Авторизация

КъилимегIерги ГIарафатги


Къалам, дуца щуре щакъиялдехун


КъилимегIерги ГIарафатги


ХIамзат ГIизудиновас гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул халкъияв шагIир МухIамад АхIмадовас 65 сон тIубаялъул тадбиразда


Дагъистаналда тIоритIулел руго халкъияв поэт, Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул гIуцIиялъул нухмалъулев, ДРялъул Госпремиялъул лауреат, машгьурав маданияталъул хIаракатчи  МухIамад АхIмадовас 65 сон тIубаялда хурхарал тадбирал.


«Гумбет» еженедельникалъул бетIерав редактор, Россиялъул Хъвадарухъабазул гIуцIиялъул член ХIамзат ГIизудиновас гIахьаллъи гьабуна Пачалихъалъул поэзиялъул театралда, МахIачхъалаялда, гьединго Касумкенталда тIоритIарал МухIамад АхIмадовасул юбилеялда хурхарал тадбиразда.


«МухIамад АхIмадовас цIакъ хIаракат бахъана Инхоса ГIали-хIажиясул асарал цIияб  къагIидаялъ цIализе, гьесул асаразул кIвар гIадамазда бичIчIизабизе. Гьукъараб литератураялдаса гьесул къиматаб рухIияб ирс тIадбуссараблъун лъугьана. СССРалъул заманалда классикасул асарал цIакъ дагь ва магIна хисизе гьарун къватIире риччан рукIана. Бищунго рагIа-ракьанде щвараб тIехь ГIали-хIажиясул къватIибе бахъана  90-абилел соназда. МухIамад  АхIмадовас Инхоса ГIали-хIажиясул рагIи халкъалда гьоркьоб республика бахун къватIибехунги тIибитIизабуна. «Инхоса ГIали-хIажи» абураб поэма ккола шагIирасул творчествоялъул щибун рорхатал тIогьазул цояб. РакIалде ккола, гьеб асар кьочIое босун, спектакль лъезе бегьилин», – ан абуна ХIамзат ГIизудиновас.


АхIмадовасул асаразда жаниб хасаб бакI ккола КъилимегIералъул ва ГIарафаталъул сипатаз. Гьесул «ГIарафат» абураб поэма буссинабун буго чанго мацIалде ва къватIибе бахъана Россия бахун къватIибги.


Гьединго МухIамад АхIмадов ккола Бакълъулазул районалъул хIурматияв гражданин.


Автор: Информациялъул «Гумбет» гIуцIи

Баяналъул кьучI: Казият "Гумбет". Бакълъул мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +3
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook