Авторизация

НекIсияб Журмуталда «гардан чIвай», гьенгеруял (рекъал) ва гвеш къачарал (хохорал)





Журмуталда халатал хасалил сардаз гьабизе жо тIагIарал чагIаз рекIелгъелъе кеп-гIоркьалъе ургъарал цо-цо гIадатал рукIана. Гьединал гIадатаздасан цояблъун ккола «гвеш къачарал» (абуледухъ литературияб мацIалде буссинабуни – квеш къачIарал) – хохорал магIнаялда. Щибаб росулъ гьеб гIадаталъул жиде-жидер хаслъаби руго. Нижер росулъ хасалил сардаз рокъо-рокъоре рачIунел ратани, Къамилухъ ва Гъенеколоб гьез бертабалъ гIадамазе рекIелгъей гьабула. Гьурмада маскагун ва хасаб ретIелгун гьел бахIаразда цадахъ рахъуна кьурдул горсверуде. ЦIарги буго гьениб гьезда батIияб - «гьенгеруял» – рекъал абураб магIна батилин ккола.


- Дида гьезул магIнаго батилин кколаро, гьадинго ракI гъоларел чагIаз ургъарал жал ратила…, - ян абуна дица инсуда, кинаб букIаниги хабар гьес бицинародаян.

- Гьадинго щибниги букIунаро. ГIадатазул магIна букIинчIебани, наслабаз наслабахъе кьун, гьел нилъехъе щолароан. Батула гьениб цо нилъ хадур гIунтIулареб бахчараб магIна. Гьеб балагьи буго этнографазулги историказулги хIалтIи. Нилъер, гъоркьилял Журмуталъул росабалъги букIана гьеб гIадат, рахъунаан нилъер гвеш къачарал бахIаралгун кьурдизе. Нилъераз гьанже тун бугоха, Къамилухъ жеги цIунун буго, - ян абуна инсуца ва хадубго цун: - Мун Гъенеколоб яги Къамилухъ берталъ вукIанищ? - илан цIехана.


Гардан чIвай


- Къамилухъ вукIана цо нухалъ. Дида гьениб «гардан чIвай» (хонжроца гьанал кусок къотIулеб) гIадат бихьана, - ян жаваб кьуна дица. Ва гьеб ракIалдещвеязул сураталъ чанго гIасруялъул гъварилъуде, некIо заманалде вачун вукIана дун тIоцебе Къамилухъ гардан чIвай бихьарабго.


Зурма-къолол гьаракь. БахIарасул рахъалдаса цо залимав чи вачIана цеве гъежда кIудияб куялъул къулагIиги лъун. Гьеб букIуна бахIаралъул рахъалдаса рачIарал чагIазе сайгъат. БахIаралъул рахъалдаса бищунго къуватав гIолохъанчияс цо кьабараб ханжаралъ гьеб къулагIиялъул лагъигьодидаса цебехун хутIараб габуралъул рахъ тIезабизе кколаан.

Гьеб кинабго унеб букIана гIадаталда рекъон бачунеб зурма-къолол бакъаналда гъоркь. ГIезегIан махщел, къуват ва сихIирлъи хIалтIизабизе ккола букIине кколеб къагIидаялъ гьеб габур тIезабизе ккани. ГьитIинабниги гъалатI  къулагIи ккурав чиясул ккани къотIун уна габуралъул рахъалдаса гьан, гьеб буго бахIарасул рахъ къураб ва бахIаралъул рахъалдаса рачIараз тIалаб гьарурал шартIал тIуразе ккей, гьезие хIурмат гьабизе тIамулеб къагIида. КъулагIи кквезе ва ханжар кьабулев гуккизе махщел бугев чи бахIарасул рахъалдаса ккани тIубан къотIичIого хутIула. Гьеб буго бахIарсул рахъ бергьиналъул гIаламат. РекIелгъеялъе ва ихтилат-кепалъе ургъараб жо гьабулаго, мурадалде щвечIеб рахъалда щай гьеб гьедигIан цIакъ квеш букIунебали бицине къамилухъезда лъачIо. Кьабулесул масъала буго цо ханжар кьабун габур тIезаби, къулагIи ккурасул масъала буго, кьабулаго гIодобе биччан, кодобе босун, щиб гьабунги кьаби тамах гьабун, гьеб тIечIого хутIи.


КъулагIидул габур бахIаралъул чагIаз тIезабуни, бахIарасул чагIазда гьеб кутакалда квеш букIуна ва гьезде рагIад рехула. БахIаралъул чагIазе гьез тIадегIанаб адаб-хIурматги гьабизе ккола ва бертин лъугIизегIан гьезул гогьдариги, мекъдариги, барщариги, назназдиги хIехьон, гьезие бокьанщинаб гьабизе ккола.


Дун вукIарав берталъ бахIарай ЛъаратIа, райцентралдаса ячун йикIана Къамилухъе. БахIаралъул чагIазда тIоцебе бихьулеб букIана гьеб гIадат ва гарбал тIезариялъул хIалбихьиги букIинчIо гьезул.


Бергьарал къамилухъел баччун къулагIигун кIанцIана горсверуде кьурдизе. Гьеб букIана балагьарал гIажаиблъизарулеб сурат. МоцIрол канлъухъе къалъараб сверухълъи, ракарал цIаял, жанибе тIубанго къулагIи рехулел, кIудиял лахIчIегIерал росдал хьагал, махщалида белъараб гьанаде цIам щвалев богогьан... ЦIаялгун хьагаздаса рикIкIада гьечIого къолохъан ва зурмихъан. Рорхатал васазулги чергесал ясазулги некIсияб, Журмуталда гуреб цойгидаб бакIалда лъиданиги бихьизе рес гьечIеб, умумузул кьурди...


Басрияб росдал къваридал къватIал чIван сардилъ берталъа гьоболасул рокъове вачIунев вукIана дун. Гвангъараб моцIроца бакъуца гIадин къалъизабун букIана къватIазул цояб рахъ. РагIад рехараб рахъалда цIакъ бецIго букIана. Къамилухъ росу буго кIиго гIор жубалеб бакIалда. ГIурул сасалъги рикIкIадасан рагIулеб зурма-къолол гьаракьалъги тIабигIаталъул ва гIумрудул гIажаибаб орекстр лъугьинабун букIана. Гьеб цIакъ цоцалъ рекъон берцингоги букIана.


Дица гIемераб пикру гьабуна гьадаб «гардан чIвай» (габур тIезаби) гIадаталда тIад. Щиб магIна гьадалъул букIине кколеб? Лъица ва щиб мурадгун ургъараб? Къуразда щай доб додигIан квеш букIунеб? ГIемерал суалал хутIана…


- ХIинкъи бугеб пишаха доб. Хасго гьекъонги ругони... ГIадлу гьечIеб гIадамазул руккел, бакьулъ кодоб ханжаргун чи. КъулагIи ккурасул квералда яги хIатIида ханжар щварал лъугьа-бахъиналги рукIана гIезегIан, - ин бицунеб букIана чанго соналъ гIолохъанаб мехалда Къамилухъ школалъул директорлъун хIалтIун вукIарав инсуца.


- Щиб магIнаха гьелъул букIине кколеб? - илан гьикъана дица цо кинаб букIангиги жаваб щвелародаян.


- РачIаха ургъизе. БахIарасул чагIаз бачIунеб буго цо кьабараб ханжаралъ кинго габур тIезабун бажаруларебгIан кIудияб куй. Гьелъ бахIаралъул чагIазда бицунеб буго бахIарасул рахъ рес бугел бечедал чагIи рукIин. БахIаралъул чагIаз гьеб габур тIезабуни – гьелъги абулеб буго, нижги гьадингоял чагIи гурин, бахIарай бахIарчилъи-къуват ва къадру-къимат бугеб тухумалъул яс йигин. Дида гьедин бичIчIулеб буго, батIияб магIнаги батизе бегьула - ян абулеб буго инсуца. Гьедин батизеги бегьула, батичIого букIине бегьулаян пикрабалъ вуго дунги.


Гвеш къачарал ва гьенгеруял


РачIа гьанже нилъ тIадруссине дол «гвеш къачаразде» (хохоразде) яги «гьенгеруял» рекъазде.

Кинаб магIнаха гьезулги букIинеб. ГIицIго рекIелгIеялъе ургъараб жо букIин гурони. Журмуталъул гъоркьияб рахъалда хасало гьел «гвеш къачарал» изну цIехечIого гьоболлъухъ рачIине бегьула бокьарав чиясухъе. Гьурмада маскаги ххурал, тIад цо магъакь-кIачарги ретIарал бихьинчиги чIужугIаданги гьезда цадахъ гIолохъабазул къокъаги. Гьез рокъоре жаниреги рачIун байбихьула гIадамазул рекIелгъеялъе жал гьарире. Гьел лъугьуна кьурдизе, ишарабаздалъул цо киналалиго жал рихьизаризе, чIужу жуяла рос вухизе… МагIарулазе гьелъул цIакъ кеп букIуна. Гьанже заманаялъ, гьединаб жо гIумруялдаги букIине бегьулеб мехалъ, кеп щвечIого букIинеги бегьула. Амма доб мехалъ кеп щолеб букIана. Дол гаргадуларо, гьаркьидалъун маскаялда нахъа щал ругелали лъазе рес бугелъул. АхIичIого рачIарал гьалбал нухарегIизелъун, рукъалъул хважаинас гьезие бакъвараб гьан, гIаракъидул шиша ва цойги щиб букIанги жоги кьун къватIире лъугьинаризе хIаракат бахъула.


Хадусеб къоялъ рокъобги, къватибги, годекIанибги бицунеб букIуна гьел «гвеш къачаразул» ва киназего лъазе бокьун букIуна аслияб суалалъе жаваб – щал гьел рукIарал? Бищунго лъикIал махщалилал артисталлъун рикIкIуна щалали лъазе кIвачIел «гвеш къачарал».

Къамилухъезул берталъ гьенгеруял (маска ххурал рекъал) раккун рачIуна бахIарал кьурдизе рахъинаригун. Лъицаниги дагьаб багьаялъул гъурущ бахIаралде рехани, гьеб рехарасул къарумлъиялда тIад релъизарула


Цо рекъас гьеб гъурщил гIаг ккола ракьалдаго, добаса доб тIезабизе, кодобе босизе лъугьуна цогияв рекъав, кIоларо. Гьес ишанал гьарун жамагIат ахIулеб букIуна кумекалъе гьадигIан бакIаб цIайиялъул гъурущ кодобе босизе, живго гьеб бахIаралде рехаравги ахIула гьедигIан «бакIаб цIаялъул» гъурущ борхизе. Гьаниб гьаб гIадаталъул чIван-къотIараб магIна буго - къарумлъиялда тIад релъи ва гьеб къватIибе чIвазаби.


Гьеб киналъулго жеги цIех-рех гьабун гьечIо. Гьелдаго цадахъ, магIарухъ некIсиял росаби чIороголъулел руго, гIадамал бигьаяб гIумруялда хадуб гIатIиракьалде шагьаразде рахъунел руго. Щибаб росдал, щибаб жамагIаталъул хаслъабиги кIочон, киналго цоцазда релълъунел руго. ГIуна магIарулазул тIубараб гIел, рихьизеяли кисса гьединал гIадатал рихьулел, рагIизецин рагIичIел. КIиабилеб гIел гIун бачIунеб буго, жидерго эбел-инсудаги щибго бихьичIел.


Дунги эменги руго МахIачхъалаялда Каспий ралъдал рагIалдаги рукIун мугIрузухъги, росдахъги, росдал гIадамазухъги, гIадатазухъги чIалгIун. Гьединлъидал зама-заманалдасан харбазулъ ва ракIалдещвеязулъ ниж гьенире щола. Буссунареб чIалгIен, росдал гIумруялъул ва гIадамазул хIакъалъулъ харбал, дир лъимерлъиялъул ракIалдещвеял, инсул кинабго жиндирго гIумру доба тIамураб...

Зама-заманалдасан нижер харбилъе жувала дир I2 сон барав васги, жинда ричIчIизаризе захIматал суалалгун. РичIчIизаруларо дицаги. Бицун бичIчIуларо. БичIчIунги щай гьебилан ккола цо-цо мехалда.





Автор: МухIамад БисавгIалиев

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook