Авторизация

Гьекъолеб жо какулел киналго гIалимзаби

 

Гьекъолеб жо какулел

киналго гIалимзаби

Гьекъолеб жо какулел киналго гIалимзаби,

ГIин базе къасдго гьечIел гIолилазул къокъаби.

Къойил вагIза гьабулел масжидахъ дибирзаби,

Диналде руссунарел бусурбанал наслаби.

НасихIаталъул агьло умматалъухъ гIодулеб,

ГIадамалин абуни, инкаралда хьвадулел.

Дин бокьулин абулеб, амрогин-нагью толеб,

Тавбо кIалалъ гьабулеб, ракI долде хилиплъулеб.

Хвезе ругин бицунеб, гьелдаса хIинкъуларел,

ХIалалгин хIарам лъалеб, варагI цIуни загIипал.

Зулму жедеда гьабун хIехьон бажаруларел,

Жидеца зулму гьаби гIадатлъун билълъанхъарал.

Бицунеб рагIиялъулъ гIадлуялъ гуч гьабулел,

Гьабулеб пишаялъулъ щибго ритIухълъи гьечIел,

Шагьи-капек горелде бетIерго хIалтIулареб,

ХIикматаб гIалам буго Дагъистаналда лъугьун.

Дир кIудияб хьул буго ракьцоял гIолилазде,

ГIалимзабаз бицунеб къабул гьабилебилан.

КъотIулеб буго ракIалъ, умумуз нахъе тараб

Ирсалдаса махIрумлъун лъимал хутIиларилан.

Мехтулеб жо гьекъезе гьукъун буго шаргIалда,

Къуръангин хIадисалъул насги  буго гьелъие.

Аллагьас, хIарам гьабун аят рещтIун хадуса,

Насхо гьабичIебщинаб ШаргIалда хIарамлъула.

   

 

ШафигIас  рицун тарал хIадисазул кьучIалда

ХIалкIун шаригIат цIуни тIалъула умматалда.

ТIагьаясул   суннатал чIаго гьари абуни, -

Гьеб ккола инсанасулъ рухIияб къуват цIикIкIин.

Расуласул   суннат лъан, гьебги цIунун гьабураб,

ГьитIинаб бугониги гIамалалъул хиралъи.

Халикъасда аскIоб гьеб азариде бахуна,

Аллагьас тавфикъ кьеги Суннат чIаго гьабизе!

БетIергьанас нелъее хIалал гьабурабщинаб -

Гьелда жаниб букIуна кIудиял мунпагIатал:

Дунялалда - рохелал, ухраялда- сагIадат,

Унта-щокълъиялдаса черхалъе саламалъи.

Халикъас хIарам гьабун халкъалда лъай гьабураб,

Гьелда жаниб абуни, камураб унти гьечIо,

Киналниги квешлъаби - гьелда балеб пихъ ккола,

Гьелда даимлъарасул диналда хIинкъи буго.

Гьекъолев чиясухъе цо лукъма кванил кьуни,

Куна гьесул хабалъ гьан борхьалгин гIанкърабаца.

Гьекъелалъе квербакъун щив чи вугонаниги,

Гьев ккола динул-Ислам биххизе хIалтIулев чи.

Гьекъолесухъе гIарац къарзалъ кьеян абуни,

Гьебги ккола бусурбан чи чIвазе комек гьаби.

Гьесда аскIор гIодор чIун ракIгъей гьабурал чиги,

Беццаллъун тIаде рахъун рачуна ГIарасалде.

 

ГIемер гьекъеялдалъун мехтизе гьарулеб жо,

Дагьабго гьекъезеги хIарамлъула халкъалъе.

Гьекъолеб жо хIалалаб бугилан абулев чи,

Исламалдаса вахъун купруялда вукIуна.

КIудиял мунагьазул гьиралгун вачIаниги,

Гьесие тавбоялъул гъапу рагьараб буго.

РахIманасдаса хIинкъун гьекъолеб жо тарасе,

Алжаналъуве щведал шараб гьекъезе кьола.

Гьекъолеб жо киналго квешлъабазул хан буго,

Квешав ханас лъикIаб жо лъидего малъуларо.

ЛъикIалдехун горони хивалго гьечIониги,

Гьев ханас тIад квер лъурав лъимер гIадин лъугьуна.

Гьанжи бачIун шайтIаналъ гьормада квер бахъула,

Гьудуллъи рагIизабун вацлъи щула гьабула,

ШаригIат-Исламалъул, инсанияб яхIалъул

Нусабго лагаялъулъ асарцин хутIуларо.

Цинги гьесул габуниб щулияб кварги рехун,

ЩайтIаналъ бече гIадин вачуна бокьаралъув.

Кьурулъанги кIанцIула, цIадавеги лъугьуна,

Гьанжи гьесул беразда щибго жо бихьуларо.

Бегьиларо, дир лъимер, дурго гьеб гIумроялъул,

ГIаркъил истаканалде багьа данде босизе.

Берцинаб гIолохъанлъи, гIанчIаб, эркенаб заман

ГIарцухъ бичуге, дадал, дуй нахъа битIун ккела.

Дурго умумуз гIадин Исламалъул нухги ккун,

Адабалда хьвадизе дуеги мех щун буго.

Къол щуябго какги бай, Рамазаналъ кIалги ккой,

Закат-сахIги тIобитIе, хIалкIвани хIажги гьабе.

Гьелеха дуе Ислам, дур умумуз ккураб нух,

Адабияталде мун тIовитIулеб шаригIат.

Щибаб квешлъиялдаса мунго цIунулеб къолден,

Къаркъала сах букIаго ретIине гIамал гьабе.

Гьелде инкарги гьабун кинго нилъ тIораларо,

ТIадаб налъи кьечIого налъулав ворчIуларо.

ВачIа, гьабун те тавбо, те гьеб квешаб хьвадиги,

Тавбо гьабун вуссарав Аллагьасе вокьулин.

Босе яхIалъул рачел, борче гьеб дагьаб мехалъ,

Дудаго Исламалъул щолеб баркат бихьизе.

Босун тея цо гали къанщун кIиябго бергун,

Къараб нуцIаги рагьун Аллагьасул рокъобе.

Бая цо как берцинго бихьинчияс кинниги,

Нечогея чиякьа - чагIи дуй хIажат гьечIин.

Чанги дудаса квешал, квешабщиналъул агьло,

Аллагьасдеги руссун вализаби лъугьанин.

Гьаб насихIаталъулъ дуй хIиллагин макру гьечIин,

ХIалбихьи гьабе дуца, дун гъоркье чIарав вугин.

ЧIегIераб нохъаялде хъахIмиккиянги абун

Мун гуккизе бокьарав сахIирги дун горевин.

Дунял-ахираталъулъ магIнавияб бичIчIи кьун

Кьеги ножое тавфикъ тавбоялде къасд ккарал.

Къуръангин-хIадисалъул амру-нагью тIобайзе,

Аллагь, дуца тIамеги ТIагьаясул  гьаб уммат!

Амин!


Автор: Ч1ик1аса Саг1ид-апанди

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook