Авторизация

Герегун, рег-регун


Къаде какдаса, квандаса  хадуб х1алт1уде нуц1а рагьидал берцинаб кеч1-бакъаналъул сас ч1вана дандего. Нижер ц1ияй х1алт1ухъан йигоан интернеталдасан г1исинккун биччараб бакъназухъе клавищабазда х1арпал рищулей.

– Рисалат, гьаб щиб кеч1?

 - Маг1арулха, интернеталдаса. Г1емеразе бокьулеб кеч1ха гьаб.

Цо дагьаб г1инт1амуна дицагоги. Зани бегараб припев:

..Герегун герегун, рег-регун рег-регун,

Герегун рег-регун тIогьол мугIрузда.

Герегун рег-регун, рег-регун герегун,

Герегун рег-регун кIиялго цадахъ..

 -Рисалат, гьеб кеч1ги,  компютерги, мунги Аварг1улъе!- ян ах1и бана)).

Шагьра ккун, телалъул квараз бачун маг1арухъе бач1араб ч1анда г1урулъе бани г1орги загьрулъила. Умумуз абухъего, нац1ида цин бахъун хъабарча бух1изе бегьилищ?) Месед г1адай нижер х1алт1ухъаналдаги, суперсовременный  компютералдаги бугеб багьана щибха)?  Гьелда т1адеги, гьаракь-бакъаналъухъ г1енеккун гурони жинца раг1абазул маг1наго  гьабич1ин Рисалатги йихха-йикана)).

«Борхатаб» поэзия, «гъваридаб» образ)! Шаг1ирзабаз хъварабдай, коч1охъаналъ ургъарабдай? Ах1улелги лъаларо, хъваралги раг1ич1о. Дида раг1ич1они щиб халкъалъ такрар гьабулеб бугелъул.

Нужеца х1исаб гьабе, 700-800 чи вугеб концерталъул зал «Герегун-рег-регун»  кеч1алъ кверде босараб! Г1ив-г1ав, ч1инкьи-хъат, г1одор ч1аралъурго ясазул кьурди-к1ич1и.. Гьев нус-нус чиги- маг1арул г1олилал, нилъер бук1инесеб, г1исинал лъималазул улбул. Улбузул телефоналда бахъаралъухъги балагьун  «Лег-легун, гелегун»-ин такрар гьабулел, гьанжего гьанже рахьадал мац1алъул раг1аби абулел гьит1ичал! Маг1на босизе рег1ич1ел, пикру гьабизе к1ух1алаб, нилъер к1варгьеч1олъиялъ куцараб наслу((.

Дица бицинаро гьел ц1вакарал «ц1вабзазул» т1огьол бусабазда «рег-регулел» образаз машгьурлъарал «шаг1ирзабазул». Гьезие къимат кьезег1анасеб г1акъиллъи дилълъ гьеч1о. Амма, суалал рижула гьел «гьунарчаг1и» Дагъистаналъул маданияталъул ва адабияталъул цебесеб кьерде росулел х1акимзабаздехун. Сундухъ кьолел жалдай « Дагъистаналъул мустах1икъал, халкъиял» ц1арал? Кинаб роценалъ борцун гьунаргун росулел «шаг1ирзаби» Россиялъул хъвадарухъабазул мухъилъе?!

Культураялъул министерствоян абулеб, Хъвадарухъабазул союзин абулел ц1акъ серьезный кьуч1алда г1уц1ц1арал солидный бак1ал руго нилъер. Рикьулел руго ц1арал, кьолел руго баг1арал книжкаби. Гьунаралъул мах1го гьеч1езеги рагьун буго каву к1удияб сценаялде. Щай, сундухъ?! Судухъали бицинаро, жидедаго лъани г1ела, халкъалъеги гьеб балъголъи гуро. Гьезул кодоре ма, бокьараб ах1е, бокьараб бице, бокьараб ц1але-ян кьолел руго концерталъул залал. Качество, даража кинаб бугониги ургъел бугищ маданиятги адабиятги роц1ц1инабеян хъулухъалги кьун таразе?!

Нужеца копоего, гьал цо «рег-рег» тайпаялъул цониги кеч1 г1урус мац1алде буссинабе лъугьунеб кайфушниказул каламбур бихьизе!))

Мавлид ах1угейин, чи хваралъуб панкъ т1амунги садакъа бикьугейин, рокъор ругел лъималазул расанк1аби рух1ейин, Ц1ияб соналъ гьит1ичазе ёлка лъогейин ваг1за-насих1ат ц1ик1к1араб заман буго гьаб. Гьелда данде даг1ба базеян лъугьарайги дунги гуро. Амма, гьелде ирга щвелалде щивас жиде-жидер мухъаздаса, росулъа «рег-регазда» рек1елъе иман т1инк1улеб гьуинаб хабар бицани  мунагьал гьарулел дагьлъилаан нилъеда гьоркьор.

Аллагь разияб г1амал кьеги.


Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий
Гьанжесел коч1охъабаз щиб ах1улеб,жидерго куч1дуздаа бич1ч1улеб х1ал гьеч1о,щиб ах1аниги кьурдул макъан бугони,элда гъоркь г1оркьилалги ругони,чваххун кьолеб г1арацги бугони эзие,бат1алъи щиб гьезие?


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook