Авторизация

Нилъер заманалъул шагьидзаби

   Гьаб макъала буго Къурамух1аммад шагьидлъун лъаг1ел араб мехалда хъван бук1араб. Долдаса нахъе киг1ан сонал аниги гьал церехъаби нилъгун руго. Аллагьас киназего гьезул шапаг1ат щвезабеги. 

 

Нилъер заманаялъул шагьидзаби

2008 абилеб соналъул август моцIалда анцIго сон тIубалеб буго Дагъистаналъул муфтий СайидмухIаммад-хIажи   нилъедаса ватIалъаралдаса. Гьесул гIумру букIана гвангъараб, пирхараб пири гIадаб хехаб ва сверухъ ругезе жиндаса  пайда ва баракат гурони букIунареб.  КIиго сон гIун букIинчIо гьев Дагъистаналъул бусурбабазул бетIерлъун вищун. Амма, гьеб заманги гIураб букIун буго динияв хIаракатчиясул цIар, имамзабазул, дибирзабазул къадру борхизабизе. Гьесда кIвана рухIияв чи абураб цIаралъе букIине кколеб хIалалъ къимат кьезабизе ва Дагъистана-лъул гIалимзабазул пикру тIолго Россиялда ва гьеб тун къватIибехун рагIизабизе...

  Гьединго лъагIел бана бергьарав гIалим, исламалъул чIухIи КъурамухIаммад-хIажи  ватIалъаралдаса.

Гьев кIиясулго дунялалдаса нахъе ин релълъараб ккана, кIиясдаго цадахъ къадаралде щвана вацалги, кIиявго рузман къоялъ (цояв рогьалилъ цояв бакъанида) рукъана.

КIиявго цIакъ цоцазе хириял гьудулзаби­лъунги рукIана. ГIицIго цоясул гIумру ичIго соналъ халатаб батана. КIиясулго цIар рехсолаго нилъеца тIаде жубала рахIимагьуллагь абун. Нилъ киназулго нугIлъиги буго, гьев кIиявго гьайбатав инсан исламалъе гIоло гIумру кьурал шагьидзаби рукIиналъе.

КъурамухIаммад-хIажи чIваялъул хабар гIажаибго вахIшияблъун рагIана бусурбабазда. ГIалим, хатIиб, имам, мугIалим – жиндир тIамулебщинаб гали, гьабулебщинаб  калам, хъвалебщинаб хIарп  исламалъе гIоло, гIелму цебетIеялъе гIоло бугев чи чIвазе квер борхараб халкъ кигIан талихI къараб къавмлъунха букIине кколеб?

СайидмухIаммад-хIажиясда лъалеб бу­кIана кинаб гIелму кодосев чи Къураму­хIаммад-хIажи вугевали. Живго муфтийлъун тIамидал гьес гьев вачана  динияб идараялде Къануназул отделалъул нухмалъулевлъун хIалтIизе. ХIукуматалдаса динги батIа гьабураб, жамгIиятги жагьилаб, анцI-анцI соназ диналъул бицинегицин толеб букIинчIеб  пачалихъалда шаргIалъул хIукмаби кьезе бигьаяб иш гуреблъи лъала нилъеда. КIвараб хIалалъ гьеб иш цебе бачунаго гIемерал захIмалъаби дандчIвана кIиявго гьудуласда. КъурамухIаммадица аслияб кIвар буссинабуна исламияб лъай борхизабиялде, гIун бачIунеб гIелалъе, чIахIиязе, руччабазе гьелъул баян кьеялде. МутагIилзабазеги цо къоялъ дарс кьей гьоркьоб къотIизе течIо. Киб данделъи бугониги, щиб мажлис бугониги гьес хIаракат бахъана вагIза-насихIатгун цеве вахъине, гIелмуялъул хиралъи, гьелъул баракат баян гьабизе. Хасго кIудияб кIвар кьолаан газет-журналазда рахъулел макъалабазде, радио телевизораздасан цере рахъине ккеялде.

Гьединан кIвараб къо баччун хIалтIана КъурамухIаммад-хIажи, ва заманго инелде тIолго Дагъистаналда  шаргIиял суалазул рахъалъ муфтиясул тIоцевесев кумекчилъун лъугьана. Гьеб хIалтIуе КъурамухIаммад-хIажияс кьуна анцIгоялдасаги цIикIкIун сон.

Дагъистаналда цониги росу батиларин абизе бегьила гьев дагIваталъе, маслихIаталъе жаниве щвечIеб. Киве щваниги гьес исламалъул нух малъулаан.  Гьеб букIун бугоха исламалъул тушбабазе бищун кIудияб квалквал. Эзие щайха диналъулъги дунялалъулъги бичIчIи бугел гIадамал. Гьеб бичIчIи кьолел чагIи цереса рачун гъобго жагьилаб халкъ бугони, бигьа букIинарищха жидерго хъубал ишал тIуразаризе.

Кин бугониги, гьез дуниял  тей Аллагьасул* хIукму-къадар буго. Бищунго багьа тIадегIанаб жо буго гьез умматалъе нахъе тараб ирс. Гьеб буго тIоцебесеб иргаялда гIалимзаби, щивав бусурманчиясе чара гьечIого хIажатал тIахьал, вагIзаби, жакъаги нилъеца пайда босулел, гьезул жигаралдалъун рагьарал мажгит, мадрасаби, нилъер ракIазулъ щула гьабураб  диналъул вацасдехун букIине кколеб гьудуллъи…

АнцIго сон. Доб августалда нилъеда кколаан бищун вахIшияб иш лъугьанин абун. Амма, жеги нахъа рукIун ругел вахIшилъабаз жеги-жеги гIажаиблъизаруна. Гъоб мехалъ нилъеда лъалароан  АнсалтIа, РахатIа, Шодрода, ТIандо, Гъизляр, Каспийск, Буйнакск, Карамахьи ва гIемерал, цохIого цо цIарал ресханиги рагъги, балагьги, биги  цере тIамулел бакIал. КигIан захIмалъабиха нилъеда цере рукIун ругел, кигIан биги магIуги гIодобе тIураб, чан эбелалъул ракI унтараб, угьи рагIараб гьал мугIрузда долдаса нахъе. Гьеб кинабго ккезе рес бугеблъи бихьун, гIалимзабаз ахIи балеб букIана тIадчагIазде, закон кодосезде, амма, пайда щибха, гьезда гIалимзабазул ахIи рагIичIо. Гьеб букIана СайидмухIаммад-хIажиясги бищунго жиндир хIалтIулъ кIвар буссинабураб рахъ. Гьес абулеб букIана къватIисел пачалихъаздасан Дагъистаналде гIелму бачIине гьечIин, питна гурого абун.

Мадугьалихъ ругел Чачаназулгун Азер­­­байжаналъулгун лъикIал гьоркьорлъаби гьаруна, Югалъул Дагъистаналда дагIваталъе хIалтIана. Диниял хIаракатчагIаз бергьун кIудияб хIалтIи гьабуна, гьабсагIат гьабулебги буго ислам тIибитIизабиялда цадахъго рекъел, маслихIат букIинабизе, миллатазда, жамагIатазда гьоркьоб рагIи­­дандеккунгутIи лъугIизабизе. Гьез хIукуматалъул хIалтIухъабаз гIадин гьанибго отчет гьабун толаро, добе битIула цебе-цебе, хIакъикъияб жаза хIадурун букIунеб бакIалде. Гьаниб гьелъухъ мухь, хъулухъ цIар тIалаб гьабуларо, гIицIго ТIадегIанав Аллагьасе гIоло хIалтIула. Гьеле гьединал гIалимзабаздалъун эхетун буго гьаб дуниялго.

Цадахъ хIалтIарав, гIумру тIамурав чиясул хIакъалъулъ асар гьабиледухъ бицунеб мехалъ бичIчIула дов гьелъие мустахIикъав вукIаравлъи. Гьаниб гьереси ва рихьдае хIалел жалги  рукIунаро. Ургъун рахъун щиб-щибниги бицине лъицаго тIамун гьечIелъул.

КъурамухIаммад-хIажиясул ирсалъул бицунаго цохIого цо гьес хIадур гьарурал тIахьазул сияхIги гIела: «Авараг ва гьесул ункъо асхIаб», «Как – бусурманчиясул налъи», «Иман», «Ислам», «ИхIсан», «КIал кквей – исламалъул ункъабилеб рукну», «ХIеж-исламалъул щуабилеб рукну», «Суннатал каказул баян», «Къурбан ва гIакъикъат», «Агьлу суннаталдаги вагьабияздаги гьоркьоб бугеб батIалъи», «Бакъул анкьго чIор», «Адабал», «КъурамухIаммад-хIажиясул вагIзаби» кIиго бутIа ва цоги гIемерал гIисинал тIахьал. Гьел киналго къватIире риччан руго магIарул ва гIурус мацIазда, цо-цоял батIияб миллаталъул мацIаздеги руссинарун руго. ГIемерал соназ гьес гьоркьоса къотIизе течIого «Ассалам» газеталда жиндирго хасаб гьумер бачана. Гьаниб бахъулеб буго гьес хIадур гьабун букIараб «ЛъикIал ва квешал гIамалал» абураб кIудияб хIалтIи.

КъватIире рахъинчIел хIалтIаби жеги цIикIкIун ратана: «Хвел-хобалда хурхарал хIукмаби», «Руччабазда хасал хIукмаби», «Лъалищ дуда мухIканго как базе», «КIудиял мунагьал», «ТIарикъат», «Къуръаналъул таржама гьабиялъул хIукму», «ВагIзаби». КIудияб кIвар кьолеб букIана гьес тIахьал риччаялде, газетазде. Гьаб кинавго чи магIишаталда тIадчIараб заманалда мадрасабазде ун цIализе щвечIезе гIураб гIелму хIадурана нилъер гIалимзабаз. ГьабичIого хутIараб нахъа бачIина, иншаАллагь. Гьал киналго тIахьал руго КъурамухIаммад-хIажияс рокъор яги гIодоркъояз хъварал. Кинаб бугониги мажлисалде унаго нухда цIализе, битIизабизе хъвай-хъвагIай цадахъ босулаан. Жинцаго хъвараб, щиб бугониги, Идараялъул экспертияб советалде кьолаан, ва жиндир  абун течIого мухIкан гьабун цIалеян гьарулаан.

Жиндие Аллагьас  кьураб заманая­лъул къимат цIакъ гьабулев чи вукIана гьев. Дица гьесул чанги тIехь гIурус мацIалде буссинабуна. Ва щибаб тIехь лъугIидал гьеб магIарулалда данде кквезе гIодор чIолаан. Гьелъиеги заман батулаан радал анкьго тIубаралдаса ичIгоялда бащдаб хIалтIизегIан, ай хIалтIуде инегIан. Щибаб хIукму, щибаб предложение тIадчIун борца-къотIун биччалаан гьес. Гьелъие гIиллаги букIана тукабазда цIакъ гIемер шаргIалдаса рикIкIадал чагIаз риччарал тIахьал рукIун, гьелъ гIадамазул ракIазулъ батIи-батIиял рикьалаби лъугьунел рукIун, бицунеб жо мухIкан гьабун бицине ккей. Гьеб гIунги тIокIаб мисал буго тIахьазда тIад хIалтIулезе.

СайидмухIаммад-хIажиясулги КъурамухIаммад-хIажиясулги букIана унго-унгояб, Тlадегlанав  Аллагьасе гIоло  бугеб гьудуллъи. Гьел цоцазе рокьана жидее Аллагь вокьиялдалъун. Ислам тIибитIизабизе бугеб гъираги Аллагьасукьа хIинкъиги, хьулги цолъараб гIумру  тIамуна гьез ва цояс цояв камил гьавулаан. Гьел руго нилъеда аскIор, нилъер заманалда рукIарал чагIи. Гьел руго унго-унгоял бахIарзал.

СайидмухIаммад-хIажи накълулъаралдаса жеги цIикIкIун къуват кьун хIалтIана КъурамухIаммад-хIажи. Доб мехалде гьесие сордо, къо абурал рагIаби рукIун ратани, долдаса нахъе гьел рукIинчIо. АхIмад-хIажил кваранаб кверлъун лъугьун хIалтIана гьев. Щиб хIалтIи тIадкъаниги гьеб тIубалебги букIана.

Ислам тIибитIизабиялда цадахъ нилъер гIалимзабазда данчIвана цойги масъала, жинца жанисан ислам туризабулеб – вагьабият. ТIоцебе исламалъе эркенлъи щваралдаса нахъе бищунго гIемер гьеб унтул заралалъул бицунев чи ккана КъурамухIаммад-хIажи.

Динияб идараялъул гIалимзаби цолъана ва муфтиясда нахърилълъун  вагьабият щиб кколебали бичIчIизабизе цере рахъана. Бищунго хIалтIуе цебетIейги гьелъул баракатги тIадчиясда нахъвилълъиналъулъ ва гьесие мутIигIлъиялъулъ бугин абулаан гьес. Гьев тIадчи Аллагьас* ислам цебе бачине кьуравлъун ватиялъулъ кIудияб талихI буго. Гьединав ватана АхIмад-хIажиги.

ГIалимзабаз абухъе ислам цебетIолеб буго ва къо бахъанагIан къуватлъизеги буго имам Магьди вахъинегIан. Гьадинаб бугоха нилъер гIумру. Исламалъул тушбабазе къо бахъанагIан захIматаб гурого бигьаяб жо букIинаро иншаАллагь.

Аллагьасде  хьулги буго шагьидзабазул шафагIат щолеллъунгIаги нилъ киналго гьарилилан ва  Къиямасеб къоялъ Расуласул (г1.с.с.) байрахъалда гъоркь дандеги гьариялде.


Автор: Мух1амадрасул Г1умаров

Баяналъул кьучI: Казият "Ассалам". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook