Авторизация

Зулмуялъул цIаялъ залим вухIула


 

Пикру


Зулмуялъул цIаялъ залим вухIула


Эркенлъиялъул хIакъалъулъ дагьалго мухъал


ГIадан вижун вуго эркенавлъун. Амма гIадамас гIадамасул эркенлъи малакь мерхьунеб буго. ХIалтIи лагълъиялде сверизабулеб буго. Цоцазе квалквал гьабулеб буго…. Дагъистаналъул бетIерлъун вачIарав Рамазан ГIабдулатIиповас лъазабуна жиндица  нуж  лагълъиялдаса  хвасар гьарунилан. Гьеб рагIиялъул магIна нилъеда бичIчIула. ГIабдулатIиповасул заманалда  хъулухъаздаса бахъана  ва туснахъалъубе битIана би гьекъон мехтараб чанги кIихIатIилаб жанавар. Амма республикаялъул цIияв нухмалъулесе  лагълъи  гьабизе  къваригIарал гьесул цо-цо рахъкколез, къватI-къватIалда игIланал чIванги, цоги къагIидабазги, гьев «ханлъун»  вихьизавизе жал  гьарулел  руго. Я гьесие, я халкъалъе хIажат гьечIо хIелхIелчагIазул  гьединаб «хIаракат».


Ханлъи хIажат гьечIо, нухмалъи ва цебетIей гурони. Исламияб диналдаги буго залимасда данде гIадатияв чияс гьабураб дугIа къабуллъулилан. Цинги абулеб буго, ТIадегIанав Аллагь гурони, жиндие лагълъи гьабизе бегьулеб цоги цо гьечIилан. Гьединги букIаго, чиясул экренлъиялда тIасан хIучч цIазе бегьилищ?


Квешаб нухде кьурани, гIаданилан бижараб жоялдаса вахIшияб ва чорокаб жанавар гьечIо. Амма гьединазул квашлъиялда данде рахъулел бахIарзал камунги хутIичIо гьаб дунял. Цогидазул бицинчIониги, магIарулаз рехсезе бегьила Кавказалъул щуявго имамасул цIарниги.

Ахираб заманалда цIидасанги  лъазабулеб буго дица дунялалъул тарихалда жанир рахъарал къеркьохъабазул гIумру ва хIакъикъат.

Дунялалдаго кьанги бан букIана чанго гIасруялъ Великобритания. Гьелъул рагIиятчагIи рукIана тIолабго дунялалда. Гьезда гъорлъе унаан Индияги. Дагьаб бикь-бикьаниги, 1947 соналда Индия англичаназул лагълъиялдаса тархъанлъана. Гьедин бигьаго нахъе ине ракIалда букIинчIо ингилисазда доб бащдабчIинкIиллъиялдаса. Амма Махатма Гандил бетIерлъуда гIемер соназ гьабураб ракълилаб къеркьеялъул хIасилалда, Делиялда кIвана Лондоналъул квачIикьа борчIизе.


Бусурбабаздаги индусаздаги гьоркьоб питнаги бекьун, ана гьеб ракьалдаса нахъе Англия. Гьел къокъаби цоцазулъ рекъезаризе хIаракат бахъана Махатма Гандица (1869 – 1948).  Экстремистал-индусаз бусурбабазда данде террор течIони, жив хвезелъагIан вакъун чIезе вугилан, вакъун чIана Ганди. Гьесухъ гIенеккун, террор дагьалъ гьоркьоб къотIана. Амма 1948 соналъул  30 январалда индусазул террористас гьев миллияб бахIарчи ва гIакъил чIвана, лъабцIул таманчаялъги речIчIун. Гьединаб гIумруялда абизе бегьула халкъалъе гIоло кьураб гIумруйилан.


Гьевго Махатма Ганди  хIалтIун вукIана индусал ругеб Африкаялъул Югалъулаб Республикаялдаги (ЮАР). Гьенив гьесул пикрабазул рахъккурав чилъун вахъана Нельсон Мандела (1918 – 2013). Гьеб пачалихъалда гIемерал соназ хъахIаз чIегIеразе гIакъуба кьолеб букIана, боцIул бакIалда гьарун, гьезие ихтиярал риччачIого. Гьеб ритIухълъи гьечIолъиялда данде вахъарав Нельсон Мандела 1964 соналда туснахъ гьавуна ва диваналъ гьесие хIукму къотIана хвезегIан жанив тIамун тезе. Ахирги 1990 соналъул 11 февралалда Мандела къватIиве виччана.  1994 соналъул 10 маялда Нельсон Мандела ЮАРалъул президентлъун вищана. Гьеб киналдаго нахъа рукIана миллионал гIадамал гIахьаллъарал, ЮАРалда ва дунялалдаго тIоритIарал митингал ва дандечIеялъул тадбирал. Гьезул хIасилалда кIвана, тIомол кьералъухъ балагьун, чи чIвалеб ва инжит гьабулеб апартеид (фашизм) лъугIизабизе.


СШАялда чи ватIа гьавугеян ахIигун къеркьаразда гьоркьов бищун машгьурав вукIана Мартин Лютер Кинг (1929 - 1968). Гьаракь кьун хъулухъчи вищизеги цоги ихтиярал рилълъанхъизаризеги  рес букIинчIо СШАялъул чIегIерал гражданазул XX гIасруялдаги. Митингаздалъун ва цоги дандечIеялъул ракълилал къагIидабаздалъун, чIегIераб тIом бугел гIадамазул ихтиярал ращад гьаризе кIвана Мартин Лютер Кингида ва гьесул къайицадахъазда. Ваамма гьеб сахаб пикруялъул тушбабаз 1968 соналда, речIчIун туманкIул гуллагун, щапизавуна Мартин Лютер Кинг.


Гьедин къеркьолеб буго дунялалда лъикIлъиги квешлъиги. Жакъаги унеб буго гьеб къеркьей. Эркенлъи гьечIолъиялдаса кIудияб балагь чиясе гьечIо. Лагъ тархъан гьави исламияб диналъги цIакъ беццараб иш буго. ВахIшилъиялъ вахIшилъи бижизабула. ЛъикIлъиялъ лъикIлъиялде нух рагьула.


ЛъикIаб къоялъ квешаб къо гьаризеги бегьуларо.

МугIрул цIумал эркенго роржаян гьабе.


2016 сон




Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +72
  • Нравится
Оставить комментарий
Лаглъи ялъуни х1елх1елчилъиялдаса сурукъаб жо гьеч1о.


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook