Авторизация

МагIарул мацIалъул хIакъалъулъ пикраби

МагIарул мацIалъул хIакъалъулъ пикраби ГIемерисел мацIазулго гIадин, магIарул мацIалъулги лъаларо, ‎байбихьараб заман, къо, моцI, сон, хIатта гIасруцин. ГIалимзабаз ‎абула мацI байбихьулин жинда цIар лъуралдаса нахъеян. Гьедин ‎батани, «магIарулал» абураб рагIиялъул магIнаги «магIарда ‎ругел», «мугIрузулал» абураб рагIиялдасан бачIараб бугелъул, ‎магIарул мацIалъулги мугIрузулги санал ращадал рукIине ккола. ‎Масала: гIалимзабаз чIезабулеб буго, жакъасеб Хунзахъ ‎районалъул, БакьагьечIиб росдада гьоркьобе унеб ЧIчIина ‎мегIералъул нохъазада гIадамаз гIумру гьанжеялдаса 5000-6000 ‎соналъ цебего гьабулеб букIанилан. Гьелдасан босанани, магIарул ‎мацIалъул тарихги гьелдаса гьитIинаб букIине кколаро. Лъалев ‎Аллагь вуго. ‎


Амма доз бицунеб букIараб мацIги, жакъасеб мацIги, цIар ‎‎«магIарул» букIараб батаниги, релълъараб букIинчIолъи ‎хIакъаб буго. Релълъарал рагIаби хутIун ратизеги бегьула.‎


МацIазул тарихазухъ хал гьабураб мехалда, кинаб букIаниги ‎мацI, цебе букIараб къагIидаялъ цIунун хутIун гьечIо. Гьел ‎хисун руго заманабазда рекъон, гIумруялъулъ ккарал хиса-‎басиязда рекъон. Гьелъие рукIина бегьула гIемерал гIиллаби:‎

‎- гIумру гьабулеб бакIалда ккарал хиса-басиял;‎

‎- пачалихъал, гIорхъаби гIатIилъи яги къварилъи;‎

‎- рагъазул хIассилада;‎

‎- цого миллаталъул гIадамазда гьоркьорцин гIорхъаби лъугьун, ‎нух реххун, гIемерал соназ батIа тIун хутIун, хурхенал ‎лъугIиялъул хIассилалда;‎

‎- гIемерал мацIазул, гьелъул гIаксалда, хурхенал цIикIкIун ‎гIаммаб яги бол мацIалде хIажалъи лъугьиналдалъун;‎

‎- батIи-батIиял мацIазул гIадамаз, пачалихъаз ханлъи, жидедаго ‎тIад кверщел бахъиялдалъун;‎

‎- даран базаралъул хурхенал цIикIкIиналдалъун, гIадамал ‎цоцахъе хьвадун, доба рагIараб анибе босун, аниб рагIараб добе ‎босун хъвадиялдалъун;‎

‎- цIи-цIиял жал рахъун, лъай гIакълу цIикIкIун, гIелмаби цере ‎тIеялдалъун;‎

‎- аварагзаби рахъун, динал тIиритIиялдалъун.‎

ГIемерал нухал ратана Аллагьасда, мацIазул гIелмаби ‎церетIеялъе, мацIал бечелъиялъе ва цоцоял тIагIиналъе, ‎тIагIаразул рагIабаз нахъе хутIарал бечед гьариялъеги.‎


Дунялалда бацIцIадаб цониги магIдан, гIарац, месед, махх ‎гьечIеб гIадин, рацIцIадал, чияр рагIаби росичIел мацIалги ‎гьечIо. Цояз дагь, цогидаз цIикIкIун, киналго мацIаз росана гьел. ‎МацIал цере тIуна жалго мацIазул жанисел хисабасиязги. Чияр ‎рагIаби бищун дагь росараллъун рикIкIунеб гIараб ‎мацIалъулъцин ратула гьел. Хасго гьанжесеб литературияб ‎мацIалда. Амма гьез батIиял мацIаздаса рачIарал рагIаби ‎жидерго мацIалъул хаслъиялда рекъезарула, жидерго гьечIел ‎гьаркьалги, хIарпалги жидерго мацIалде гъорлъе рачунаро. ‎Семитазул мацI хIисабалда, гьелде асар ккана иврит, аккадал, ‎арамеял абурал ва цогидалги мацIазул.‎


ГIараб мацIалда гъорлъ ккарал хисабасиязухъ ралагьун, гьеб ‎бикьула I. некIсияб (исламалда цебесеб, жагьилиялъул заманалда ‎букIараб), 2. классикияб (Къуръаналъулгин хIадисазул) ва 3. ‎гьанжесеб адабияталъулаб (литературияб) мацIазде. Гьеб ‎малъичIого, руго гIемерал лагьжаталги (диалектал).‎


Ингилис мацIалда гъорлъги ккана гIемерал хиса-басиял. Гьезги ‎бикьула мацI I. некIсияб ингилис мацI, 2. жакъасеб Англиялъул ‎ингилис мацI 3. Америкаялъул ингилис, 4.Австралиялъул ингилис ‎ва цогидалги мацI хIалтIулел улкабазда ккарал хиса-басиязда ‎рекъон. ГIурус ва бакътIерхьул улкабазул мацIаз, хасго ингилис, ‎немец, паранг, испан ва цогидалги мацIаз гIемерал рагIаби ‎росана, дунялалдаса тIагIараб латин, ва тIагIинчIониги, греказул ‎мацIаздасан.

      

гъорлъ цIакъ гIемерал «чияр» рагIаби рукIинги ‎киназдаго лъала. ХIатта I00 азаргоялдаса цIикIкIараб рагIи ‎бугеб батIиял мацIаздаса рачIарал рагIабазул гIурус словарь ‎‎(Словарь иностранных слов) букIиналъги гIемераб жо бицуна. ‎Школазда цIаларал цIалдохъабаздацин бичIчIула «Слово о ‎полку Игореве» - ялъул некIсияб гIурус мацIги, жакъасеб мацIги ‎цого жо гуреблъи.‎


Нилъерго магIарул мацIалде тIад руссани, нилъерго кьварарал ‎кьурабазул, мугIрузул тIабигIаталъул  махI бугел нилъерго ‎рагIабазда цадахъ данд чIвала перс, турк, гIараб, гIурус ва ‎цогидалги гIемерал мацIаздасан, хIатта  дарги, тум, лъарагI, ‎лезги мацIаздасан рачIарал рагIаби. Нилъер рагIаби цогидазги ‎росиларищха. Гьелъул гIайибги лъидаго гьечIо, гьеб мацIазул ‎мукъсанлъиги гуро. Щибаб мацIалъулъ ратула жидерго ‎тIокIлъабиги, мукъсанлъабиги. Кинаб мацI лъикIаб – ‎тIокIабилан зама-заманалдасан баккулеб, цо-цоязда тIехI бараб ‎бачида рагъгIанги чIалгIунареб  бахIсги, питна къваригIаразул, ‎мацI гурони тIокIаб тIокIлъи жиделъго бихьуларезул, бахIс ‎буго.‎


Щибаб мацIалъул ихтияр буго, жидерго мацIалъул тIокIлъаби ‎ралагьизеги, гьеб лъазабизеги. Щивасул ихтияр буго, дицани ‎абила тIадабцин бугин, жиндирго мацI бокьизеги, гьеб бищун ‎лъикIаб бугилан рикIкIинеги. Щивасе жиндирго хирияй эбел ‎дунялалда бищун лъикIай йикIунелъулха. (Гьаниб магIарулаз ‎Расул ХIамзатовасул «Авар мацI» абураб кечI ракIалде ‎щвезабе.) Кинха бокьилареб магIарул мацI, магIарул мацIалда ‎‎«эбел» абураб рагIиги бугони, эбелалъ рахь хахизабун, ‎кваназавун, гIодов ккани тIаде вахъинавун, кIудиявги гIун ‎вугони.  Гьединго магIарул мацIалда «хинкI» абураб рагIиги ‎бугони, гьел хинкIал кванан гIумруги ун бугони, гьелъ чIаголъи ‎кьун гIунги вугони. ХинкI абураб рагIи, цогидал мацIазцин ‎босараб, магIарул рагIи букIиналда дир щаклъи гьечIо. Гьеб ‎магIарулаз хIалтIизабулеб буго кицабалъги: «Щиб бихьаниги ‎хинкIикълъи бихьугеги», кочIолъги: «ХинкIал цIикIкIарасул ‎цIар буго гьанже». Гьединабго магIарул махI буго: хIерч, гъуд, ‎гIучI, чIимгIа, чIабар, кьуру, хъинс, кьабгIе, рокьи, кьал, кьаву, ‎цIа, цIва, цIцIан, цIум, цIул ва гьел гурелги гIемерал  ‎рагIабазда. ГIадамазда цIарал росаниги: ГъалбацI, ИтаркIу, ‎Хъергъу, КIилъилай, ГарацIилав, Бисав, Чирахъилав, Чункъ ва ‎гьел гурел цогидалги магIарул цIарал руго. Пуруц, балулагьин, ‎рукь, гIанкIва, гъологIучI, гъалдибер, кини, лолен гIадал ‎рагIаби, хIалтIизаруларелъул, гьанжесел гIолилазда кIочон ‎толелги руго. Гьанжесеб техникаялъул цебетIеялъухъ балагьани, ‎рес буго, жакъа жеги хIалтIизарулел ва лъалел, ручкIа, къалам ‎гIадал рагIабицин кIоченеги. Лъалел гьечIо жакъа гIолилазда, ‎щакъитIел, щакъи, щакъи цIцIулеб кагъат гIадал рагIаби. ‎КIоченчIого букIине бегьула «хъвай, хъвазе» абурал рагIаби. ‎Гьел магIарулазул кидаго рукIана. Инсанас щиб букIаниги сунда ‎букIаниги хъвазабураб мехалъ лъугьараб лъалкIалдаги «хъвай» ‎абураб цIар тана. Гьеб хъвагIазе ккараб мехалъ «хъвай-хъвагIай» ‎абун бачIана. Гьеб бачIана квер хъваялдасан, кодоб щиб ккун ‎хъваниги батIалъи гьечIого. Хъвазе рес букIана къвакIараб ‎ганчIица хIучч цIан, сурат гьабун, тIилица хIучч цIан, яги лахI ‎хъван, гач хъван, хIатI хъван, Исламги, гIарабалги рачIаралдаса ‎хъвазе байбихьана къалмица. «Къалам абураб рагIи гIарабаз, ‎гьездасан босун магIарулазги хIалтIизабулаан «ручкIа» абураб ‎магIнаялдаги. Масала «муцIидал къалам», «щакъидал къалам», ‎‎«цIулал къалам». Хадуб жибго къаламалда абизе гьебги тун, ‎хIалтIизабизе байбихьана «ручкIа» абураб рагIи. Гьелдасан ‎босун хъвавул алаталда гуребги магIарулаз, хьагил, галил ‎гIоркьалдаги, нуцIил кверкъелалдаги, кквезе бегьулеб щинаб ‎жоялда «ручка»-ян абизе байбихьана. Цо-цоязда ккана, гьеб ‎хIакъикъияб нахъеккей, жидерго цебетIейилан. ГIурус мацIалъул ‎тIадецуй цIикIкIиндал, нилъехъа «къалам» абураб рагIицин ‎бахъизе дагьаб хутIана. ГIемераз гьелъул бакIалда «каранш» ‎абун абулаан. ГIемер рукIана, цере умумуз хIалтIизарулел ‎рукIарал рагIабиги кIочене тун, гIурус рагIаби ‎хIалтIизариялъул хIужаби. Амма гьанже гIараб мацI лъазабулел ‎гIемерлъидал ва диналъе эркенлъи щведал, цо-цо гIараб рагIаби ‎тIад руссунелги руго. Абизе бегьула, магIарул мацI, тIубан ‎мацIалда гъорлъ щулалъарал гIурус рагIабиги хутIун, цо ‎рекъовутIе бачIинеб бугилан.‎


Араб гIасруялъул лъабкъоабилел сонал рукIанин ккола: ‎‎«Эркенлъи», «Америкаялъул гьаракь» радиостанцияз, къанагIат ‎рукIаниги магIарул мацIалда кIалъаял кьолаан. Гьел хъуй ‎гьабун хвезеги гьарулаан, гьоркьо-гьоркьоб борчIунги бачIунаан. ‎Диктор магIарул мацI хисараблъи лъаларев чи вукIараб ‎къагIидаха, цо нухалъ дида рагIана гьез кьолеб гьадинаб жумла ‎‎(предложение): «Щимали Къавкъазалъул мугIрузулаб ‎пачалихъалъул Аслияб къануналъул цо чанго маддаялда хъван ‎букIана Къавкъазалъул халкъалъе сиясиялги икътиссадиялги ‎эркенлъаби кьеялъул хIакъалъулъ» абун. ГIараб мацI лъалев ‎инсудаги гьикъун дида гьелъул магIна бичIчIана. Амма ‎магIарулазда гьоркьор гьелъул магIна босизе кIолел чагIи дагь ‎рукIана. БичIчIизе ккани гьебго жумла гьезда абизе кколаан ‎гьадин: «Северияб Кавказалъул Горский республикаялъул ‎Коституциялъул цо чанго статьяялда хъван букIана Кавказалъул ‎халкъазе политикиялгин экономикиял эркенлъаби кьеялъул ‎хIакъалъулъ» абун. Гьеб мехалъ дица пикру гьабуна, цересел ‎умумузда, щибдай бичIчIилаан дица гьанжесеб киназдаго ‎бичIчIулеб магIарул мацIалда абуни: «Колхозалъул ‎председатель, бригадиргун цадахъ полуторка машинаялдаги ‎рекIун фермаялде ана» жумла (предложение). Гьезда бичIчIизе ‎рес букIана цо сундаялиго рекIун ин. ТIокIаб жо гьезда бичIчIизе ‎рес букIинчIо. Гьанже нусго соналдасанги гьеб тIубан ‎бичIчIулареблъун букIине рес буго. Гьедин хисардулеб, ‎цIилъулеб, гьелдаго цадахъ басралъулеб жо буго мацI. Гьеб ‎батIаго гIажаиблъи гьабизе ккараб жоги гуро.     


ГIажаиблъи ‎гьабизе ккараб жо буго, чияр рагIи мацIалде гъорлъе бачунаго, ‎рагIи жиб гъорлъе ккараб мацIалда рекъон хисичIого, гьелъул ‎къануназе мукIурлъизабичIого бачин. Исламалде вачIарав чияс ‎исламияб цIар боси беццула, БатIияб культураялъул гIадамазде ‎гъорлъе ккараб мехалъ гьезул культураялъул адаб гьабичIого рес ‎букIунаро. Чияр мацIалъул рагIи, щибго хисичIого магIарулазе ‎абизе захIматаб хIалалъ гъорлъе бачин, нилъерго адаб тейлъун ‎ккола. МацIалъ тIалаб гьабухъе, магIарул мацIалъул хаслъиялда ‎рекъон абизе ккела магIарул мацIалде гъорлъе бачIараб рагIи. ‎Амма араб гIасруялда гьелъие квалквал гьабуна, гIурус рагIи ‎гIурусаз абухъе абизеги хъвазеги ккелин абураб сиясияб ‎тIадкъаялъ, тIадецуялъ (политический заказ).


ГIараб малъулеб, ‎революциялдаса цебесеб заманаялъ гьедин букIинчIо. ГIарабазул ‎‎[ф] гьаракь гурони, [п] гьаракь букIинчIо. ГIасраби халалъухъе ‎магIарулазда ракIалдецин ккечIо гьеб гьаракь, яги гьеб ‎бихьизабулеб батIияб хIарп магIарул мацIалде, алипбаялде ‎гъорлъе бачине. Амма гIурус хIарпазде алипба сверизабурабго ‎гIурус  «ф» хIарпалъе гIоло, магIарул алипбаялде гьоркьобе «ф» ‎хIарпги бачана, магIарулазда букIинего букIинчIеб [ф] ‎гьаракьги бахъизабуна. ГIарабалдасан «гIарафат» рагIулеб ‎букIаниги, магIарулаз «гIарапат» - ан гурони абичIо ва хъвачIо. ‎ГIарабазул «фил» абураб рагIи магIарулазул «пил» лъугьана. ‎ГIурус мацIалдасан рачIарал «фабрика», «фуфайка», я хъвазе, я ‎цIализе бегьичIо гьединго гурони. Мисалал гIемер рачине ‎бегьула. ГIараб мацIалде бачIараб «компьютер» абураб рагIи ‎гьез «камбаютар» - алде сверизабуна, амма нилъее хисизабизе ‎бегьичIо. ГIалимзабазе хIажат буго, батIиял мацIаздасан ‎рачIарал рагIаби магIарул мацIалда хIалтIизабиялъул ‎гIелмуялда тIад хIалтIизе ва магIарул мацI малъулезе ва ‎лъазабулезе мухIканаб орфографиялъул словарги бахъизе. ‎

Жидецаго гIурусазги хисизарула гури жидер мацIалде рачIарал ‎чияр рагIаби. Масала: перс мацIалдасан гIурус мацIалде бачIун ‎буго «зиян» абураб рагIи. ГIурусаз гьелъул «изъян» гьабун буго. ‎МагIарулазги гьелда  «зиян» абун абула. Цойги гIурус мацIалда ‎‎«абу» - эмен абураб рагIиялде гьебго «зиян»ги жубан, хисизабун, ‎‎«обезьяна» гьабун буго. Жидерго мацIалдаса тIалаб гьабулареб ‎жо нилъер мацIалдаса тIалаб гьаби битIун бугин абизе дида ‎кIоларо.


ХIасил гьабун абуни, мацIазде гъорлъе чияр рагIи, ‎хIажалъи букIаго, бачIинчIого чIоларо., амма гьеб мацIалъулъ ‎рекъон ккезе ккола. ХIажат букIаго, чияр рагIаби гъорлъе ‎рачIин, мацIалъул мукъсанлъиги кколаро, мацI бечед гьаби ‎ккола. Бицен букIана мунагьал чураяв ГIабасил МахIамадица ‎магIарул мацIалъул баян-словарь хъван бугилан. Гьеб бахъун ‎хIалтIизабизе рес щвани, гьелъги бечед гьабилаан магIарул мацI. ‎БатIиял мацIаздасан магIарул мацIазде рачIарал рагIабазулги ‎словарь бахъизе лъикI букIинаан. Гьеб бахъулаго, дица абиларо, ‎магIарул мацIалда гъорлъа, нилъ «рокьун» нилъехъе бачIараб ‎‎«ф» хIарп ва дандрекъон кколеб гьаракь бачахъеян. Биччанте ‎букIине, амма мухIкан гьабизе ккела, гIурусалдасан рачIарал ‎рукIа, гIараб мацIалдасан рачIарал рукIа, кинал рагIабазулъ ‎‎«ф» хъвалеб, киназулъ «п» хъвалебали.  Масал Дагъистаналъул ‎халкъияй поэтесса Фазул цIар, гьанже, гьейги чIаго гьечIеб ‎мехалъ хисизе рекъон гьечIо. Гьеб нилъехъе бачIана гIараб ‎‎«Умму-л-фазлу», ай, «хиралъи, тIадегIанлъиялъул эбел» абураб ‎магIнаялъул цIарлъун.‎


Гьеб цIарги хисхисизабун лъугьана: Умалгьазу, Умалпазу, ‎Умалпазлу, Умагьазу, Пазу, Гьазу, Фазу гIадал цIарал. Диниял ‎рагIабиги руго нилъеца хIалтIизарулаго «ф» хIалтIизабуни ‎бусурбанчиясда рекъолел. Масала: фарз, гъафур, ГIарафа (мегIер ‎хIисабалда) ва гь.ц. Амма пайда, питна, пил, пулан гIадинал ‎рагIаби магIарул мацIалда гъорлъ [п] гьаракьалдалъун щулалъун ‎руго, гьедин хъвазеги ккела.


Дир пикру буго «ф» гуребги [п] ‎гьаракьги цебе магIарулазул букIун батуларилан. Словаралда ‎хъварал гIемерисел «п» хIарпалдалъун байбихьулел рагIаби руго ‎чияр, перс, гIараб, турк, гIурус ва цогидалги мацIаздасан ‎рачIарал. МагIарул «п»-ялдасан байбихьулеб кинаб рагIи ‎босаниги, гьеб хисизе бегьула «гь» хIарпалдалъун ва ‎дандрекъолеб [гь] гьаракьалдалъун: пер – гьер, партал – гьартал, ‎пири – гьири, пурщина – гьурщина, пиштIи – гьиштIи, партIизе –‎гьартIизе, пагьла –гьагьла, палгъазе – гьалгъазе. ГIемераз гьел  ‎‎«гь» гьаракьалдалъун абизецин абула. Гьелъулъги, кинал рагIаби ‎кин абилебали гIалимзаби тIад хIалтIун мухIкан гьабизе ккела. ‎


МагIарул мацIалда тIад гьабулеб хIалтIи гIалимзабазги ‎чучлъизе тани, малъиялъул хIалтIи учителзабазги чучлъизе тани, ‎бициналъул суалалде умумузги кIвар кьечIони, магIарул ‎шагIирзабазул тIахьал библиотекабаздасаги, гIадамазухъаги ‎росун музеязде кьезе ккелаха. Нижер умумузда гьадаб хъвараб ‎жоги бичIчIулеб букIун бугохаян лъималазул лъималазги, ‎хадусел гIелазги абизегIаги букIине. Аллагьас лъикIаб хъван ‎батаги! Амин!‎


Автор: Шамил МухIидинов

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook