIазу-цIер байдал, хъещтIон эхеде рахъунго бажарунареб миччилалъул нух букIана росулъе щвезегIан цебе. Амма чанго соналъ цебе кьуруги гIанлъун цIияб 5 км. манзилалда цIияб нух бахъана росулъа сахаватчияс занатIисезе. Абула, рес букIиналъе битIараб къимат квербиччаялъ, ай сахаватлъиялъ кьолилан.ГIорхъи чIвачIо нух бахъарас росдал ва районалъул гIадамазе гьабулеб садакъа-вакъфуялъеги. Гьедин, дагьал церегIан къояз битIун цIияб нухлул рагIалда бан лъугIараб къулгIа рагьиялъул тадбир тIобитIана гьениб. Цебеккун лъазабун, ахIи бан букIинчIониги,гьелда гIахьаллъана ЗанатIа,Бакълухъ, Могьохъ росабалъа лъабнусгоялдасаги цIикIкIун чи. 


ЦIарги бугоан мажлисалда цIакъ рекIее асар гьабулеб -«щукруялъул мажлисан». Аллагьасе рецц гьабулеб букIана къулгIа баразги гIадатал гIадамазги бищун цебе-гьеб кIудияб хIалтIи рагIалде бахъаралъухъ, кIиабилеб иргаялда- дугIа-алхIамалдалъун ракIалде щвезаруна гьеб Аллагь разияб ишалъе лъураб байбихьиялда гьоркьор рукIарал, амма гьеб рагьизегIан жидее гIумру батичIел гьалмагъзаби(хIал алжаналъуб батаги лъикIлъиялъе квербакъаралщиназул,амин). Жанир киналго какие санагIатал шартIалгун, берцинаб гIуцIа-кIутIигун бараб къулгIаялда сверухъ бакIги цIакъ берцинго къачIан бугоан хважаинас: гьанир-кьурулъан чваххулеб мугIрул лъел чваххелабиги, чIухIарал кипарисалги, хIухьбахъизе гIодор чIезе скамьябиги, хъил тIураб кIалтIуги. ТIабигIияб берцинлъиялда инсанас гьабураб гьеб чIинкIиллъи кутакалда рекъон ккун бугоан мугIрул-щобалгун, хехал лъаралгун ва гъваридал кIкIалалгун. РакI сагьвил гьабулеб сихIкъотIи биххизабуна «берцинлъабазда» аскIоб суратал рахъизе лъалхъарал зигараялде унел гьидерил ясаз. «Кири батаги гьаб барасе, Къиямасеб къоялъ хвасарлъулеб садакъалъун къабул гьабеги БетIергьанас!»-ан дугIаги гьабун, фарз тIубазе жанире ана гьал «вахIилан»тамашалъулаго. Нужеда кколеб батила гьабщинаб хабар бицунаго, цониги бакIалда нухги бахъарав, къулгIаги рагьарав сахаватчиясул цIар щай гьалъ хъвачIебилан. РагIи букIунха. Сабурав, рихьдае щибго гьабуларев магIаруласе кьураб. Гьеб хвечIого букIиналъе гIоло дица кIалъазе виччала Шамил мухъалъул жавабиял ишазда гIемерал соназ хIалтIарав, гьабсагIат районалъул бетIерасул гIакълучи, ЖамгIияб палатаялъул председатель ГIабдулвахIид ХIажиевасе.


 «ЦIакъ пайдаяб мажлисалде ккана дун жакъа. Гьанже букIунареб гIадаб, рухIияб рахъалъ цIилъи чIвазабулеб, квешалдаса тархъизарулеб щукруялъул тадбир букIана гьаб. Хьаргаби,Шамил районазул имамзабаз гьарурал, цоцазулъ ракIал хун, дунялалъул боцIиялъ мехтизарураллъун рукIунгутIизе ахIарал вагIзаби гIеларищ цо! Дида районалда батIи-батIиял хъулухъазда хIалтIулагоги лъалаан, ЗанатIаса ГьитIинов Халилил сахаватлъиялъул, гьесул гьитIинаб росдае бугеб баракаталъул. Жакъа къоялда хIукуматалъул гъурущги хвезабичIого, жиндирго сурсатаздасан лъица бахъулеб цIияб нух, лъица балъго гьабулеб кьураб садакъа? Балагье, кигIан хехго ва рахIаталда щолел ругеб цебеялде данде росулъеяли! Гьаб къулгIаги гьелъул сверухълъиги  бихьуларищ бокьараб цебетIураб улкаялда бугелдасаги берцинабги квегIенабги: бакъудасан хинлъи кьолел батареялги, жаниб  евроремонтги, гIажаибаб тIабигIияб суратги-кигIанха рохилел нухлулал! Лъала, гьав сахав бихьинчиясул росулъ масжид базе ният букIинги, Аллагьас квербакъаги гьесие сундулъго! Халилил къулгIаян лъезе ккола гьалда цIар, ва наслабаз гьедин рехсолеблъун гьаб гьайбатлъи хутIизеги ккола!». Узухъда, баркалаялъе мустахIикъал руго цIияб нух бахъиялда ва къулгIадул кIалтIу къачIаялда свак тун хIалтIарал Шамил мухъалъул нухазул участкаялъул киналго хIалтIухъабиги, гIемерал соназ районалъул бидурихьаллъун кколел нухазе хъулухъалъе чIарав ХIасанов ХIажиги. ГIадада хвараблъун батугеги гьабурасул гьабураб! Дагъистан Республикаялъул мустахIикъав экономист, жиндирго росдал ва халкъалъул патриот ЗанатIаса ГьитIинов Халилиеги гьесул хъизам-рукъалъеги  гьарула чорхое сахлъиги, саламалъиги,ахираталъеги дунялалъеги батулеблъун тIамураб гIумру хутIиги.Камугеги миллаталда гьоркьоса сахаватчагIиги, гьезул бизине нижги.


Автор: Фатима МухIамадова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook