Авторизация

Хубаразул абиял ва кепал лъугьа-бахъинал


 


СалихIица жергъен гIадин рекъезабе. Бахтуница тIокъо гIадин бацIцIадго, берцин гьабе.


Гьел абиязул буго гьадинаб хIакъикъат. Хубарал рукIун руго щибниги жоялъул гIемерго ургъел гьабуларел, ихтилат-кеп хириял гIадамал.

СалихI абулев чияс цIакъ лъикI кьурдулев чиясда рекъезабун кьабулеб букIун буго жергъен-къали. Гьединлъидал ихтилат-кепалъе гIолохъаби щибаб сордоялъ СалихIихъе гьоболлъухъ щолел рукIун руго. Гьес къали кьабун, гIолохъаби кьурдун, рукъалъул тIокъодул (рагъидул) чIабар бухъ-бухъун, пасат гьабулеб букIун буго.

Радалалде, лъиданиги бихьилалде, СалихIил чIужу Бахтуница бохьун, жужан, щибго ккечIеб гIадин къачIалеб букIун буго чIабар.



Батайица бурутI гIадин хьихьун руго 

 

Хубаралдаса Батай абун цIар бугев мискинчиясе (Нурасул ПирахIмайил вац) садакъа гьабун кьун букIун буго бурутI.

Эсги чолода бухьун тун, ракIалде щвараб мехалъ гурони хер бачIого, лъим кьечIого тун букIиналъ, гIемер заманго иналде хун буго бурутI.

Бичча-бихъан тараб рукъ-азбаралде, гIи-боцIуде, тIалаб-агъаз гьабичIого тарал лъималазде гьедин абула хубараз.


Салахан, Салаханил буго хасият, Салаханин кколарищ, Салаханас гIадин буго гIумру гьабулеб


КIвахIалав, вега-вахъун, сундулниги ургъел гьабуларев чиясда гьедин абула хубараз.

Биценалда рекъон, цебе заманалда НахъбакIалъул мугIрузул цо бутIа букIун буго Сала абурав чиясул кверщаликь.

ГIи-боцIи гIемерал бетIергьабазухъе ижараялъе мегIерги кьун, щвараб жоги кван-гьекъон, вега-вахъун, эркенаб гIумруялда вукIун вуго гьев. Гьенисан бачIараб буго СаламегIерги, Салатау абураб цIарги, тIадехун рехсарал абиялги.


БатIалъи батичIони, Согохъ Ажабика хисе


Нурасул ПирахIма, цIадаб лъезе цIулги лъугIун, ун вуго кIудияб рохь абулеб бакIалде цIул къотIизе.

Гьеб букIун буго рагъда хадусеб, Сталинил заман - рохьил билет гьечIого, цо гIер къотIарав чиясе туснахъ къотIулеб гIадат букIун буго.

ПирахIма цо кIудияб гъотIол гIаркьалабиги къотIун, гьакида гьелги лъун вачIинаго, дандеккун вуго рохьихъан – Гетма-Хасай.

Дуца лесонарушение гьабун бугилан, гьесда тIад акт хъвазе лъугьун вуго дов. ГьабичIин, гъветIги къотIичIин тIирун чIун вуго ав. Батани, бихьизабейин цониги хIехь. ЦIул кисахайин гьикъидал, гIаркьалаби ругин, гьел къотIизе гьукъунги гьечIин жаваб кьун буго Нурасулас. Эзул батIалъи щибан чIун вуго рохьихъан. БатIалъи гьечIеб батани, дир Сого дуегоги ячейин, дурго Ажабика диеги кьеян, оцаза цIалги кьабун нахъе ун вуго ПирахIма.


Сого йикIун йиго сурукъай, якIа-яхаричIей гIадан. Ажабикайин абуни берцинай, росулъго цIар бугей, яцIцIадай, амма лъимер лъугьунарей гIадан йикIун йиго. 

 

ВачIунелъул бубудулев, унелъул двардадулев пударухъанасда релълъуна.

 

Дунго дунан, гьурал гIемерав, гIамал кIудияв чиясда абулел рагIаби.


Гьелъул хIакъикъат буго гьадинаб. Гьанжеялдаса нусгоялдасаги цIикIкIун соналъ цебе, хубаразул ва цогидалги салатавиязул росулъе хьвадулел рукIун руго жидеего бетIербахъиялъе жо балагьизе, палугьаби, кочIохъаби, речIчIухъаби ва цогидабги пагьму-гьунар бугел гIадамал.


Цо къоялъ кIиго-лъабго чи, тIад гьир бугеб хIамаги хадуб цIан рачIун руго Хубаралде. ГодекIанир рукIарал гIадамазде аскIоре  щолаго гьезул цояв эхе-эехеде кIанцIон, пенщон, бубудун, ццулъараб оцода релълъараб гIамалкIодолъи гьабизе лъугьун вуго. Салам-каламалдаса хадуб росуцояз гьикъун буго, нужер мурад щиб, щай гьадигIан хIал щун бугеб нужер гьалмагъасдеян? Гьезги жаваб гьабун буго гьав вугин тIадмагIаруллъиялда ва хьиндаллъиялда гугарун данде чи вазе течIев, оц-басигицин гIодоб тIамурав цIар арав речIчIухъан. Гьениса щвараб давла бугин хIамида тIад къан, гьанисаги гьебго давал щвезе ракIалда бугин жидедаян.

Дагьал хIинкъарал гIадин лъугьарал хубараз хIукму гьабун буго гьадинав къуватав речIчIухъанасда данде КIудияв МухIу виччан лъикIилан. Цо гIолохъанчи витIун вуго, МухIу рокъов вугищан балагьизе аян. Гьев хеккого тIадвуссун вачIиндал, щиб ккараб, МухIу рокъов ватичIогойищилан годекIанир рукIараз гьикъидал, гIолохъанчияс абун буго, дун рукъалъул кIалтIе щведал рохьоса вачIинев ватанин МухIу, кIиго лъабго чиясдацин борхизе кIолареб гIадаб, цо бицатаб чIалуги  гъежда лъун. Дица нужер тIадкъай бицарабго, гьабсагIат цо рокъовеги щун, дагьа-макъаб жоги чIамун, хадув гъелилан абунин МухIуца.


Кингоги МухIу вачIине кватIидал, гьечIевищха нужер гьанив дида данде вахъине кIолев чи, ватичIони, дие кколеб давла кьейилан, дагьавги цIакъ пенщезе, бубудизе лъугьун вуго дов тIадмагIарулав. Валлагь, ишго хвезехъин бугин нилъерилан, нахъойги витIун вуго МухIуда хадув гьез чи. Гьесда МухIу ватун вуго, цо сахI жанибе унеб бетараб рахьдал цIураб хумаги, кIиго мучариги цебе лъун, кваналев.

Нахъойги дуда хадув витIанин  дунилан бициндал, цо кIалдиб регьел баккизабулев вукIанин дунилан, бащдаб хума цIураб бетараб рахьги, цадахъ мучариги къулчIун балагьизабун, гьанже рилълъаян, годекIанире къокъун руго. Гьенире щваралго, МухIуца  гьикъун буго, киб бугеб доб бубудулеб бугъаян. Жив вугин цеве кIанцIун вуго, гьабил кали гIадав вицатав, къолол мащу гIадав халатав цо залим. РечIчIилалде цебе гьоркьоб балеб жоялда цIар чIвайин дуцаян чIухIун кIалъан вуго дов тIадмагIарулав. ГIемер жого къваригIинарин, гьеб хIамаги, гьелда тIад бугеб гьирги гIелин жиндиеян жаваб кьун буго МухIуца. Разилъун, квер бегьанила дандияс.


МухIуца гIемер ургъичIого, бегьараб квералъ рачелгун, чохьол тIомги бугъил гIадал чIахIиял квераз къан ккун, кодовеги ворхун гIодов кьабурав дандиясул гучаб гьури борчIун ккун буго. Гьеб рагIарал, гьесул кIиявго гьалмагъги кьурун тIад руссун ун руго. ХIалихъе тIадеги вахъун, рекъдилаго пударухъанги гьезда хадув чилун вуго.

ХIамаги цебе къотIун МухIуги рокъове ун вуго.


Иха чи хваниги, ЦIобокьа Ацил гIайиб

 

Аци - ЦIобокь росулъ вукIарав жамагIатчи, советалъул председатель.

Араб гIасруялъул 30-40 соназда колхозал гIуцIулел, ракьал рахъулеб, кулаказда хадур лъугьараб заманалда гIемераб гIакъуба бихьулеб букIана колхозалъул, советалъул ва парторганизациялъул нухмалъулезда, хасго рухIанияб агьлуги дандечIун букIана гьезда.

Росулъ кинаб букIаниги гьекъел, мехтел, рагъ-кьал ва чIвай-хъвей кканиги, райисполкомалъ тамихI гьабун, хIалтIудаса рахъун, хъулухъчагIазе гIемераб гIакъуба кьолеб букIун буго.


Гьебго заманалда ЦIобокь росдал советалъул председательлъун вукIун вуго Аци. Гьезда гъорлъе унеб букIун буго Иха росуги, гьел Акташ-гIавухъалъе I944 соналъ гочинарилалде.


Райисполкомалъул данделъиялда рукIаго, Иха росулъа цо чи кьурса гъоркье кIанцIун хун вугилан хабар бачIун буго. Гьеб сабаблъун Ацие выговор кьун буго.

Данделъиялда вукIарав, Хубар росдал советалъул председатель Салал МухIамадида гьикъун буго гьениса вуссаравго, батIияб цIияб хабар щибин бугеб Дилималда? Валлагь, вацин, жаваб кьун буго МухIамадица, батIияб цIияб хабар гьечIин, амма Иха чи хваниги ЦIобокьа Ацил гIайиб гьеб букIин хIакъаб бугилан.


Автор: ГIабдуразакъ ХIусенов, Казбек мухъалъул Хубар росу

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook