Авторизация

БахIарчияй эбел

БахIарчияй эбел


Дида цебе чIола хирияб гьумер,

РукIкIалабаз цIураб хIалакъаб гьумер.

КIикъойилъ хъахIлъарал гIагарал расал,

ГIумруялъ зурараб гьитIинаб лага.


ГьатIан къо щолареб даимаб хIалтIулъ,

ХIеж борхулей гIадин, цее чIола мун.

Мун – биххулеб тIохил рахи хисулей,

Хъандиро хьвагIулей, богIол магь къалей.


Мун – ункъо васасе хинкI балагьулей,

Гьел цо дур захIматалъ гIезе гьарулей.

Гьезул ретIелалде рукIкIенгун къулун,

Къоязги сардазги гьезул ургъалилъ.


Гьедин йихьула мун, хIалхьи лъаларей,

БахIарчияй эбел, цIар кьечIониги.

КъуркьунгутIиялъул къисалъун буго

Беццаб ракI къалъулеб дур къисмат, эбел.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Гумбет". Бакълъул мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +32
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook