Авторизация

Хъвадарухъан ва рагъухъан ГIали Шогенцуков


Къалам, дуца щуре…


Хъвадарухъан ва рагъухъан ГIали Шогенцуков


Кабардиязул литератураялъул классик ГIали Шогенцуковас 120 сон баялъул юбилеялда гIахьаллъи гьабуна ХIамзат ГIизудиновас


Кабардиязул литератураялъе  кьучI лъурав классик, КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчи  ГIали Шогенцуковас 120 сон баялда хурхараб байрамалда Дагъистан бихьизабуна «Гумбет» газеталъул бетIерав редактор, Россиялъул Хъвадарухъабазул цолъиялъул член  ХIамзат ГIизудиновас.


Тадбирал тIоритIана КБРалъул тахшагьаралда , Нальчикалда, КБРалъул Тимбора Мальбаховасул цIаралда бугеб пачалихъияб миллияб библиотекаялда, ГIали Шогенцуковасул цIаралда бугеб КБРалъул  пачалихъияб драммаялъул театралда ва классик гьавурав Баксан шагьаралда.


Киналго тадбиразда хIаракатаб гIахьаллъи гьабуна ХIамзат ГIизудиновас, Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул цолъиялъул  нухмалъулесул, халкъияв поэт МухIамад АхIмадовасул ва гIемер мацIал ругел мугIрузул улкаялъул литературияб рахъалдасан баркана рагIул устарасул юбилей вацлъиялъул халкъалда. Гьединго, КБРалъул телеканалалдасан цеве вахъун, ГIизудиновас бицана рахьдал мацI цIуни цIакъ кIвар бегеб иш букIиналъул ва ГIали Шогенцуковасул  творчествоялъ Кавказалъул халкъалъул литератураялъе гьабураб асаралъул .

«ГIали АсхIадович Шогенцуковас кIудияб, къиматаб бутIа лъуна жиндир халкъалъул  рухIияб хазина цIикIкIине, Северияб Кавказалъул ва тIолго Россиялъул литератураялда жаниб хасаб бакI ккола гьесул адабияб ирсалъ. «Камбот ва Ляца» абураб кочIодалъун хъвараб роман, «Темботалъул сонисел къоял», «Мадина» поэмаби, «НекIсияб генуда гъоркь» хабар ва цогидалги ГIали Шогенцуковасул асарал литератураялъул меседил нахърател ккола. Гьев цIалана Дагъистаналда, Темирхан-Шураялда, Северияб Кавказалъул мугIалимзаби хIадур гьарулел  курсал лъугIизаруна гьес. ГIали Шогенцуков ккола кабардиназул мацIалъул реформачи, гьединго гьесул хIаракаталдалъун гIуцIана миллияб театр. Северияб Кавказалъул маданияталъул машгьурав хIаракатчи ГIали Шогенцуков жиндиего бокьун ана фронталде ва бахIарчиго хвана концлагералда Бобруйскалда гъоркь. Гьанже гьесул цIар лъун буго гьеб шагьаралъул № 7 библиотекаялда. ГIали Шогенцуковасул асарал ва гIумрудул дарсал цIакъ кIвар бугел руго, инсаният гьез лъикIлъиялде ахIула», – ян баян гьабуна ХIамзат ГIизудиновас.


Классикасул юбилеялда ХIамзат ГIизудиновас КБРалъул библиотекабазе «ХIаригабурлъухъ» абураб жиндирго тIехьалъул экземпляралги сайгъат гьаруна.


Автор: Информациялъул «Гумбет» гIуцIи

Баяналъул кьучI: Казият "Гумбет". Бакълъул мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook