Авторизация

Гвангъила, зулму ун, зодихъ нужер цIва




Гьаб кIиябго сураталда гьоркьоб буго гIицIго цодагьаб заман,  лъабго-ункъо сон. Гьел соназда жанибги кьучIдасанго хисизе рес кколеб буго инсанасул гIумроги, къисматги. 


Цояб сураталда Парханисай йиго талихIай, лъималаздаса бугеб рохелалъ гьурмада бакъ кунчIарай магIарулай.

Гьелъие гIиллаги буго - гьеб сурат бахъараб къоялъ Россиялъул президент Владимир Путиница кверги бачун, баркала кьуна Парханисалъе гьадинал, улкаялъего жидедаса пайда бугел васал гIезаруралъухъ. 


ГьитIинго захIмат бокьизе эбел -инсуца ругьун гьарурал ва лъикIаб тарбия-лъай кьун куцарал МухIамадги Зиявудинги лъугьана рекIелъ гурхIел-рахIму бугел ва Дагъистаналъеги улкаялъеги пайда бугеллъун...


Амма гъалатIал кколарев чи вукIунарелъул, ккун ратизе бегьула вацазулги гьел. Амма гъалатIазул роцен жакъа гьезде гIунтIизабулеб гIайибалде бахунеб бати кинго букIине рес гьечIеб ва божизе захIматаб жо буго.

Хьул буго цIех-рехалъул идарабаз гьеб киналъулго хIисаб гьабун хадуб ритIухъаб хIукму гьабилин ва вацал МухIамадовазе хадубккунги гIагараб улкаялъе гIемер пайдаял ишал гьаризе рес щвелин, эбелалъул гьурмада цIидасан рохалил кунчIиги цIилъилилан.


  

Гьанчи къадру буго къорикье рехун

Къуват бергьараца тIад къаналги чIван.

ЧIагоял цIумазул цIаралги кIочон

Чанги гъедо буго гъур-гъур бачунеб.


Намусгин -яхIалде хIал- зулмо буго ,

Тах-бакIида хIалел хIалихьатазул.

Риди тIаде ккараб хасият буго

Чияр тIорахьалде хьул тIамуразул.


Чудкуз сверун ккураб хъиргъу бихьигун,

Бахьинаб надалда бачIищ бохьун гIетI,

Гъудуца къор гъураб цIумалда берчIван,

БачIинчIищ хIалакин хIалимаб рекIел.


Валлагь бортиларо бадиса магIу,

Сибир къотIун къватIий ритIун аниги.

Таллагь чучиларо чара хваниги,

Чорокал къасдазул къавмал рохизе.


Рохугеян абе хиянатчагIи,

Эзийги аб дунял даимлъиларин.

ХъантIугеян абе хъамалчагIазда,

НахъегIанлъи чанги чорхолъ багъулин.


ЖахIда-хIусудалъул расенги гьабун,

Байрахъ борхе абе ал режиссераз.

ХIалихьалъиялъул тIад накъищги хъван,

КъотIун бикье абе къватIулаз яшав.


Сордо ингун бакъ щун къоги гвангъулин,

Гвангъила, зулму ун, зодихъ нужер цIва.

Хасел ун, их рещтIун, тIегьги баккулин,

ТIегьала жегиги нужее шагьра.


Аллагьасул нухда квер гьарзалъарал,

Гьарзалъайги нужей бичасул рахIмат.

Бихьараб къварилъи кIоченабулеб

Кьейги БетIергьанас батIияб къуват...


Автор: Жамиля Пахрудинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook