ГъазимухIамадил вас МухIамад гьавуна Гьигьалъ росулъ 1855 соналда. Гьев вахъана машгьурав шагIир, гIалимчи ва жамгIияв хIаракатчилъун. Гьес хъварал мавлидалгун туркаби гIечIого ХХ-б гIасруялъул байбихьуда басмаханаязда рахъана 4 тIехь. ТIоцебе 1906-б соналда Петровск шагьаралда (гьанжесеб МахIачхъала) А.М. Михайловасул басмаханаялда бахъана «ТухIват ал-Мутаваджидин». 1911-б соналда Шурагьиб букIараб МухIамадмирза Мавраевасул басмаханаялда бахъана кIиго тIарикъаталда тIаса хъвараб тIехь («ИмтихIан ас-саликин» ва «Манзумат ал-гIажамийа»). Добго Петровскалда 1913-б соналда бахъана «МигIрадж ан-наджат». Гьаб тарихияб асарги гьевго ГъазимухIамадил МухIамадица хъвараб ккола жиндирго ракIалдещвеял хIисабалда, щайгурелъул гьев живго гIахьаллъаларав гьеб къокъаб шаригIаталъул хIаракаталда. Гьелъ гьаб асар хасаб, къиматаб даражаялде бахинабулеб буго, цогидазухъ гьечIел баяналги гьанир жанир ратулел руго.
ТIоцебе чачаназул ГIалибегхIажиясдасаги Зумсиса [1] ГIума ХIажиясдаги байбихьун Дагъистаналъул гIурус пачаясда данде рагъизе рахъиналъулги, гьелдалъун лъугьа-бахъараб жоялъулги, гьелдалъун Дагъистаналъе щвараб кIудияб хъосара[2] лъулги дида лъараб хабар.
Гьев ГIалибег-ХIажи халкъалда щив чи вугевали лъаларев чи вукIана. ГIума-ХIажи абуни Шамилил заманаялда бахIарчилъиялъул цIар рагIарав чи вукIана. Шамил ккураб мехалъ гьес гIурус пачагун рекъелги гьабичIого, гьелдаса Дагъистаналъе лъикIлъи щвелареб жинда лъалиланги абун, кьогIлъиялда чIана. Гьесдаго релъун гьевгун цадахъ чачаназул Мартаналдаса Атабай абулев цо гIалимчиги чIана. Гьел кIигоял гьеб хIаладе тIамун чIарал рукIана. [ТIадежоялъе] гьелгун рекъон балъго гIурусалгун тушманлъиялда чIарал гIемерал чагIи рукIана. Гьез доре-гьанир хьвадарулел гIурусазе нухал ккун релъидал [3], гIурусал рещтIараб бакIалда тIад рачIун, гIемер кIудияб зарал гьабун, гьеб хIалалде ккезаруна кIиго-лъабго нухалъ. Гьезда тIаде гIурусазул кIудияб аскар ун, гьез ГIума-хIажиги гьев Атабайги ккун, Сибиралде ритIана. Сибиралда гIемерал сонал рана.
Цинги ГъазимухIамадица [4] ГIума-хIажиясде хъвараб кагъатги кьуна ГIалибег-хIажиде кодоб, жиндир кагъатгун гьев жинца ГIалибег-хIажида вихьизавурав ГIабас-паша [5] щвараб сагIаталъ, дуцаги ГIалибег-хIажиясги Дагъистаналда гъалмагъалги байбихье, [абун]. [Жеги ГъазимухIамадица хъван букIана] ккаралъул къваригIел тIубан хадуб, Дагъистан бахъизе гIурус пачаясдаса Дагъистаналде турказул аскаралгун жив вачIиналъул рохелги рагIизе гьабейилан.
Цинги ГъазимухIамадил рахъалдаса гьев ГIабас-паша вачIиналъухъ ГIумахIажи гIенеккун чIана. Гьев вачIанани, гьесул амруялда гIамал гьабизе, вачIинчIони, жинца гIурус пачагун гьабураб ракълида вукIине, гIурус гIелму цIализе кьун жиндир васги вукIиндал.
Цинги гьелдаса гIемер [заман ун] хадуб, [гIурусазулгун] бакълъулазул боязда гьоркьоб гьесдалъун [6] МелъелтIа, Данухъ, ГIаркьухъ рагъ кканиланги рагIана. Гьенибги гьев сабаблъун халкъалъе зарал гуреб жо ккечIо. Амма гIурусаца жалгун рагъ ккараб росу бухIи росдал агьлу-хъизан квешезе гьари, гьезул боцIи бахъи, гьабичIого, рагъулъ жалгун рагъаразе вай-вайги [7] гьабун, нахъияб жо, щибаб [8] Дагъистаналъ гьабулеб жо гьабун бахъинегIанги тун, гьеб мехалъ бищун тIакъсир кIудиял гъанкъана. Хадуб тIакъсир бугелниги, рагъулъ лъукъаралниги Сибиралде ритIана. Дагьаб тIакъсир ккарал рагъулъе ритIизе пулкалда [9] хъвана. Гьев ГIалибегхIажиясул амру-нагьия [10] МагIарухъе эхедехун щвечIо, Чачан вилаят тун цогидаб вилаяталде. Чачаналда жаниб жинда хадув вилъинчIев чиясе [гьес] гIакъуба-гIазаб кьолеб [букIун] буго. Жинда хадур рилъаралгун цадахъ вахъун, гьес гIурусазе нухда гьара-фатIа [11] гьабулеб бугилан рагIулеб букIана. Чачанал гурел батIиял чагIи гьевгун цадахъги рукIинчIо. Дунги дун гуревги – гьесул муруватлъи, гьесул бахIарчилъи, гьесдаса бачIараб зарал, тIокIалъ гьесдалъун Чачан ракьалда жаниб щиб сиясат хьвадулеб букIаравали лъалев чи щивго гьечIо. Амма [гьабсагIатги] чачаназда гъорлъ гьеб заманалда рукIарал кIудиял чагIи ратила: гьезда лъала [гьелъул хIакъалъулъ].
Чачаназул вилайат тун къватIив гьевги вахъинчIелъул, гьесул амру-нагьият билъинабизе хьвадулел чапарзабиги рукIичIелъул, гьес гьедин гьабуна. Гьев гьединав вукIанайилан дида рагIарал, кьучI гьечIел харбал кагътида хъван кьезе дида кIвечIо. КьучI гьечIел ругониги, гьесул рахъалдасан рагIараб жогун, хъвачIеб абуни, ГIалибегхIажиги гьесие хIалае, гьесие квер-бакъизе гьевгун цадахъ чIарав Зандакъариса [12] Дадайилан абулев чиясулги шамгун шам [13] гванзаб хабар бицунеб букIана гIакъилав чи божулареб, гIабдал гурес гIенеккулареб: ГIалибегхIажиясдаса щибги жо балъго гьабун лъиданиги бажаруларо. ГIалибегхIажида кинабго балъгояб жоги гьесда аскIоб гьедин бицинги щивниги чиясда кIоларо, гьесда аскIоб цодагьабниги гьедин бицун кIалъарав чи, черхалде сири бан, гIодов кколилан рагIулеб букIана.
Зандакъариса Дада абулев чиясда релъеда [14], къечон радал тIаде вахъиналде Къуръан рекIехъе лъан батана. Гьесул кверазул килщал киналго ращадал, рукьбулъан халатал ругилан рагIулеб букIана. Щиб рагIаниги, гьелдаса дагьаб [гуреб] жо халкъалъ уяб битIараб гьабун гьуин къабуллъун бицунеб букIана. Халкъалъе гIурус пача рихарав вукIун, ГIалибегхIажил рагIиги ритIухълъун [кколаан], гIурус пачаясул къабсалдаса [15] Дагъистан хвасарлъизе бокьун, Дагъистаналъул гIурус пачаясда ццим бахъиналъеги, гьев гьезие рихиналъеги сабаб дица хадуб бицина.
Цинги, гьеб соналъул риидалил кIиго моцIгIанасеб заман араб мехалъ, ГIалибегхIажица абухъе АнсалтIаса ГIабаспаша вачIана ГъазимухIамадил кагъталгун. (Гьев ГIабас-паша, АнсалтIаса мугьажирлъун ИстIанбулалде арав чиясул вас вукIун, гьенив хункарас аскаралда жанив лъугьине гьавун, пашалъи щварав вукIун вуго). Гьев ГIабас-паша Дагъистаналде щвараб заман, гIурус пачаяс Хъарс [16] кодоб босун хадуб букIаниланги абулеб букIана гьев гьенив щвезе нух щвечIого нухда кватIун. Гьев гьенив щун хадуб бахъана Хъарсиланги абулеб букIана.
Цинги гьев вачIингун, гIурус пачаясда ццин бахъун, гьесул закон рихун, ракI унтун букIараб кинабго дагъистаналъул агьлуялъ бацIадаб ният гьабуна гьесде данде рагъизе. Хайдакъ, Табасаран, Самуралде щвезегIан щибниги вилайат хутIичIо гьесда [17] гIасилъизе ният гьабичIеб.
Цинги Дагъистаналъул хIажизаби, гIалимзаби, гIакъилзаби данделъана Сугъралъ ГIабдурахIман-хIажи шайихасда аскIор. Гьесдаса [изну] тIалаб гьабун, гьесда щиб гьабилебан цIехон. Гьес абуна, гIурус пачаяс лъабкъого соналъ Дагъистаналъул агьлуялда тIад зулму гьабуна, чияр чагIи тIадегIан гьарун, пакъирзаби гIодорегIан гьарун, ханзабазе, бегзабазе мугIрул кьун, хъутаби кьун, бечедал залимзаби халкъалда тIад наибзабилъун тун, гьезул мацIалда божун, Дагъистаналъул лъикIалщинал бахIарзалги тIагIине гьаруна, Сибиралде ритIун. Цоял гьесул закон-зулму бакIлъун Хъарсалде, ИстIанбулалде ана. Гьанже нужеца гьесулгун рекъел бихизеги, гьесде нуж гIасилъизеги бегьилилан абуна. ГъазимухIамадил чапарги вачIун вугелъул, ГъазимугIамад вачIинегIан, цо нужода лъалев, маслихIатавлъун вукIарав чи имамлъун чIезе гьавизеги бегьилиланги абуна гьес.
Цинги гьес гьедин абидал, гьесул гIакълуялъул баракат букIиналдаги хьуллъун, гьеб агьлуялъул цIакъго ният бацIалъана гIурус пачаясде гIасилъизеги, гьевгун рагъун хвезеги. Цинги гьеб жамгIияталъул азаргоялдасаги цIикIкIун чи вуго. Гьел киназго рахъ ккун, гьев ГIабдурахIман-хIажи шейхасул МухIамад-хIажи абулев вас чIезе гьавуна имамлъун. Гьев вас гьитIинав чи вукIана цIалулев вукIарав, щибго дунялалъул умуразул тажбират тадбир лъаларев, жинда сверун ругел чагIазул гIакълуялдалъун гурони жиндалъун амру-нагьият гьабизе пиша гьечIев.
Цинги Дагъистан мурадалде щвечIого, нахъеги Дагъистан гIурус пачаясул хIатIикье ккараб мехалъ, гIемер чияс абун бачIана, Дагъистаналъул иш мекъса ккеялъул гIаламат гIайиб, гьеб щибго жоялъул тадбир лъаларев гьитIинав чи имамлъун тей букIана абун. Ялъуни Хунзахъа ПатагIали [18], ялъуни ГIумахIажи тун рукIаралани имамзабилъун, гьадигIан хехго Дагъистан гIодобегIанлъиялде ккелароанилан. Гьев кIиявго бахIарчилъи бергьарал рукIаниги, жагьилал рукIиндал, кин телел. Гьев [вас] имамлъун теялдалъун, ГIабдурахIман-хIажи щайхасул баракат букIиналде хьулги букIиндал, тун вукIана гьесул вас [имамлъун].
Цинги гьев имам, къватIив вахъун, сугъулдерил ХIото майдан абураб бакIалда чIана. ГIумахIажиги къватIив вахъана Тутхъай абулев жиндир васгун. ГIурусаца гIемер кIодо гьавун, чинги кьун вукIарав, гьесул цояв Дада абулев васги, гIурусаздаса ватIалъун, инсуда аскIове вачIана. Гьединго гIурусаз кIодо гьарун, гьезул хъулухъалда рукIарал Гъумекиса Агълар ханасул вас ЖагIпархан, Гъумекиса ГIабдулмажид, ТIелекьа МуртазагIали, гьесул вас Жаватхан, Хунзахъа ПатагIали-хан, Къарахъа ГIабдулагь. Гьел гурелги ЦIадахI-ГIахъушдерил, Хайдакъ-Табасараналъул, гIурусаз чиналги кьун, гьезул харжги кванан рукIаралщинал, дагьа-макъал хутIун, имамасул рахъалдаги бищун цIакъ хIаракат бахъун рагъизе гIамал гьабулелги гьел рукIана, имамасде руссинчIого, гIурусазул хъулбузда лъукъарал чагIазул боцIи кваназе цIакъ хIаракат бахъулелги гьел рукIана.
Цо Аллагьасул хIукму-къадаралъул гIажаиблъи! Шамил имамасда данде бищун цIакъ вагъулев вукIана Агълархан, гьесул вас ЖагIпархан абуни бищунго кутакалда имамасул рахъалги ккун гIурус пачаясда данде бищунго цIакъ вагъизе вахъана. Шамил имамасул рахъги ккун гIурусалгун вагъулев вукIана Сугъралъа Хурш. Гьесул вас МухIамад имамгун рекъечIого, Дагъистаналъ гьабурабги гьабичIого гIурусазул рахъги ккун чIана.
Цинги гьев имамас Дагъистаналъул рахъ-рахъалде вакилзаби ритIана киналго вилайатазда наибзаби тезе. Живго, цохIо гали бахъун, ХIото майданалдаса къватIиве вахъичIого чIана, гьелдалъун гьесде халкъалъ гIемер гIайибги чIвалеб букIана. [Гьез абулаан:] имамилан вугев чи, вакилзабазде кинабго жоги тIамун, халкъалда амру-нагьия гьабизе, халкъалда вагIза насихIаталдалъун кIалъазе вугев хубиса цIакъ бахъи [19] нуж тохлъани, кIиабизеги нилъ нилъер тушманасул хIатIикь кквелилан. [Жеги халкъалъ абулаан:] яхI ккезе гьабизе, къватIивего вахъичIого кин чIолевилан?
Цинги гьеб заман, гIурусазул аскаралги Хъарсалде ун, Дагъистаналда ругел хъулбузда дагьа-дагьал солдатал гурони гьечIеб заман букIана, Дагъистаналъул боялги гIемерал рукIун, цIакъ бигьаго киналго хъулби кодоре щвеялда ракIчIун рагъ байбихьараб.
Цинги тIоцебе ккараб жо. Гъумукъ нахIияталъул боял лъугьана Гъумуки шагьаралда бугеб хъала бахъизе. Гьеб хъалаялда жанир кIикъого солдатги гьезул гIурус началникIги рукIун руго. Цинги цин тIалаб гьабуна гьездасан, рагъичIого кодоре рачIайилан. РагъичIого кодоре рачIинеги хъала кодобе кьезеги кинго пачаясул изну закон гьечIилан абуна началникIас. Цадахъго хъалаялда тIаде гIемерал боял кIанцIун, туманкI-гIарада бан, нусиялда къого, нусиялда лъабкъогойиланги абуна чи чIван, хадур хъалаялда жанире кIанцIун гьел солдаталги гъурана, гьев началникIги, гьесул хъизанги ккун рачун, лъабго къо бан хадуб, гьелги чIвана. Гьев началникIас гьарулеб букIун буго, жив чIваге, жив чIвачIого теялдалъун нужое кIудияб пайда бугилан. [Амма] кинниги течIого, [гьев] чIвана. Гьеб вакъигIат гьадин ккараблъи дидаги цогидаздаги лъалеб машгьураб [жо] буго.
Цинги гьелда хадуб ЦIадахIари, Лаваши кIудиял рагъал ккана. Гьениб лъугьараб жоялъул мухIканлъи дида лъаларо. Кинниги лъалеб машгьураб буго ЦIадахIари багъулеб боялда тIад ПатагIали вукIинги, гьеб рагъулъ гIурусазе ПатагIалил бахIарчилъиялдалъун гIемер кIудияб зарал ккейги, гьеб рагъулъ живго ПатагIали чIвайги. Халкъалъ абулеб букIана, ПатагIали чIван хадуб, Дагъистаналъул гьоко нахъехун гирун гурого цебехун гиричIилан.
Цинги дида бихьун лъараб жо. Гьеб соналъул рии ун хадуб, Къарахъа ГIабдуллагь вачIана цIунтIадерие, тIиндадерие, ункъракь, чIамалазе, багвалазе наибзаби тезеги, гьезул наибзабигун, гьезул боялгун Болъихъ хъала бахъизе инейилан. ЦIунтIа щив таравали лъачIо. ТIиндадерида Сурхай тана. Гьевги гIурусазул аписар вукIана, гьезул харжалдалъун кваналев. Гъакварида Карим тана. Гьевги гьакварисезул нусил бетIер вукIана, гIурусаз харж кьолев. Гьев ГIабдулагь ТIиндиве щведал, чIамалазулги, ункъракьалъулги наиблъун гIурусазул рахъалдасан наиблъун вукIарав Сасикъа ГIисалдибир, жиндирго кIиго васгун, лъутун, Гьигъалъе вачIана. Гьигьалъ кIиго аписар вукIана: цо ИмаммухIамадилан [20], цояв Дибирасулавилан. ИмаммухIамад гIурус хъулухъалда вукIинчIо, гIурусазул харж букIана гьесие. Дибирасулав Болъихъ махIкамаялъул диванбег вукIана. Гьигьалъдерил нусил бетIерги вукIана Гъазийилан, гIурусазул харж бугев.
Цинги гьев ГIисалдибир гьезда цIакъ мимидун, чIирчIидун, гIурус пачаясде гIасилъун пайда бахунгутIи хIакъаб бугилан абун, гьес гьел мукIур гьаруна гьев ГIабдулагьида тIаде инчIого рукIинеги гьес малъараб жоялда разилъунгутIизеги. Гьес зулму хIал гьабуна, гьевгун цадахъ ИмаммухIамад абулев аписарги ана, Гъази абулев нусил бетIерги ана, цо щуго-анлъго гIурусазул хъулухъалда ругел милицабиги ана. Дибирасулав Болъихъеги инчIого, рокъов чIана. ГIабдулагьида тIаде инчIого вукIининан, инчIого чIанани жив ворчIилилан хьулалда.
Цинги гьев ГIабдулагьил кагъат бачIана Дибирасуласухъе, тIокIалъ чIечIого гьигьалъдерил агьлугун жинда тIаде Хуштадерил кьоде вачIайилан. Гьеб мехалъги инчIого чIун вукIун, нахъойги гьес чи витIун вачIана. Къалъул гIужалъ вачIунев ватана. Бакъанил гIужда цебе жинда тIаде щвечIони, жив кIудияб богун вачIунев ватана мунги ккун Имамасухъе витIизе, дур росуги бухIизе, дурги дур росдалги боцIиги тала гьабизе. Гьеб мехалъ росулъ ватарав балугъав чиги цадахъ вачун, вилъун бакъанил гIужда дагьаб цебе ГIабдулагьида тIаде щвана. Гьес наиблъиялъул чалма кьедал, гьадин абун, додин абун, къабул гьабунгутIидал, гьаб тIолго Дагъистаналъ гьабураб жо гьабичIого букIине, ГIабдулагьица цохIо мун гIакъилавищ, Дагъистан гIадалабищ бугебиланги абун, гьесул бетIералдаса жинцаго тIагъурги бахъун, жинцаго чалмаги къана, мун метер чIун сезе дурго богун МигIарсдерил лъарахъе щвайиланги абун. Живго гьеб къоялъ багвалазул тIиндадерил богун гьениве щвайилан Болъихъ хъала бахъизе ине гьедин амруги гьабун витIана.
Цинги гьеб къоялъ цIакъ захIматго, цIакъ зигардулаго жиндирго богун Дибирасулавги ункъракьалъул, тIиндадерил, багулазул, гьакварисезул боялгун, гьезул наибзабигун ГIабдулагьги мигIарсдерил лъарахъе щвана. Гьеб сордоялъ гьенир чIун рукIадго, радал хъала бахъизе ине хIисабалда, радал хабар баккана, гьеб сордоялъ гьев Дибирасулавги, гьесул васги Болъихъ хъалаялде лъутизехъин рукIун ругилан, гьеб сордоялъ ва хъаравулзабигун цIихху [21] [рукIарал] гIадамазда лъан гуребанийилан абун. Гьел кIияздаго тIиндалги гьаквариселги рукIарал ГIабдулагьица амру гьабун тIаде кIанцIун. Ярагъги тIетIезе гьабун чуялги кодоса рахъун кIиялго Сугъралъ ритIана, гьенир чIвазе хIисабалда. Кинниги гъозул эмен ХIажардибир ГIабдурахIманхIажида лъалев Шамилил наиб вукIун, гьесул хIурматалъе гIоло чIвачIого тун нахъе ритIун рачIана.
Цинги нахъияб къоялъ радал гъол боязда тIаде рагъизе гIурусазул аскар бачIунеблъи лъан, МигIарсдерида цебе бугеб борхатаб халатаб гохIда чIун ГIабдурахIманги гьел боялги рукIаго, гьеб гохIил ахадасанги тIарадасанги рикьун гIурусалги гьелгун цадахъ балъхъадерил наибгун тIаде щвезегIанго гьез туманкI бан гъосул туманкI гьезухъ бахъичIого гъол киналго боялги гьеы ГIабдулагьги лъутана.
Цинги гIурусаз, гьеб гохIги рехун лъутун унел бояздехун туманкI бан, гIемерал чагIи лъукъана. Нусгоялдаса цIикIкIун чIвана. Щибго зарал гIурусазеги ккечIо. Цо маслихIат ккана, гьел гIурусал гьеб гохIилъ чIун, хадуб туманкIги бан гурого хадур лъугьинчIолъи, хадур лъугьун рагъаралани гьел боязул цохIо инсан ворчIилароан.
Цинги гьеб рагъул ккараб жо бихьидал, ракIги къварилъун дагьаб черхги щокълъун тIокIаб гьелдаса нахъе рокъоса къватIиве вахъинарилан – нияталдалъун рокъове унаго, дида нухда дандчIвана ГIума аскIор рукIун, гьениса нахъе руссун рачIунел, гьев ГIабдулагьица Гьаквариса наиблъун тарав Каримги, гьев ГъазимухIамадица Дагъистаналде витIун вачIарав ГIабас-пашаги.
Каримица дида щиб хабарилан гьикъун дица гьади-гьадин кколилан абидал, Каримил дидаго лъан бадиса кьерги тIуна, гьес бадибе тIагъурги цIана. ГIабас-пашаяс абуна, рагъул къваригIел цо къоялъ гьедин ккола гьелдаса хадуб лъикI гурого…
Цинги гьес гьедин абидал дун рокъовги чIун, гIенеккун, щибдай рагIиладаян гIинтIамун вукIадго, гъодоберисезул Иш-ахикь абураб бакIалда чIун букIараб цIунтIадерилги тIиндадерилги боялда тIад радал бецIабго букIун Болъихъ хъалаялдаса рахъун рачIун гьезда рагIулебги лъачIого рачIарал гIурусазул аскаралъ цIунтIадерил нусгоялдаса цIикIкIун чи чIвана, гIемерал лъукъана. ТIиндадерилги дагьал чагIиги чIвана, гьезул наиб Сурхайги чIвана. Гьеб кIиябго рагъдасеб кIкIалахъги рагъ ккун, гьенибги гьезда тIад гIурусаз тун наиблъун вукIарав Гъумекиса МухIамад чIван гурони гIурусазе бицинегIанаб зарал ккечIо. ГIурусаздалъун [магIарулазе абуни] гIемераб зарал ккана. Гьени ккараб жоялъул баян дида ракIалда гьечIо. Гьеб мехалъ богун цадахъ ТIелекьа Жаватхан Гьигьалъ вачIун Болъихъ хъалаялде лъутун арал ИмаммухIамадилги Гъазилги жодой кодоб щвараб боцIиги тала гьабуна рокъосебниги, къватIисебниги гьезул руччаби хъизанги ккун ана. Цинги гьелда хадуб Дагъистаналда щибго рагъги ккечIо. ГIурусаз Хъарсалда кверщел гьабуниланги, гьелда хадуб Дагъистаналда [рагIана] ГIабдулагIазиз хункарги ГъазимухIамадги такъсириял лъугьун, ГIабдулагIазизие хIукуматалъ гъанкъизе хIукму гьабун, гьев жинцаго загьру гьекъон хваниланги [22]. ГъазимухIамад тIакъсиралдаса цIакъ захIматго ворчIаниланги хабар рагIун Дагъистан гIундул далун гIодоб ккана. КIудияб тIакъсир бугелги гьеб инкъилабалъухъ цIар бахъарал чагIиги гьабизе сабаб тIагIун гIакълу бихун хIасраталде ккана.
Цинги Хъарсалдаса нахъ руссун гIурусазул гIаскараз Дагъистан кодоб босизеги, гьениб ккараб ишалде балагьун тIакъсиралъул бетIергьабазе жодор тIакъсиралде рикьун чIвазе ккана. ТIоцебе ккараб жо: Чачаналда ГIалибег-хIажиги ГIума-хIажиги гьелдаккун ращалъун гьеб гIисяналъул цIакъ [гIемер] чагIи ккун гъанкъана. Гьезул рикIкIен микьго, анцIго, анцIила кIигойилан рагIана дида, гьелъул мухIканлъи лъачIо. Цинги гьениб Чачаналда гIемерал чагIи ккун Сибиралде ритIана. Гьезулги анкьнусго азаргойилан рагIана, кьучI лъачIо.
Цинги ГIума-хIажил васал Дадаги Тутухъайги, Зандакъариса Дадаги ГIабаспашаги, гьел гурелги цогидал гIисян инкъилабалъул чагIи гъанкъун, я Сибиралде ритIун гурони тунгутIи жодода якъинлъарабго, Сугъралъ руссана, гьениб рагъун хвезе къасдалда. Гьезул рикIкIен лъабнусгоиланги гьелдасаги дагьалиланги рагIана, кьучI лъачIо. Цинги гьениб рагъ ккана лъабабилеб къоялъ. Ккурал, ккун чIваразул гьениб къваригIел тIубана.
ГIума-хIажил кIиявго васги, Зандакъариса Дадаги, ТIелекьа Жаватханги кинго кквезе чIечIого гьенир рагъулъ чIвана. ГIабас-пашаги Агъларханасул вас ЖагIпархан, гьев имам МухIамадхIажи, Къарахъа ГIабдулагьи, Гъумекиса ГIабдулмажид ТIелекьа МуртазагIали, Сугъралъа ГIабдухIалимги, гьав анкьавгоги гьел гурел цогидал анкьавгоги, дида лъаларел анцIила ункъго чи ХIото майданалда гъанкъана [23].
Цинги гIурусазул хIакимзабаца Дагъистаналдаса жодода кIудияб тIакъсиралъул чагIилъун цIикIкIаралниги рагъулъ гьитIинабниги ругъун щун лъукъаралниги анкьазарго чи Сибиралде витIана. ГьитIинаб тIакъсиралъул чагIилъун рикIкIарал жидеца ритIараб бакIалда рагъулъ инзе полкалда хъвана. Щурагьире ритIун рукIин, гьеб мехалъул паша хун цIияв паша тедал, гьес мунагь исана гьабун нахъе ритIун рачIана. Сибиралде арал, гIемерисел гьенир хвана. Дагьал анкьго сон бан хадуб мураххас гьабун рокъор рачIана.
Цо суал, гьелъие жавабги. ГIурус пачаяс хъулухъалги кьун, гьес кIодоги гьарун чинал кьун, харж кьун халкъалда тIад наибзабилъун тун кIудияб чIухIи-пахруялда рукIарал чагIи гьаб инкъилабалъул гьесда рагъизе рахъиялъеги нахъиял гьел гурел пакъирал мискинал чагIи гьесда гIасилъизеги сабаб гIилла щиб абуни – мухIканаб жаваб. Гьел пачаяс кIодо гьарурал, гьесул харжалги кванан мискинал, пакъирал чагIазда данде жал пачаяс хира гьарурал, гьес гуккулел чагIи ругилан хIужаги гьабун, гьезие жидер хIал ккараб зулмуги гьабун, дагьа-дагьаб ужраялъухъ мискинал загIипал чагIиги ижараялъ ккун рукIарал чагIазе гIурус пача жидер рухIалгIан хирияв вукIана. Киниги ГъазимухIамадил рахъалъан Дагъистаналда ГIабас-пашаги вачIун, Дагъистаналъул мискинзаби пакъирзаби пачаясда гIасилъизе рахъидал, гьезие гьев тушмангIан рихарав вукIун, цинги гьел залимал чагIаца цIакъ [гъира] гьабун, гьездаса пачаясда гIасилъиялъул жал щвезе ккезе. ГъазимухIамад, вачIидал, гьес инжит, гIодорегIан гьариялдасаги хIинкъун, гьес жодое гIакъуба гIазаб кьеялдасаги хIинкъун. Гьедин гуребани Гъумекиса Агъларханасул вас ЖагIпарханас щиб мурадалъе гIоло пачаясда гIасилъун, пачаяс жиндий кьурал багIарал чинал тIетIезе гьарун, цIадай рехун рухIарал?
Гьел залимзаби гурел, мискинзабазе кидаго гIурус пача рихарав вукIана, гьесул сиясат къануналдаги гьелги разиял рукIинчIо, щайилан абуни, гьес кидаго кигIан гIакъилавги мискинчи гIагар гьавулев вукIинчIо, гьесие бечедал чагIи хириял рукIана. Гьелдалъун гьес халкъалда наибзабиги тана.
БАЯНАЛ
1. Зумси – чачаназул Аргъун гIорул кваранаб рагIалда, Итумхъалагун Шобутиб гьоркьоб бугеб жамагIат.
2. Хъосар – рагIул магIна лъазе кIвечIо. Гьаниб гьеб хIалтIизабун буго «балагь» хIисабалда.
3. Релъидал – бергьенлъи босидал.
4. Имам Шамилил кIудияв вас, гьеб заманалда Туркиялъ чIчIарав.
5. ГъазимухIамадил вакил, Туркиялъ чIчIей бугев ансалтIисев.
6. ГIума-хIажи сабаблъун.
7. ТамихI.
8. ТIолабго.
9. Полкалда, аскаралда.
10. Вилаяталда тIад кверщел.
11. Гъара балеб, гьел чIвалел.
12. Чачаназул Нажаюрт мухъалда, Дагъистаналъулгун гIорхъода бугеб росу.
13. Шамгун шам – рагIабазул магIна лъазе кIвечIо.
14. Сардилъ.
15. ТамихIалдаса.
16. Хъарс – турказул букIараб гучаб хъала, ГIурус империялъулгун гIорхъода букIараб. Гьанже – Туркиялъул бакъбаккуда бугеб шагьар ва вилаят.
17. ГIурус пачаясда.
18. ПатагIали – магIарул нуцабазул ахирисев – 1802-б соналда чIварав КIудияв ГIумаханил вац – Гебекил наслуялъул чи.
19. Хубиса цIакъ бахъи – гьал рагIабазул магIна лъазе кIвечIо.
20. Имаматалъул тарих хъварав, Шамилил наиблъун вукIарав гьигьалъев.
21. ЦIихху – гьаб рагIул магIна лъазе кIвечIо.
22. 1876-б соналъул 4 июналда ГIусман империялъул султIан ГIабдулгIазиз чIвана багъабачари лъугьун, туснахъалда рехарав мехалъ.
23. Гьаниб гъалатI ккана, гьел гъанкъана ругъеждерил ракьалда, Салануб абураб бакIалда.
Автор: Шамхалдибир ГIисаев, ШагIбан ХIапизов
Баяналъул кьучI: Журнал "МагIарухъ". №1. 2014 сон