Авторизация

«Ниж тIалъиялде хIапдезе кколаро, халкъалъул гIумру бигьалъиялъе нухал ралагьаниги гIола»






Кандидатал


МахIачхъалаялъул мэриялда жидерго программагун къойилго цере рахъунел руго мэрлъиялде ишан лъурал кандидатал. Щивасе кьун буго цо-цо сагIат. Цо-цояз гьеб заман тIубан хIалтIизабулеб буго, цогидазин абуни чанго минуталда жаниб бицун лъугIизабулеб буго хабар. Гьезул ахирисев чи кIалъазе вуго 28 январалда. 29 абилеб къоялъин абуни хIукму къотIизе буго депутатаз. 





Масала, 23 январалда гьенив цеве вахъана РФялъул Пачалихъияб Думаялде Башкириялдаса вищарав нилъер ракьцояв ХIажимурад ГIумаров.

Комиссиялда вугев МахIачхъалаялъул собраниялдаса лъабго депутатасда дандечIей загьир гьабун гIарза кьуна гьес. Жив гьезда божуларила, щайин абуни шагьаралъул депутатазул собраниялъул нухмалъулев Абулмуслим МуртазагIалиевас гьезда цебеккунго (I5 январалда) лъазабунила «Единая Россиялъул» депутатаз Москваялдаса вачIине вугев Салман Дадаевасул рахъккуни лъикI букIинилан.

Гьединлъидал гьелдаса хадуб «ЕРалда» гъорлъ ругел гьадал комиссиялъул членаз жиндие гьаркьал щвезе риччаларила.

Гьеб конкурсалъул комиссиялда лъабго чи шагьаралъул депутатазул собраниялдаса вуго, цогидав лъабго чи хIукуматалъул вакилзаби ккола.  

БатIи-батIиял чагIи руго кандидатурабиги лъун. Цоял руго жал «цо кIвар кIудияб данделъиялде» ине кканилан, жидее бихьизабураб къоялъ комиссиялда цере рахъине рачIинчIого чIаралги, цогидал руго жидецаго цебе ккураб тIанчидаса хIалицаго гурони жо цIализе бажаруларелги.

Руго цереккун жал прессаялдасан гIемер цере рахъинчIел, амма гIезегIан даража бугел  гIадамал. Масала, Нефтеюганскалда вугев нилъер ракьцояв Сергей ГIусманов. Шагьар кин цебетIезабилебали лъалеб бугоан гьесда. Амма гьелдаса хадуб ракIрагьараб гара-чIвариялда Сергейица абуна нилъер цо-цо гIадамазул хъантIиги, цоцаздехун гьечIеб адабги культураги бихьараб мехалда, ракIбуссунеб хIал бугила гьаниб. Гьединлъидал жив жеги лъикI ургъилила, чIеладай гьанив, чIелародай абун.   

24 январалда цере рахъарал кандидатазда гьоркьоб асар гьабулеб кIалъай букIана Юсупбег Юсуповасул. СагIатгIан заманалда жанив гьев цониги нухалда валагьичIо тIанчиде, цониги нухалда комиссиялъ гьев я гьоркьов къотIизавизе, яги тIадкIалъай гьабизеги ккечIо (цогидазда гьез чанцIулго абизе ккана нуж батIияб темаялде кIанцIулел ругилан).

Гьев ватана Хунзахъ районалъул ЦIадаса чи. Байбихьуда росдал магIишаталдаги, рукIа-рахъиналъулгун коммуналияб магIишаталдаги хIалтIун, ахираб заманалда Юсупбегица нухмалъи гьабулеб бугоан «Дагестан единый» абураб багъа-бачариялъе.

Гьелда бан «Миллаталъул» хIукму ккана гьесулгун гара-чIвари гьабизе.



«Хъулухъаздаса махIрумлъилин хIинкъиялъ хIелхIедизе журалеб гIадат лъугьун буго гIадамазул»

 


- Юсупбег, жинда МахIачхъалаялда мэрлъун тезе чи ватун вугилан республикаялъул бетIер Владимир Васильевас цебеккун лъазабунги букIаго, гьеб конкурсалда гIахьаллъизе 40 чияс документал жанире кьеялъул магIна щиб? 


- Владимир Васильевасда гьединан ракIалде ккей буго нилъедаго бараб жо. Цоцаздехун нилъер гIадамазул бугеб бербалагьиялъги рукIа-рахъиналъги бижизабун батила гьесулъ нилъер гьанив мэрлъиялде чи Москваялдаса гIебеде валагьизе кколин абураб пикру.

Дица гьесул бакIалда дунго лъола. Масала, гьев гIадин батIияб республикаялде вачIун вукIаравани, дицаго кисандай ралагьилаан хъулухъазда тезе чагIиян ккола дида. Валлагь, гьавниги вугинха пуланаб бакIалда тезе мустахIикъав чийин ракIалде ккани, цо щивалиго чи ватулев вуго гьесда нахъа, гьединго цогидазда нахъагиха… Хъулухъазда тарал чагIиги церего гIадин цIогьодизе лъугьунел руго. 

Гьединлъидал гIайиб нилъедаго буго.

Хасал хъулухъазул чагIаз тIаса рищарал гIадамал лъала Васильевасда. Гьездениги мугъчIвайги гьабичIого, гьесги гьабсагIаталда щибилеб?

Васильев Дагъистаналде витIун вачIиндал, жамгIиял хIаракатчагIи ахIун рукIана гьес жиндихъего. Гьелги хъата-масан гьесие хъатал чIвазе, вай мун цIакъав-тIокIав абун цIекIалщинал жал рицине журан руго. Амма Васильевас гьезие жаваб кьун бугоан нужеца гьебщинаб гьари-кванай гьабизегIанасеб жо гьабун гьечIин жеги жинца. ЧIайин цин цо жо ккезегIан. Ратани, чIванкъотIарал предложениялги пикрабиги кьейилан…

Дица, цо рахъалъ, гьел чагIазда гIайиб гьабуларо. Щайин абуни, гьединаб къабихIаб хIалалде ккезарун ругелъул гьел чанго анцI-анцI соналъ церего. Цощина жал хъулухъаздаса махIрумлъизаризе гурилан хIинкъиялъ хIелхIедизе журалеб гIадат лъугьун буго нилъер гIадамазулъ.

Нилъерго хъантIиялъги нахъегIенеккунгутIиялъги рачана нилъ гьелде.

Гьанже рукIуна абулел: гьалейила дора-аниса чагIи ахIулел ругила Дагъистаналде нилъее нухмалъи гьабизе. АхIизе риччай. Дир хIисабалда, пайда гуреб жо кьеларо гьелъ. Цолъизегицин гьаруна нилъ гьеб ахIвал-хIалалъ. Гьанже рикьалаби гьарулел гьечIо гурищ нилъеца магIарулал, даргиял, лъарагIал ва цогидал абун.

Абухъего, гьел киналго миллаталги гъорлъе рачараб кIудияб форум тIобитIизехъин буго нижеца исана ичIабилеб февралалда. Гьенире ахIулел руго гIадатиял гIадамалги, цереги гьанжеги тIалъиялда рукIарал-ругел гIадамалги.

 


«Нилъераз лъутIа-къотIун лъола»

 


- Мэрасул суалалъе гIоло гьабулеб жойищ гьеб?


- Гуро. Гьелда бараб жо щибниги букIинчIо гьелъул. Нижее бокьун буго форумалда нилъерго рахьдал мацIазулги цогидал масъалабазулги бицине.    

Мэрасул суал, масштабалъухъ балагьун, проблема бугеб жо гуро.

Мэрлъиялде кандидатура лъеян дица гьаб «Дагестан единый» абулеб багъа-бачариялда гъорлъе унеб I8 гIуцIиялъул чагIаз гьанжеялдаса кIигониги моцIалъ цебего абулеб букIана. Дица инкар гьабун букIана, республикаялъул бетIерас цо чиясда цIар чIван бугелъулилан. Амма гьанире рачIарал жамгIиял хIаракатчагIи рукIана гьеб жо конституция хвезаби кколилан бицунел.

Дир пикруялда рекъон, Васильевасги тIуван гьев Дадаев толев вугилан гуро абураб, гьесул кандидатура лъикIаблъун бихьулилан гурони.

Нилъеразин абуни жидецаго лъутIа-къотIана гьеб. Гьединлъидал щивас сундулъго жиде-жидер позиция бихьизабуни лъикIаб букIуна.

Гьадале Татарстаналда киназго ахIи бараб куц бихьичIищ рахьдал мацIалги цIунун? Нилъерго ген билизе тани, нилъерго миллатги хаслъиги лъугIула тIубан.

Позициялъул бицунаго абилин, дун институт лъугIун хадув, цин Анапаялде ун вукIана. ХIалтIана комсомолалъул райкомалда, росдал магIишаталда. Цинги, битIун СССР биххулеб заманалда дун, 30 сон барав чи, ургъунго ана хъулухъалдаса нахъе. Щайгурелъул дида бихьулеб букIана доб мехалда берда бихьулаго улка кIала-гъоркье чIвазабулеб букIараблъи. Дие гьелъулъ гIахьаллъизе бокьун букIинчIо.

ГьабсагIатги, гьаб жамгIияб гIуцIияда гъорлъ рукIунилан, батIаго тIалъиялде хIапдезе къваригIарал чагIи гуро ниж. ХIапдезе ккани, гьелдаса бигьаяб жо гьечIо. Нижее бокьун буго тIалъиялдаги халкъалдаги гьоркьоб гара-чIвари гьабизе, гIадамазул гIумру бигьалъиялъе ругел нухал тIадчагIазда рихьизаризе.


- ТIалъиялъе къваригIун бугебищ гьеб?


- Буго. Гьезиего гIадин нилъеегоги къваригIине ккола гьеб – цебетIей. Цогидал регионазда гIадин церехун ине бокьун батани, сверухълъиялдехун бугеб бербалагьи тIубан хисизабизе ккола нилъеца. Масала, ришватчилъиялдехун, бизнесалдехун… Гьединлъидал мэр вищиялдехун бугеб пикруги хисизабизе ккола. Альтернативаго гьечIел рищиял гуро гьел. Байбихьуда букIун батаниги, гьанже гьечIо гьеб гьедин. Гьенире кандидатураби лъурал 40-явго чиги гьедигIан тIаса-масагоял чагIи гуро. Гьезда нахъаги чагIи ратула.

 


«Дун вуго дунго дидаго чIарав чи»

 


- Гьедин батани, мунги Сайгидпаша ГIумахановасул чиян ракIалде ккезе рес бугодай, цо заманалда Хасавюрталда ЖКХялъул нухмалъулевлъунги хIалтIулев вукIиндал?


- ГьечIо. Сайгидпаша ГIумахановасдехун дир гIезегIан лъикIаб бербалагьи буго. Амма дун вуго дунго дидаго чIарав чи. Цо заманалда республикаялда иш данде билълъунеб гьечIолъи бихьидал, лъидасанниги кумекги гьаричIого, ун къватIивегун, дицаго гьабуна магIишатги.

Республикаялда машгьураб тухумги буго нижер. Масала, дир имгIал МухIамад Юсупов вукIана МахIачхъалаялъул горисполкомалъул бетIерлъун. Гьесда цадахъ лъугьун нижер инсуцаги дагьаб хIалтIи гьабичIо республикаялдаса гIебеде. Гьединлъидал жакъа дунги дирго хасаб нухккун ине ккола.


- Нагагьлъун мэрлъун Салман Дадаевги вищун, администрациялда лъикIаб хъулухъ кьолеб бугони, инкар гьабилебищ дуца?


- Ургъила. ЦохIо дун гуревха, нижер тIолабго багъа-бачариялъул чагIигун цадахъ. Мэрлъиялде документал кьелалде цебеги гьезулгун гIакълу дандбан букIана дица. Нижеца хIисабалде росила киналго рахъалги, лъида цадахъ хIалтIизе кколев вугевалиги. Гьединго ургъила гьанив «Дагестан единый» абулеб багъа-бачариялда гъорлъ вукIунищ дидаса цIикIкIун пайда букIинеб гIадамазе, яги мэриялде унищали.

  

  

  

 


Автор: Гара-чIвари гьабуна Зульфия ХIажиевалъ.

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook