Авторизация

МагIарулал гьечIони Дагъистанги, гIурусал гьечIони Россияги гьечlин абизе бегьула

Москваялда вугев Лъаратlаса Рамазан щивали бицинчlониги лъала киназдаго. Лъала гьесул гlелмиял цlаразул, хъулухъазул, лъай-хъваязул сияхl халатаб букlин. Лъала гьединго Россиялъул политикаялъулъ кинаб бутlа гьес кколебалиги, цогидал политиказда (хасго гьанже цlи-рахъарал Дагьистаналъул политиказда) дандеккун, кинаб даража гьесул бугебалиги. Амма щаялиго дагьистаниязе жегиги рес кколеб гьечlо гьеб киналдасаго пайда босйзе. Гьаниб къваригlун гьечlо Рамазанил лъайги даражаги. Гьелъул ва цогидалъул хlакъалъулъ бицен гьабулеб буго Цlияб соналда цебесеб гьаб гара-чlвариялдаги.

- Рамазан, нильеца тlокlалъ чlечlого бицунеб, амма кигlан бицаниги хlасилги кколареб суал буго магlарулал цолъунгутlиялъул...

-  Гьелъие ругел гlайибазул аслияб ккола нилъер лъайгун гlакълуги мукъсанлъун, чlухlи гlемерлъун, гlамал кlодолъун букlин. Миллаталъул рахъалъ цохlо магlарулаллъун рукlин гlолеб гьечlелъул. Щибаб район чlолеб буго жал хунз ругин, жал лъаратlисел кколин, жал гьуниселин абун. Ругеблъи лъан буго, амма гьебго заманалда нилъ магlарулалги дагьистаниялги кколелъулха.

Жакъа къоялда нилъеда гьорлъ ратулел руго батlи-батlияб даражаялъул чагlи. Узухъда, гьабсагlаталда нилъеца мугъчlвай гьабизе бегьула Хlажи Хlамзатовасде, Хlажигlали Данияловасде, Хlамзат Хlамзатовасде, Мухlу ва Шамил ГIалиевазде, Хlажи Махlачевасде, Фазу ГIалиевалде ва гlемерал цогидазде. Рикlкlине гlемерал, ратизе захlматал чанги чагlи руго.

Амма гьебго заманалда дандчlвалел руго нилъ, магlарулал, щалали лъаларел нилъерго гlадамалгицин. Гьез сан гьабулеб гьечlо магlарул тарихалъул, маданияталъул, нилъер философиялъул, гlелмуялъул. Руго гьаб заманалда рекъон хьвадулел гlолохъаби, амма гьезул «гьай-гьуялъ» гьабулеб жо кьучl бугеб букlунаро.

Цин миллаталъул, хадуб Дагъистаналъул иш цебехун ине ккани, лъикlаб букlинаан щивас жинда тlадаб ва жиндихъа бажарулеб иш гьабизе. Ми-салалъе, XI. Хlамзатовасухъа бажарулеб буго «Дагъэнергоялъе» нухмалъи гьабизе, захlматаб заманалда Н. ГIалиевасда кlолеб буго электростанциял разе. Амма хlалтlи гьабулев чиясе бигьаяб заман гьечlоха.

Гьединго къваригlун буго цоцазе кумек гьабизе. Гьабсагlаталда вугеб даражаялде дун вахинароан Хlажи Хlамзатов вукlинчlевани (гьев сабаблъун цlализе арав чи вуго дун). Амма нилъер гlадат буго цо-цо заманапда цоцазе квал-квал гьабулеб, хасго рищиязда. Дида киналго магlарулаз абула, Рамазан, мун щай къватlиве вахъунаревин. Нагагьлъун гьедин гьабизе лъугьани, цогидалги рачlуна цадахъ рахъун. Нилъеца абухъе, вилълъинеги виччаларо, чlунги толаро.

Мунагьал чураял Расулицаги Патlиматицаги абун букlана дида, доб мехалда Думаялде рищиязде хlадурлъулелъул, Хlажимурад Гlумаровасе кумек гьабизе ккелилан. Бажарараб жо гьабуна дица гьесие. Цересел рищияздадица цеве виччана гьев ва дунго нахъе ана. Гьаб нухалда гьев вуцlцlухlун чlана (кандидатура лъезе дун ургъулеб мехалда). Дун нахъе инегlан вуцlцlухlун чlана Мухlамад Хlажиевги. Гьесда лъалеб батиларо, налогазул инспекциялде хlалтlизе лъугьунелъул гьесие гlезегlан кумек гьабун букlана дица.

Гьединго Сайгидпаша ГIумахановги гlезегlан рагlи билълъарав, жинда тlадаб иш гьабулев, бажари бугев вас вуго. Гьесие къваригlиндал дун кидаго гьесда аскlов вукlана. Сайгидпашаца абулаан Рамазан вугони гlун бугин нилъееян. Амма цо къо ккараб мехалда гьевги довегlан чlана.

Дидаса цlакъав чи гьечlилан дунго веццулеб мех гуро, кин букlаниги, къваригlелалъ дида аскlове вачlарав магlарул чи дица нахъчlвачlо. ГIадамазул гlамал хвараб, захlматаб замана буго гьанже.

-  Гьал рищияздаса дуца инкар щай гьабурабали гьанже гlага-шагарго бичlчlизе бегьула...

-  Дун магlарулалгун вагъулев чилъун ккезе бокьичlо дие (рищиязул хабар дица байбихьидал, гьеб бичlчlизецин биччачlо). Гьеб цо. Кlиабизе, хlакимзабазулгунги кьал ккезехъин букlана. Бицарабщинаб битlараб жо гьезда данде багьуледухъ буго Дагъистан ккезабун. Гьединлъидал гьеб кlиябго рахъалъулгун рагъ гьабизе рес рекъеларин чlана дун. Хабар бицараб гlолищ, гьабизе толареб мехалъ.

Тlадежоялъе, гьанже нилъер гlадамазул гlамал-хасиятги хвезабун буго гlарцуца. Бокьараб жо бичун босизе бегьулин абураб пикру буго цо-цоязул. Амма дица тlаса бищула яхl-намусалда, лъаялда рекъон хlалтlи. Цогияб нух буго жагьилаб нух, халкъ мекъи тlамулеб нух.

Россиялъул Федералияб Советалъул член кколев мехалда дуе гьеб депутатлъи щибизеян абуна дида Москваялда. «Единая Россиялъ» Буйнакскиялъул рищиязул округалдасанги вихьизавун дир рахъ кквезехъин букlана. Ахирисеб къо тlаде щвезегlанги чlун, Пачалихъалъул Советалъул председатель М. Мухlамадовасги абуна рищиязда батlи-батlиял миллатазул чагlи гlахьаллъулел рукlиналъ цохlо Рамазанил рахъ кквезе бажаризе гьечlилан. Узухъда, гьезие лъикlаб буго лъайги гьечlел, хlукуматалъул хlалтlиги лъаларел, амма жидеца бокьараб бакlалде ритlани, бокьараб ахlи-хlур гьабизе кlолел чагlи хадур цlазе. Цо заманалдасан жидедасан гьездеги баракат гьечlолъи бахине бегьулел чагlи руго гьел. Нухмалъулезда ракlалде кколеб буго жакъа жидеца цо хъулухъалде ккезе кумек гьабурав, яги тlамурав чи данде кколев гьечlони, метерисеб къоялъ жидецаго нахъеги вахъилилан. Гьаниб рехсезе бегьула районазул администрациязул нухмалъулезул мисалал. ГIезегlан районазда руго берцинаб гьумер-кlалалъул, чорхолъ ритlарал, гlолохъанал нухмалъулел. Гьеб квеш гьечlо, амма гьезул гlемерисезул гьечlо цебеккун пачалихъалъул хъулухъазда хlалтlун щвараб хlалбихьиги лъайги. Гьезиеги щвезе батила гьеб кинабго, кида букlаниги, амма кватlун ккезе рес буго. Халкъалъул заман букlунаро гьезухъ балагьун чlезе. Дагъистанилан цlарги хутlун жаниса туризабун буго гьеб.

-  Гьаб нухалда нилъее рес щвана Дагьистаналдасан Думаялде лъабго чи вищизе. Абулеб буго нилъер республикаялъе гьеб къадар гlемер бугилан.

-  Нилъер бугеб халкъалда рекъараб къадар буго гьеб. Дицаги, Мухlамадгlали Мухlамадовасги, Москваялда Конституциялъул судалда вугев Хlадис Хlажиевасги гlемераб хlалтlи гьабуна Дагьистаналъе гьеб лъабго бакl щвезабизе. Гьелда тlадеги партиязул вакилзабиги гьечlищха рищун. Амма депутаталлъунги рукlине кколаха бакlалъул чагlазда гlамал-хасиятги лъалел, кинабго рахъалъ даражаги бугел гlадамал. Анцlго чи вищана гьал къоязда Думаялъул президиумалде, гьезда гъорлъ гьечlо цониги кавказалъулав, цониги бусурбанчи. Гьедин абизе кlолев чи ватичlо жакъа Думаялда.

- Нилъер депутатазул, рахъалъ доба кинаб пикру букlараб гьанжелъизегlан?

- Сергей Решульский хlалбихьи бугев чи ккола, Хlажи Махlачевасул бажари буго (цо-цо мехалъ ахlи-хlурги къваригlун букlуна доба), Хlапизат Хlамзатова йиго бокьараб бакlалда дандекколеб рагlи бицине лъалей гlадан. Амма гlемерисел депутатал руго жидер хlакъалъулъ халкъалда щибго жо лъаларелгицин. Дун щун вукlана Хунзахъе, Гъуниве, Бежтlе, Цlунтlе. Гьениб гlадамазда кколеб буго жидер депутат дун вугилан. Федерациялъул Советалде Саратовалдасан вищарав вакил вугин абидал, гьел гlажаиблъун хутlула.

- Нилъер гьанисан гьеб хъулухъалде батlияб ракьалъул чи киданиги вищилароан.

- Москваялдасан тlамуравали, валлагь, вищилаан. Абухъе, дица Мухlамадгlали Мухlамадовасда гьикъана дун Саратовалда вукlин битlараблъун рикlкlунищ дуцаян (дицаги гlемерисеб бакlалда гьесул рахъ ккун букlана). Гьечlилан жаваб кьуна гьес. Амма гьеб ахlвал-хlал хисизабизе ахиралде щвезегlан къуват гlолеб гьечlо. Гьазда кколеб буго, Рамазан республикаялде вачlани, жал нахъе ине кколилан. Цадахъ хlалтlизе щай бегьулареб? Дихъа бажарулеб цо, М. Мухlамадовасухъа бажарулеб кlиго, X. Шихсагlидовасухъа бажарулеб лъабго, М. ГIалиевасухъа бажарулеб цогидаб букlуна.

Дидаса хайир гурони, гьезие жеги зарал ккечlо. Дица хlалихьатал жал гьаруларо ва дие кутакалда ургьел букlуна дирго жанисеб культураялъул, гlадлу-низамалъул. Дида гlемер абула гlадамаз ракl бацlцlадаб, сабураб гlамал-хасият букlиналъ вугин мун къолев абун. Амма гьеб рахъалъ къуниги батlалъи гьечlо дие. Метер бергьина, гlадамазда бичlчlила. Гlадатияв магlарул чияс жиндир гlамалги яхlги цlунун буго. Дун вуго гьез вищулев чи.

- Рамазан, гьабсагlаталда нилъеда лъала гуржиязул доба лъугьун бугеб ахlвал-хlал. Къварелазул магlарулазе гьелъ кинаб асардай гьабила?

- Гуржиязул нухмалъулезда гьоркьов бищун гlамал гьечlев вукlана Гамсахурдиа. Гьезул вукlана Мамардашвили абурав философ. Гамсахурдиа гlадав чи нахъеги бетlерлъуде вищулев ватани, жив гуржияв гурилан абуна гьес. Гьаб ахираб анцlго соналда жаниб гьес гlадин рагьун жиндирго пикру загьир гьабулев чи вахъинчlо. Хасго нилъер магlарулазе, дагъистаниязе гlолеб гьечlо (цере рахъун кьвагьдезе гуребха) жидерго миллат, гlамал цlунун рагlи абизе къвакlи.

Магlарулал вахlшиял чагlи ругин абураб пикру букlана Гамсахурдиал. Гьеб суалалъул хlакъалъулъ дун чанго нухалда щун вукlана Тбилисиялде. Амма бицун жо бичlчlулев чи вукlинчlо дов. Шеварднадзе вукlана хlалбихьи бечедав, амма живго сихlирав политик. ГIемер сихlирлъиялъ цогидазе бухъун букlараб гвандиниве живго ккана гьев.

Гьабсагlаталда власталде рачlине хlадурлъулел ругел чагlазда гьоркьорги дида рихьулел гьечlо гlемер магlна бугел гlадамал. Гьединлъидал дора ругел магlарулазе захlмат букlинин хlисаб гьабула дица.

Азербайжаналда ругел дагъистаниязул гlумру лъикl букlинчlого, Гlали Анцухский чlаго вугеб мехалдаги хадубги дун чанго нухалда X. Шихсагlидовгун, XI. Махlачевгун щвана Хlайдар ГIалиевасухъе, Закаталаялде. Дица гьабизе ккараб хlалтlи гуро гьеб, республикаялъул хlакимзабазда тlадаб иш буго. Гьединлъидал, Грузиялдаги Азербайжаналдаги ругел дагъистаниязул гlумру лъикlлъизабиялъул рахъалъ хlалтlи кколеб куцалда гьабулеб гьечlо.

Дихъе щварал баяназда рекъон, гьеб кlиябго пачалихъалда гlумру гьабулеб буго 120-150 азарго дагьистанияс. Жидерго ватlанцоязул милат гьабулеб къагlидаялъулъ мисал босизе бегьула Татарстаналдаса, Чувашиялдаса. Дунялалъул щиб улкаялда, шагьаралда, кинаб яшавалда щивав чувашияс гlумру гьабулеб бугебали данде гьарурал баянал руго Чувашиялъул. Рокъов хважаин вугони, гьесда лъала жиндир лъимал кир ругелали.

-   Дагъистаналда сверухъ бугеб ахlвал-хlал кин дуда бихьулеб?

-  Нилъеца гьеб ишалъулъ Россиялъе квербакъизецин хlажат буго. Нилъеда лъала Каспий дунялалъулго политиказул мурадал цолъараб бакl букlин. Нилъеда данде рагьизеян рачlун рукlинчlо гьанире Россияги, Иранги, Турцияги. Дол рукlана гьаниб жидерго хъаравуллъи чlезабизелъун цогидазулгун рагъ гьабулел. Дагьистан буго кlудияб республика, амма Северияб Кавказалда гьелъул кlвар, гьелъ гьабулеб асар жеги дагьаб буго. Мисалалъе, чанго соналъ цебе Осетиялъулгун  Ингушетиялъул дандеккунгутlабазулъ гьоркьохъанлъи гьабизе Дагьистанги Ставрополь крайги лъикlаллъун рихьизарун рукlана дица. Цо заманалдасан гьеб иш гьоркьоб къотlизе тана. Гьединаб къагlида билълъанхъизабиялдалъун Дагьистаналъулги къимат жеги цlикlкlине букlана, Северияб Кавказалда бугеб ахlвал-хlал гlодоб биччазабиялъулъ Россиялъеги кумек букlинаан. Гьединан дица абулеб буго Россиялъе кумек гьабизе кколилан. Нилъ цо рокъор гlумру гьабулел гlадамаллъидал кколел. Грузиялъулги Азербайжаналъулги суалал цойиде рачиналъулъги Дагъистаналда гlемер жо гьабизе кlола. Азербайжаналда ругел дагьистаниязул цо-цо захlмалъаби рукlин лъайдалги цоги мехалдаги анцlго нухалда щай Дагъистаналъ гьенибе жидерго вакиллъи битlичlеб? Гьединго Казахстаналдеги, Ираналдеги, цогидалъуреги. Дида тlаде кколеб суал букlарабани, дица гьедин гьабилаан. Россиялда жаниб Дагъистаналъул кинаб кlвар бугебали гlезегlан берцинго бичlчlизабун буго Кавказалда вагьулев вукlарав цо гlурусазул генералас. Чакмаялъубе ккараб (Россиялъул) хlетlе унтизабулеб чlимих кколин Аваристанин хъвалеб буго гьес.

Гьединлъидал Дагъистаналда, Кавказалда имам Шамилги Хlажимурадги гьадинго рахъарал чагlи гуро. ГIумахан Аварскиясул Конституциялде бахунеб конституция доб заманалда Европаялдацин букlинчlо. Магlаруллъи гьечlони Дагъистан букlунарин, гlурусал гьечlони Россия букlинаринги абизе бегьула.

-  Миллатчилъи кколарищ гьеб?

- Миллатчилъи ккола, миллатги кlочон тун, гlабдалзаби гlадин ахlдезе лъугьин. Нилъерго тарихги, маданиятги, мацlги лъай миллатчилъи гуро.

- Россиялъ Кавказалда жиндирго политика мекъи билълъанхъизабулеб буган абурал пикраби руго. Дуда кин кколеб?

-  Букlине кколеб куцалда гьелъ гьеб билълъанхъизабулеб гьечlо. Россиялъ гьениб политика мекъса гьабулеб бугин аби ккола нилъецаго гьеб мекъса гьабулеб бугин аби. Щайгурелъул, Дагъистан Россия кколелъул. Гьабсагlаталда Россиялъул жиндиргоги гlемер руго тlуразе ккарал суалал. Президентас гьеб рахъалъ хlалтlи гьабулеб буго. Нилъер гьаниб хlалтlи гьабулелин рукlаниги, гьел хlинкъулел руго Дагъистаналда, масала, букlине кколеб куцалда политика билълъанхъизабизе. Анцlго сон ана нилъер гьанир республикаялъул бетlерасул рищиял гьаризе бегьуларилан нилъер хlакимзабиги цогидалги ахlдолаго. Бегьуларила, цоцаца чlвалила киналго. Дица абуна бегьулилан. Гьелги гьаризе кколаан 1997-1998 соназдаго. Рищиял гьаризе мун хlинкъун ватани, дица кумек гьабилин абун букlана дица Пачалихъалъул Советалъул председатель М. Мухlамадовасда. Москваяддаса абураб къоялъ гьабуна хlукму, кидаго жал гьелъие хlадурун рукlарал гlадин. Рищиязда цоцаца чlвалин абизе ккани, гьедигlан нахъе ккараб, вахlшияб халкъищ нилъер бугеб? Гьечlо.

Нилъ магlарулал руго кидаго Дагьистан ккураб халкъ. Нилъер бажариялда бараб буго гlёмераб. Гьеб нилъеда бичlчlизе ккола. Амма бищунго къваригlараб жо буго цогидал миллатазулгун вацлъи ва Россиялъулгун цолъи.


Автор: Зульфия ХIажиева

Баяналъул кьучI: Казият "ХIакъикъат". МахIачхъала

Баяналъул кьучI: 02.01.2004 сон

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +5
  • Нравится
Оставить комментарий
Лъик1аб ,мух1канаб гара-ч1вари буго,баркала Зульфияе!


ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook