Авторизация

ЦIуне халкъалги мацIалги!


МацI – миллаталъул кьучI


ЦIуне халкъалги мацIалги!


Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъ Россиялъул халкъазул мацIал школазда малъизе тIадал гьечIилан абураб законопроект заралияблъун рикIкIана


Россиялъул Федерациялъул президент

В.В.Путинихъе

ХИТIАБ


ХIурматияв Владимир Владимирович!


Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъ Дуде хитIаб гьабулеб буго Россиялъул Федерациалъул Конституция цIунулев чи, гьелъул гарант хIисабалда, «”Россиялъул Федерациялда лъай кьеялъул хIакъалъулъ” абураб Федералияб къануналда хиса-басиял гьариялъул хIакъалъулъ» абураб законопроект Россиялъул Федерациялъул Пачалихъияб Думаялда гьоркьоб лъезе босиялда бан. Ниж божарал руго школазда лъай кьеялъул программаялда миллиял, рахьдал мацIал тIадал гурел къагIидаялде рачин такрарлъи гьечIел Дагъистаналъул халкъазул мацIал тIагIине тIамулеб тIоцебесеб гали букIиналда. МацIазул ва миллияб сиясаталъул суалал цIакъго кIвар бугел, гIадамазе асар гьабулел руго, гьел масъалабазда квер базе ккола цIакъго цIодорго, гIакъилго ва тамахго.


Гьоркьоб лъолеб бугеб гьеб законопроекталъ Дагъистаналъул халкъазул разигьечIолъи багъаризабуна, республикаялъул жамгIияталъул рахIат хвезабуна ва халкъиял информациялъул алатазда гьеб хиса-басиялъул бугеб зарал ва питна бихьизабуна. Гьеб законопроекталъул зиян букIиналъул бицун, жидерго пикру загьир гьабуна цIалдохъабазул умумузги, учительзабазги, депутатазги, жамгIият хIаракатчагIазги, инсанасул ихтиярал цIунулезги, диниял гIуцIабазул вакилзабазги ва цоги гIемерал ва батIи-батIиял махщелазул гIадамаз.


Нижер ракIчIараб руго миллиял мацIал школазда малъизе тIадал гурел дарсазда гъорлъе рачиналъ Россиялъул Федерациялъул Конституциялъ кьурал ихтиярал ва эркенлъаби халкъазухъа кодоса рахъулел рукIиналда, гьел ихтияраздаса ва ресаздаса миллатал махIрумлъизе рукIиналда. Россиялъул Федерациялъул миллиял мацIал лъугIизариялъе лъолеб гали ккола гьеб иш. Дагъистаналъул Конституциялда рекъон, республикаялъул халкъазул мацIал ккола пачалихъияллъун. Дагъистан Республикаялда школазда миллиял мацIал малъиялъ гIурус мацI лъазабиялъе щибго квалквал гьабулеб гьечIо.


Нижеца, гIемерал халкъал ругеб Дагъистаналъул шагIирзабаз ва хъвадарухъабаз, лъугьун бугеб гьаб ахIвал-хIалалъ рахIат ва хIалхьи хвезарун рукIин загьир гьабулеб буго. Нижее бокьун буго нижерго миллиял хаслъаби цIунизе, нижерго республикаялда школалъул программаялъул тIадаб бутIаялда Дагъистаналъул халкъазул мацIал малъизе бугеб ихтияр цIунизе. Мекъаб, букIине рекъечIеб ахIвал-хIаллъун рикIкIуна нижеца Россиялъул халкъазул миллиял мацIал школалъул программаялда тIадал гуреллъун гьари, къватIисел улкабазул мацIал малъийин абуни чара гьечIеблъун бихьизаби.


Пачалихъияллъун кколел миллиял мацIал школалъул программаялъул аслиял, малъизе тIадал дарсазул сияхIаздаса нахъе рахъиялъ дагь-дагьккун нилъер мацIал, литература ва маданият рилъун лъугIиналде рачуна. Дагъистаналъул школазда малъулел рахьдал мацIалъул дарсазда цIалдохъабазе тарбия кьола нилъер халкъазул гIадатазул кьучIалда, нилъер миллатазул тарихалъул ва адабияталъул мисалазда. Нижеца битIараблъун рикIкIуна школазда рахьдал мацIалъул халгьабулеб тIадаб хIасилалъулаб аттестация хIисабалда гIаммаб лъайкьеялъул пачалихъияб экзамен (ОГЭ) кьолеб хIал букIинаби, гьеб экзамен школазда билълъанхъизаби.


 Дагъистаналъул халкъазул мацIал школазда лъазаризе тIадал гьечIилан абураб законопроекталъ жамгIият бикьизабулеб, питнаби рагъаризарулел руго, гьеб проект нахъчIвазе ккола, къабул гьабизе бегьуларо. Дагъистаналъул миллатазул мацIал лъазаризе тIадаб буго щибаб школалда. Нижеца хитIаб гьабулеб буго федералиял лъайкьеялъул рихьизариязда, стандартазда Дагъистаналъул халкъазул мацIал малъи тIадаблъун лъугьинабизе кколилан. Республикаялъул пачалихъиял миллиял мацIал школазда лъазаризе тIадаб гьечIилан абурал ахIиял гьабсагIат хIалтIулел къануназда, законазда данде кколаро ва гьел ахIияз цIалдохъабазул умумул къосинарулел, мекъи ккезарулел руго. Гьеб гуребги, миллиял мацIал школалъул аслияб программаялдаса нахъе рехани, гьел мацIал кьолел гIемерал учительзабазухъа хIалтIиги бахъулеб буго.


Дагъистаналъул халкъазул мацIазда лъикIа-лъикIал, дунялалдаго машгьурал асарал хъвана республикаялъул бергьараб гьунаралъул шагIирзаби ва хъадарухъаби Расул ХIамзатовас, Фазу ГIалиевалъ, АхIмад-хан Абубакарица ва цогидазги. ГIумруялъ бихьизабулеб буго миллатчагIилъун ва экстремисталлъун рахъунел рукIин жидерго рахьдал мацI лъаларел, халкъияб маданият босичIел ва нус-нус соназ лъадарарал миллиял гIадаталгун гIамал-хасият насиблъичIел гIадамал. Дагъистаналъул халкъ кидаго машгьураб буго ВатIан бокьиялъул рахъалъ, тарихалдаса гьелъие гIемерал мисалал рачине бегьула. Миллиял мацIал рили, лъугIи Россиялъул халкъазе ккола рухIияб бечелъи тIагIин, гIемерал миллатазул ва мацIазул хаслъи хвей. Нилъер ихтияр гьечIо кIудияв шагIир Расул ХIамзатовасул рухIияб васият кIочон тезе: «Метер магIарул мацI хвезе батани, хваги дун жакъаго, жаниб ракI кьвагьун!»


ХIурматияв Владимир Владимирович! Россиялда чIара-хьараб ахIвал-хIалги хутIизе, такрарлъи гьечIел къиматал хазинабилъун кколел Россиялъул Федерациялъул халкъазул мацIаздехун къадруяб бербалагьиги букIине, божилъигун ва ракIчIун гьарулеб буго Дуда улкаялъул школалъул программаялда миллиял, рахьдал мацIал малъизе тIадал дарсазда гъорлъ цIунизе кумек гьабеян.


ХитIаб къабул гьабуна Дагъистан Республикаялъул Хъвадарухъабазул союзалъул гIаммаб данделъиялда 2018 соналъул анлъабилеб июналда.


Автор: Дагъистаналъул Хъвад арухъабазул цолъи

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +25
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook