Авторизация

«Дун хIинкъун йикIана Фазул роль хIазе»


ГьанжегIагар МахIачхъалаялда Поэзиялъул Театралда «йихьизаюна» Фазу. 




Чанго батIияб театралдаса актералги гIахьаллъун, гIурус мацIалда лъураб спектакль бугоан гьеб – «Я родилась зимою». ДРялъул искусствабазул мустахIикъай хIаракатчIужу Ариза Батировалъ хъван, режиссерал Изумруд ГIалиевалъгун Карен Мкртычаница сценаялда лъун буго гьеб.  


Ункъоял Авартеатралдасаги рукIана гьенир – Фазул роль хIарай ДРялъул мустахIикъай артистка Майсарат ГIабдулмажидоваги, гьелъул эбеллъун «тун йикIарай» ДРялъул мустахIикъай артистка Сайгибат АхIмадоваги, магIарухъ гьезул йикIарай мадугьалалъул роль хIарай ДРялъул халкъияй артистка Наира ХIабибулаеваги, Фазулгун лъай-хъвай ккун хадуб гIумруялдехун бербалагьи лъикIаб рахъалдехун хисарав гIолохъанчиясул роль хIарав Ибрагьим МуртазагIалиевги. 

БитIараб бицани, гьезул щивасухъ балагьун кколеб букIана гIумруялъ гьеб сценаялда гIурус мацIалда ролал хIарал артистал ругин гьелилан. Щивасда цIакъ рекъонги букIана жинди-жиндир роль. 

Гьезул щивасухъ балагьун, рекIелъе бачIунеб цо батIияб пахрулъиги букIана – гьалейинха, нижер Авартеатралъул актеразул даража, бокьараб бакIалда хIазе бажарулел абун. 


Актерал гурелги, гримершаги Авартеатралдаса йикIанин бицана гьез – Джаннет Умалатова. Гьедин цо-цояз Майсаратие комплименталги гьарулел рукIана, цIакъ лъикIаб грим бугин, кьунсрузда аскIор ругел рукIкIалабицин Фазулалда релълъинарун рихьулел ругилан. 


Аслияб роль Майсаратихъ букIараблъиги хIисабалде босун, ракIалде ккана гьелъулгун гара-чIвари гьабизе (хутIаразда квеш букIинареб батила).  


 


- Фазул роль хIазе дун чанго соналъ цеего хIадуризе байбихьараб гIадаб жо ккана расги лъачIого. Цо соналъ телевидениялда рукIана нижеца, актераз, кучIдул цIалулел. Дие Фазул кечI ккана гьениб рикIкIине. Хадуб МахIачхъалаялда Поэзиялъул Театр букIана рагьулеб. Гьеб мехалдаги дица гьелъулго кечI рикIкIана. Гьелда хадуб цо тадбиралда Дербенталдаги гьебго рикIкIана.

Гьале гьанже дуца Фазул рольги хIазе кколилан чIана дида Поэзиялъул Театралъул директор Елена Гьарунова. Эбгиха гIурус мацIалда. Вуйгь, ан жаваб кьуна дица, киданиги бажариларин дихъа гьеб жо, тIадежоялъе батIияб мацIалда.


- Гьеб гуребги, жийго Фазу йикIинчIищха (мунагьал чурад) цо батIияб дунялалдаса гIадай – сундулъго берцинлъиги жиндирго хаслъиги бугей - гIадан. Гьединлъидал бокьарай актриса хIинкъила гьеб роль тIаде босизе…


- Унха! Ургъун яхъарай героиня йихьизайийищ бигьа бугеб, дунялалда цIар рагIарай, лъиданиги релълъен-хъвай гьечIей Фазу йихьизайизейищ? Сон-церекъадгицин нилъеда гьоркьой йикIарай гьей… Гьелъул лъималги, лъималазул лъималги, цадахъ хIалтIулел рукIаралги, цогидалги – киналго жеги чIаго ругелъул. Унголъунги Фазул букIараб хасияталда данде кквелин гьез сценаялда дир хIайилан рахIатхун йикIана дун. Гьелдаса хIинкъунги йикIана. Гьединлъидал дица гIемер ургъана гьеб образалда тIад. Ариза Батировалъ дихъе дискалги рачIун рукIана Фазу яхъарал. Гьенисан гьелъул гьаркьихъ гIенеккун, хIатIил росиялъухъ, квер кколеб къагIидаялъухъ балагьун  – киналго хал босулей йикIунаан дун. Гьелъ хIасил кьраб къагIидаха, спектаклялдаса хадур гIезегIан чи вачIана дида аскIове баркала кьезе, жидер расул кьалбал эхетун рукIанила Фазуги цее чIун.


- Авартеатралда магIарул мацIалда ролал хIан ругьунлъарай дуе гIурусалъ хIазе захIмат букIинчIищ?


- Гьадинаб жо буго гьениб. Масала, Авартеатралда дида текст къосани, хъата-масан бокьараб магIарул рагIи ургъизе кIолелъул дида, зрителал хадур гъелалде. Гьанибин абуни, гьелъие рес букIинчIо. Щайин абуни, цин сценарий букIана цIакъго кутакалда гIакъилал гIурус рагIабаз тункун цIураб. Гьелда гьоркьоса цониги рагIи къосани, цебетIураб гIурус мацIалъул цо данде кколеб рагIи ургъулейищ йикIиней сценаялда? Дицани Ариза Батировалда абунги букIана дуца Фазул кIалдир лъолел ругин цIакъго щвалде щварал, гIелмиял гIадал рагIаби. ХIакъикъияб гIумрудулъ гьей гьедин кIалъароан гурищилан. КигIан кутакаб махщел букIаниги, магIарухъ гIурал нилъер чагIазул гIурус мацI батIияб даражаялъул букIунелъул.    

Гьелда тIадеги гIезегIан кучIдулги лъазаризе ккана дица гIурус мацIалда.


- Дуца абухъе, Фазуца рокъобги-къватIибги бицунеб гIурус мацI Ариза Батировалъ спектаклялда хъвараб гIадаб букIун батичIониги, гъой йихьизаюлей гIадан Фазу йикIиндал, гьениб батIияб мацI букIинеги бегьулароанин ккола дида.


- БитIарабха! Масала, гьей рекъай йикIараянигицин, спектаклялда гьелъул рекълъи бихьизабизе ихтияр букIинароан. Щайгурелъул Фазулъидал гъой йикIарай! Гьей чара гьечIого берцинги тIадегIанаб даражаялдаги йихьизайизе ккола.



- Дие бищун бокьараб бакI букIана Муса телефоналъ Фазуде кIалъалеб мех. Хваралъуса вахъун вачIанин кколеб букIана гьев. Хасго доб советияб заманалъул телефонги… Цин дида ккана унголъунги живго Мусал гьаракь батилин доб, кидаялиго магнитофоналда букIун, гьоркьосан къотIарабилан… ГIалисултан (ГIалисултан Батиров – Авартеатралъул режиссер) гурищ гъов вукIарав?


- У. Гьев вукIана. Амма Мусалалда цIакъ релълъараб бугин гьезул вас МахIачил гьаракьилан, цин гьесда гьарулеб букIана гьеб роль хIаян (хIалтIуда йигей Фазухъе телефоналъ ахIун бачIунеб Мусал гьаракь). Амма МахIач разилъичIо, жиндир ракI бакъвалеб бугилан.

Диеги бигьаго букIана гьеб бакIалдасан роль хIазе. Щаяли лъаларо. Кутакалда гIодойиччан, йоххуца холаго жаваб кьуна дица гьесие. БитIараб бицани, доб цо Аризаца бачIун букIараб дискалъги кумек гьабуна. Фазухъа интервью босун бугоан гьениб, монтажги гьабичIеб, кинабго гара-чIвариги тIад хъвараб диск буго гьеб. Цинги цо заманалдасан, интервью босулаго, гьоркьов кIалъан вачIуна Муса. Берцинго, цо батIияб лугъаталда кIалъалей йигоан гьей росгун магIарул мацIалда. Гьеб мехалда Мусадехун Фазулъ букIанщинаб недегьлъи бихьизе лъикIан нужеда! Гьеле гьенисанги босана дица доб сценаялъе цо-цо жо. 


   

КIиго моцIалъ хIалтIана ниж гьеб спектаклялда тIад. Ахиралда дунгоцин (елъулаго) разилъана гьелъул хIасилалда. Дир хIисабалда, Россиялъул бокьараб регионалда  бихьизабуниги намуслъулареб гIадаб спектакль лъугьана гьелъул.



* Суратал росана Поэзиялъул Театралъул Фейсбукалда бугеб гьумералдаса.

Автор: Зульфия ХIажиева

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook